Лъимерлъиялъул лахIзатал

 

   ТIаде щолеб буго дир бабал байрам. Киналго улбузул гьайбатаб бай­рам. Гьелда цересел лахIзатаз бокьун буго лъимерлъиялде нахъ юсси­не, дагьайго гогьдаризе. Эбелалъул хIакъалъулъ хъвазе. Гьейгун гар­гадизе. Лъимерлъиялъул иццухъ кIалги чIван, гIорцIизегIан дирго пикраби гьекъезе. Лъимерлъиялъул пикраби. Гьез роцIинабула чIунтун ине теларилан дун лъугьун йигеб ракIги, гьелъул чIвабзаз рачунел хIасратал сариназухъ гIенеккидал, кьурдизегицин гьесарилей йиго. ГьитIинлъилин цо лахIзаталъ – бокьун буго лъимерлъиялъул маргьа­далъе лъутизе ва дирго гIелалъул гIадамаздеги лъималилан ахIизе. Биччанте гьеб лахIзаталъ дидаго цадахъ гьитIинлъизе дир гIумруги, гIумруялъул соналги, соназул чIумазда рарал маржаназул цIалги… Гьа­ле дун – гьитIинай Шамай. Дун гаргалей йиго дунго гIадал лъималазда.

Бабал бакъги дадал цIаги

  Лъимал! Бицинищ нужее дир ба­бал бакъалъул къиса. ГIенекке цо лахIзаталъ.

   Унго-унголъунги цо гьелъул бер­цинлъи. Рогьалилъ дир гордадаги кIетIола гьеб, цинги гьуинаб макьи­да кьижун йигей дида лъурлъудула. Гьеб бачIуна дихъе, цадахъ бабал убачги бачун. Цинги гьелъ дун еэ­дун толей куцха! Убачалъе хIалае за­маналдасан бабал хIеренал квералги рачIуна. Огьо-гьой! Недегьго гьез дун гогьдаризаюн толей куцха!

  Гьале тIаде щвана бабал гьимиги.

  — Дир дару дарман, — иланги абун, гьеб гьимиялъ дун йосун хъахIил зодихъ дирго цIваялда аскIой лъола. Гьенисан дун бабал беразда цадахъ дунялалъухъ гIащикъго ялагьула. Бабаца, жиндирго балагьиялъул ку­мекалдалъун, жиндирго квераз дир гIисинал квералги ккун, жиндирго гьимиялъул сариназул бакъназухъе нухарегIула дун кIудияб талихIалде данде. Гьенибги дие бабал бакъ­алъ кьола анкькьераб нуралъулаб кунчIи.

  Дир бабал бакъалъул буго лъабго чIор, цоялдаса цояб гвангъараб ва кунчIараб.

  ТIоцебесеб чIоралъ жиндир­го къиса сайгъат гьабулеб буго дие, хъизамалда кIудияй ясалъе. КIиабилеб чIоралъе гьелъ цIар кьун буго кIудияв васасул. Лъаба­билеб чIорги – гьитIинав вац. Ба­баеги дадаеги нилъ цохIо хIалалда рокьула. Гьезул бакъул чIоразулги цIадул мацIазулги щибалъул буго жиндирго къисаги къисматги. Гьез гIажаибго гьайбатал расенал угьу­лел рукIуна щибаб лахIзаталъ да­далги бабалги гIумруялда.

  Буго бабал бакъалъе хинлъиги гвангъиги кьолеб цоги чIорги. Гьеб буго бабал бакъ цIунизе ТIадегIанас гьелъие битIараб хIикматаб чIор. Гьелъие цIарги кьун буго инсул. Гьев ккола дир дарманав дада. Гьес ни­жер хъизамалъул гъасда бакун буго даимаб цIа. Гьев ккола гьеб цIадул кIудияб мацIлъунги. Гьеб цIадул хIенхIаллъун руго нижги, дадал цIаялъги бабал бакъалъги цIунарал, гьезул гIумруялда накъиш угьарал хIурулгIинзаби.

  Лъимал! Лъала – нужер щивасулги буго бабал бакъги дадал цIаги. ЦIуне гьел. Гьел ругебгIан мехалъ, талихI нилъеда аскIоса кибениги кьуруларо. Гьел бакъул чIораз нилъеда аскIоса хъамула чIегIерал накIкIалги, су­рукъал ишалги, квешал гIадамалги. Бабал бакъалда гъорлъ буго нилъер щивасул гIумруялъул чIор. Гьелъ­ул хинлъиги, гвангъиги, роцIенги – гьеле бабал бакъалъулги дадал цIаялъулги аслияб. Щибаб бакъалъ­улги щибаб цIаялъулги буго жин­дирго къиса. Дир бабада цIар буго ХIалимат. Берцинаб цIар гьечIищха, лъимал? Дадада цIарги Расул буго.

Бабал бакъги дадал цIаги!

   Гьез нухарегIизе йиго дун цогидаб, батIияб дунялалде. Гьел даим дун­гун рукIине руго, дир гIумруялъул нухалги къалъизарулаго, дир къис­маталъе хинлъиги кьолаго… Лъан букIаха, лъимал, гьезул кунчIи бараб буго нилъеда. Нилъецалъидал гьезие тIад буссинабизе кколеб берцинаб кьералъулги гьуинаб махIалъулги талихI…

Эбелалъул кечI

   Лъимал! Лъалищ нужеда дуня­лалдаго бищунго берцинаб кечI ки­набали? Нужеда киназдагоги лъа­ла гьеб. Гьеб буго эбелалъул кечI. ТIоцебе гьеб нилъеда рагIула ки­нидахъ. Гьеб кочIохъ гIенеккараб лъимада кIочон тола жиндирго «къварилъаби». ГIодиги тола гьелъ, кинабго бичIчIулеб бугеб гIадин, сихIкъотIунги чIола. Гьеб кечI ккола нилъер гIумруялъул аслу. ДахIабабаца гIемер бицуна бахьикъ­осарав вас лъугьани яги малъараб гьабуларей яс лъугьани, абулила эбе­лалъул кинидахъ кечI рагIун батула­рин гьездайилан.

   Цинги цIидасанги боржуна бабал кечI нилъехъе. Гьелъ гьеб ахIула, нилъер гьурмада гьими бихьидал. Ба­бал кечI бохула, нилъер релъи рагIун. Гьеб белъула, нилъер, лъималазул, талихIалда къвалги бан. Гьеб гIодула, нилъер магIуялда убачалги гьарулаго.

  Лъимал! Щибха нилъеца гьабизе кколеб, бабал кечI кидаго кьурдулеб букIине ккани?

   ТIоцебесеб иргаялда, гьелъ малъ­араб гьабизе ккола нилъеца. Гьезул макьил рахIатги цIунизе тIадаб буго нилъеда.

   Бабал кечIалъулги саринал батIиял рукIуна, хъизамалъул хIубилъунги ракIлъунги кколев дадал кьвариги, къвакIиги, къамартIлъиги хьолбохъ ругони.

  РачIа, лъимал, цIунизе нилъерго хъизамалъул гъасда бабал бакъги кечIги, дадал цIаги, нилъехъ урхъун бугеб талихIги.

Эбелалъул ццин

   Лъимал! Унго-унголъунги, дир бабал букIунеб берцинаб ццин. АхIдолейго ахIдолей йикIуна гьей, хIалицаго ккун релъиги букIуна. Гьеб лахIзаталъ бабал ццингицин белъанхъулеб букIуна. Цо-цо ме­халда дида ккола, ццинилан цIар букIаниги, гьеб гьезего гьечIин гьелъулилан. Батанигицин, гьеб буго цIакъго цIакъ хIеренаб.

  Гьелъгицин нилъер гIумруялда рахъулел хIикматал накъишал!

  Дида лъала киналго улбузул ццин цохIо кьералъул букIунеблъи. Гьеб релълъуна цIадалдаса хадуб зодихъ рещтIараб нуралда.

Гьаб кинабго данде гьабуни, лъу­гьуна хъизамалъул квацIи. Гьеб бечIазе тезе бегьуларо нилъеца. РачIа цадахъ хIалтIизе, хIурматиял лъимал! Даимаб рецц хъизамалъул квацIиялъе.

Эбелалъул кверал

     Лъимал! ЧIвалеб гьечIищ нужеда эбелалъул кверазул тIагIамаб махI? Дицайин абуни, дирго квераз гьалъ­ул квералги ккун, свери бахъулеб буго лъимерлъиялъул авлахъалда.

Гьале уней йиго эбелгун цадахъ, хурие, ссандаса бецараб харил ма­гьал цIезе. Гьалеха дир магьги, ду­нялалда бищун хIеренал квераз цIун кьураб – киса-кибего – дуру­саб, узданаб. КвегIисан, кваранисан раккарал тIугьдулги. Эбелалъ, дир магь берцинлъизе, магьида гьоркьор лъурал тIугьдузул квацIаби. Доб ме­халда гьезул берцинлъиялдаса лазат босизе гIакълу букIинчIо. Гьанже гьел тIугьдузул махIалъул бухIиялъ лъалъалел руго лъимерлъиялъул ракIалдещвеял.

    Их магIаруллъиялъул кавуда кIутIидал, «ГIалагIарт» майданал­де тира-сверизеги рахъунаан ниж. Гьелъулги букIана цо хасаб магIна. Гьеб заманалда магIарухъ жеги гIазу биун букIунаро. ГIазукьан къватIире раккун рачIине хIаракат бахъулел де­рец тIугьдуз берцин гьабун букIуна майдан. Аби гьечIищха, тIоцебе де­рец бихьарав гьеб соналда бищун талихIав вукIунилан абураб. Амма дида гьеб лъицаниги кибниги абу­леб рагIичIо тIокIалъ. Гьебги букIун батила цохIо йигей ясалъе талихI ба­лагьулей йигей эбелалъ жинцаго ур­гъараб жо. Жиндаго бихьараб тIегьги дида бихьанилан чIолаан гьей. ГIазукьа дерец эркен гьабулаго, дир кверал квачалилан хIинкъун, жин­дирго квераз тIолаан гьелъ дерец, ТIадегIанасда дие талихIги гьарун. Гьел квераз бахъанщинаб хIаракат, дир гIумру буцIцIине…

  Эбелалъул талихI. Эбелалъул ракI. Эбелалъул гьими. Эбелалъул магIу…

 

Кинабго лъималазул кодоб…

 

    Гьалеха цIидасанги нахъ юссу­ней йиго лъимерлъиялъул улкаял­даса. Ва цIидасанги ракIалде щвана цо гьадинаб лъугьа-бахъинги. Му­нагьал чураяв инсул хабаде щвезе рузман къояз дунги унаан эбелал­да цадахъ. Цо нухалда хабзалалъ нижеда ятана нижерго гIагарай, гьабсагIаталда дир бугеб ригьалъ­ул гIадан. НекIого хварай эбелалъул зонода къвалги бан, гIодулей йиго­ан гьей. Цинги дица эбелалда абуна гьагъалъегIаги эбел щайдайилан. Гьеб дуда жеги бичIчIуларинги абун, гъолде аскIоеги ун, гьейги гIодана. Гьанже бичIчIулеб буго дида дой гIаданалъул магIил багьа… Улбу­зухъ тIолеб бугеб магIил бакIлъиги бухIиги…

 

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА