КЭМЗалъул бергьенлъаби ва балъголъаби

Лъим бухIизабулел алатаздаса байбихьун самолетазде щвезегIан

 

23 октябралда «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъабаз сапар бухьун букIана Гъизляралъул электромеханикияб (КЭМЗ) заводалде.
1984 соналдаса нахъе гьелъул генералияв директорлъун хIалтIулев вугев Шамил районалъул МачIадаса АхIматIов Ибрагьимихъе, гьес нухмалъи гьабулеб заводалде щвезе ва гьенир хIалтIулел гIадамазулгун лъай-хъвай гьаби букIана нижер мурадги.

ГIемераб бицунеб рагIаниги, жеги гьениве щварав чи вукIинчIо дун. Улкаялъул промышленносталъе ва рагъулаб техникаялъе чара гьечIого хIажатал алатазде щвезегIан гьениб гьабулареб къайи гьечIин бицунеб рагIулаан. Дицагойин абуни, Гъизляралъул заводалда хIадур гьабураб цо алат хIалтIизабун батила гIумруялда жаниб. Гьебги ккола лъим бухIизабиялъе хIалтIизабулеб алат (кипятильник). Гьелъул кIудияб квегIенлъиги букIунаан хасго цебе магIарухъ. Чанго нухалда токалдаса бахъизе кIочонги тун гьеб бухIидал, эбелги ягъулаан. Доб мехалъ кколаан цо гуреб, квер бегьараб мехалъ ратизе, ящик цIун ругеланищин гьелилан абун. Гьанже рихьана, ящик цIун гурел, заводалъул тIубараб цехго цIурал.
Амма цин Ибрагьим АхIматIова­сулгун дандчIваялъул бицинин.

Заводалъул бечелъи, гIолохъанал махщелчагIи ва КЭМЗалъул эксклюзив

Гьурмада гьимиялъул асаргун заводалъул азбаралде нижеда дандчIвай гьабизе вачIана Ибрагьим. Хъваш-башги гьабун, жиндирго машинаялдаги рекIинарун, заводалъул цехал рихьизаризе рачана.
ТIоцере ниж щвараб цехалда хIалтIуде машгъуллъун ругоан руччаби. Цо бакIалда гъуни гьабун ругоан тIадехун бицен гьабурал, лъим бухIизабулел кипятильникал. Жеги гIемер ругоан жеги рихьунго рукIинчIел тайпаялъул алаталги. ХIалтIухъабазе рорчIамиги кьун, гьениб киса-кибего бер щвезабуна. АнцIго батIиял станокал, машинаби, компьютералъулаб система жаниб рекъезабурал кабинаби. Азарго батIияб тIагIел.
Гьениб бихьанщиналъул хIисаб гьабизе ниж регIилалде, цогидаб цехалде рачана АхIматIовас. НусгогIанасев чи гьенивги вукIун ватила хIалтIилев. Амма гьоркьо­хъеб ригьалъул цониги чи гьезда гьоркьов гьечIоан. Киналго рукIана гIолохъаби.
Гьаб бугин хас гьабун жеги лъеберилъе рахинчIел гIолохъанал махщелчагIаздаса данде гьарурал хIалтIухъаби жанир хIалтIулеб цехин бицана Ибрагьимица. Гьез гьениб хIадурулеб буго рагъулал самолетазе хIажатаб къайи-цIа.
Бицунеб жо гьоркьоса къотIизе течIого, кодобеги босун нижеда бихьизабуна цо квергIанасеб алат. Самолеталдасан бомбаби рехуле­лъул, чара гьечIого хIажалъулеб алат кколин гьебин бичIчIизабуна заводалъул директорас. Жеги мухIканго гьелъул хIакъалъулъ бицине аскIове ахIана цо гIолохъанчиги. Кинаб къагIидаялъ гьеб алат хIалтIулебали, гьелъ тIубазабулеб масъалаялъул рагIа-ракьанде щвараб баян кьуна гьес. ЦохIо жидер заводалда гурони гьединал, тIадегIанаб кIваралъул алатал хIадуруларин чIухIигун тIаде жубана Ибрагьимицаги.
Хадур щвана махх биунеб заводалде. Цо кIудияб къотIелалда жаниб лъим гIадин речIчIулеб лъамалъи бихьизабуна Ибрагьимица. Къокъго бицани, гьениб биунеб буго махх. Хадуб гьеб унеб буго цогидаб къотIелалъубе, гьелъул гьарулел руго алатал.

Ибрагьим АхIматIовас гьениб бихьизабуна махх борлъулеб рочоххералда (сверло) релълъараб цо алатги. Чамалиго сантиметр биццалъи бугебги махх борлъун бажарулин гьелъухъайин бицана гьес. Гьебги кколеб буго цохIо КЭМЗалда гурони хIадур гьабулареб эксклюзивияб алат. Гьелда релълъарал жал чанги рихьизаруна нижеда гьеб къоялъ.
Гьебго цехалда бихьизабуна кIудияб маххул листалдаса кескал гьарун алатал къотIулеб машинаги. Лъицаниги квер хъвазе ккечIого, компьютералъул кумекалдалъун хIалтIулеб гьеб машинаялъ, сурат бахъулеб кинигин, чанго бакIалдаса лазералъ хIуччалги цIан, къотIулел руго алатал.
Гьенисан щвана цогидаб цехалдеги. Гьенибги анцIго батIияб станокги, компьютералъул кумекалдалъун хIалтIулел машинабиги, хIалтIуде машгъуллъарал гIадамалги. Бералдаги рихьичIел, бицунелги рагIичIел алаталги. ГьитIинал, кIудиял, гургинал, ункъбокIонал, чанго кьер батIиял.
Гьаб кинабалиго рагъулаб машинаялъе чара гьечIого къваригIунеб сурсат бугилан бихьизабуна Ибрагьимица.
Иргадулаб цехалде щваралго цо станокалда нахъа йигей, гьоркьо­хъеб ригьалъул гIаданалда аскIове ана Ибрагьим. Жидер заводалъу­л цеетIурай хIалтIухъан йигинги абун, лъай-хъвай гьабизеги тIамуна. Гьей ятана Болъихъ районалъул АнсалтIаса. Гьелъги бицана жийго заводаде хIалтIизе ячIараб куцалъул ва гьелдаса разияй йикIиналъул.

Самолеталъул фюзеляж,
кьоял ва аэропланал

Хадусеб нижер сапар букIана рагъулал самолетазе хIажатаб сурсат хIадурулеб цехалде.
Бакъуда данде кенчIоледухъ цIвак-цIвакизабун хIадур гьабураб, цо халатккараб жоялде аскIоре рачана заводалъул нухмалъулес. Гьеб рагъулаб самолеталъул фюзеляж кколин бичIчIизабуна Ибрагьимица. МагIарул мацIалде буссинабуни, гьеб буго самолеталъул кваркьиги, кваркьидул жанисеб рахъги, гьелъул гьакалги цоцалъ хурхинаризе, гьел лъабаздаго гьоркьоб букIунеб жо. Гьелъул сурат бахъизе биччачIо, щаялиги бичIчIун батила нужеда. Гьединал фюзеляжазул цо анцIгониги жо бугоан гьенир кьерухъе лъун. ЦIакъ тIадчIун, гIемераб заманги хвезабун хIадурулин гьелин бицана Ибрагьимица.
Гьенисан рилълъана завода­лъул 83-абилеб цехалде. РикIкIадего рагIулеб дваргъи-гIанхъи бугоан гьенибги. Цо чанго чияс тIаделъун бухулеб бугоан кIудияб ва бакIаб маххул къотIел. Гьеб цехалда гьарулел ратана кьоял. КIудиял гурел, гIисинал кьоял.
Исана байбихьанин жидеца гьел гьаризеян бицана цехалъул начальник АхIмад МагIазовас.
— Оборонаялъул министерствоялъул заказалда рекъон, лъабго кьо хIадурулеб буго гьабсагIаталда. Гьелдаса цебе нижеца гьабун букIана гIоразда, лъаразда тIасан заманаялъ лъолеб кьоги. Мисалалъе, кибниги кьодуе жагъаллъи ккун бугони, гьеб къачIалебгIан заманалда хIалтIизабизе бегьулеб кьо ккола гьеб. Аслияб кьо къачIан лъугIидал, бакIарун нахъеги босизе бегьула гьеб, — илан бицана АхIмадица.
Гьедин хIадур гьабураб кьо лъун бугоан киназдаго бихьулеб бакIалдаги. Гьебги нижеда бихьана КЭМЗалда хIадур гьарурал самолетазухъ балагьизе унаго.
ХIатталдаса араб гIатIилъиялъул цехалда жаниб батана хъахIилаб кьералъул самолет. Хал-шал гьабидал, цебе магIарухъе-нахъе боржунеб букIараб, «Кукурузник» абун цIар щвараб, АН-2 самолёт. Гьениса къватIире лъугьиндал, рагьараб зодикь эхетун букIана жеги кIигоги.
Амма нижер аслияб кIвар буссинабуна заводалъ хIадур гьабураб, МАИ-411 тайпаялъул гьитIинабго самолеталде. Ункъо чи рекIине бегьула гьелда жанив.
Редакциялъул хIалтIухъабазул киназулго бер бухьанин абизе бегьула КЭМЗалъул аэропланалъ. Гьелда сверухъ чIун суратал рахъана, жанир рекIана. Бачине рес букIарабани, гьебсагIатго магIарухъе роржинеги лъилниги инкар букIинчIо. Гьениб лъай-хъвай ккана летчик Муслимилгунги.
1974 соналъ гьабунин жинца тIоцебесеб рорженин бицана гьес. МАИ-411 самолеталда рекIун лъабго соналъ цеве Москваялдеги воржун вуго гьев. Гьанже магIарухъеги роржен гьабизе ракIалда бугоан гьесда.
— Шамил районалъул МачIада, ралъдал гьумералдаса 2200 метр борхалъуда бугеб магIарда, нижеца хасаб майдан хIадур гьабун буго самолет рещтIине. ХIажалъи яги гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIалалде ккани, ралъдада тIадги рещтIине бажарула гьелъухъа. Аслияб къагIидаялъ гьеб буго туристал рекIине, ишалъулал сапарал гьаризе цIакъ квегIенаб самолет, — илан бицана летчикас.
Рамазан ГIабдулатIипов республикаялъул бетIерлъун вугеб мехалдаго бицен букIана советияб заманалдаго гIадин магIарухъе гьарулел рорженал цIи гьаризе ругин. Дур хIисабалда, щай гьеб суал рагIалде бахъунарого бугебилан гьикъана нижеца Муслимида.
— Рорженал гьари буго цIакъ дотациял хIажатаб бакI. Советияб заманалда гьелъие гIарац биччалаан, гьанже гьеб гьечIо. Самолетазул белтил багьа хираго буго. ГьабсагIат цIикIкIун дотациял кьолел руго Россиялъул севералъул регионазде, — ян бицана гьес.
МАИ-411 самолёт жидер чIухIи кколин бицана заводалъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Асият ГIабдулатIиповалъги. КЭМЗалъул цIияб проект хIисабалда, Гъизляралда хIадур гьабураб самолет гIахьаллъун буго Москваялда щибаб соналъ тIобитIулеб «МАКС» авиа-салоналдаги.
Жакъа Гъизляралъул заводалда буго 20 батIияб цех, Москваялда ва Каспийскиялда ругел филиалазда хIалтIулев вуго кIиазаргоялдаса цIикIкIун чи. Буго жидерго кинотеатр, профилакторий, лъималазе бараб парк. Шагьаралда гьекъезе бегьулеб даражаялъул лъим гьечIолъиги хIисабалде босун, заводалъ къватIибе биччалеб буго жидецаго хIадур гьабураб лъимги. Гьеб баянги нижее кьуна Асият ГIабдулатIиповалъ. Къадекванида нахъа гьеб лъелги хIалбихьана нижеца.
Гьедин ахиралде щвана Гъизляралде гьабураб нижер сапар. Бихьанщиналъ асирги гьарун, Ибрагьим АхIматIовас гьабураб гьоболлъиялъ рекIелъ хинаб асарги бижизабун къо-лъикI гьабуна гучаб завода­лъулгун. Гьелъул къебелъухъ бухулеб квартIил гьаракь дунялалдаго рагIизеги батила.