Къисматалъул сайгъат – нусго сонилаб гIумру

Гъуниб районалъул СалтIа росдал жамагIаталда лъикI лъала­ан Аминат-кIодо. Гьей гьаюна араб гIасруялъул 20-абилел сона­зул байбихьуда.

 

1970-абилел соназда дун хIалтIулев вукIана гIелмабазул кандидатасул диссертациялда тIад. Щвана республикаялъул централияб архивалдеги, цIалана дол соназул хIакъикъат рагьулел гIемерал документалги. БакIаб асар гьабулаан гьез ракIалъе. Кин гIумру гьабулеб букIараб нилъер умумуз? Рукъги, хъи­замги, колхозалъул хур-ахги жи­дер гъуждузде бегарал руччабаз киндай хIехьараб гьеб захIмат? Лъималазе тарбия кьолаан, хаса­лоялде цIул ва боцIуе рагIи-хер хIадурулаан, лъелго рикIкIадал хъутабаздеги ун, колхозалъул хIалтIи гьабулаан… Унго-унго­ял бахIарзал рукIун руго нилъер умумул! Гьединал пикрабазулъе тIерхьунаан дун, диссертация хъвалеб мехалда.

СалтIа росдал анкьгосо­нилаб школаги лъугIизабун, эбелалъул кумекчIужулъун йикIана Аминат. 1939 соналда гьелъги росуцояв МухIамадов ГIабдулхIамидицаги гьабу­на ригьин. Росасдаса разиго йикIунаан гьей. Гьабуна щуго лъимер: кIиго васги лъабго ясги. Бигьаго букIинчIо кIудияб хъи­замалъул тIалаб гьабизе. Амма захIмалъабазе къуркьизе куцан йикIинчIо гьей. Росдал колхозал­да цин звеньеваялъун, цинги бри­гадирлъун хIалтIана Аминат ва мустахIикълъана «ЗахIматалъул ветеран» абураб цIаралъе.

 

ТIоцебесеб лъимер, яс Хамиз, гьаюн лъагIел балелде байби­хьана КIудияб ВатIанияб рагъ. ГIабдулхIамид ана ватIан цIунизе. Телавиялда лъелазул учили­щеялдаги цIалун, ГIабдулхIамид витIана фронталде. Моздок шагьаралда гIагарлъухъ кка­раб гIасияб рагъулъ захIматго лъукъана гьев ва госпиталалде витIана. Рагъуе ярагьунаревлъун­ги рикIкIун, МухIамадов рокъове ана. ХIалтIана росдал школалда байбихьул классазул учитель­лъунги, росдал советалъул секре­тарьлъунги, Кировасул цIаралда бугеб колхозалъул бухгалтер­лъунги.

Аминатица баркала кьолаан къисматалъе: «Рагъдаса чIаго тIад вуссана дир бетIергьанчи ва лъимал гIумруялъул нух­да лъезегIан цадахъ вукIана гьев. Киналго лъималазул буго лъикIаб лъайгун махщел, гьез гIумру гьабулеб буго шагьа­ралда. Жакъа дир лъималазул буго 12 лъимер, гьезул лъима­лазул – 19 ва гьезулги лъимала­зул – щуго. Гьеб буго дир аслияб талихIги гIумрудул хIасилги», -ян абулаан Аминат-кIодоца.

 

Дун вуго кубачияв. Аминатил вас МухIамадилгун гьудуллъи ккана дир: нижер ясал Фатима ва Хадижат цIалулел рукIана МахIачхъалаялъул №39 шко­лалда. СССРалъул ГIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул филиалалда цадахъ хIалтIулел ругониги (кватIичIого бала 50 сон), МухIамадилги дирги гьу­дуллъи букIинчIо. Гьудулзабилъун ниж лъугьана ясазул клас­салде собраниязде хьвадиялъ. Гьедин гьуинлъи ккана нижер хъизамазулго.

МухIамадица хьихьана эбел. Аминатие бокьулароан ша­гьаралъул гIумру. РекIеего гIолароан гьелъие киданиги хинлъи кьоларел батарейка­би, хIалтIулареб лифт, кидаго рахан рукIунел мадугьалзаба­зул нуцIби, къотIносан хьва­дулел машинабазул хъуй гу­рони рагIулареб шагьаралъул гIемертIалаяб мина… Анкьидаса гIемер (бищун цIикIкIун – моцI) заман балароан гьелъ васасухъ. Хадуб байбихьулаан росулъе ракI цIазе: хур-ахикь квалква­дизе, гIертIал цIезе, цIадаб цIул лъезе… Гьабизе кколеб хIалтIи гIемер рикIкIунаан гьелъ.

 

Дунялги заманги хисун бу­геблъи бичIчIулаан Аминат-кIодода. Жийго жиндаго хIебтIун бажарунгутIи бичIчIараб ме­халда, васас малъарабги гьабун, гьесда аскIое яхъана гьей. Гьа­ниб букIана гьелъие чIезабун хинаб рукъги, татуяб квенги, ракIгъезабулел лъималазул лъи­малги. РукIана кумекалъе кида­го хIадурал «нилъерго» тохтур­забиги: Аминатил кIиабилев вас АхIмад вуго Республикаялъулаб централияб больницаялъул реа­нимациялъулаб отделениялъул нухмалъулев. МухIамадил хъи­зан ПатIиматги йиго тохтур. Гье­зул хIеренаб тIалабалда гъоркь йикIана Аминатги. Дагьал церегIан къояздайин абуни къадарал­де щвана гьей. Аллагьас иманал­да тIойитIун ятаги.