Гьодораб чIухIи чIобогояб гьанкIи

 

     РекьичIого хурзал руго, къачIачIого ах буго, чIунтун умумузул кули буго. Заруца гьумер бухулеб, гугарулеб къебелъухъе хьвадизарун гIезарулел руго васал. Бищун лъикIаб ретIинеги кваназеги чIезабун, къо бихьизе течIого чемпионаллъун рахъинариялде тIаделъун руго. Лъаймахщалиде ургъизе заман гьечIо. Хадуб щиб? Жиндир вас сундулалиго рахъалъ кивалиго вахъарав чемпион вугила, гьелда рекъон хъулухъ кьолеб гьечIила хIукуматалъ. Гьанже зигардулев эмен, кинаб махщалиеха дуца вас ругьун гьавурав, щиб захIмат хIехьезе малъараб? Рокъоб гIарац гIолареб къо тIаде бачIиндал, гьесие хъулухъ кьолареб хIукуматищ гIайибияб?

    Вас чIухIухъанлъун вахъинавулел эбел-инсуца ахир гьесул хъизан-лъималги жидецаго хьихьизе кколел руго. Щиб къо борхилеб, жив вегараб бусада юргъанцин битIизабизе тIамичIого, эбелалъ гогьдаризавурав васас? Кинаб хъизан гьес гIуцIилеб, жийго гIадай чIухIухъан лъадилъун ккедал? КIиябго рахъалъан эбел-инсул гIакълу гIечIони, гьечIо гьеб гIолохъанаб рокъоб рекъелги, парахалъиги, букIинесебги. Риххулел хъизамал къойидаса къойиде цIикIкIунел рукIиналда гIажаиблъизе жо гьечIо, нилъеда цебе буго гIумруялъул «цебетIей», гIолилазул сабру гьечIолъи, чIахIиязул гIакълу гьечIолъи. Рукъалъул хIалтIиги малъуге, къватIахъ адабалда хьвадизеги лъаге, бергьенлъиялъул, гIарцул гурони мацIги бичIчIуге — щив чиха лъугьинев гьесул? Киналго гурелъулха Олимпиялъул чемпионаллъун рахъунел ва хъулухъал щолел. Кинаб бугониги махщалие вас ругьун гьавизе ккелин пикру чан инсуца гьабулеб бугеб?

    ГьитIинго яс юхичIей эбелалъ гьей кIудияй гIейгун накаби рухизе кколин абула, гьединго чIухIухъан вас гIезавурав инсуцаги харадуниб бетIер кквезе кколеб буго.

    Юристасул дипломги бегун тун, евро-ремонтал гьарулев вуго цо гIолохъанчи. ЦIалун рахъанщинал киналго юристазе данде балагьун хъулухъ букIунареблъи бичIчIизе бокьичIев гьес гьанже кверал хIурул цIезаризе ккана. Цо талихI — гьесул эмен кверзул махщел бугев чи вукIин, гьелъие васги куцазе инсул гIакълу гIей.

    Цогидал васазул эмен вуго, гъоркь лъураб бакI щущан инегIан, компьютералъул хIаязда сардал-къоял тIамулев. Инсуца тараб нахърателги лъугIун, жиндагоги гьавудизе лъачIого, дунялалдаго цидаххун, улкаго такъсирияблъун гьабулев вуго пакъир. Гьев вуго дов, спортзалазда заман чIваниги, чемпионлъун вахъинчIев, цIалул сессияби инсуца гIарцухъ гьарун куцарав, эбелалъ гогьдаризавурав вас. Эменги цевеса ана, эбелги херлъана. Щиб гьанже гьес малъилеб балугълъиялде рахунел жиндирго васазда? Шагьаралда, магIарухъ минаби ралел бакIазда хIалтIулел рихьула къватIисел хIукуматаздаса рачIарал гIадамал. ГIемераб гIарац унеб буго улкаялдаса къватIибе вьетнамаз, узбеказ, тажиказ. Нилъераздаго гьоркьор лъикIал устарзаби къанагIат рукIиналъ, гIемерисез гIей гьабулеб буго, чIухIи тун хIалтIулел, нилъер гьанир хIалтIулаго устарлъиялъе ругьунлъулел тажиказда. Гьодораб чIухIи, чIобогояб гьанкIиян абулаан чIахIиял чагIаз чIухIухъанасде. Гьелъухъего кколеб буго нилъер ишги, гIемерисебго мехалъ.

   ЦIодорав чияс жиндиралдасаго цIикIкIун лъайги махщелги щвезабулеб батила васасе. Гьединазул бицинеги гъира бала, рагIизеги бокьула.

ПатIимат ГЬИТIИНОВА