Их рогьунеб гIужалда

 

    Гьале исанаги их рещтIунеб буго нилъер щивасул рекIелъе рогьелги, рохелги, гьогьенги гьурщулаго. Дида чIвалеб буго магIаруллъиялъул махI. МугIрузда гIадаб берцинаб ихги кибго букIунеб батиларо. Гьелдаго цадахъ чIвалеб буго лъимерлъиялъул махIги. Ясазул къокъагун цадахъ марталъул байбихьудаго унаан дерец тIугьдул ралагьизе. Дица хIаракат бахъулаан бищунго цее ккезе ва, квераз гIазуги нахъе гьабулаго, дерец балагьизе. Дун цIакъ божулаан эбелалъ бицунеб букIараб дерец тIегьалъул къисаялда. Гьелъул талихIаб ахирги букIана: тIоцебе дерецалда берчIварав чи гьеб соналъ бищунго талихIав вукIунилан аби.

     ГьабсагIаталдаги ракIалде щола дида эбелалъ сайгъат гьабун букIараб дерец. Гьебги дихъе кьолаго, магIил гаралги гирана гьелъул бадиса ва, зобалазде квералги ритIун, ТIадегIанасда гьардана гьей жиндир ясалъе талихI кьейиланги абун. Гьеб дерец жеги цIунун буго дица, пакеталда жанибги лъун. Бакъвараб гьеб чIаголъулеб гIадаб асар гьабула дир рекIее, ихдалил ругьел щведал. РакIалда буго, дерец батараб мехалда, рикIкIунел рукIарал жалги. МагIнаги лъаларооан, лъачIониги, рохунги рукIунаан:

    — Ясал цIилъун, цIихер бижун, Дерец гIинкълъун, гIин цIодорлъун…

    Ихалда цадахъ нилъер гIумруялъул гIидраялдаги рещтIуна роцIарал пикраби.

    Ихдалил цIилъиялъ рекIел хIалги хIайран гьабула. Хасалил хъахIаб тIимугъалъулгун къо лъикI гьабулаго, тIабигIаталъ къабул гьабулеб буго ихдалил ретIел. ЛъикIаб хIалалда цIабуцIинеги цIабуцIун, тIабигIаталъ тIубанго тIаса рехулеб буго хасалил форма. Ва гьале жиндирго кверщаликье ккараб тIабигIаталъул каранда ихалъ ретIунеб буго, гIурччинал маржаналги рекьун, чIухIизабураб гурде. Гьелда ругелщинал гIаламаталги. ГIурччинаб гIидраги гьениб, гIидраялда расандулел кьагIазул гъадиги рагIула гьениб, гьанжего гьанже тIегьазе хIалбихьулел кьер-кьерал тIугьдузул нуралги гьенир, лъил каранда сунареб цIа лъезедай жиб инейилан ургъулеб бугеб рокьул сариназул гучги гьениб, гьелчолеб талихIалъул махIалги гьенир…

    Абулаан их магIарухъе, оцазул лълъурдуздаги бухьун, бачIунилан. Гьелъул магIна батила, ихдал рекьи оцаз гьабулеб заманалда, ракь рекьиялъухъ гIащикълъун бугин абураб.

    ЦIияб их цIияб талихIгун ва цIияб сахаватлъигун рещтIун батаги. Нилъер киназулго анищалги цIилъаги, пикрабиги цIурайги, ихдалил сариназул сасги тIагIунгеги гIумруялъул гIидраялдаса.

    ХIурматиял руччаби! Гьале исанаги бачIунеб буго их, нилъее жиндирго нигIматалги росун.

    Дидани, тIоцебесеб иргаялда, ракIалде рачIана ХIамзатил Расулил рагIаби:

 

        — Щибаб март бачIингун, магIарул чIужу,

          МахIмудил хабада лъе ихдалил тIегь.

 

    Цеве чIолев вуго, гIодизе магIарул пандурги гьабун, чIужугIаданалде кучIдул ахIулев шагIир.

    МугIрул чIужугIадан! Дуде кечI хъвачIев шагIирго вугодай. Мун кIодо гьаюлаго, тIирщана берцинал гьезул шигIраби. Дур берцинлъиялъухъги яхI-намусалъухъги гурищ жакъаги магIу тIолеб магIарул тIармил чIвабзаз.

    Ихдалил тIабигIат гIадин, цIилъиги чIван, цIаюцIун ячIуней йигей мун релълъун йихьула сверухълъиялъе берцинлъи кьолеб тIогьол нуралда.

Хъизамалъул гъасда бакараб цIаялъул бищунго хинлъи кьолеб хIенехIги мун, гIумруялъул захIмалъаби кIигъеж гьарун раччизе кIолеб жанги дур, кинаб букIанигицин къуваталда къезабизе кIолареб намусги дур, намусалъ бекIкIараб къисматги дур.

    МагIарухъ роол гIидраялда бижараб, дангъва тIадегIанаб тIегьги мун, хасало гIаздакьан баккараб дерецги мун, къисматалъул бакъул бищун кунчIараб чIорги мун.

    Гьеле гьединай йиго мун, мугIрул чIужугIадан, эбелги, яцги, ясги, гьудулги, лъадиги цолъун лъугьараб гIумруялъ буцIцIараб квацIи.

    Ихдалил байрамгун, хIурматиял руччаби.

Ш. ХЪАЗАНБИЕВА