Ракьалда толел ругел талихIал лъалкIазухъе

МахIачхъалаялда, Ленинил майданалде щварай дир тохлъукьего берречIчIана ЦIадаса ХIамзатие бараб памятникалда хьолбохъ ска­мейкаялда гIодор чIарал харабазда. ГIемераб мехалда гьезухъ ялагьун, палгъан хутIана – рагъарулелго гьечIоан. Дун хIинкъадго, бигьа гьаюн аскIое ана. Ва гьале дида цере – Дагъистаналъул халкъиял шагIирзаби АбутIалиб Гъапуров ва Сулейман Стальский. Гьезул чIагоял сипатал рихьидал, магIугицин бачIана йохиялъ. Гьал гьоболлухъ рачIун руго цоги халкъияв шагIирасухъе – ЦIадаса ХIамзатихъе. Гьуинго гара-чIварулел ругел гьезухъ гIенеккун, хIайранлъун хутIана дун. Лъаб­го гIакъил, лъабго шагIир, Дагъистаналъул адабияталъул кIудияб кваркьидал канал хIулаби. Гьале дов Расулица «Дир Дагъистаналда» гьоркьоса къотIичIого рехсолев АбутIалиб, Сулейманги вачун, щун вуго ХIамзатихъе. Гьезда аскIой гIодой чIарай дихъе рачIунел рукIана гIажаибго берцинал пикрабиги. Гьездаго гьоркьоб букIана гьадинаб су­алги – лъицадай гьал шагIирзабазда кIиабилеб рухI «гъураб?» илан абураб. Дица цIехрех гьабуна. Гьев ватана Россиялъул мустахIикъав художник, Дагъистаналъул халкъияв художник, Дагъистаналъул ис­кусствоялъул мустахIикъав хIаракатчи, Дагъистаналъул Пачалихъияб премиялъул лауреат ГIали МухIамадов. Ва нижеца гьев редакциялде ахIана, Дагъистаналъул маданияталда жинцаго толеб бугеб иргадулаб гвангъараб талихIаб лъалкIалъухъе «гьоболлухъ».

 

 

МагIаруллъи! Унго, дур берцин­лъи. Доба борхалъуда хъахIилзодихъ, батIи-батIиял накъищалги рахъулаго, церехун роржун унел накIкIазухъе цIаруцIунел дур мугIрузда тIавапги гьабун, цIидасанги ракьалда рещтIана ГIалил анищал. ЦIумазул улкайилан жинда абулеб ЦIумада районалъул Гьигьалъ росулъа гIолиласул талихIалъул лъалкIаз жидерго канлъи кьуна рикIкIада Швейцариялдаги. КунчIана дуня­лалдаго машгьурав гугарухъан ГIали ГIалиевасул къисматалъул цIва. ФИ­Лалъул президент Рафаэль Марта­неттил квербакъиялдалъун, ГIалил жигарчилъиялдалъун Дагъистаналъ­ул спорталъул тарихалъул тIамач кунчIана Лазанни шагьаралда – маш­гьурав речIчIухъан ГIали ГIалиевасе рагьараб памятникалъул авторги ккола ГIали МухIамадов. Абизе бе­гьула ГIалил цIваялъги жиндирго масъала тIубанилан. Гьев ракьалде вачIунелъул, цадахъ рещтIараб гьелъги тIасабищун буго цIумазул борхалъи. Гьелъул борхалъиялда пахруго ва чIухIадго парпалеб буго жакъа гIагараб ракьалдеги гьитIинаб ватIаналдеги бугеб ГIалил кIудияб рокьи.

 

 

Цо лахIзаталъги нахъехун регилин ГIали МухIамадовасул гIумруялъул тIохьол тIанчал. Гьанир нилъеда ра­тила, талихIалъул куркьбалги гъун, роржине риччарал анищазул рогьел­ги, магIарул росдал махIги, гIадатиял магIарулазул яхIалъул чIухIиги, мугIрул чIужугIаданалъул намусалъул борхалъиги. Дагъистаналда бакI гIечIел магIаруласул къасдал роржана Чачаналде, Ингушетиялде, Швейцариялде, гьайгьай, гIагараб росулъ цIумалъул сипаталда бараб памятникалъул тIогьиб свериги бахъ­ун. ЦIум – гьеб ккола борхалъиялъ­улги, тIадегIанлъиялъулги, гьелдаго цадахъ гIадатлъиялъулги гIаламат. Гьеле гьединаб тIадегIанаб буго ГIалил къисматги. Гьесул къисма­талъул бакъуе гIумру кьолеб буго лъабго аслияб чIоралъ, гьеб бечIазе толеб гьечIо ГIалил гIумруялда талихIалъул накъищаз баарал лъаб­го хIасраталъ. Гьеб хIасраталъулги буго лъабго кечI. Щибалъул жиндир­го сарин, жиндирго роржен. Гьезда цIаралги руго МухIамад, Шамил ва Тимур. Инсул гIумруялъул дарсаз кIудияб дунялалде нухарегIарал гьел сонги, жакъаги, метерги ва даималъего рукIине руго гьесул мугъ чIвалеб кьурулъунги, гьесул гIумруялъул кьодул щулиял ссакIаллъунги. Ки­са-кирего – эменгун цадахъ. Гьезул­ги хатI буго инсул хIалтIабазулъ. Гьеле доб мугIрузда бижараб, гIодоблъиялда тIегьараб унго-унго­яб тарбиялъул хIасил. ТалихIалъул мугьру чIвараб ГIалилги лъима­лазулги берккеялда хIинкъараб къисматалъул лъалкIазухъ жакъаги гьоболлъухъ йиго дун ГIалигун ца­дахъ. РухIдаллъулей йиго дун гьесул гIумруялдаги гьес хадусел гIелазе толеб бугеб рухIияб бечелъиялдаги. Гьединаб буго ГIали МухIамадовасул гIумруялъул чIвабзаз бачунеб къис­маталъул сарин.