ТIад толел хIакимзаби хIалкIун лъикIал ралагье

 

РагIад битIуларебин,

 ТIил гьетIараб бугони,

— ТIад толел хIакимзаби

ХIалкIун лъикIал ралагье»

ян хъвана магIарул адабияталъул классик ЦIадаса ХIамзатица 1921 соналдаго «Советазде щал рищизе кколел?» абураб жиндир кочIол асаралда. Гьелдаса нахъе ана 100 сон.

   Рищиял нилъер гIумруялда лъугьана кидагосел лъугьа­-бахъиналлъун.

Гьездехун щивасул букIуна батIи­ батIияб бербалагьи – цояз депутатлъиялде кандидатазул щулияб рахъги ккун, кьола гьаракь, цогидаз – гьезде дандечIун рехула бюллетень, цогидалин абуни, гьеб иша лъул жиндие щибниги ургъел гьечIеб гIадин, гIахьаллъиго гьабичIого чIола.

Амма цIикIкIарасез гIумру лъикIаб рахъалде хисизабиялде божилъигун жигаралда тIамула рищиязул къо.

Щайгурелъул Россиялъул Федералияб Собраниялъул Пачалихъияб Думаялде ва республикаялъул Халкъияб Собраниялде рищарал депутатаздаги бараб бугелъул нилъер халкъазул рукIа-­рахъиналъул даража ва роцIараб букIинеселде божилъи.

  Дагъистаниязе рищиял кида­го рукIана ва руго кIвар бугел по­литикиял лъугьа-­бахъиналлъун.

ГIумруялъул кигIан захIматал шартIал ругониги, тIолгодагъис­таналъул букIа, цо районалъул, цо шагьаралъул даражаялда гьарулел ругониги, нилъер халкъаз хIаракат бахъула гьезда жаниб жидерго пикру загьир гьабизе. Россиялъул цо­-цо бакIазда букIунеб гIадаб ургъел-­агъаз гьечIолъи нилъер миллатазе хасиятаб гьечIо. Гьединаб жигарчилъи бижиялъе ругел гIиллабазул цояблъун, дир хIисабалда, ккола нилъерго миллаталъул букIа, къавмалъул, тухумалъул чи­ дагъистаниясе кумек гьабизе, гьесул рахъ кквезе бугеб гъира. «Дагъистаналда тухумчилъи тIагIинабизе ккола», ­ ян цо-­цо политиказ цере рехулел пикраби кидаго гуро ритIарал ратулел, щайгурелъул лъикIаб магIнаялда босун ургъани, гьелъулъ руго гIемерал лъикIал рахъалги. ТIоцебесеб иргаялда, гьеб ккола миллаталъул цолъи, гъунки бихьизабулеб гIаламат.   Бокьараб миллат цолъараб бугони, тIолго Дагъистанги цолъараб букIуна. КIиабизе бугони, гIумруялъул цо кинаб бугониги бутIаялда хIалтIулес гьенире жиндирго гIагарал –гIунтIарал рачин – гьеб ккола гьес гьезие гьабулеб кумек. «Коммерсант» сайталъул мухбирасе Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев С. Меликовас кьураб интервьюялда гьес абулеб буго: «Мисалалъе кIудияв вехьас жиндирго гIагарал гьеб хIалтIуде рачин – гьеб кколищ тухумчилъи? Ккола. Гьеб лъикIищ бугеб, квешищ? ЛъикI буго.  Дир инсул эмен вукIана офицер, эмен вукIана офицер, дун вуго офицер, дир вас – офицер. Гьесул васги вахъине бегьула офицерлъун. Гьединго тохтурзаби росани – бетIерав тохтур эмен вугони, гьес гьенир хIалтIулел жиндир васасул яги ясалъул махщел дагьабги камил гьабилародай. Тухумчилъиялъулъ гуро Дагъистаналда иш бугеб, иш буго гьезул щивас гьарулел лъикIал ва квешал ишазулъ», ­ ян.

  Рищияздаги цо рахъалъан гьеб гIиллаялдалъунги гIадамал цо гIадин рахъуна жидер гIумру лъикI гьабилин гьасин ракIалде ккарасе, ялъуни партиялъе гьаракь кьезе.

Гьединлъидал, гIажаиблъи гьабизе ккараб жо гуро гьал рищияздаги нилъер гIадамаз жигараб гIахьаллъи гьабиги. Гьеб ккола улкаялъул букIа, республикаялъул букIа нухмалъу­лездехун божилъи букIиналъул гIаламат.

 Жакъасел нилъер нухмалъулезде гьеб божилъи тIадеялдаса тIаде щулалъулеб бугин абизе бегьула, бакIалдасан рачIарал ва гьединго жамгIиял гIуцIабаз цере лъурал масъалаби тIуразе гьез гьабулеб хIаракаталде ва гьезие халкъалъ кьолеб къиматалде балагьун.

  Исанасел рищиязда цереккунисезде данде ккун загьирлъана чIаголъи, жигарчилъи ва гIадамазул жидеда тIадаб борч тIубазабизе ва Конституциялъулаб ихтияр гIумруялде бахъинабизе бугеб хIадурлъи.

  Гьал рищиял дандчIвана нилъер жамгIияталда квешаб вирусалъул унтиялъ ханлъи гьабулеб заманалда. Избирателазул участкабазде щведал, бихьулеб букIана гьаракь кьей гIуцIараб къагIидаялда ин мурадалда гуребги, коронавирусалде данде гьарулел тадбиразулги ракIа-­рахари букIинги.

Аслияб куцалда рищиял квеш инчIин абизе бегьула. Гьелъие нугIлъи гьабуна къватIисел пача- лихъаздаса рачIарал нус­нус наблюдателазги. КигIан нахулъ рас балагьизе гьезие бокьун букIаниги, ритIухълъиялъе гьел мукIурлъана.

  Амма цо­-цо гIунгутIаби камунги, узухъда, рукIинчIо. ТIоцебеб иргаялда гьел рухьарал руго рищияздаса рищиязде жидеца рищулезул сияхIал мухIкан гьарулел гьечIолъиялда.

Масала, чанго сон буго дир ниж жанире кколеб МахIачхъалаялда Кировский районалда избирателазул участокалде рищиял ругеб къоялъ гьаракь кьезе унеб, амма цебе­-цебеги гьениб цIар батичIого, тIадеги гьабулеб сияхIалда хъвалеб дир цIар, гьал рищияздаги гьединго гьабизе ккана. Гьеб ккола районалъул админстрациялъул хIалтIухъабазул тIалаб гьечIолъиялъул хIасил. Гьединал рахъазде хадубккун кIвар бусинабизе ккей хIакъаб буго.

   Кин бугониги, ракIалде ккола гьаб нухалда Федералияб Собраниялъул Пачалихъияб Думаялде ва республикаялъул Халкъияб Собраниялде ва бакIазде нилъеца рищарал депутатаз нилъер гIумруялъул даража борхизаби мурадалда гъеж гурараб хIалтIи гьабилилан. Киналго рищаразда баркула ва халкъалъул божилъи ритIухъ гьабизе гьезие тавпикъги гьарула.

 

Зикрула ИЛЬЯСОВ