Редакторасул калам

Хиса-басиязул гьогьен
 
Ассаламу гIалайкум, гIагараб, бокьулеб, бокьараб заманалда нужее божараб гьудул-гьалмагълъун букIине хIадураб «ХIакъикъаталъул» къадруял цIалдолел!
 
МагIнаяб, гъваридаб, нужер ургъелазул гъамас ричIизе кIолеб, пикрабазул ханлъун, хиялазул нурлъун лъугьине рес бугеб миллияб казияталъул коллективалъул цIаралдаса цо гьитIинабго хитIаб гьабизе ракIалде ккана жакъа.Жиндир бечедаб тарихги цIарги бугеб, жиб гIуцIаралдаса гIасруялдасаги цIикIкIун заманги араб авар басмаялда хIалтIи­зе ва хIатта гьелъие нухмалъи гьабизе щвей дица рикIкIуна гIумруялъулго талихIлъунги тамашаяб битIккейлъунги. 
 
Гьале лъабго моцI ана дица «ХIакъикъаталъе» нухмалъи гьабулелдаса. Щибха гьабизе кIвараб нижеда гьеб къокъаб болжалалда жаниб?
БицинегIан кIудиял, кIалцIун рехсезе мустахIикъал ишал гьаризе кIвечIониги, авар миллаталъул матIулъун кколеб казияталъул гьумер дагьа-макъабго хисизабизе, цIилъизабизе бажарана.
Гъоркь рукIарал рагIул унго-унгоял устарзабазул хIалби­хьи­ялда ва тIаде рачIарал журналистазул гъираялда мугъчIвайги гьабун гIуцIараб хIалтIуца хIасилалги квешал кьолел гьечIо. 
ЦIалдолел рази ругин ккола жакъа казияталда информациялъулаб рахъ лъаледухъ хисиялдаса. Гьелъие «гIайибияллъун» ккола машгьурай журналист ХIажиева Зульфияги гIезегIан жигарав мухбир Ашахан Юсуповги.
Адабияталъул, маданияталъул ва исламияб диналъул тIагIам цIалдолезул кIутIбузда хъвазабизе кIвечIони, жиндие хIалхьиги рахIатги букIине гьечIилан ракIчIезабулеб буго, чанго соналъ Шамил районалъул казияталъул бетIерай редакторлъунги хIалтIун, нахъеги «ХIакъикъаталде» тIад юссарай ГьитIинова ПатIиматицаги. 
Гьединго тIад буссана сатирияб гьумер «Бахьикъосги». Цебе гIадин эркенго хIакимзаби какизе рес гьечIониги, ракIалда буго, машгьурав классик ЦIадаса ХIамзатил къагIидаялъ, ре­ццун-какун гьезул тату хвезабизе.
Инкар гьабуна гIурус мацIалда биччалеб букIараб кIиго гьумералдасаги. Гьадинги рекIеда рекIун бугелъулха, магIа­рухъцин гъира-шавкъалда хъурулеб, кIудиял вацазул мацI.
Байбихьана кIиго мацI жидер бугел магIарулазул мацIазда гьурмал риччазеги. ГьанжелъагIан къватIире рачIана бежтIа­дерил, гьинухъисезул мацIазда гьурмал ва жакъасеб номералда кьолеб буго гIахьвалазул мацIалдаги гьумер. 
Амма буго, хIурматиял магIарулал, нилъ киналго пашман гьарулеб цо суалги. Гьеб ккола миллион къадар бугеб къадруяб миллаталъул казияталъул тираж щуазарил гIорхъодецин бахинчIолъи. 
50 азарго чи вугеб дирго гIагараб Болъихъ районалда гIицIго 290 экземпляралъе подписка гьабун буго. Кинха дица къимат кьелеб цогидал районазе? Шагьар гIадаб АнсалтIаги, Шодродаги, Зилобги, ГIалахъги цониги казият хъвачIев дир рес гьечIо районцояз адаб-хIурмат гьабунилан вохизе яги чIухIизе. Ресалда, санагIаталда ва намусалда рекъараб хIалтIи гьабун буго хIалчIахъадаз.
ТIолабго гIолохъанлъи интернет, телефоназдеги буссараб, гьезул кIарчанал ракIазда дунялалдаго цIар рагIарав имам Шамилги кIочараб, кIудияв Расулил шигIрабаз щибниги асарги гьабулареб, гьайбатал умумузул бахIарчиял ишаздаса расниги чIухIиги гьечIеб гьаб хIалихьатаб заманалда нилъерго цIарги, мацIги, миллатги цIунизе ахIараб «ХIакъикъаталъе» подписка гьабунгутIиялда цо кутакаб гIажаиблъи гьабизе бакI гьечIо. Амма нечезе, намуслъизе, пашманлъизе тIубараб ихтияр буго. 
Подписка гIодобе ккеялъул гIайиб, гьайгьай, нижедаги буго. Кидаго гуро казияталъул гьурмазда рукIунел цIалдолезул ракI тIаде цIалел, гьезие асар гьабулел макъалаби. ГIемер дандчIвала дора-гьаниса росарал, чIамучIал, чIалгIарал, чIорогоял жал. 
ЗагIипаб букIана цIалдолезулгун бухьенги. Цониги районалда вукIинчIо хасав мухбир. ТалихIалъ, кIвана гьеб гъалатI би­тIизабизе ва мугIрузул ичIго районалда хасал мухбирзаби тезе.
ЦIияб соналдаса нахъе Гъизилюрт, Хасавюрт, Казбек районаздаги хIалтIулев вуго хIалбихьи бугев мухбир.
Дагьаб цебегIан «ХIакъикъаталда» тIобитIана магIарул районазул газетазул редакторзабазулгун лъикIаб дандчIвай, гьабуна цоцазулгун лъай-хъвай, ккана щулияб къотIи бакIалъулал мухбирзабаз жидерго районазда кколел киналго лъугьа-ба­­хъи­­назул хIакъалъулъ материалал республикаялъул газеталдеги ритIизе.
ПалхIасил, хиса-басиязул гьогьен чIвазе байбихьана ни­лъер миллияб казияталда.