Баху-Меседу Расуловалъул шигIрияб нухлул 50 сон тIубаялде

МагIарул шагIиралъе — Шекспирил премия

 

ГIагарал мугIрузда юхьун ятана,
Бихьанщиналда тIад гьезул шал чIвана.
КIудияб гьаб дунял гьитIинлъун ккана,
ГьитIинаб доб росдал дуниял цIуна.
(«Макьилъ йоржунаан дун»)

ГьитIинабго кочIол гьаб ахирисеб куплеталъ бицунеб буго халкъияй шагIиралъул шигIрабазул тIадегIанлъиялъулги борхалъиялъулги хIакъалъулъ. Гьей даим ритIухъайлъун хутIун йиго рекIел ахIилъун лъугьарал ва хутIарал жиндирго шигIрабазул аслияб темаялъе — гьитIинаб ватIаналде бугеб кIудияб рокьуе. Гьеб рокьуца ячана шагIир жиндирго шигIрабазул тIогьазухъе…

«Россиялъул меседил перо» абураб халкъазда гьоркьосеб литературияб къецалъул хIасилалда рекъон, Северияб Кавказалъул шагIирзабазул «ШигIриял цIвабзазул кунчIи» («Созвездие родственных душ») абураб тIехь мустахIикълъана В. Шекспирил литературияб премиялъе. Гьеб тIехь данде гьабун буго Северияб Кавказалъул ункъо шагIирасул кучIдуздаса, гьездаго гъорлъ йиго Баху-Меседу Расуловаги. ТIехьалда буго Валерий Латыниница гIурус мацIалде буссинабураб гьелъул 31 кечI, гьездаго гъорлъ, Москваялъул композитор Леонид Шумскияс бакъанги хъван, Россиялъул эстрадаялъул кочIохъан Галина Улётовалъ ахIулеб «Гьорол сайгъат» («Ветер») абурабги кечI:

«Гьорол сайгъат»

Гьороца бачIараб сардил сайигъат –
Макьу щунгутIигун къеркьолей йиго.
Басриял каваби къир-къиризарун,
КъватIие гьороца ахIулей йиго.

КъватIий яккичIони, рокъой биччаян,
Къараб нуцIихъги чIун, гIодулеб буго.
«ГIинкълъун» чIарай дида ццидахараб гьелъ
Гьалмагълъун хIалае ахIун щвана цIад.

Гьуригун тIадрекъон, гIодана гьебги,
МагIил гарал руго горда кIетIолел,
ТIохда кьурдул наку буго бачунеб,
Гонгалги чIаголъун руго гаргалел.

Гьороца бачIараб сардил сайгъатгун
Гъаримго столалде гIагарлъана дун.
БацIцIадаб тIанчиде гъенана хIарпал,
ХIенехIцин хутIичIо чIамучIаб унтул.

2015 соналда тIобитIараб исламияб темаялда хъварал кучIдузул къецалда бергьаразулъ бугеб «ТIупандай тIелеб» кечIги буго «ШигIриял цIвабзазул кунчIи» тIохьода.

ТIупанадай тIелеб

Илбисалъ гуккарай ХIава сабаблъун,
ХIалкIолес ракьалде витIана Адам.
Къайисил къосараб наслу сабаблъун,
Къадирас тIупан тIун, гъанкъана гIалам.

ГIелин ккун батила халкъ бижарасда
Хадур рачIунезе чIагояб мисал.
ЧIелин диналдаян хьул лъун батила,
НухIил гамида тIад хвасарлъунщинал.

Хвана дол. Сверана сонал, гIасраби,
ГIасилъи цIилъана цIиял гIелазулъ.
ЦIаял гъуна рагъул, гъурана халкъал,
ГъарачагIи чиналъ кIодо гьаруна…

ГIарасаталъул къо тIаде щвезегIан
ТIадегIанас гIалам гьадиндай телеб?
Гьадабщинаб мисал гIадахъ босичIин,
ГIурулъ тIерхьинелъун тIупандай тIелеб?!

Руго гьенир «Зоб-ракьалъул рокьи» («Любовь земли и неба»), «РекIел тахшагьар» («Прописка души»), «Бекьулареб ракь» («Земля под асфальтом»), «ТалихIалъул кIулал» («Ключи от счастья»), «ХIедул хIарпаз басуна» («Древний смысл»), «Кьвагьи» («Взрыв»), «Макка», «ИхIсан» ва цогидалги кучIдул.

Баху-Меседу Расуловалъул тIоцересел кучIдул ГIахьвахъ районалъул «Заман» газеталда рахъизе байбихьаралдаса 50 сон сверула исана. Гьеб 50 соналда жаниб шагIир, хъвадару­хъан ва публицист Расуловалъ къватIибе биччан буго 43 тIехь — 16 магIарул мацIалда, 5 гIурус мацIалда, 6 кIаралазул мацIалда, анцIго батIияб мацIалъул тIасарищарал асаразул тIехь, лъабго гIелмияб тIехь (гьездаго гъорлъ лъабго мацIалъул словарь), гIурус ва дунялалъул цогидал мацIазде буссинабураб анцIго тIехь, Баху-Меседул хъвадарухъанлъиялъул хIакъалъулъ гIурус, магIарул хъвадарухъабазги цIалдолезги хъварабщинаб данде босараб кIиго тIехь («Эхо» — гIурусалъ ва «ШигIрияб пагьмуялъе пероцоязул къимат» — магIарул мацIалда). Рехсараб 43 тIехьалъул сияхIалда гьечIо, шагIиралда жиндаго лъачIого, цогидаз къватIире риччарал гIаммал тIахьал: Ригаялда къватIибе биччараб «Планета поэтов» («ШагIирзабазул дунял»), Ростовалда къватIибе биччараб «Рокьул асар» («Любовное настроение»), Москваялда къватIибе биччараб «ШигIриял цIвабзазул кунчIи» («Созвездие родственных душ»). Баху-Меседуе гьел тIахьал гьез жидецаго ритIун рачIана.
ШигIрияб нухлул байбихьуда «Дир гIагараб росулъ рогьалил заман», — КIаратIа росдал хIакъалъулъ хъвалей йикIарай школалъул цIалдохъаналъ нахъа тана халатаб творчествоялъулаб нух. Гьелъул магIарул мацI бечелъана, ДГУялъул филфакалъул РДОялъул отделениялда цIалулелъулги, «БагIараб байрахъ» («ХIакъикъат») газеталда ва магIарул радиоялда хIалтIулелъулги.
2004 соналъул июлалда бахъараб «ХIакъикъаталда» Баху-Меседул цIиял кучIдузе цеберагIиялда М. ПатахIовас гьадин хъван буго:
— Баху-Меседу Расуловалъул цIар дида тIоцебе лъана къоло щуго соналъ цебе. РакIалда буго доб мехалъ «БагIараб байрахъ» газеталда рахъун рукIарал гьелъул «НакIкI», «МугIрул лъар» кучIдул. Хадуб нижер лъай-хъвай ккана Дагъистаналъул гIолохъанал хъвадарухъабазул мажлисалда. Гьенир гьелъ цIаларал «Дунни анцIила микьилъ», «ТIабигIаталъулгун гаргар», «МугIрул лъар» ва цогидалги кучIдузе магIарулазул машгьурал хъвадарухъабаз лъикIаб къимат кьун букIана.
Хадуб анцIгогIан соналъ ниж цадахъ хIалтIана магIарул республикаялъулаб газеталда. Къойидаса къойиде, соналдаса соналде шагIир, хъвадарухъан, журналист ва таржамачIужу хIисабалда рагIизе, машгьурлъизе лъугьана Расуловалъул цIар магIарулазда гьоркьоб. Гьеб ункъабго махщел, щибго цоялъ цоялъе мукъсанлъи ккезе течIого, цадахъ бачунеб буго Баху-Меседуца. Бокьарав махщелчиясе захIматаб жо буго жив цо чиясдаса ватIа вахъулеб, батIаго жиндир гьаракь рагIулеб къагIида батизе. Гьелъие бищунго цебе гьунар хIажалъулеблъиги лъиениги балъголъи гуро. Гьеле гьеб гьунар букIиналъ кIвана Баху-Меседуда жиндир рагIиги, рагIул магIнаги, жиндиего хасиятаб лъалкIги букIин адабият бокьулезда бихьизабизе.
Лъугьинаро дун Б.-М. Расуловалъул асаразе къимат кьезе, гьелъул цIиял кучIдузе хъвараб гьаб гьитIинабго цеберагIиялда. Рехсон тела Баху-Меседул кучIдул цIалидал, Расул ХIамзатовас хъварал гьал жугьаби:
Баху Расулова, йихьун дида мун,
Дагьа-макъай гурей, жеги лъаларо.
Жакъа дун вуссана сапаралдаса,
Саламгун баркала буго дир дуе.

ГьабсагIат цIалана «Гьудуллъиялда»
Цогидазда гьоркьор дур асаралги.
Лъица гъоб абураб магIарул кочIол
Куркьбал хIулун ругин, гьел мекъи руго.

Дие рохел буго. ЦIалана, лъана
ЦIияй шагIир гIуна Дагъистаналда.
— Баху-Меседу Расуловалъул магIна бугел кучIдул кидаго рукIана. РукIана гьел тIоцере хъва­леб заманалдаго. РукIана гьел гьей Литинстуталда цIалулеб мехалдаги. Дица хIикмалъи гьабулеб жо буго гьелъул поэзиялъул мацI циндаго роцIунги, цIикIкIунги, цIакъго берцинлъунги бачIиналда. Жидерго росдал, кьибил цо бугониги, батIияблъун ккараб мацIниги, мацIалъул сверелниги бугел чагIазе, болмацIалда хъвадарулелъул, квекIен ккечIого букIунаро. Баху-Меседул мацIилан абуни, я малъ кIутIичIого, я галадичIого чIалде бачIун буго. Хасалихълъиялъул кечIалда «Макьихунеб бакъул кIухIалаб гьими» абураб сипат гьабиялъги бицуна кинаб макъамалде Баху-Меседул поэзия бахун бугебали, — йилан хъвана Дагъистаналъул халкъияв шагIир ГIабасил МухIамадица 2001 соналъул июналда «ХIакъикъат» газеталда бахъараб макъалаялда.
Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Валерий Ганичевасги тIадегIанаб къимат кьуна магIарул шагIиралъул гьунаралъе:
— «Канатоходкаялъул» автор ккола тIадегIанаб шигIрияб махщалил шагIир. Гьелъул гьунаралъулъ цIунун буго гIурусазулгун дагъистаниязул классикаялъул рорхалъабазе ритIухълъи.
Гьебго данделъиялда гIурусазул шагIир В. Г. Бояриновас Б.-М.Расуловалъе кьуна «Канатоходка» тIехьалъул тIадегIанаб шигIрияб махшалие гIоло А. С. Грибоедовасул цIаралда бугеб ТIолгороссиялъул литературияб премия ва «Россиялъул адабияталъулъ лъураб бутIаялъе гIоло» медаль.
2012 соналда Ригаялда къватIибе биччараб 40 батIияб улкаялдаса шагIирзабазул кучIдуздаса данде гьабураб, гьедигIанасел улкабазде жиб щолеб «ШагIирзабазул дунял» («Планета поэтов») тIехьалда лъикIаланго бакI кьун буго Баху-Меседул кучIдузе. Гьеб тIехьалда руго тIолабго дунялалъул ургъел-пикру гьабун хъварал жугьаби.
2015 соналда «Россия – исламалъул дунял» («Россия – исламский мир») абураб халкъазда гьоркьосеб гIуцIиялъ лъазабураб исламияб темаялда хъварал кучIдузул къецалда тIоцебесеб бакI ккуна Б.-М. Расуловалъул кучIдуз. 2016 соналда Казаналда гьелъие кьуна гьеб къецалда бергьиналъул дипломги «Россия – исламалъул дунял» абураб халкъазда гьоркьосеб литературияб премияги.
«Россия – исламалъул дунял» къокъа гIуцIун букIана 2006 соналда Евгений Примаковас ва Татарстаналъул президент Минтимер Шаймиевас. Байбихьуда гьелда гъорлъе унел рукIун ратани цIикIкIарасеб халкъ бусурбаби ругел Россиялъул тIолалго республикабиги СНГялъул улкабиги, 2010 соналде гьелде гъорлъе рачIана дунялалъул тIолалгогIан исламиял улкаби.
«Алеф» басмаханаялда кватIичIого къватIибе бачIине буго гIурус мацIалде руссинарурал тIолалго тIахьаздаса тIасарищарал кучIдулги, гьезул щибалда цадахъ магIарул мацIалъул кучI­дулги ругеб бицатаб тIехь. ХIадур гьабулеб буго Живодар Душковас болгар мацIалде руссинарурал кучIдузул гьитIинабго тIехьги.
Россиялъул Хъвадарухъабазул ва Журналистазул союзазул член, Россиялъул литературияб фондалъул член, ТIолгороссиялъул ва Халкъазда гьоркьосел литертатуриял премиябазул лауреат, ДРялъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан Баху-Меседу Расулова мустахIикълъана «Россиялъул адабияталъулъ лъураб бутIаялъе гIоло» медалалъе (2011 с.), имам Шамилил цIаралда бугеб медалалъе, Азербайжан Республикаялъул Хъвадарухъабазул союзалъул хIурматалъулаб дипломалъе (2010 с.), Волоколамскалда тIобитIараб ТIолгороссиялъул шигIрияб фестивалалда гIахьаллъарай гьей мустахIикълъана «ТIадегIанаб шигIрияб махщалие гIоло» дипломалъе, ДРялъул Пачалихъалъул Советалъул ХIурматалъул грамотаялъе, Кавказалъул халкъазул халкъазда гьоркьосеб конгрессалъул хIурматалъул грамотаялъе.
2014 соналъул 3 марталда ДРялъул бетIерасул №52 хIукмуялдалъун Баху- Меседо Расуловалъе кьуна ДРялъул халкъияй шагIир абураб тIадегIанаб цIар.
Дагъистаналъул тIахьазул басмаханаялда буго бахъизе хIадур гьабураб Баху-Меседул кIиго тIехь. Гьел тIахьаздаса цо-цо цIиял кучIдулги рахъила гьанир.
Шамай Хъазанбиева

РитIухълъи

ГIолохъанаб гIелалъул
ГIанчIал кунчIарал къоял,
ГIунараб херлъиялъул
Хвалил махI чIварал сардал.

ГIолиллъи – тIогьолаб их,
Херлъи – гIунараб хасел.
ГIаздакь кьижарал гIорал,
Макьилъ гьимулел хварал.

Хасалил херлъи хисун,
Их цIидасан белъула,
ЦIер биигун, тIабигIат
ГIидра-тIегьалъ гвангъула.

ГIаздалаб макьуги тун,
ГIор гIедерго чвахула,
Чвахалаби гарула,
Гонгал-иххал хъудула…

ГIарасаталъул къоялъ
Хварал тIаде рахъуна.
ТIадегIанасда цере
ТIолалго ращалъула.

ТIогьол их даимлъула,
ГIаламго гIолиллъула,
ГIамал бихьун, гIумруги
РитIухълъиги Дос кьола.

ТIадегIанасул хIикмат

Борхатаб мугIрул тIогьиб
ТIогьилаб кьуру буго.
ТIадегIанасде гIин бан,
ГIаздалаб тIогьги буго.

ГIубил кьурул кьватIелаз
«Кьвари», — йилан хъван буго.
КьватIелалъа рецIцIулел
РацIцIадал иццал руго.

РоцIараб зоб борлъулеб
ТIогьиб цо тIавус буго.
ТIадегIанас ракьалда
ГIуцIараб алжан буго.

ГIицIал кьурабалъ рещтIун,
Кьер берцинаб хIинчI буго.
ХIайранлъулеб берцинлъи
ХIалкIолес бижун буго.

ХIалкъараб шагьаралда
Доб Алжан рехун тарал.
Умумузул магIишат
РекIей гIечIел, тохлъарал.

РакI мугIрузухъ гIодулей
Дунги гьезул кьеразулъ,
Кьалбаз гьаний ккурай дий
ГIодунго щай мугIрузухъ.

Динияб дуниял гIун йикIина дун

Дунявиябщинаб тарабин рехун,
Баху риханщинал рукIа, нуж, рохун.
Ахират босила, халваталъуй чIун,
ЧIаго йигониги, йикIина дун «хун».

Динияб дуниял, дур парахалъи!
Халват хириязул рекIей эркенлъи!
Халикъасе сужда, васасе хъулухъ,
Шукру Аллагьасе, къоял кьуралъухъ.

Къуръан-хIадисалъул хIурупазул нур,
ХIалкIолесде рокьул тIораз цIураб хур.
Холарез, хачадун, гьабе дуниял,
Дие гIела дунял гIицIго динияб.

Росдал мацI

Эбел йокьичIев чи ракьалда вугищ?!
ЭбелгIан росдал мацI бокьула дие.
Эбелалъул рахьгун, расандабигун
Бахул бидулъ рекIелъ бессараб рокьи!

Эмен хиралъичIев инсан вукIунищ?!
Эмен- магIарул мацI дие хирияб.
МагIарул мацIалда цIалана тIахьал
ТIоцере школалда дун – Расуловалъ.

Эбел йокьунилан, кьогIлъулищ эмен?!
Эмен хиралъанин, рихунищ эбел?!
Росу бокьарасе бокьула кьибил,
Кьолбол тарих цойин магIарулазул!

Загьруяб борохь — жахIда

Бечелъи-чин кIудиял чияр квердаса хвана,
Бичас берцинлъи кьураз
кьогIаб гIазаб чIамуна.
ЧIегIераб борохь –
жахIда жемана гьунаралда.
Гьундул чIахIияз загьру
тIуна ритIухълъиялде.

Чан гIасру свераниги,
согIлъи-гIасилъи свинчIо,
ГIасрабазул гъатазукь
гъапуллъун зулму чIечIо.
Юсуп ГIалайгьиясда гIемераб къо бихьана,
ГIоштIоца бетIер къотIун,
ЧIохъа Башир къанщана.

БахIарчи ханзабазул хиянаталъ вухIана.
ХIалхъубаца ХIамзатбег,
хIиллаги ургъун, чIвана.
ЧIвай пагьму бугьтанаца,
бегьуларелъул гьунар.
ГьоцIиб мацIазул цIадухъ
кье гьезухъе чагъана.

Кьвагьдолеб буго ракь
Кьвагьдеяз мехтараб ракь
Жибго кьвагьдолеб буго.
Гьелъул ургьиса къватIиб
ХIари беролеб буго.

Гьалдолеб гьелъул гIораз
ГIаламго бухIиладай?
ХIалкIолев гурхIичIони,
ЧIаго чи хутIиладай?!

Бичасул цо кьвагьиялъ
Кьин чIела дунялалда.
Дагьалда гIей гьабичIеб
ГIалам ракьулъ тIерхьина.

РекIел пири

Бакараб кан гуреб, канаб моцI гуреб,
Кинаб нуралъ къаси гьаб рукъ гвангъараб.
Гъасда цIадул гуреб цIорой хIинкъулеб
ХIикматаб хинлъи щиб ханлъи гьабулеб.

Хасел бакьулъгийищ, бекьун, тIегь гIолеб,
ТIогьолаб хурго щиб дир къараб гордукь.
ТIегьараб тIогьол махI кин тIибитIулеб,
ТIабигIат кьижараб кьиндалил гIужалъ.

Квен кваналалдего, кинан гIорцIулел,
Киналго нигIматаз рукъ кинан цIолеб.
Лъимго гьекъечIого, къеч кин буссунеб,
Гьекъезе замзамул ицц кин беролеб.

Къаси бецIаб сардилъ рукъ гвангъилариш,
Къуръаналъул аят рагIун цIалидал.
ЦIорой хIинкъилариш, хIикматаб ТIохьол
ТIадегIанаб нуралъ ракI асирлъидал.

ГIаздал гъатги тIогьол байданлъиларищ,
ТIегьараб иманалъ асар гьабидал.
Гьуинал махIалги тIиритIиларищ,
Гьардарасул асар кодоб босидал.

Квенго кваначIого, ракI гIорцIиларищ,
РекIел тIинда иман тIегьараб мехалъ.
ТIолалго нигIматаз дир рукъ цIеларищ,
ЦIалулел сурабаз сорозайидал.

Лъимго гьекъечIого, къеч буссинарищ,
Къуръан цIалулелъул магIу чвахидал.
ЦIорораб замзамул ицц баккиларищ,
Зикру бачунелъул, черх цIунцIрахидал…

Бакараб кан гуро, канаб моцI гуро,
РухIияб нур буго дир рокъоб гвангъун.
Гъасда цIадул гуро, цIорой хIинкъулеб
ХIикматаб гьаб хинлъи – Бичасде рокьи.

Сабаб бате, БетIергьан

Гьаб гIалам бижарав гIазизав Аллагь,
ГIазаб кьезе тоге гьаб лъимералъе.
Мунагь-хатIа гьечIеб лъимер гIодидал,
ГIодоре гирула дир магIил гарал.

Гургинаб гьесул черх бас-басунелъул,
РекIеда хIунсула тIолалго рукIкIби,
РукIкIалаби рана дир ияхIалда,
ХIалкIолев, хIур чIана дир сабруялда.

Гьаб гIалам бижарав гIазизав Аллагь,
ГIажизаб лъимадул гIоди рагIулищ?
РукIкIби къазарулеб щибаб лахIзаталъ,
Гьелъ гьарулел гьаркьал Дуде щоларищ?

Авал-ахир гьечIев гьардарав Аллагь,
Гьардухъан къойилго дун дуда цее.
Гьаранщинаб кьуна, алхIамдулиллагь,
Кье гьасие сахлъи, бате цо сабаб.

Дир берзул канлъиги лъимадуе кье,
Беццлъаниги, сужда ракIалъ гьабила.
Дунялги бихьана гIумруги лъана,
ГIемер хъвадарана, цIалана. ГIела.

Дир бохдузул сахлъи босун гьасий кье,
Сужда Дуй гьабила, гIодой чIовухъе.
Диесел сапарал, сухъмахъалги кье,
Сабурго йикIина дун дирго гъасда.

Гьаб гIалам бижарав гIазизав Аллагь,
ГIузрабигун сабаб цохIо Дудаса.
Сабру кье, БетIергьан, бетIерги сахлъун,
Нух битIун раче ниж Китаялдаса.