ХIикматаб цIаралъул Хиринду

МагIарул жергъенги, Америкаги, бадибчIвай гьабизе гIедегIарал гIадамалги

 

МагIарулазул йигин Хиринду-Сафи СултIанова абурай кочIохъанилан гьабсагIат дица хъвани, гьас бицунеб щибилан ццим бахъун лъугьинеги бегьула нуж. ТIоцебе рагIулеб бугин гьединаб цIар, магIарулазулги гье­динаб цIар бугел руччабийищин рукIунелин абун. Амма цIар магIарул руччабазул гIадаб гьечIониги, йиго гьединай гIаданги кочIохъанги.

 

ГIемерисезда гьелъул цIар тIоцебе рагIулеб батулеблъиги хIисабалде босун, нижер пикру ккана гьелъул­гун гара-чIвари гьабизе.

Хиринду-Сафи гьаюна ва гIуна МахIачхъалаялда. Гьенибго лъугIизабуна музыкалияб школаги, хадуб училищеги. Гьединго Москва­ялда лъугIизабуна маданияталъул институт. Цо заманалдасан, бугелъ­уб бугебги тун, Америкаялдецин гочун йикIана гьей, кочIохъабазул цо конкурсалда гIахьаллъизе. РекIее гIечIеб къагIида океан бахун добе­хун бугеб гIумруги гIадамалги. Хех­го ячIана нахъ юссун.

 

Чанго соналдасан Москваги риха­раб гIадин лъугьун, гьей нахъ юсса­на умумузул ватIаналде. ГьабсагIат гIумру гьабун йиго Каспийскиялда, хIалтIулей йиго республикаялъул филармониялда. Гьелда цадахъго гIисинал лъималги данде ракIарун, гьезие кечI-бакъаналъул дарсалги кьола гьелъ.

Хиринду абураб цIарги гьелъие кьун буго инсуца. Персазул мацIалдаса буссинабуни, гьелъул магIна ккола гвангъарай, кенчIолей абураб.

Куч1дул ахIула магIарул, гIурус ва ингилис мацIазда. Гьал ахирисел рагIаби цIалун хадур цIекIаб пихъ квараб гIадин, кIалги кIичIизабун, лъугьинеги бегьила нуж. МагIарул кучIдузда цадахъ ингилисазул кечI- бакъанги алъие щайин. Амма нужеца бицухъе гьечIо иш. ЦохIо кечI ахIизе гуребги, ахIараб кочIол магIна гьа­бизеги, искусствоялъул хаслъи ва да­ража лъазабизеги гIураб гьунар буго Хириндул.

 

Рокъоб букIун бугеб лъикI

 

— Цогидал гIадамал лъикIаб гIумруялда хадур, гьарураб бакIалда батичIеб талихI балагьи­зе гIадин, гъирагун къватIире лъу­тулеб мехалъ, мун Москваги рехун тун тIад юссун йиго. КочIохъан хIисабалда, цеетIезе гьенир ресал цIикIкIун рукIинчIищ?

— Дидагоги гьедин кколаан ракIалде. Москваялда гIумру гьа­бун йикIарал соназда дун Дагъи­станалде тIад юссинилан кидани­ги ракIалде ккун букIинчIо. Амма заманаялъ кинабго хисизабуна. КигIанго къуватай гIадан дунго йигилан кканиги, Москваялъул гьалагаб гIумруялда жаний дунго цIунун дихъа бажаричIо. Гьенивги вукIун гIумруялда жаниб дурго ха­саб бакI кквезе, щулаго, чIолелъуб хIетIе чIезе ккани, къваригIуна щу­лияб, мурадалде щвечIого гIодобе биччалареб хасият. Кьуру бихха­ниги, биххулареб гIадаб щулияб ният къваригIунеб батана гьениб. Гьединаб нияталда чIезе дихъа бажаричIо, дие гьеб захIмалъана. КIиго бутIаялъ дие гьеб захIмат гьабуна Москваялъул гьалагаб гIор гIадин чвахун унеб гIумруялъ. Гьеб кинабго бичIчIарай дун Дагъиста­налде тIад юссана.

 

— Америкаялдеги щун йиго мун…

— Щвана, анцIго-анцIила кIигониги сон ана долдаса нахъе. Амма дие гьеб заман ракIалде щве­забизе бокьуларо. Бечедаб ва сун­дулго рахъалъ щвалде щвараб ракь буго гьеб, амма цо жидерго хасал тIалабал, бокьарав чиясе къабуллъу­ларел низамал руго гьезул. Гьелъ дие цIакъго бакIлъана ва къабуллъичIо чияр ракь. Гьелде тIадеги, дир ца­дахъ букIараб къайи-цIа бикъун ун батараб мехалъги квешго ракI хвана дир гьезда. Москваялдасаго хирияб тукадаса босараб косметика бикъун ун батана дун рещтIун йикIараб го­стиницаялда.

 

— Муи ХIасановалъул репертуа­ралдаса кечI букIана дуца цо кон­курсалда ахIизе хIадур гьабун. Хас гьабун гьеб щай дуца тIаса би­щараб?

— Дида гьей гIумруялда гIемер йихьун лъалей йикIиналъ. Ниже­да мадугьалихъ йикIун, гьелъухъе гIемер щолаан дун. Халкъияб кечI ахIизе бокьун бугин бициндал, жиндирго кучIдул риччана гьелъ дие. Гьениб гьоркьоса бищараб кечI ахIана дица хадуб Москваялдаги. Муицаго гIадин, жергъада килщал­ги кIутIун ахIулейиланги йикIана, амма лъугьинчIо дихъа гьеб. Дунго дидасагоги нечана, цееяхъинги кка­на цIакъ намусаб.

 

Жакъа ахIулеб кочIол…

 

— Хадубккунги магIарулалъ кучIдул ахIизе ракIалда гьечIищ?

— Гьелъие дица цин лъикIго мацI лъазабизе ккола. Эбел Болъ­ихъ районалъул Гъагъалъа, эмен ГIахьвахъ районалъул ТIукитIаса кколел рукIаниги, букIине кколе­духъ магIарул мацI лъазабизе дие рес рекъечIо. Эбел-эменги ратIалъун, кIвекIен ккана гьелъие.

Амма дида ракIалда буго гьеб щвалде щун лъазабизе. Берцинаб бу­гилан кканиги, магIарул мацI жиб­го захIматаб мацI буго лъазабизеги, бицинеги, гьединго кечI ахIизеги. ЦIалдохъанас рокъобе лъазабизе кьураб кечI гIадин, лъазеги гьабун, кечI ахIи гуро дир мурад. Дие кIвар бугеб жолъун ккола дица ахIулел рагIабазул магIна дидагоги гъварид­го бичIчIи, гьел рагIабаз диего гьа­булеб асар гIенеккаразухъеги кьей. Жинцаго жиндирго къимат гьабулев бокьарав кочIохъанасул рукIине кко­лел принципал руго гьел.

 

— Инсан кантIизавиялде, лъикIлъиялде ахIулел, гьесие битIараб тарбия кьун бажарулел тайпаялъул кучIдулги дагьал гьечIо. Мисалалъе, Алла Пугаче­валъул буго «НекIсияб сагIат» абу­раб кечI. Гьениб гьелъ цIакъ асар гьабуледухъ бичIчIизабулеб буго гIумру хехго унеб букIин. Жин­дие херлъизе бокьун гьечIин, за­ман лъалхъулареб щайилан ахIи балеб гIадин йиго гьей. Гьединаб рахъалде кIвар кьолищ дуца кечI ахIулаго?

— Валлагь цIакъ кутакалда кьо­лин, гьелде кинабго пикруги кIварги буссинабулин дицайилан, гьабсагIат жаваб кьуни, гьереси бук1инин хIинкъунги йиго дун. Дицагоги гIемер хIисаб гьабулеб суал кьуна дуца гьабсагIат. КочIол бакъаналде гъоркь кIалги гьакIкIан, тIокIаб сун­дулниги агъаз гьечIей гIаданлъун дунго йикIине дие, узухъда, бокьи­ларо. Амма жалго кучIдулги гьеди­нал магIна бугел, гъваридал рукIине ккелаха. Гьаб заманалъ гьединал, кутакаб асаралъул кучIдул хъвалел шагIирзаби дида лъаларо. Ратизеги бегьула, амма дун жеги гьединалгун дандчIвачIо.

 

— Батани, цере рукIарал шагIирзабазул лъил творчество дуе бищун бокьулеб?

— Расул ХIамзатов дунялалдаго лъалев, кутакалда пасихIал, гъва­ридал кучIул хъварав шагIир вуго. Амма дие гьесдасаги, бахчиларо, бо­кьула гьесул эмен ЦIадаса ХIамзатил творчество. Гьесул сатириял асараз цIакъ асир гьаюна дун.

 

— Дуего критика гьабидал цIакъго рекIекълъулищ?

— Гьереси щай, рекIекълъула. Гьеб рахъалъ цIакъ загIипай гIадан йиго дун, щаяли. Амма нилъер гIадамаздаги критика гьабизе щва­ни, кинабго кIочон толеб буго. Ми­салалъе, бокьарав чIагояв чиясул гIадин, дирги рукIуна гъалатIалги, чанги рукIана кечI лъикIго ккечIого дунго намуслъизе ккарал лахIзаталги. Амма гъоркьгоги ни­чалъги сабру хвеялъги гьорозаюн, ракIги къварилъун йигей гIадан, гьез тIуянго йижичIей анищан кке­зе гьаюла. Цоялдаса цоял рекIелъ хIунсулел, унтулел рагIабаз чIван лъола. Цо дагьаб рекъараб рагIиги бицун, ракI-макIго гьабизейищ бегьулареб? Гьез абичIониги лъа­ларогойищ бугеб дида дирго цее­яхъин лъикIаб ккечIеблъи. РагIуца лъукъулелго гIадин, иман бугеб рагIуца чIаголъизеги гьавула чи. КочIохъанасейин абуни хинал рагIаби лъиеялдасаго цIакъ хIажат рукIуна.

 

ХадурагIи

Гьеб гуребги, гIемер интересаб хабар бицана Хириндуца. Къойица гаргадизе йиччаниги, кечI ахIизего гIадин, кIалъазеги буго гьелъ­ул махщел. ГIумруялъулги сверухъ лъугьунебщиналъулги пикру гьабизеги лъалеб буго. Лъицаниги гьукъунилан кечI ахIиги телари­лан абуна гьелъ. Гьеб бугила гIумруялда жаниб жинда батараб бакI. Жиндихъа гьеб бахъизе лъилниги ихтиярги гьечIин тIадеги жубана кочIохъаналъ.