Туристал уна, багьаби хутIула  

 

  Ахиралде щолеб буго хIалтIуцагун цIалуца свакарал урхъараб риидалил гIуж. Шагьаралдаса хIухьбахъизе рачIарал жиде-жидер пишаялде тIадги руссун, чIороголъулел руго росаби.

 Хасалихълъиялде гIагарлъулеб бугониги, Дагъистан бихьизе гIащикълъун рачIунел гьалбадерил къадарин абуни жеги дагьлъунго гьечIин ккола.

   Ахиралде щолеб буго хIалтIуцагун цIалуца свакарал урхъараб риидалил гIуж. Шагьаралдаса хIухьбахъизе рачIарал жиде-жидер пишаялде тIадги руссун, чIороголъулел руго росаби

 Росулъа шагьаралде тIадруссунаго, магIарухъе унел машинабазул чвахи чанцIулго ризаб бугоан. Кидаго кеп букIуна сапаралъ цадахъ ругезул харбихъ гIенеккизе. БакI-бакIалда лъалхъун ратулел туристал рихьун гьезде буссана хабар. Лъабго чIужугIадан йиго гьаб нухалъ цадахъ, лъабалъулго буго батIи-батIияб пикру.

  «Отпусказул заманаялъ гьазул рокъоб гьабизе хIалтIигодай букIунареб. Бадиса цIа унаха, керчал бутIрулгун, нилъ зияраталъ унел бакIазда гьал ратидал», — ин абулеб буго цоялъ.

КIиабилей разиго йигоан туристал цIикIкIиналдаса: «Вай, рачIун лъикI, гьездаса бугебщинаб хайир нилъер гIадамазе. Дир мадугьалалъ бицана исана росулъги чIун туристазе куракул карщ бичун жинца къоазарго гъурущ гIарац гьабунилан. Дицагоги гьезий бичанщинаб пихъ. ГIумруялъ букIинчIо исана гIадаб даран.»

   Лъабабилей гьалмагъ гьал кIияздаго рекъечIо: «Уха, куракул карщалъухъцин лъун бугеб багьа, цогидалъул гьабиларищ. Вай, хъантIи, нужгогIагийищ нечоларел гьедин хираго пихъги квенги бичизе? БотIрода кIаз чIвачIогоянги туристазда гIайиб чIвалел руго нуж, нилъер шагьаразда чохтIо къан ратила киналго хьвадилел, нужералги нижералги»

  «Нилъераз магIарухъе унелъул рас бахчулаха» — ян гIайиб бацIцIине лъугьарай гьалмагъ чIезаюна лъабабилелъ: «Шагьаралда Аллагьасда рихьулелгIаги ратиларо гьел. Гьадал, кIаз къачIел туристазулги цIикIкIунисел дагъистаниял ратулеблъи лъай нужеда».

Туристазул рахъалъ батIи-батIиял пикраби гIемер рагIула, хасго магIарухъ. Цоял рохун, риххун, щиб гьабунги гьездаса щагьи-пара тIалаб гьабулел, цогидал туристал росабалъе рачIине бокьуларого, нилъер ракьалдаса баракат унин, лъабабилел — нилъерго гIадаталда рекъон, рикIкIадаса рачIарал гьалбал чIорого кваназарулел. Гьоркьохъеб, киналго разияб, лъиего зарал кколареб низамалде кида бачIинеб лъаларо гьаб ахIвал-хIал. Гьеб батила  нилъерго культураялъул къимат гьабунгутIи, чияраб бичIчIунгутIи, къокъго абуни — лъавукълъи.

   Туристаз бер къапичIого гIарац кьолеб бугин абун базараздагун ашбазазда кванил нигIматал ричулел руго зодобе бахараб багьаги тIад лъун. БакIалъулал гIадамазе гьелъул бугеб заралалде ургъулев чи гьечIо.

   Туристал нилъехъе рачIуна чорхое, чохьое ва рекIее рахIаталъе. Гьел уна, багьаби хутIула.