Дуй памятник буго магIарул кьуру

М. АхIмадов вуго унго-унгояв шагIир, таржамачи, публицист, гIемерал тIахьазул автор.

Гьев вуго кIудияб пагьму-гьунар БетIергьанасдаса насиблъарав, гIакъилав, тавакалав, лебалав, кIвахI гьечIев, жиндир къалмикьан бачIунеб щибаб рагIулъ бихьинчилъи, бахIарчилъи бессизе бажарарав чи. ШагIирасул бажари буго жинца хъвалебщиналъулъ щибаб рагIи кколеб бакIалда, къадалъ гамачI гIадин, рекъезабун лъезе.
Гьев чIухIун ва вохун вукIуна нилъер умумузул бахIарчилъиялдаса, гьезул къвакIиялдаса, тIаде ккараб къо баччизе кIолеб лебаллъиялдаса. Амма гьесие цIакъ рихарал руго хиянат, хIилла-макру, ай нилъер гIумруялъул иццул бетIер хъублъизабулел хъантIарал, къабихIал, гIамал кIудиял гIадамал.
Дагъистаналъул халкъияв шагIирас жиндирго асаразулъ рорхана ва рорхула инсанасул, жамгIияталъул, адабияталъул кIвар бугел масъалаби. ШагIирасда гIемер лъикI бичIчIула кинаб заман бачIун бугебали ва, гьелъул хIисабалги гьарун, шигIрабалъ бессула гIумру. 

МагIарул росулъа вас МухIамад, улкаялъул адабияталде вачIана халат рахъун ралел цIадазул ихх гIадин, рорхатал мугIруздасан пулеб гьури гIадин, хIалуцун. Гьев кидаго вукIана ва вуго жиндирго хаслъи бугев, лъицаниги такрар гьавуларевлъун. Критиказ гьев киданиги гогьдаризавичIо, адабияталъул агьлу гьесухъ щаклъигун балагьана. Жиделъ цIилъиги, хаслъиги, хинлъиги, рацIцIалъиги букIиналъ, нух бахъана гьесул асараз цIалдолезул ракIазулъе. Жиндиего бищун къиматаб хазиналъун АхIмадовас рикIкIуна гIагараб росу Гьонода – гьев гьенив гьавуна, гIуна ва, Москваялде — Литературияб институталде цIализе инегIан, гьесул гIумруги ана гьениб. МугIруз хасаб асар гьабула инсанасе. Гьез рекIел асарал хIалуцинарула, гIадамал цоцазе гIагар гьарула, гIун бачIунеб гIел куцала бахIарчилъиялъе, инсанасул рухIияб къвакIи лъадарула. ГIагарал мугIрул ккола поэтасул творчествоялъул балъголъи рагьулеб кIул. ГIадада гуро МухIамадица абураб жив мугIрузе налъулав кколин.

Киве кканиги, шагIир жиндихъего цIала гIагараб гъанситоялъул цIадул кунчIиялъ. Гьев пашман гьавун вуго ахирал соназда лъикIаланго чIороголъарал росабалъгицин ахIвал-хIал рахIат хвараблъун лъугьун букIиналъ: 

Кодоб тIамурги ккун, тIамулеб бакъан 

ТIагIун буго гьанже росдал тIохазда.

Мадираби гьечIо, гваял лъугIана, 

Мадугьалзабазул вацлъи беццлъана.

Дир лъимерлъиялда магIна букIана

МагIарул ракьалда кьалбал риччараб:

Чанги маргьабазул гьуинлъи лъана,

ГьоцIо рахьдал мацIалъ мацIалда хъвана.

Нилъеда лъала Дагъистаналъул литературияб гамил цевехъанлъунги гIемерал соназ МухIамад АхIмадов вукIин. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъе гьес бетIерлъи гьабулеб буго 2003 соналдаса нахъе.
Дагъистаналъул адабияталъе бигьаяб заманлъун букIинчIо гьеб. Амма МухIамадида кIвана къадаралъул рахъалъ Россиялда бищун чIахIиязул цояблъун кколеб Хъвадарухъабазул союз цIунизе, гьелъул хIалтIи цебехун бачине. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союз лъугьана нилъер миллатазул рахьдал мацIал цIунулеб ва гьел мацIазда хъварал асарал халкъалъухъе щвезарулеб алатлъун. Цебе ва гьанже заманалъул хIакъалъулъ хъварал АхIмадовасул асаразулъ гьарзаго дандчIвала дунявияб ва рухIияб рохел жиделъ загьирлъулел гурелги, нилъер халкъалъ гIасрабаз хIехьезе ккараб гIакъуба-къварилъиги, захIмалъиги. Гьединлъидал дица тIад-тIад вуссун цIалула гьел ва хIаракат бахъула гьезулъ бахчун бугеб гъварилъи ва балъгояб магIна бичIчIизе. Гьел асараз нилъее загьир гьарула халкъалъул рухIияб рацIцIалъи, гIадатиябги гIорхъолъа борчIарабги, цогидал миллатазулалда релълъарабги ва гьелдаса цIакъго батIалъулебги тарих. Тарихияб ритIухълъигун «Кавказалъул гьалдолел къоязул» къиса хъвазе тIаде босун, гьеб масъала тIубазабуралъухъги тIадегIанаб рецц-бакъалъе мустахIикълъана шагIир. ШагIирас гIедегIичIого, ракIчIун тIамуна жиндирго шигIрияб махщалил борхалъиялде гали, махщел-гьунаралъул балугълъиялде вахана ахIи-хIур гьечIого. Гьеб бихьула магIарул ва гIурус мацIазда рахъарал гьесул «Хаслихълъиялъул сагIат», «Къоял», «Сонал», «Жугьа», «Поэт»,
«Балъгояб сагIат», «ХъахIаб рас» ва цогидалги тIахьал цIалидал. Щивав шагIирас нахъе тола жиндирго школа. Гьеб школа буго МухIамад АхIмадовасулги – хадур рачIунел гIолохъанал шагIирзабаздаса гьес
тIалаб гьабула ракI рагьараллъун, жидерго пикру бугеллъун рукIин. Гьес кIварабщинаб гьабулеб буго Дагъистаналъул литература яхI-намусалъул ва инсанасда рекъараб хьвада-чIвадиялъул матIулъун, рахьдал мацIал такрарлъи гьечIеб хазина букIин бичIчIулел гIадамал цолъизарулеб къуватлъун лъугьинабизе. Киназего захIматаб гьаб заманалда гьес кIварабщинаб гьабулеб буго Дагъистаналъул хъвадарухъабазда кверчIваялъе.

АхIмадовасул поэзиялъе хасиятаб буго философияб лирикаялде цIайи букIин, поэт тIад-тIад вуссун машгъуллъулев вуго инсанасе даималлъун кколел хазинабазул хIакъалъулъ пикрабазде, гьев ургъулев вуго инсанасул гIумруялъул магIнаялда, хьвада-чIвадиялъул нухазда тIад. Жиндирго гвангъараб гьунаралдалъун ва унго-унгояб рекIел бухIиялдалъун МухIамад АхIмадовас ракI-ракIалъго хъулухъ гьабулеб
буго нилъер бищунго къиматаб хазиналъун ва бечелъилъун кколеб тIадегIанаб, чIагояб, къадруяб рахьдал мацI цIуниялъе ва цебетIезабиялъе. Гьеле гьединлъидал гьесул творчествоялъул буго
цIикIкIараб щулалъи, къвакIи. М. АхIмадов ккола ВатIаналъул мустахIикъав вас, жамгIияв хIаракатчи ва гьебго заманалда гьев вуго рагьараб ракIалъул киназего кумекалъул квер
бегьизе хIадурав инсан. Гьеле гьелъ буго тIолабго Россиялда гьесул адаб-хIурмат гьабулебги. Поэтасул пикраби кидаго сверулел рукIуна гьесул рекIее хIалхьи толареб цоги суалалъ – гIумруялда поэзиялъ ва поэтас кколеб бакIалъ. Нахъеги гьеб суалалде шагIир тIад вуссунев вуго «Поэт» абураб прозаялъул тIехьалда. ТIехь гIуцIун буго нилъер тарихалъул ва жакъа себ гIумруялъул бицарал гIажаибго берцин
хъварал бутIабаздасан, гьеб лъугьунеб буго цогояб художествияб рахъалъ камилаб тIансалъун. ЦIалдолесда цебе чIола умумузул бахIарчияб тарихги, жакъасеб гIумруялъул рухIияб хъарцинлъиги, чороклъиги, хъантIиги, хIакимзабазул рахIму гьечIолъиги ва гIадатияб халкъазул къварилъабазул ралъад лъугьун букIинги. «Поэталда» абизе бегьула Дагъистаналъул гIумруялъул энциклопедийилан.
Гьебго заманалда тIехь ккола шагIирасул рекIел ахIи. РекIел ахIийин абуни цо рахъалъулаблъун букIунаро. «Поэталдаги» бичизе кIолареб гарацIлъун цоцалъ рухьун, журан руго нилъер гIасруялъул ва жакъасеб къоялъул цIакъго захIматал суалал. ШагIирасе хасиятаб буго метерисеб къоялда божи, гьев божула инсанасда. ШагIирас жиндиего кьолеб буго гьадинаб суал: «Поэзия щиб кколеб?» — абун. Жинцаго гьадинаб жавабги кьолеб буго: «Поэзия ккола дудаго лъачIого дуе тарбия кьолеб тIадегIанаб рухIияб къуват. КечI цо къоялъе, цо моцIалъе, цо лъагIалие хъвалеб жо гуро. Поэзия ккола гIемераб заманаялъе нахъе толеб
шагIирасул гIумруялъулги гьунаралъулги лъалкI. Хиси гьечIеб намусги, яхIги, гIаданлъиги, гIамал-хасиятги хутIула гьелда цадахъ», — ан. ТIолабго гIумруялдалъун, гьарулел къадруял ишаздалъун, жиндирго щибаб тIехьалдалъун М. АхIмадовас нилъее киназего мисал бихьизабула творчествоялда тIад хIалтIиялъул, тIаде босараб ишалдехун гьабулеб бербалагьиялъул рахъалъ. МухIамадги гьесул поэзиялъул тIадегIанлъиги бичIчIизе бокьаразе цохIо «ГIарафат» абураб поэма цIаланиги гIола. Гьеб буго шагIирасе БетIергьанасдасан кIудияб гьунарги махщелги насиблъун букIиналъе нугIлъи гьабулеб асар. Ва
аслияб жо, гьеб цIалараб мехалда нилъеда цеве чIола цеве вукIаралдасаги батIияв, гIасрабазул гъварилъуде, исламалъул кьучIде ваккарав цIияв шагIир — МухIамад АхIмадов.