«Иццулги рекIелги рацIцIалъи цIуне»

Туризм нилъер республикаялда хайир кьолеблъун лъугьунеб бугин, нилъехъе къватIисан рачIунел гьалбалги цIикIкIунел ругин абулеб буго республикаялъул тIадчагIазгицин.

Гьез кьолел баяназда рекъон, цересел соназда дандеккун 2019 соналъ Дагъистаналде рачIарал туристазул къадар бахун буго 850 азарго чиясде, ай гьел цIикIкIун руго 20 проценталъ.
Цере нилъехъе рачIине хIинкъулел рукIун ратаниги, гьанже цо нухалъ щвараз цогидазда бицун Дагъистан бихьизе гъира базабулеб буго. Узухъда, гьеб батила хIинкъигьечIолъиялъул рахъалъ республикаялда гIодобебиччай букIиналда барабги.
Гьобол хиралъи бидулъго бессараб халкъалъ кинха къабул гьабулеб бугеб гьеб сабаблъун бизнес гIуцIи? Гьабулеб бугищ пикру нахгун кваналеб чадида тIад жеги икраги бахине гьелъ кьезе букIиналъул? Бугищ гьелде жанисеб хIадурлъи?
ТIоцебе халгьабе лъарагIлъиялдаса магIарухъе нилъ рачунеб шагьранухлул рагIаллъабазул, гIу­ру­мухъазул. Лъалхъе бищунго гьайбатал тIабигIаталъул бокIназда, ракке сахлъиялъе гьава цIазе, свак чучизе нилъ хьвадулел рохьахъе. РакI гъанцIулеб, хIал буго! КъватIиса чи вачIунищха гьеб хъублъи тIибитIараб? Гьайгьай, гуро, чахьалги цIезарун хутIаралде мугъ рехулел нилъер росуцояз, гьудулзабаз, гIагарлъиялъ.
Дица пикру гьабула Европаялъул гIадамазул ва нилъер бусурбабазул — щай нилъее бокьулеб чороклъиялъулъ къан рукIине? Аллагьас инсанасе гIоло бижараб дунял, нигIматлъун кьураб тIабигIат, гьекъолеб лъим — гьелъул рацIцIалъи цIунизе лъаларел нилъеда туризмалъул бизнес бичIчIулищ? Сверухълъиялде берхьвагIеха? Кинаб букIунеб бусурбанчиясул жанисеб рацIцIалъи гьаб чороклъи сверухъгун?!
Ралъдал чороклъиялъул бицун гьаниб хIал кIвеларо, гIурулгун лъарал рагIаллъабазда ругел росабазул халгьабе. СанагIалъаби рекъарал, рацIцIадал рукъзабахъа тIолго хъублъи лъадалъе буго чваххулеб. Жеги кIудияб хIикмат — гьебго лъим буго богорукъзабахъеги бачун нилъецаго гьекъолеб. Киналха нилъ бусурбаби чедгицин рищниялде рехулел? Анкьие цо нухалъниги щивас жиндирго рукъалда, ах-хуралда сверухъ бакI бакIарани, бачIунарищ рацIцIалъиялъул нур?
ГIабдулатIипов вачIараб мехалъ цIакъ тIадчIун рацIцIад гьаризе байбихьана нухлул рагIаллъаби. «Нилъер чороклъи бацIцIине къватIиса чи вачIунаро» — янги абун, республикаялда рацIцIалъи гьабизе гьес лъуна байбихьиго.
«РацIцIалъи алжаналъуса бачIараб буго», «Иццулги рекIелги рацIцIалъи цIуне» — кигIан гIемер нилъеда гьеб рагIулеб вагIза-насихIаталъулъ, игIланал чIван нухлул рагIаллъабазда бихьулеб, иццул кIалтIа батулеб.
Узухъда, рацIцIалъи цIунулелги ратила бакIал. Цогидазеги мисалалъе букIинелъун гьезул нилъеца хадуб бицина, бахчараб лъикIабщинаб рагьила, рагьараб квешлъиялда данде рагъ бала.
Мурадги буго нилъер гIадамазул «дие гьаб щайин» абураб пикру хисизаби, нилъерго ракьалде рокьи бижизаби, рекIеда ратизари.
Жакъа Дагъистаналда туризмалъ кколеб бакI ни­лъеда бихьулеб буго. Ахирал соназ гIезегIан лъикIал ишал гьаруна, гьезул цояб буго «туристический хаб» абулел, гьалбал лъалхъизе рукъзал рай. Гьелъул кIудияб санагIалъиги буго нухлулазе. Бокьилаан, хIукуматалъ гьабулелъухъ балагьун чIечIого, жиде-жидер ракьалда берцинлъиги рацIцIалъиги, хайир кьолеб хIалалъ гIуцIараб хIалтIиги бихьизе.