Тушманасе къуркьичIо ГIабдула

БухIараб бакъул къоялъ терро­ристаз сверун ккураб Шодрода ро­сулъа херай эбел нахъе ячине унел дунги дир хъизанги лъалхъиза­руна Болъихъ райвоенкоматалъул хIалтIухъан Сурхаев Шамилица. Гьес абуна цадахъ живги вилълъи­нин, жиндир машинаялде рахаян.

 

 

Росу ахадаса тIараде щвезегIан ратана яргъид гIуцIарал хъача- гъас. Цоял ругоан хIамузда, чуязда ярагъги лъун, ХIамилгIин магIарде гьеб щвезабизе ине къачIадулел, цо­гидал — хьиталги рахъичIого какал ралел, цо тайпа — мажгиталда жаниб бокIнидеги руссун (дир хIисабалда) наркотикал хIалтIизарулел.

 

 

ГодекIанире щведал, нижер ма­шина сверун ккуна щуго-анлъгояс, ва цояс абуна: «Машинаги раха­ге, кIулалги дихъе кьун къватIире лъугьа», — ян. ТIолабго сверухълъи чIегIерлъизабураб гьеб къапилаял­да гьоркьоса дир берчIвана бакъукь кIусун вугев дирго вукIарав учитель ХIамидов ГIабдула ГIалиевичасда.

 

— ГIабдула, мун щай бакъукь чIун вугев? Вахъа рагIдукье, — янги абун, гьесие хIалае унев дун лъалхъизаву­на цо магжилас.

 

— Воре дида аскIове вачIунге! Дун гьаз туснахъ гьавун вуго! Дица гьа­зул рагъухъан лъукъана! Дица гьал лъукъун тезе гьечIо, чIвазеги руго, — ян абуна ГIабдулаца. ГIабдулада аскIове унев дун, хъачагъас лъал­хъизави рекIее гIечIей дир хъи­зам ПатIиматица, йортунги ячIун, ГIабдулал рукьги ккун, ахIун абуна:

 

 

— Гьаб буго гьасул росу. Гьедин­лъидал гьав чи гIодов чIезе вуго гьа­сие бокьараб бакIалда, — ян.

 

Дида ракIалде щвана 1994 сон. Чачаналда букIараб тIоцебесеб рагъ­улаб компания! Чачаналдаса лъутун рачIарал. РакIалда буго дагъистани­яз гьел къабул гьарураб куц. ВахI! Гьанже щибха кколеб бугеб? Доб за­маналда нижеца кванарабги кванан, нижехъ рега-рахъунги рукIун, гьан­же рачIунел руго ниж чIвазе!

 

«Кьолебани нижехъеги ярагъ, гьал малгIунал тIагIинаризе», — ян абулеб рагIана гIолохъабазул гу­рулъан цояс. Магжилазул рахIат холеб букIана нижехъги рала­гьун. Бищунго гьезие рекIее гIолел рукIинчIо ГIабдулал рагIаби. На­хъаса къотIичIого гьес гьезда абу­леб букIана: «Убейте меня здесь! Если сегодня вы не убьете меня, то завтра я начну убивать вас», — ян.

 

 

— Нужеда рихьулел кьурабиги ганчIалги гурони гьечIеб бакIалде щиб босизе нуж рачIун ругел? — ан дир хъизамалъ абидал, цояс жаваб гьабуна:

 

— Ниж гьанире рачIун руго Рос­сиялъул кверщаликь ругел Дагъи­станалъул бусурбаби эркен гьаризе, цIияб дин нужеда малъизе ва…

 

— Нижерго бацIцIадаб дин нижее гIун буго! Нужецаги нуж таразги дин малъизе кколел гIадамал гуро ниж! — ан абуна ГIабдулаца, магжи­лавги гьоркьов къотIизавун.

 

 

«Гьав хIалакъав, борхатаб ла­га-черхалъул, гьимун гурони гIадамасда кIалъаларев школалъул учителас, анцI-анцI соназ шадра­дерил гIун бачIунеб гIелалъе тар­бияги, лъайги, гIакълуги кьурав чияс, жакъа росдал гIолохъабаздаги жамагIаталдаги цебе бихьизабулеб буго бахIарчилъиги ва кин бокьизе, цIунизе кколеб жив вижараб, гIураб ракь», — ан абурал пикраби рачIана дир ботIролъе.

 

ГIураб заман бана магжилазулгун накъитазда. Цин букIунаан гIодобе биччараб, гIакълуяб хабар, камула­роан тIаде нарт тIолелги.

 

— Гьанже заман щвана, — ян бичIчIизе захIматаб магIарул мацIалъ кIалъана цояв. — КIиго нугIгун нужер рахъалдасан, кIиго нижер диналъул вацалгун гьав бидулав (ГIабдуладе килищги битIун) щвезавизе ккола аскIоб бугеб шаригIаталъул судал­де. Гьеб судалъ къотIизе буго гьасие хIукму.

 

 

Жиндирго машинаялъул рулал­да нахъа чIана Сурхаев Шамил, дун — гьесул хьолбода, нижеда нахъа — ГIабдула, гьесул хьолбохъ магжи­лазул кIигояв. Нухда унаго лъана цояв магжилав Ведено районалъул ХарайчIо росулъа Ислам вукIин, кIиабилев -Афгъанистаналъул Кан­дагаралдаса афгъанав.

 

— МунгIаги щиб босизе вачIун вугев? — илан ахIун абулеб букIана ГIабдулаца гьесда. КIалдире рачIарал рагIаби абулел рукIана гьес гIурус ва магIарул мацIалъ.

 

РакIалде кколеб букIана хъва­дарухъанас хъвараб маргьацин гурищ гьаб жойилан. Гьеб гье­дин гьечIеблъи бичIчIана росу тун къватIире щведал, чIезе машинаги гьабун, ккун гъванщагун къватIире рехараб заманалда. Гьес ГIабдула ГIалиевичасул магьдилъ автома­талъул хIараги тункун, ццидаца цIурал берал дидаги Шамилидаги речIчIизарун, абуна:

 

 

— Я своего родного брата убил за то, что он сотрудничал с оккупаци­онными войсками! Вас убивать мне что муху убить!

 

— Убей! — янги абун, магьдида цун бугеб автоматалъул хIара аскIобе цIана ГIабдулаца.

 

МаслихIат ккана Шодроде гIедегIун унел магжилазул куме­калдалъун. Кканиги щиб, Исламица байбихьана ахIдезе, гIантав чи кини­гин кьвагьдезе, тунка-гIусун маши­наялде жанире ниж къазаризе.

 

 

Гьедин щвана РахатIе, Хатта­бил штабалде. Гьенисаги ритIана АнсалтIе, Шамил Басаевасул шта­балде. ГIабдула цо минаялъуве ва­чун ана.

 

Гьоркьоб гIурабго заман ун хадуб штабалдаса къватIире рачIана, яргъи­лаз сверунги ккун, Шамил Басаевги, гьимулаго ГIабдула ГIалиевичги. Гьезухъ ралагьун нижеда бичIчIулеб букIана шаригIаталъул суд букIараблъи, амма лъалеб букIинчIо кинаб хIукму къотIарабали.

 

— Гьале нижер машинаги, гьа­ле ниж кIигоялги, нужеца абу­раб къагIидаялъ гьав ГIабдулаца лъукъаравги сах гьавила, виччанте ГIабдула, — ян нижеца гьаридал, Ба­саевас, чIухIадго, абуна:

 

— Он пустил кровь нашему муджа­хеду, и мы должны пустить его кровь тоже, — ян.

 

 

Гьеб къоялъ УАЗалда рекIинавун вачун арав ГIабдула ХIамидов хабар къотIана лъабго-ункъо моцIалъ. Ха­дуб рагIана Чачаналда гIумру гьабу­лел гьесул гIагарлъиялъул кумекал­далъун гьев къватIиве виччан вугин.

 

Гьединав бахIарчияв инсан вукIана ГIабдула.