РухIияб берцинлъиялъул расенал

Бигьародул гъотIол сариналъухъ

 

 ХIалтIудаса хадуй шагьаралъул паркалде арай дие роол хIикматаб асар гьабуна хIанчIазул панаял бакъназги, гьел бакъназухъ гIенеккун машгъуллъун ругел гIолилазги, гIолилазухъ хIасратго балагьун бугеб рокьиялъги. Ццидалаб унтуца жанире къотIун рукIарал гIадамазул цIун букIана парк. Киса-кибего – сунтIун хIалхьолареб талихIалъул махI. Паркалда скамейкаялда гIодой чIарай диде аскIоре рачIана цIикIкIараб ригьалъул рос-лъади ва гIодор чIана. Цоцазул квералги ккун рачIунел гьезда щаялиго бахиллъизеги бачIана. Гьез цоцазе бицунеб букIараб тамашаго хIеренаб мацIги. Цоцазе цIакъ берцинго гьимулелги рукIана гьел. Лъадул ботIродаса хъущтIун араб кIазги битIа-бишизабуна росас, гьелъул хъахIлъараб бетIералда квералги рахъана гьес. Цоцаздехун гьезул бугеб недегьлъиялъухъ ялагьидал, рухIдаллъизе бачIунеб букIана. ГIунсбиги релълъарал ругоан гьезул. Гьелъие мороженое босизеги ана гьев. Гьелъухъа цо-цо гордеялде чвахулеб гьебги бацIцIунеб букIана гьес. Гьесул хIеренлъиялдасаги тIалабалдасаги дагьайго нечолейги йикIана гьей.

 

Дие тIаде яхъинецин бокьун букIинчIо. ТIехь цIалулеб ххвелги гьабун, балъго гьезул накъиталъухъ гIенеккун чIана дун. Унго-унгоги, гьеб дандчIваялъ дие гьабун тараб асар!

 

 

Бигьародул гъотIол «гIазуги» квераз кколеб букIана гьес. Гьейги цIакъ йохулей йикIана гьеб гIазу- хъупалдаса. Цинги гьез ракIалде щвезабуна жидерго тIоцебесеб лъай-хъвай. Гьале гьаб гъотIокь тIирщун буго гьезул тIоцебесеб рокьи. Ва санайил, бигьародул гъотIол хъупалъ хIасратал саринал рачине лъугьунеб заманалда, гьел щолел руго гьеб гъотIохъе. Ва гьелъ цIидасанги гIолохъанлъиялъул халича тIибитIулеб буго гьезул къисматалда гъоркь. Цинги гьалъиеги гьасиеги цIидасан гьимулеб буго доб талихIаб лахIзат.

 

Цо заманалдасан гьазде аскIое ячIана гьанжего гьанже ботIрол расазда саву кколеб бугей, гIолохъанлъиялъул нур берцинаб гьурмадаса жеги свине ракIалдаго гьечIей чIужугIадан. Гьелда цадахъ гьитIинай ясги йикIана.

 

ДахIабаба, дахIадаянги ахIдолаго, яс гьезда хурхун чIана. Дой чIужугIаданалъ гьезие рачIана цIурачадалги. Гьезул цо-кIиго мочIу диеги щвана. Гьей гIаданалъ херазул гьабулеб адаб бихьун, дица тана гьей гьезул яс ятилилан. Амма гьей йикIун йиго гьезул нус.

 

 

Гьезул рукIун руго цо васги цо ясги. Васасул машинаялда рекIун унел рукIарал гьел, авариялдеги ккун, хун руго. Гьездаго цадахъ хун вуго дурцги. Ясалъул цо вас хутIун вуго нахъе. Васасулги цо яс йикIун йиго. Васги ясги хун, жалго ялгъузго хутIарал гьел аскIоре рачун руго нусалъ.

 

Долдаса нахъе ун буго чанго сон. Нусалъ хъулухъги гьабун ругел гьезие бигьалъана къисматалъул бакIаб гьир баччизе. Цо дагьаб мехалъги паркалдаги тира-сверун, талихIаб хъизан, рухIияб берцинлъиялъул расеналги дир рекIелъ расун, рокъоре ана… Гьел гIедегIун унел рукIана нусалъ талихIалъул цIа свинеб течIеб гъасде.

 

 

 

Инсул дарсал

 Заманалдасан дун яхъана тIаде. Амма бухIун щвараб бакъалъги бакъудаса гIорцIуларого бугеб тIабигIаталъги цодагьалъги лъал- хъейилан щурулеб букIана. Диегоги цо гьедигIанго бокьун букIинчIо рокъое лъутизе. РагIдукье ккараб скамейкаги балагьун, гьений гIодой чIана. Ва цIалулеб букIараб тIехь лъугIизабизе жуяна. Дун тIуркIизаюна релъа-рохун рачIунел гIолохъанал рос-лъадул гьаркьаз. Гьанжего гьанже гьабураб гIадаб лъимерги букIана коляскаялда. ДандбитIун бугеб скамейкаялда гIодор чIана гьел. Дол хераз гьабураб берцинаб асар жеги лъугIичIей дие бокьана гьел талихIал гIолилазухъ гIенеккизеги.

 

Гьез лъимадуе бицунеб букIараб берцинаб мацIги, беэдулеб букIараб куцги! Ирга щоларого рукIана гьел, лъимер кодобе бачинеги, зобалазде гьелб цIабуцIинабизеги, гьелъул гьимиялъ куркьбал гъолел рукIана эбел-инсул талихIалда. Гьеб гьимараб мехалда, биччан гьаракьгун релъулелги рукIана гьел. Лъимер гIодизе лъугьарабго, рихха-хочиги лъугьунеб букIана.

ТIокIабги берцинабищха ракьалда талихI букIунеб – эбелги эменги ва гьезул талихIалъул кIуллъун кколеб гьитIичги! Эбелалде иргаго щвезе толеб букIинчIо инсуца, кечIгицин ахIулеб букIана гьес лъимадуе. Гьеб гьаракьалъ гьеб лахIзаталъ пана гьабун букIун батила сверухълъиго. Лъикьаниги нечечIого, гIисинккун лъимер кьижизабизе ахIулеб гьеб кечIалъулъ букIана цIакъго цIакъ берцинаб ва эбелалъулалдаса батIияб талихI. Инсул талихIалъул махI батIиябгIаги букIунеб батила.

 

 

Гьесул кинидахъ кечI боржунеб бугин кколеб букIана зобалалзде, ТIадегIанасухъе, жиндир лъимер цIунейилан гьаризе.

 

Цо заманалдасан ахIдана гIолохъанав инсул телефон. Ва гьес, цо кIудияб гъираго гьечIого, жаваб кьуна. Гьесул жавабалдасан бичIчIулеб букIана телефоналдасан кIалъалев чи гьесул эмен вукIин. Щаялиго дир пикраби кьерхана. РакIги цIунцIрахун ана. Бугониги, ракIалде ккана дагьалъги лъалхъизе. Васас инсуда абуна жал паркалда ругилан. Бокьун букIана талихIав инсул талихIкъарав эмен вихьизеги…

 

 

КватIичIого тIаде щвана магIарухъа васасде щвезе вачIунев эмен. Росдал къагIидаялъ гIадатго ретIа-къарав гьев рекIее гIечIо шагьаралдаса чIухIухъаналъе. Гьелда бихьулеб букIараб къоги коляскаялда жаниб кьижун ккараб лъимералъухъ валагьизе вакьад виччаларого.

 

— Къаси вачIа вас вихьизеги, ниж гьанже гьоболлъухъ ине руго, къасиги дагьалъ хехго вачIа, нижер цоги ине кколеб бакIги буго, мунгоги рукIкIиналде хехго тIадвуссине вукIине, — ян лъазабуна дагьаб цебегIангицин жиндирго гьитIичие талихIалъул кечI ахIулев вукIарав гIолохъанав инсуца жиндирго инсуда.

 

 

Лъималазе росарал сайгъатазул цIураб пакетги кодобго кковухъе, васас цогиги хъачIаб рагIи абилалде, эмен цевеса ана. Инсул хъачIлъиялъухъе кьижараб лъимерги борчIана. Гьеб гIодизе лъугьана. КигIан эбел-инсуца лъикIаб бицаниги, гьеб гIодобе биччазабизе кIолеб букIинчIо. Гьеб хIинкъун батизе буго инсуца жиндиего кьурал тIоцересел дарсаздаса.

 

Цо заманалдасан роцIун букIараб зобги чIегIерал накIкIаз бахчана, бакъги къанщун ана, хIанчIазул сариналги къотIана, зобалазги байбихьана тIухьигIан бакIаб магIу ракьалде битIизе. Гьеб цIадалъ йиччулей йикIинцин лъалеб букIинчIо дида. Инсуда рокъове вилълъайилан абизе бихьинчилъи гIечIев, гьев вачIиналдаса рохелги загьир гьабизе лъачIев гIолилас жиндирго лъима- дуе ахIулеб букIараб доб хIайранаб кечI сверухълъиялдаго магIулъун щущанин кколеб букIана.

 

МагIарухъа вачIарав инсул хадусеб къисмат дида лъаларо. Амма, васас бекизабураб рекIел кескалги рищулаго арав гьев, гьеб сордоялъ васасухъе анадайилан абурал пикрабаз жакъаги рахIат толеб гьечIо дие.