Рижараб ракьалъул къадру цIунизе ккола

«Гьадинал гIакъилал гIадамал гIелмуялдаги нижер вузалдаги гIемерал рукIаралани, нилъ рукIинаан тIолабго дунялалъул улкабазда гьоркьор тIоцебесеб кьерда». Гьадинаб пикру загьир гьабун буго Дагъи­станалъул пачалихъияб техникияб университеталъул (ДГТУ) сайталда Гелани МуртазагIалиевасул хIакъалъулъ гьесул студентаз.

-Жакъа вузалде цIализе вачIунев гIолиласул лъай мукъса­наб бугин бицуна преподаватель­забаз. Гьеб битIараб бугищ?

 

 

— КIудияб улка биххиялда цадахъ­го биххана лъай кьеялъул гIуцIиги. Нилъее чияраб бакалавриат, маги­стратура, ЕГЭ… Гьединал хиса-ба­сиязул хIасилалда нижехъе рачIуна физикаялъулги математикаялъулги загIипаб лъай бугел абитуриентал. КIиго лъагIелалъниги ниж хIалтIизе ккола гьезул лъай камил гьабиял­да тIад. Кин вахъинавилев ралел бакIазул махщелчи математикаги физикаги лъаларев чиясул?

Бокьилаан школазда лъаялде кIвар кьуни. Бицунеб рагIула, пу­ланаб бакIалда цIияб школа банин, къачIанин абун. Школалъе мина банилан цIалдохъабазул лъай ка­миллъуларо. Больница цIияб бугин абун, унтаравги сахлъуларо. РукIине ккола хIалтIизе гъирагун бажари ва лъай камилал махщелчагIи.

ГIодизе ккараб хIалалда буго гьабсагIат нижер махщалие цIализариялъул рахъ. Студентасе чара гьечIого хIажат буго матема­тикаялъулги, физикаялъулги, гео­метриялъулги, химиялъулги кьучIаб лъай. Лъазе ккола математикаялъул формулаби, физикаялъул законал; геометрия лъаларев инженер кинав вукIунев?! ЗахIматаб хIал буго… Лекциялда яги семинаралда дица бицунеб жо бичIчIуларел студентал гIемер руго жакъа. Гьезда лъаларо мацI, лъаларо батIа бахъизе цIулал тайпа. Цебе гIолилаз абулаан, жи­деца рокъоб цIул бичIулин, къед базе кумек гьабулин. Жакъа гьебги гьечIо.

Бокьараб заманалда дун хIадур вуго студентасул суалалъе жаваб кьезе. Амма, телефоналдасаги, элек­тронияб почалдасаги, видео-бухье­налдалъунги дихъе кIалъазе рес бу­гониги, дагьлъун руго суалал кьолел студентал.

 

-Кинаб къимат дуца кьолеб МахIачхъала шагьаралъул архи­тектураялъе?

— Советияб улкаялда букIана «Гос­строй СССР» абураб хасаб комитет. Гьелъул идарабазул, ай регионазда ругел филиалазул ихтияр гьечIого, цониги бакI балароан. Дагъистанал­даги букIана «Госстрой Дагестана» абураб идара. Гьениб мухIканго хал гьабулаан киналго докумен­тазухъ. Жакъа проект хIадуризеги гьелъул экспертиза гьабизеги цIакъ захIмалъула. Гьединлъидал щи­вас жиндиего бокьухъе балеб буго мина. Бищунго квеш ккараб жо — лъицаниги жаваб кьоларо гьеб гIала-гъважаялъул. Архитекторас абула жинца жаваб кьолин гIицIго пачалихъалъул бюджеталъухъ ра­лел бакIазул. Полициялъ абула гьеб жидер иш гурин. Гьединлъидал эхетухъего хутIун руго риххиза­ризе кколин абураб хIукму гьабу­рал минабиги. Риххизаризе гьечIо гьел — гIиси-бикъинал бакIал гуро­ни. ГIадамазухъа гIарацги бакIарун, гIадлу гьечIого мина барав чи къватIисел улкабазда хIухьбахъулев вуго, гьес бараб минаялда рукъ­зал росарал гIадамал гIазабакь хутIун руго… Гьедин букIине буго жамгIияталъул бичIчIи хисизегIан.

 

-Ниж студенталлъун ру­геб заманалда абулаан, сопро­маталъул экзамен кьурав сту­дент рукъалде вуссине бегьулин абун. ГIелмуялъул бищунго захIматаблъун рикIкIунеб махщел кин дуца тIаса бищараб?

— Дица школа лъугIизабураб за­маналда дидаса цIикIкIарав кIиявго вацасги яцалъги тIаса бищун букIана учителасул махщел. Нижер хъиза­малда гьабуна гьадинаб хIукму: ди­цаги гьитIинав вац Халидицаги тIаса бищизе ккола батIияб пиша. Гьедин дица тIаса бищана инженерлъиялъул факультет. Вац цIализе ана медин­ституталде, хIалтIулев вуго Москва­ялда тохтурлъун.

Университеталъул инженерияб­гун ралел бакIазул факультеталда цIализе гъира бугел абитуриен­тазул читIир халатаб букIана. Бу­гониги, дун ворчIана къецалъул хIасилалда. ЗахIматаб масъала, хIалтIи, тIадкъай тIубазе бокьула­ан дие. Гьелъго бищана физикияб гIелмуялъул рехсараб бутIа. БагIараб дипломгун лъугIизабуна гьанже­го гьанже рагьараб политехникияб институт. Ректорлъун вукIарав Ка­мил МухIамадовасул тIадкъаялда рекъон, гьенир хIалтIизе тана ин­женериябгун ралел бакIазул фа­культеталъул лъикIаздаса лъикIал выпускникал. Гьенир хIалтIулел рукIарал гIолохъанал преподава­телаз малъана аспирантураялда цIализе кколеблъи.

Аспирантураялда цIалулаго, дир гIелмияв нухмалъулев Райзерил хIаракаталдалъун, дун гIахьаллъана 1980 соналъул Москваялъул олим­пиадаялде хIадурлъулаго рарал объ­ектазул проектал хIадуриялъулъ. Техникиял гIелмабазул канди­датлъун вахъарав дун витIана МахIачхъалаялда цIирагьараб Ракь багъариялде дандечIолел бакIал ра­ялъул рахъалъ гIелмиял цIех-рехал гьарулеб лабораториялда хIалтIизе.

 

ГIелмуги динги кин кIиябго бессун бугеб атеизм тIегьалеб за­маналда куцарав чиясулъ?

— Аспирантураялда цIализе лъу­гьунев дида цо преподавателас гьикъана Аллагь вугищин абун. Вугин абун дица жаваб кьедал, хех­го бухъизабе гьанисаян абуна гьес. Динги гIелмуги дица рикIкIуна лъай кьолел, гIакълу цIубазабулел иццал­лъун.

Щибаб гIелмуялъул кьучIлъун ккола Аллагьасул законал. Маш­гьурав гIалимчи Эйлерица абун буго дунялалда кинабго лъугьу­нин максимумалъул яги мини­мумалъул законалда рекъонилан абун. Физикаялъул яги цогидаб гIелмуялъул законалъул гъварилъу­де ваккидал бичIчIула гьелъул кьучI ТIадегIанасул хIалкIолъиялъулъ букIин. Аллагьас бижараб ва ки­налго рахъаз камилаб дунялалда дагьа-макъабго хиса-баси гьабуни, кинабго биххизе рес буго. Масала, цохIо градусалъ хинлъи цIикIкIани яги дунялалъул аслияб хIуби дагьаб­го гьетIани, тIасан борчIараб балагь рещтIине буго — гьеб гIалимзабазги тасдикъ гьабулеб пикру буго. Алла­гьасул хIалкIолъиялда кинабгIаги щаклъи гьечIо дир. Нилъеца цIалулел гIелмиял законаз гIицIго баян кьола Аллагьас бижараб дунялалъе. Каму­ларо динги гIелмуги батIи-батIиял жал ругин ракIчIарал студенталги. Дица гьезда абула, диналъул балъ­голъи бичIчIизе ккани, гIелму лъа­забизе кколин абун. ГIелмуялъ рес кьола нилъее ТIадегIанас камил­го гIуцIараб сверухълъи наслабазе цIунизе. Аллагьас бижухъе дунял бичIчIарав ва гьеб къабул гьабурав чиясухъа бажаризе буго гIелмуялъул гъварилъуде хехго нух бахъизе.

41 сон балеб буго, дуцаги хъи­зан Муслиматицаги цадахъ гIумру гьабулаго. Кинаб гIакълу кьелеб дуца гIолохъанал хъизамазе?

— Дица хъизам гьабуна аспиранту­раялда цIалун вахъиндал. БукIинчIо нижер я мина-рукъ, я моцIрое лъикIаб харж щолеб хIалтIи. 10 со­налъ рукIана мухьдахъ ккурал рукъ­забахъ, гIисинал лъималгун.

ГIолохъанал хъизамазе дица гьа­рилаан сабру. Жакъа гьанир хIалтIун, метер доре кIанцIун, мурадалде що­ларо. Жакъа эбел-инсуца рукъзалги жаниб лъезе къайиги кьола. Хъизам хьихьизе кумек гьабула. Инсана­сул рекIелъ букIине ккола жиндаса­го чIухIи. «Гьале гьаб диван дирго гIарцухъ босана! Гьаб хъулухъалде дун тIамуна, дир бажари-гьунар би­хьун», — гьеле гьединал пикрабазул цIураб ракI гьечIони, сайгъаталъе щвараб къайиялъул къимат гьабула­ро.

Цоги абилаан: эбел-инсуца тIаса йищарай яс ячарав бихьинчи мекъи кколаро. ГIемер хинкI кванарасда гIемер жо лъалин абулаан нилъер умумуз. Щулияб хъизам букIине бокьарав чияс эбел-инсул гIакълу хIисабалде босила. Диеги лъади яла­гьана эбелалъ — дир ракIги бухIичIо. Нижер буго батIи-батIияб хасият, камулароан, хасго гIолохъанаб за­маналда, дандеккунгутIиялги. Амма сабру гьабуна долъги дицаги. ХIасил — жакъа лъималазги гьезул лъималаз­ги реэдулел руго ниж.

 

-Рокъоб кинаб мацIалда нуж кIалъалел?

— Дие бокьуларо жуба-гъубараб мацI бицунеб мехалда, хасго теле­визоралдаса рагIизе. Нилъер буго бечедаб ва берцинаб мацI. Гьеб на­слабазе цIунизе тIадаб буго нилъеда. ЦIунизе ккола миллияб маданиятги.

Хъизамалдаса дица тIалаб гьа­булеб жо буго рахьдал мацIалда кIалъай — рокъоб, гIагарлъиялда гьоркьоб, миллатцоязул сверулъ. Рахьдал мацI буго хъизамалда би­цунеб аслияб мацI. Лъималазул лъи­малаздаги лъала мацI, Москваялда гIумру гьабулезе захIмалъулеб буго гьеб лъазабизе.

Аспирантураялда цIалулеб за­маналда дица гIумру гьабулеб ми­наялда рукIана тIолабго союзал­даса гIадамал. Цонигияс хIакъир гьавулароан батIияб миллаталъул чи. РекIелъ букIунаан дир гьитIинабго ватIаналдаса кIудияб чIухIи. Гьан­же доб къадруяб республикаялъул цIар чорок гьабулеб буго нилъер халкъазул цо-цо вакилзабаз. Доб заманалдаго гIадин, «дун вуго дагъистанияв» абун чIухIун кIалъазе рес толеб гьечIо. Доб заманалда нижер выпускникал унаан батIи- батIиял регионазде хIалтIизе. Гьан­жеги бокьилаан, амма бажаруларо: пуланав махщелчи витIизе бокьун бугин абун ниж кIалъараб мехалда, дагъистаниял росизе гьечIин гьабу­ла жаваб. ТIагIунеб буго гIаданлъи, чилъи, къадру. Интернеталъги бакътIерхьул улкабаздаса нилъехъе щвараб гьересияб «культураялъги» гъоркье рехулел руго гIолилал.