Учитель, дур цIаралда цебе…

«Россиялъул миллаталъул цолъи щулалъизабуралъухъ» абураб пре­миялъе мустахIикълъаразул сияхIалда буго нилъер ракьцояй, «Сод­дружество женщин» абураб ДРООялъулги «Добро по кругу» абураб фондалъулги нухмалъулей ПатIимат Геличовалъул цIарги. Гьелъие гIиллалъун ккана «ГIурус учительзаби Дагъистаналда» абураб тIехь басмаялда бахъи.

ПатIиматилгун гара-чIвари гьабуна «ХIакъикъаталъул» мухбир Кав­сарат Сулеймановалъ.

 

 

— ПатIимат, мун йиго медици­наялъул хIалтIухъан. Щай дуда ракIалде ккараб гIурус учительза­базул хIакъалъулъ тIехь хъвазе?

— Дица цIалана Дагъистаналде хIалтIизе ячIарай ва республика­ялда гIумру арай гIурус учитель­ницаялъул хIакъалъулъ бицунеб цо макъала. 19-20 сон барал ясал ритIун рукIана Дагъистанал­де. Гьезул хIакъалъулъ пикра­балъ йикIаго, цебе бачIана дирго къисмат. Дицаги бан букIана 23 сон, росасда хадуй Афгъаниста­налде араб мехалда. Дунни ана бетIергьанчиясухъе. Дол лъихъе ва кире? Гьез тIубазабуна тIадаб борч. Гьеб ккола бахIарчилъи.

Цоги нухалда цIалана добго макъ­ала ва ракIалде ккана, цониги чияс гьезул хIакъалъулъ макъаланиги тIехьниги хъванадаян абун. Бата­на Жапар Рамазановас, Болъихъ хIалтIулеб заманалдаго хъвараб цо брошюра. Жеги бугоан ГIахьвахъ районалда хIалтIарал учительзаба­зул хIакъалъулъ хъварабги. Хадуб дица байбихьана гIурус учительза­базул хIакъалъулъ баянал ракIаризе. Ва къватIибе биччана тIоцебесеб тIехь.

 

 

— КIиабилеб тIехьалъул 800 гьу­мералда бицунеб буго 3000 учите­ласул къисматалъул хIакъалъулъ. Кин бажарараб гьелгощинал бая­нал данде гьаризе?

— Дун хъвадарухъан гуро. Гьеб ишалъул балъголъабазда гъор­лъе яккизе ракIалдаги букIинчIо. Амма букIана кIудияб анищ – нилъ­ер халкъалъул къисматалда нахъе хъвагIазе рес гьечIеб лъалкI тарал гIурус учительзабазул цIарал тари­халда цIунизе. Дир тIахьазда гъор­лъе ана 1930-1970 соназда Дагъиста­налда хIалтIарал учительзаби. Жеги хIадурун гьечIо гьедин хIалтIизе рачIарал киналго учительзабазул сияхIцин.

Дир букIана команда – волонте­рал, бакIалъул администрациязул вакилзаби, школазул нухмалъулел. Щолел баянал рукIана цIакъ мукъ­санал. Муниципалитетазул архивал цIунун хутIун гьечIо. Хьул букIана педучилищабазулги педуниверсите­талъуги архивазде ине – гьеб хьул­ги хIорго хутIана. ЩвечIо баянал республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялдасаги. ТалихIалъ, лъикIаланго материал щвана респу­бликаялъулаб архивалдаса.

 

ТIоцебесеб тIехь басмаялде бахъ­ана 2015 соналда. Гьеб типогра­фиялда букIаго, дихъе кIалъана ДРялъул Лъай кьеялъул министер­ствоялдаса. Гьез гьарулеб букIана тIахьал кьеян абун. Доб заманал­да МахIачхъалаялда тIобитIулеб букIана ТIолгороссиялъул гIурус мацIалъулгун адабияталъул учи­тельзабазул дандеруссин. Гьалбаде­рие рикьизе гьарана дир тIахьал. Дие тана 50 тIехь ва 250 ана министер­ствоялъ.

ТIехь бачIун хадуб социалиял гьи­наздаса дихъе хъвана гIемерав чияс: жиндир кIодоэбел (эбел, ада, маду­гьал яги учительница) щай гьоркьой тарай – гьеб букIана аслияб суал. Дидагоги лъалаан гьеб рахъалъ жеги гIезегIан хIалтIи гьабизе кколеб­лъи. Байбихьана цIидасан хIалтIи. Хъвана киналго шагьаразулгун рай­оназул бутIрузухъе кагътал. Кодоб диктофонгун ва видеокамерагун, сверана росабигун шагьарал, щвана машинадул нухцин гьечIел роса­балъе. Кумек гьабеян гьарана дирго гьудулзабазда.

 

 

— ТIехь хIадури бигьаяб иш гуро. Гьеб басмаялде бахъиги учузго чIоларо. Киса щвараб гьелде харж гьабизе гIарац?

— Редакторалъ абулеб букIана гье­динаб кIудияб тIехь букIунарин – лъабнусгоялдаса тIаде гьумер бегьу­ларин абун. Амма дагь гьабизе рес букIинчIо дир. Гьадингоги къокъал баянал кьезе ккана гIемерисезул хIакъалъулъ: гьавураб ва цIалараб бакI, Дагъистаналъул щиб росулъ ва кигIан заманалъ хIалтIарав, хъизам­ги гьабун, гьанивгойищ чIарав яги республика тунищ арав.

ХIалтIизаруна текст бищи­зе, гьеб къачIазе ва гъалатIал ритIизаризе махщелчагIи. Кьуна гьезие кколеб мухьги – дир чван­тиниса… ХIадурана тIехьалъул макет. ХIадурана проект ва кьуна РФялъул президентасул гранталъе. Комиссиялъе бокьана проектал­да рехсараб пикру. Щвана грант ва гьелъухъ Ростовалда басмаял­де бахъана тIехь. Анлъго тонна – тIахьазул гIаммаб цIайи – щвезабизе кколаан МахIачхъалаялде. Гьелъие кумек гьабуна ДРялъул почалъул нухмалъулев МахIач МухIамадовас. Гьес битIараб КамАЗалда рачIана тIахьал Дагъистаналде. Гьел цIунизе санагIатаб бакIги кьуна МахIачица.

 

 

— КъватIибе бачIана тIехь, тIубана мурад. Гьанже сундул пи­крабазда йигей мун?

— Дир аслияб мурад букIана учи­теласул статус тIадегIан гьаби. Учи­теласе кьезе ккола хIалтIуда рекъ­араб харж. Гьеб гьечIони, гIолеб гIелалъе лъайги тарбияги кьеялъул иш рекъдизе буго. Щиб кьелеб лъималазе кваназе? Сундухъ боси­леб гьезие ретIел? Гьел ва цогидал масъалабаздаса эркенго вукIине ккола учитель. Гьеб мехалда гье­сие квалквал букIине гьечIо аслияб хIалтIи ракIбацIцIадго гьабизе.

ТIоцебесеб иргаялда, кIудияб бар­кала буго МахIачхъалаялдаги цоги­дал шагьараздаги жеги хIалтIулел яги хIухьбахъиялда ругел гIурус учительзабазе. Гьезухъан щвана дие цIикIкIараб кумекги мухIканал бая­налги. ГьабсагIаталда гьел рикьулел руго дица – гьудул-гьалмагъзабазе, тIехь хIадуриялъе квербакъаразе. Масала, гьеб щвана Сулейман Кери­мовасе ва гьес кагъат хъван буго Пре­зидентасул премиялъе мустахIикъаб хIалтIи бугин абураб. Дир цIар хъван буго «шорт-листалда». Гьеб цIалана РФялъул Конституциялъулаб су­далъул судия ХIадис ХIажиевас. Гьев кIалъана дихъе ва абуна, СКФОялъул тIолалго регионазда тIибитIизабизе кколин гьеб проектилан абун. РагIи кьуна гьелъие кумек гьабизеги.

 

Дица хIадурун буго анлъго реги­оналъул бетIерасухъе кагъат: Ады­геялъул, Кабардино-Балкариялъул, Осетиялъул, Чачаналъул, Ингуше­тиялъул ва Гъарачай-Черкесиялъул. ТIехьалда цадахъ гьезухъе битIизе буго кагъатги. Дагъистаналдаго гIадин, Северияб Кавказалъул реги­оназдаги, тIолабго Совет Союзал­даго хIалтIана гIурус учительзаби. Гьезул хIакъалъулъги лъицаниги хъван гьечIо. Дица тIобитIана видео-конференция Россиялъул региона­зулгун. Татарстан, Хакасия, Удмур­тия… Киналго рази руго проекталда тIад хIалтIизе. Сахлъиялъги рес кьу­ни, хьул буго гьеб проект гIумруялде бахъиналде.

РакIалда буго Дагъистаналде рачIарал цогидал махщелчагIазул хIакъалъулъ хъвазеги. Тохтурзаби, нартихъаби, инженерал… гIемер рукIана гьел.

ГьабсагIаталда хIалтIулел руго документалияб фильмалда тIад – гьебги буго проекталъул бутIа. ТIехьалъе материал бакIарулаго, видеокамераялда бахъун букIана. Гьанже гьеб тартибалде бачунеб буго Гулера Камаловалъ. Аслияб къагIидаялда балагьун хутIун руго диргун гара-чIвариялъухъ. Дун ун­тун йикIиналда бан, нахътIамизе кколеб буго.

 

РакIалда буго ГIурус теа­тралда спектакль лъезеги. Гьел­да гIахьаллъизе руго «Содру­жество» абураб руччабазулгун лъималазул ихтиярал цIунулеб жамгIияб гIуцIиги, ГIурус театрги, ДРялъул Культураялъул министер­ствоги. Спектакль букIине буго гIурус учительзабазул хIакъалъулъ.

Бокьун буго художествияб фильм бахъизеги. Гьениб бицине буго цо учительницаялъул къисматалъул хIакъалъулъ. Гьакида рекIун магIарул росулъе уней гIолохъанай учитель­ница… Гьелъулги жамагIаталъулги бухьен, гьайгьай, гIурус ясалъулги магIаруласулги цоцахъ ккараб рокьи, рикIкIаде арай ясалъулгун гьелъул гIагарлъиялъул бухьен – гьеб кинаб­го загьирлъизе ккола киноялда.

ГьабсагIаталда хIадурлъизе кко­ла проекталъул презентациялде. Гьелъие хIажат буго гIарац. Хьул букIана Дербенталъул мэр Хизри Абакаровасде… Хьул буго ГIурус культура цIуниялъул рахъалъ па­чалихъияб комитеталъул кумекал­деги. Гьелъул нухмалъулей Ната­лья Евсеевалъ абуна квербакъилин абун.