ТIабигIат цIуниялъе кьураб гIумру

ЛъаратIа районалъул Гъерел росулъа МухIамадов (Малаев) ГIабдул вуго 85 сонил ригьалде вахарав чи. Гьесул хIалтIулаб гIумру байбихьана Шуланиб росдал школалъул байбихьул классалъул учительлъун хIалтIиялдаса. Гьенисан ана армиялде ва тIад вуссиндал ГIабдулада бихьана ЛъаратIа районалъул тIабигIаталъе браконьераз гьабулеб бугеб зарал. Гьеб мехалда гьесда ракIалде ккана гIагараб ракьалъул тIабигIат цIуниялъе гIоло гIумру кьезе.

 

Иркутскиялъул росдал магIишаталъул институтги лъугIизабун, ГIабдула вачIана районалде охотоведлъун хIалтIизе. Гьесул хIаракаталдалъун, 1984 соналда ЛъаратIа районалъул ракьалда рагьана «Гутонский» заказник ва гьелъие кьуна цо охотоведасул ва анлъго егерасул штатал. Егераллъун росана лъай бугел гIолохъаби, заказникалъул ракь бикьана анлъго бутIаялде. Гьениб лъикI хIалтIи гIуцIиялъул мурадалда егеразухъе кьуна чуял, табелалъулаб ярагъ, патронал, дурнаби, дневникал ва каранда ралел гIаламатал. Щивав егерас жаваб кьезе кколаан жиндирго жавабчилъиялда гъоркь бугеб участкаялда ругел гIалхул хIайваназул.

 

ГIабдулал бетIерлъиялда гъоркь егераз унго-унгояб рагъ лъазабуна браконьеразде данде. Масала, мех-мехалда вертолетазда, гьединго чуязда рекIун, заказникалде балъго чан гьабизе рачIунаан Азербайжаналдаса ва Гуржиялдаса браконьерал. Гьезулгун тунка- гIусиялги камулароан. Гьединаб лъугьа-бахъиналъул цо мисалги бачинин.

 

 

— Нижеца заказникалда тIобитIулеб букIана иргадулаб хал гьаби. МаркIачIул гIужалда вихьана Гуржиялдаса вачIарав ункъояв. ХIукму гьабуна гьел кквезе. Щивав егерасе кьуна хасаб тIадкъай ва, дандечIей гьабуни, кьвагьеянги лъазабуна. Охотнадзоралъул удостоворение бихьидал, браконьераз дандечIей гьабичIо. Гьел ратана Тбилисиялдаса стендовияб речIчIиялъул рахъалъ дунялалъул чемпион Тамази Тидиашвили ва гьезул гьудулзаби. Нижеца гьезухъа ярагъ бахъана», — ян бицана ГIабдулаца.

 

ГIабдулал бахIарчилъиялъул бицунеб цоги лъугьа-бахъиналъулги бицинин. Доб букIана 1987 соналъул хасел. МахIачхъалаялдаса вачIунев ГIабдула тIаде ккана, гIазуца нух къан, ЛъаратIаса тIадехун бугеб ТIохьотIа росдада аскIой хутIарай Къамилухъа кIиго гIаданалде. Къаси гьенир хутIаралани, руччаби цIорон холаан. ТIилицаги кверазги гIазуги нахъе хъван, балагьун нухгун, ГIабдулаца ракI-макIги гьабун, руччаби церехун рачана. Салда росдада аскIоре щолеб бакIалда, тIун бачIараб гIансиялъ рачун, гьел лъабалго Журмут гIурулъе ккана. Лъеца росун унел руччаби гьес хвасар гьаруна ва кьо бугеб рахъалде нух балагьана. АхIи балел руччабазул гьаркьал рагIун, кумекалъе рачIана Салда росдал гIадамалги. ГIабдулал гьунаралъ хвалдаса йорчIизаюна кIиго гIолохъанай гIадан.

 

 

«Дагъистан» заповедникалда гьоркьобе унеб «Гъизляралъул залив» участкаялъул хIалтIи нахъеккун бугинги абун, гьениб хIалтIи чIаголъизабизе кумекалъе витIана ГIабдула. Гьеб участкаялда батичIо я хIалтIухъабазе мина-рукъ, я транспорт. Инспекторал хIалтIуде рачIине кколаан Гъизляралдаса яги, чадирги чIван, гьенирго чIезе кколаан. Гьеб квалквалги хIисабалде босун, ГIабдулаца участкаялда бана лъабго рукъ бугеб мина, гьелда сверун цIана сетка, бачана ток, лъим, чIана гъутIби. Минаялда аскIоб эхетана 20 метр борхалъиялъул маххул вышка. Къокъабго заманалда хIалтIул хIасилал лъикIлъана ва дагь-дагьккун браконьеразе нухал къана. Амма заповедникалъул нухмалъи рекъечIо гьесул жигарчилъиялда. РухIги хIалги кьун тIабигIат цIунулев ГIабдуладаса гьезие рокьана жидеего багIараб ччугIаги чIегIераб икраги чIезабулел егерал. КIудияв хIакимас гьесда рагьун абуна: «ЛъикIаб букIина мун Сары- кумалъул салул гохIал цIунизе ани», — ян.

 

«Сали цIунизе гуро дун цIалун вукIарав», — ан ГIабдулаца дагIба байдал, гIилла гьечIого хIалтIуде вачIинчIогоян багьанаги батун, гьев хIалтIудаса вахъана. Верховный судалде гIунтIун гIарз гьабиялъул хIасилги ккечIо. ГIабдула кидаго вукIана жигарав жамагIатчилъун. Гъерел росулъ гьес гьабуна жамгIаталъе пайдаяб гIемераб хIалтIи. Масала, вертолеталда цементги маххги рехун, гьес бана росдае кьо. Рохьобго хъаршиги хIадурун, росдал мажгиталъул чIабар къачIана…

 

 

ГIумру гьабизе Журмут росулъе вахъиндалги ГIабдулаца гIемераб хIалтIи гьабуна: росдал цо авалалде лъим бачиналъе ва каналал жаниса рацIцIад гьариялъе. Квербакъана цIияб мажгит баялъеги.