Тарихалда тараб лъалкI

Инсанияталъул тарихалда цIаралги хутIарал, лъалкIалги тарал гIадамазул гIелмиябги, гIакълиябги, жамгIиябги, политикиябги хIаркатчилъи киналго заманабазе гIахьалаб букIунин абун буго цо гIакъилас. Гьел рагIаби рачIуна ракIалде анцI-анцI соназ Дагъистаналъулги гьелъул халкъалъулги къисматалъул жавабчилъи тIаде ккаразул цояв, гьездасанги ахирисеб ункъо соналъ республикаялъе бетIерлъиги гьабурав, исана гIумруялъул 80 сон тIубалев, политикиявги, жамгIиявги, гIелмиявги хIаракатчи МухIу ГIалиевасул пикру гьабулаго. Чияс рарал соназул бицунарин, гьесул хIакъалъулъ бицине жо бугониян абуниги, рарал соназул борхалъудасан балагьулеб гIадаб буго нилъер гIадамас нахъа тараб нухалъухъ. Гьеб нухин абуни М. ГIалиевасул гIезегIан бечедаб, лъугьа-бахъинал гIемераб, бицинеги борцинеги жо гьарзаяб букIараблъи лъала киназдаго. КПССалъул обкомалъулги Дагъистаналъул Верховный Советалъулги ахирисев нухмалъулев, республикаялъул Халкъияб Собраниялъул тIоцевесев председатель, Дагъистаналъул тIоцевесев президент. Гьеб чанго хIужаялъ цIакъ гIемераб жоялъул бицуна. Тарихги кIудияб, къисматалги ракIалги бечедал гIадамаздалъунги рагIараб магIарул гьитIинабго ТIануси росулъа цоги гIелцоязулго гIадин гIадатго байбихьараб гьесул къисматалъе къачIан батана кIудияб роржен – Дагъистаналъул политикиябги, жамгIиябги, гIелмиябги гIумруялда бищунго тIадегIанаб бакI, республикаялдаги гьеб бахун къватIибехунги гьеб киналдаго рекъараб машгьурлъиги цIарги.

 

                                                                                                                                                1.

Политикиялгун жамгIиял хъулухъазул борхалъуде вахине МухIу ГIалиевас гьитIинго анищ гьабулеб букIарабищали лъаларо, амма гIелмуялде гьесул рокьи букIараблъиялъул бицуна Избербашалъул тIоцебесеб школа гIарцул медалалда ва ДГУялъул тарихалъулгун филологиялъул факультет багIараб дипломалда лъугIизабиялъги. Хадубги гьебго вузалъул аспирантураялдаги цIалун, философиялъул гIелмабазул кандидатлъиялъул диссертация 28 сон балалде цIуниялъги.

 

ГIуцIарухъанлъиялъул махщел МухIу Гьиматовичасулъ тIатун батизе бегьула ЦIумада районалъул Гъоркьа Гьаквариб росдал школалда хIалтIулаго. Гьенисан ана живго цIалараб университеталъул комсомолазул гIуцIиялъул секретарлъун. М. ГIалиевасда ракIалде гьечIеб жолъун букIана аспирантураялдаса хадуб МахIачхъала шагьаралъул комсомолалъул комитеталъул тIоцевесев секретарьлъун вищи. Гьеб букIанин абизе бегьула гьесул политикиябги жамгIиябги гIуцIарухъанлъиялъул нухде тIамураб тIоцебесеб гали. 1972 соналда М. ГIалиев вищана МахIачхъала шагьаралъул партиялъул цIигIуцIараб Советский рай- комалъул т1оцевесев секретарьлъун.

Улкаялда цIияб багъа-бачариялъе кьучI лъезе байбихьараб 1985 соналда КПССалъул Дагъистаналъул обкомалдаги ккана хиса-басиял. Гьеб мехалда обкомалъул бищунго аслияб ва жавабчилъи цIикIкIараб гIуцIарухъанлъиялъулгун партиялъул отделалъе нухмалъи гьабизе тIамуна МухIу ГIалиев. 1990 соналда вищана КПССалъул Дагъистаналъул обкомалъул тIоцевесев секретарьлъунги КПССалъул ЦКялъул членлъунги. Гьеб букIана кIудияб пачалихъалъе нухмалъи гьабураб КПССалъул къисмат цIадирабазда лъураб захIматаб заман. МухIу ГIалиевасда лъикI бичIчIулеб букIана Горбачевасул кьучI гьечIеб политикаялъ улка кибе бачунеб бугебали. Гьеб бихьула ЦКялъул пленумаздаги партиялъул ХХVIII съездалдаги гьес гьарурал кIалъаяздасан. «Гьадинаб нухдасан пачалихъ бачунеб бугони, дуца пачалихъги биххула, партияги биххула, цIад бан хадуб буртина ретIарав чиясда релълъун мунги вукIуна», — ян абуна МухIу Гьиматовичас жиндирго кIалъаялда Горбачевасда. Гьедин ккезеги ккана.

                                               

                                                                                                                                                 2.

ГIемеразда ракIалде кколеб букIана компартия биххиялда цадахъго МухIу ГIалиевги Дагъистаналъул политикиябгун экономикияб гIумруялда гьоркьоса анилан. Гьеб гьедин ккезе бокьаралги рукIана. РакIалде щвезабизе бегьила 1991 соналъул октябралда Дагъистаналъул Верховный Советалъул председателасул заместительлъун МухIу вищулаго букIараб ахIвал- хIалги, ХVI сессиялда гьес гьабураб кIалъайги.

 

1993 соналъул ахиралда Россиялъул нухмалъиялъул гIуцIабазда ккарал хиса-басияздаса хадуб Дагъистаналдаги исполнительниябги законодательниябги властал цоцаздаса ратIа гьаруна. ГIуцIана Пачалихъияб Совет ва бищана цIияб парламент – Халкъияб Собрание. Жиб бищараб къоялдаса 11 соналъ гьелъие нухмалъи гьабуна МухIу ГIалиевас. Гьесде тIаде ккана кьучIдасанго цIияб парламенталъул хIалтIи гIуцIи, гIумруялъул тIалабаздаги улкаялъул законаздаги, щибаб къойил хисхисулеб ахIвал- хIалалдаги, киналго рахъалги хIисабалде росун, гьелъул хIаракатчилъи рекъезабизе.

 

Дагъистаналдаги дол ункъоялда анцIабилел сонал захIматал рукIана. Гьеб гуребги, мадугьалихъ бугеб Чачан Республикаялда кIиго нухалъ ккараб рагъалъги ахIвал-хIал захIмалъизабун букIана. ГIадамазул гIумру-яшав язихъаб хIалалде ккун букIана. Хадубги Карамахи, Чабанмахи… ва ахирги 1999 соналда ккарал рагъулал лъугьа-бахъинал. Гьеб киналъулго хIакъалъулъ М. ГIалиевас гьелъие кьолеб букIараб къиматалъул бицунеб буго гьесул «В поисках согласия» абураб тIехьалда рахъарал кIалъаяздаги гьесулгун гьарурал гара-чIварияздаги.

 

Парламенталъул бетIерас 1999 соналда Дагъистаналда рагъулал лъугьа-бахъинал ккезегIан чанго соналъ цебего Халкъияб Собраниялъул сессияздаги МахIачхъалаялдаги, Москваялдаги, цоги бакIаздаги кIалъалаго бицунеб букIана экстремизмалъул къуватазул республикаялъе бугеб хIинкъиялъул, рихьизарулел рукIана балагьалъ нилъер нуцIида кIутIилелде гьеб нахъчIвазе ругел нухалги ресалги. Амма гьел кIалъаязул доб мехалъ кколеб хIасил гьабичIо. Хадубги киназдаго лъала, доб мехалда Оборонаялъул министрлъун вукIарав И. Сергеевги гIахьаллъун 1999 соналъул 12 августалда букIараб Дагъистаналъул Пачалихъияб Советалъул данделъиялда МухIу Гьиматовичас гьабураб кIалъаялдаса хадуб лъица щиб гьабулеб бугебали лъалареб куцалъ унеб букIараб рагъул ахIвал-хIал хисараб куцги гьелъул хIасилги.

 

РехсечIого гIоларо дол соназда Халкъияб Собраниялъ къабул гьарурал законазул аслияздасанги аслиябин абизе бегьулеб, мугIрузул районазе цIакъго кIвар бугеб «Гочинабун гIи-боцIи хьихьулел ракьазул хIакъалъулъ закон». Гьеб хIадур гьабулаго гIезегIан заманги ана. Ахирги кIвана закон къабул гьабизе. МухIу Гьиматовичас борхана депутатазул «неприкосновенностилан» абулеб, гьел щиб такъсир гьабуниги тамихIалдаса цIунулеб къагIида хвезабиялъул ва такъсирал гьарурал гIадамал депутаталлъун риччазе бегьуларин абураб суалги. Гьеб пикруялъул рахъги ккун, Халкъияб Собраниялъ гьединаб хIукмуги гьабун букIана. Амма Россиялъул законазде данде кколарилан гьеб хIукму хадубккун хвезабуна.

 

Гьеб киналъулго хIасилалда Дагъистаналъул Хлакъияб Собраниялъул председатель лъугьана Россиялъул регионазул парламентазул бутIрузда гьоркьов бищунго рикIкIунездасан, къадру-къимат гьабулезул цоявлъун. Гьелъие нугIлъи гьабула МухIу ГIалиевасе 2004 соналда лъагIалил спикер абураб цIар кьун букIараблъиялъги.

 

1996 соналдаса 2001 соналде щвезегIан М. ГIалиев вукIана РФялъул Советалъул член, гьелъул Халкъазда гьоркьосел бухьеназул рахъалъ комитеталъул председателасул заместитель. «Россия — Европаялъул союз» парламентазул цадахъ рекъон хIалтIи гьабиялъул бюроялъул член, Европаялъул Советалъул парламенталъул ассамблеялъул член (ПАСЕ), ЧIегIераб ралъдал экономикияб цадахъ рекъон иш гьабиялъул Парламенталъул ассамблеялъул член (ПАЧЭС), Европаялъул бакIалъулал ва регионалиял властазул конгрессалда РФялъул (КМРВЕ) вакил.

 

Чанго рагIиялдалъун рехселин МухIу ГIалиевасул гIелмияб хIаракатчилъиги. Гьев ккола философиял гIелмбазул доктор, профессор, анцIго тIехьалъул ва анцI-анцI гIелмиял макъалабазул автор. Гьесул хIалтIаби рахъана «Вопросы философии», «Философские исследования», «Вестник Российского философского общества», «Федерация» абурал журналазда ва цоги басмабазда. МухIу Гьиматовичасул биография ва гьесул хIалтIабазул аслиял пикраби рахъун руго «ХIХ-ХХ гIасрабазул Россиялъул философал» абураб словаралда.

                                               

                                                                                                                                                 3.

Партиялъул хIалтIуда 20 ва парламенталда 28 соналъул хIалбихьи букIана МухIу ГIалиевасул Дагъистаналъул тIоцевесев президентлъун вищулеб мехалда. Цебеккун нилъер республикаялъе хасиятаблъун букIинчIеб президентасулаб нухмалъиялъул къагIидаги кьучIдасанго гIуцIизе ккана гьесде.

 

МухIу Гьиматовичас президентлъун вугел соназдаги гьелде щвезегIанги хIаракат бахъана хасал мурадал ругел, заманаялъул чвахиялъ лъалъан рухI речIчIарал гIадамаздаса рикIкIад чIезе, хIасилал кинал кканиги, ритIухъаб нух кквезе. Бикъуларев. Босуларев. РитIухъав. Гьел рагIаби абулаан МухIу ГIалиевасул цIаралда цадахъ гьев лъалезги лъаларезги, гьев къабуллъулезги къабуллъуларезги. Къабуллъулез – чIухIигун, къабуллъуларез – цо гIажаибаб разилъи гьечIолъигун. Гьел хасиятазе ритIухъавлъун хутIана МухIу Гьиматович Гъоркьа Гьаквариб школалъул учительлъун хIалтIизе лъугьараб тIоцебесеб къоялдаса байбихьун, Дагъистаналъул президентлъиялъул хIалтIул ахирисеб къоялде щвезегIан.