Гьавураб къогун

 

ДРялъул хIукуматалъул председатель, Казбек районалъул Гертма росулъа ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасда баркула гьавураб къо.

Ригь цIикIкIараб гьечIониги, нахъа тараб лъалкIалъул, гьарурал ишазул, тIурарал масъалабазул хIисаб гьабуни, гьел соназулъ буго гIумруялъулгун хIалтIул бечедаб тарих.

Кинаб ишалда вугониги, гьес бихьизабуна жив хIалтIи лъалев, кигIан захIматалги суалал тIураялъе хIадурав, ккаралъуб хIеренлъиги хIажатаблъун кьвариги бугев, кьураб рагIи кколев нухмалъулев вукIин.

Хъулухъазул болъабаздасан кигIан тIаде ваханиги, бажариялъулгун жавабчилъиялъул, гIаданлъи-гIадатлъиялъул рахъалъ лъикIаб тарбия щварав гьесда киданиги кIоченчIо гIураб ракьги гIадатияв чиги.

КинабгIаги щаклъи гьечIо, ГIабдулмуслим МухIидиновичас жиндаго тIадкъараб хIалтIи тIадегIанаб къадру-ассалда, халкъалъул тIалабал ричIчIун, гьесие хасиятаблъун бугеб бажари-жигарчилъиялда тIубаялда.

РакI гIатIидав, калам магIнаяв, къварилъи ккаразда квер чIвазе хIадурав, Дагъистан цебетIеялъе рухIги хIалги кьун хIалтIи гьабулев чи ГI. ГIабдулмуслимов вукIин нилъеда бихьула хIукуматалъул нухмалъулев хIисабалда гьес лъолел ругел галабаздалъунги.

ГI. ГIабдулмуслимовасда «ХIакъикъат» газеталъул коллективалъ ракIракIалъ баркула гьавураб къо.