Дагъистаналъул брендазул хIакъалъулъ

 

   Гьанжеги щиб ракIгъанцIизабулеб лъугьа-бахъиндай кка­наян, телевизор биччазе яги интернеталде раккизе хIинкъарабги нечарабги хIал букIунаан чанго соналъ цебегицин. Гьедин нилъер республикаялъе щун букIана къойилго тIоритIулел КТОязулги, кверда синжралги ран, цересан туснахъ гьарулел хъулухъчагIазулги рахъалъ кутакаб машгьурлъи.

 

   Гьелде халкъ ругьунлъунцин букIана. Гьединлъидал гIемерисеб мехалда бичIчIулароан къватIиса рачIарал гьалбадерил гIажаиблъи: гьадигIан берцинаб тIабигIаталда гIумру гьабулел нужеца туризм щайин цебетIезабулареб, жиндир заманалда Турциялъ кинигин, гьелде кIвар кьуни, нуж габунире рахун бечелъулин рагIулаан абулеб. Релълъунеб жо букIарабани, нилъер умумузги гьабилаанин гьеб, гьез гьабулеб батичIелъул, жидееги щайилан, квер хьвагIун толаан нилъецаги туризм. Яги нилъерго жоялъул къимат гьабунгутIиниги батилаха гьеб.

Дагъистаниязул менталитет гурилан чIаралги рукIана байбихьуда – имам Шамилилги ХIажимурадилги наслабаз гIумруялъ гьабуларила туристазе хъулухъ. Гьабуниги, гьелъухъ гIарац босизеги нечолила.

    Амма гIумру буго хиса-сверулеб жо. Гьединго гIадамалгиха. Гьедин жакъа магIарухъ хIетIе чIезе бакI букIунаро туристазул гIемерлъиялъ. Масала, цохIо ГьитIинаб ГьоцIалъгицин буго хасав чи бетIергьанаб, 60-ниги номералъул гостиница. Гьебги цIун, рукъ-рукъалъурги къабул гьарула гIадамаз улкаялъул киналго регионаздаса рачIарал туристал. Гьебго ахIвал-хIал буго цогидал росабалъги.

ГьабсагIаталда туристазе бищунго рокьулел руго Дагъистаналъул мугIрул. Гьелъин гьел магIарухъеги хьвадулел ругел. Амма нилъер буго жеги ралъадги. Гьединин гьал къоязда республикаялъул бетIер Сергей Меликовас загьир гьабураб Гъаякент районалда ралъдал рагIалда курортги базе кколин абураб пикру. Гьев гьедин кIалъана гьал къоязда Владивостокалда тIобитIараб экономикияб форумалда (ВЭФ). Россиялъул президент Владимир Путиницаги рахъккуна гьелъул.

   60 улкаялдаса гIезегIан машгьурал эксперталги, бизнесменалги, гIалимзабиги, политикалги гIахьаллъараб гьелда инфраструктураялъулги мастер-планированиялъулги рахъалъ семинар бачине тIадкъан букIана нилъер республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасда. Курортин абуниги, гIицIго гьеб бан тезеги ракIалда гьечIо. Проекталда рекъон, Сочиялда релълъараб шагьар лъугьинехъин буго гьениб лъимал сах гьариялъул центрги, экспо-площадкаги, гостиницабиги рани. Гьелъул хIакъалъулъ Ашахан Юсуповас хъвараб макъала нужеда батила кIиабилеб гьумералда. Улкаялдаго рагIун гьеб проекталъулго гIадин, Дагъистан дунялалда машгьур гьабурав кIиявго магIаруласулги бицунеб буго гьал къоязда. ЦIадаса Расулги Генуса Шамилги ккола гьел. Расулил «ХъахIал къункърабаз» Дагъистаналде вакIарун вуго чанго нус-нус чи, рикIкIунел руго шагIирасул кучIдул, республикаялъул нухмалъиялъул минаялда жаниса бахъарал, кисакирго чIван руго гьесул суратал.

Бернард Шоуцайищ, Генрих Гётецайищали ракIалда гьечIо, рагIун букIана гьезул цояс санайилго дунялалда чанго миллион чи кваназавулилан («поэт кормит несколько млн человек» абураб магIнаялда). ЧIаго вугеб мехалдаги, хведалги Расулил баракат щвана гIезегIан чиясе.

    Дагъистаналъул брендлъунги лъугьана гьесул цIар. Амма гьелдаго цадахъ рахIатхвезабула шагIирасул асарал гьанже къанагIатги магIарулалъ рахъунгутIиялъ. Гьединлъидал хьул буго Расулил юбилеялде пачалихъалъ биччараб 8 млрд гъурщида гьоркьоса дагьа-макъаб къадаргIаги магIарул мацIалда гьесул тIахьал рахъиялъеги биччалин абун. Имам Шамил гьавуралдаса 225 сон тIубаялде хIадурлъиги буго тIадбан унеб. КватIичIого Авартеатралда кIудияб тадбир гьабизе буго гьелда хурхун. Гьединго гьаб газета типографиялде кьезе сагIтал хутIидал, Миллияб библиотекаялда тIобитIана «Шамил имамасул 500 кагъат» абураб тIехьалъул кIиябго томалъул презентацияги. Дагъистаналъул халкъияв шагIир МухIамад ХIамзаевасда цадахъго гьел кагътал ралагьизе, гIарабалдаса руссинаризе квербакъана магIарул миллаталъул чIухIилъун кколел гIолохъанал тарихчагIи – МухIамад ШайхмухIамадовас, ШагIбан ХIапизовас, Рамазан ГIабдулмажидовас, Жамалудин МаламухIамадовас, ГIабдурахIман МухIамадовас, МухIамадгIарип Каримовас, Завурбег Жамалулаевас.

Гьел кагътазулъ КIудияв имам цевечIолев вуго инсан, рагъухъан, муъминзабазул амир, гIалимчи хIисабалда (презентациялдаса макъала хадусеб номералда кьела). Амма гьесул хъвавулаб ирс ва Кавказалъул рагъул тарих цо бакIалдеги бакIарун, букIине кколедухъ цIех-рех гьабун лъугIун гьечIо. Гьединлъидал гьел тIахьал ратаги гьелъие лъолеб байбихьилъун.

 Зульфия ХIажиева