Хунздерил хьиндаллъиялда бараб цо къо

Арал гIодоркъояз «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъабаз сапар гьабуна, магIарулазул халкъияв шагIир ва гьунар бугев драматург ГIабасил МахIамадил ватIаналде. ЛъагIилухъ росдал школалъул аз­баралда, гьев ракIалде щвезавиялъул мурадалда, монумент рагьулеб тадбиралде ахIун рукIана ниж. Гьеб тадбиралъул хIакъалъулъ Шамай Хъазанбиевалъ хъвараб макъала гьаб газеталъул 6-абилеб гьумералда бахъун бугелъул, дица бицина дидаго бихьа-таралъул.

 

 

ГьанжелъагIан бицунеб рагIун букIаниги, исана тIоцеве щвана дун ГIабасил МахIамадил росулъе. ТIоцебесеб сапаралъ гьабулеб асарги ракIалдаса унареб букIунелъул, пи­кру ккана гьелъул хIакъалъулъ ну­жееги бицине.

 

ЛъагIилухъе ниж ана Кьохъан. Кьахъадерил ахазде тIаде балагьа­раб бакIалде щведал, гьаб бакIалда жинца цо кечI рикIкIине кколин кIалъана цадахъ ийкIарай тележур­налист Хатимат МухIамадова.

 

 

ТIабигIат берцинаб бакIалда буго ЛъагIилухъ. Хунздерил тIалъиялдаса тIурал гьитIинав вацал гIадин руго Харахьиги, гьелдаса гIемер рикIкIада гьечIого — ЛъагIилухъги. ЛъарагIлъиялда гIадин дуз битIараб гьечIониги, гьава бакъ-рекъараб, гьобол-гьудуласе асар гьабулеб хьиндаллъи бугоан гьеб.

 

ГIабасил МахIамадил мина­ялде гIагарлъулаго, цо тамашаяб асаралъ кверде восана. Дида гьев вихьун лъалев чиги вукIинчIо. Ин­сул, цадахъ хIалтIулезул биценаз­дасан лъалаан кутакалда гIадан хирияв, гьобол-гьудуласул адаб бугев чи вукIанилан. Гьанже гуро­ни гьанже гьев дандчIвазе ватилин абураб гIадин букIана ракI. Амма ГIабасилас дандчIвай гьабичIо. Аз­барин абун цIун букIана гьалбаде­рица. Рагьдухъ тIибитIун букIана белъунеб гьаналги, бежулеб чадил­ги махI. Цоцалъ ран гаргадулел руч­чабазул хъуй, бихьиназул релъигун махсараби.

 

 

ГIажаибго рекIее гIуна дие Савдат-эбелги. ВачIа-вачIарасда хIеренго кIалъалей, щиб гьезда цебе лъелеб, кир гьел гIодор чIезе гьари­лелали лъаларого йик1ана гьей. Ки­назего бокьун бугоан гьелда аскIор гIодор чIезе, гьелъул рекIелъ рекъо­леб хабар бицун гьей йохизайизе ва гьелда аскIор чIун суратал рахъизе. Амма, «херай жиндир бахъичIого, нужерго бахъе сурат», — иланги абун, инкар гьабизе къасд гьабу­лебги букIана гьелъ. Кисаха толей нилъер гIанчIал руччабаз, Савдат- эбелалда къвал базе щвараб лахIзат тарихалде унеб хIисаб букIана гьезул.

 

Киназулго мурад т1убан хадуб­г1аги гьелда кIалъазе санагIат рекъ­елародайилан вукIарав дун, кваназе ахIана цо гIолохъанчияс. «Гьедин чIани дуе хадуб хIанчIизе хинкI щоларинги» абун, гIедегIинавуна гьес. Бертаде гIадин къачIана бугоан ГIабасиласул гIатIидаб азабаралда кванил тепси. Гьарзаго букIана сто­лалда тIибитIараб нигIмат.

 

Цогидаз гIемер бицунеб рагIун, цебего хиял лъун букIараб ГIабасил МахIамил музеялдеги щвана. Гье­динаб бечедаб музей магIарухъниги щиб гурин, республикаялъул шагьа­раздацин батиларин ккана ракIалде. ХIайран гьавуна ГIабасиласул би­блиотекалъги. ТIубар гIумруялъ гьес данде гьарурал тIахьазул ункъабго къед цIурал полкабаз кутакаб асар гьабуна. Умумузул кини-рощеналда­са бахъараб, буртинаялде щун каму­раб алатги, цIа-рагIги, къайи-цIаги гьечIоан гьениб. Киса-кибго бихьу­леб букIана ГIабасил МахIамадил лъалкI, гьесул кверзул рагъари.

 

Машгьурав шагIирасул минаял­даса гIемер рикIкIад гьечIого буго, гьесул цIар кьураб росдал шко­лаги. КIиго соналъ цебе, тохлъу­кьего цIаги ккун, бухIун букIараб басрияб школалъул бакIалда эхе­тун буго, гьанже заманалъул ки­налго цIалул сурасатаздалъун хьезабураб кIит1алаяб мина. Шко­лалде лъугьарабго буго ГIабасиласул гIумруялъул лахIзатазул бицунел рикIкIен гIемерал суратаз къалъи­забураб стенд. КIиго соналда жаниб эхетанин школалъе цIияб минайин бицана директор Бегасги. Гьевгун цадахъ щибаб классалдеги щвана. Авар мацIалъул ва маданияталъул дарсал кьолеб рокъор «къ, кь, лъ, чI» хIарпал хъварал игIланазда цере лъалхъунги хутIана. РакIалдещвеяз лъимерлъудеги рачана.

 

 

Бакъанидехун гьалбал нахъе­ги кванил столалде нахъе ахIана ГIабасиласул гIагарлъиялъ. Гьуинаб хабарги, ГIалихIажи МухIамадовас ахIулеб кочIол гьаракьги, ручча­базул разияб релъи-хъуялъги цIун бук1ана сверухълъи. Амма кинабго жоялъул ахир букIунеб гIадин, гьеб дандеруссиналъеги заман щвана биххизе. Савдат-эбелалъеги, гье- лъул гIага-божаразеги баркалаги кьун, ниж къватIире рахъана.

 

ТIадруссутIа нижер нух букIана хунздерил тIалъиги къотIун. Херехь­дерил магъилъе щваралго хер бецу­лел гIадамалги ратана. ГIарахъ гьабу­лел ратарал бихьиназе саламги кьун: «Цебегоялдаса нахъе лъен кодобе босун букIинчIо», — янги абун, гьез­да аскIове ана газеталъул бетIерав редактор ГIумахан ГIумаханов. Ва к1вараб кумекги гьабуна.

 

МаркIачIул как ахIулеб гIу- жалдехун Макьасде рахунеб габур­лъухъе щвана ниж. ГIурдада какалги ран, хунздерил тIалъиялъе бетIерги къулун, сардил бецIлъиги хъвал­хьунаго гьаругьинан тахшагьаралде нахъ руссана…