ГIолохъанлъиялъул куркьбаздаги рекIун…

Анищалъул цIваялъул канлъухъе

 

Унго-унгоги, гIолохъанлъи, дулъ бугебщинаб гьунарги, гучги, гьелчейги, къеркьейги, роржен­ги. Дулъ гьелегьун беролел пи­крабазги анищазги тIаса бищула гIицIго тIадегIанлъи. Дуца щивав гIолиласухъе кьола жиндирго ани­щалъул цIва. Гьеб цIваялъухъе нух бахъулаго, гIолилал тIуркIуларо, гьезда лъаларо захIмалъи щи­балиги. Доба борхалъуда бугеб гьеб цIваялъ гIолилазухъе ритIун рачIуна жиндихъе щвезелъун гьез тIуразаризе кколел тIадкъаял. Цинги байбихьула жиндирго ани­щалъул цIваялъухъе щивасул бугеб тIадегIанаб къеркьей. Гье­динал лахIзатаз каранда ракIги ба­сандула, биги гьелегьуна, анищал­ги кьурдула. Ва гьеб киналъулго хIасилалда анищалъул цIваялъ гIолилазул гIумруялъе канлъиги кьола. Ва гьеб канлъухъе гьел рор­жуна къисматалде данде.

Гьеле гьединаб талихIаб кан­лъухъе, жиндирго анищазул куркь­баздаги рекIун, йоржуней йиго гьайбатай магIарулай Хадижатги. Гьелъул къисматалъул хIайранаб къисаялъ пана гьаюна дун. Гьелъ рачунел хIасратал бакъназухъ гIенеккидал, рухIдаллъизе бачIана къисматалъул согIаб кIичIикье кке­зе доб хIикматаб цIваялъ течIей гIолилалъул къеркьеялда. Жиб­го гьеб цIваги Хадижатил каранда ракIлъун кенчIелеб буго.

 

Дагъистаналдаса тIоцеесей художник-мультипликатор

Дагъистан тун къватIибехун гIумру гьабун йигей цоги магIарулай! МугIрузул улкаялда­са тIоцеесей художник-мультипли­катор! Гьелъ рахъарал суратазухъ ялагьун гIорцIулейго гьечIо. Гье­зул кумекалдалъун бицунеб буго гIолилалъ гьитIинаб ватIаналде бу­геб жиндирго кIудияб рокьулги, магIарул тарихалде бугеб гьайбатаб гIищкъуялъулги, жиндирго ани­щалъул цIваялъухъе гьабураб бигьа­яб гуреб, амма тIадегIанаб рорже­налъулги хIакъалъулъ.

Гьаюна Хадижат МухIамадова МахIачхъала шагьаралда Гъуниб районалдаса Иманшапил ва Хунзахъ районалдаса Зульфиял хъизамалъе. ГьитIинай Хадижатил сахлъиялда бан, гьелъул ункъо сон бугеб мехал­да, хъизан гочана Тула шагьаралде. Гьениб ясли-ахалдаго тIатине лъу­гьана Хадижатил пагьму-гьунар. Цинги — шагьаралъул №65 школал­да цIали. Хадижатихъе учительза­би рокъорего рачIунааан – гьелъие захIмалъулеб букIана къойил шко­лалде ине. Амма гьелъул эркенаб заманцин букIунароан – Хадижат свакалей йикIинчIо суратал рахъ­ун. Киналго лъималазе бокьулелъул суратал рахъизе, рокъосезги гьелде байбихьуда кIудияб кIварго кьолеб букIинчIо. Амма соналдаса сонал­де цIубалеб букIана суратал рахъ­изе гьелъул бугеб пагьму. Къого сон базегIан, къеркьана Хадижатги Хадижатил пагьмуги согIаб унти­гун. Амма гIолилалъул гIумруялде бугеб гIащикъаб рокьул кутак бер­гьана больницабазул палатабазда­са. Гьенибги батана гьелда къуват. Гьеб гьелъие кьолаан суратаз ва доба хъахIилзобазда жинца кунчIи кьеялъухъ балагьун чIун бугеб ани­щалъул цIваялъги. Хьвадизе лъу­гьана аскIобго бугеб ИЗОстудиялде, гIахьаллъулаан школалда ва шагьа­ралда тIоритIулел суратал рахъиялъ­ул къецазда ва выставкабазда. За­маналдасан шагьаралда тIобитIана Хадижатил суратазул выставкаги. Цадахъго — гIемерал шапакъаталги, дипломалгун грамотабиги. КунчIана гIолилалъул цIва. Ва дагь-дагьккун гьеб гвангъизе байбихьана. Хадижа­тица сапар бухьана гьитIинго бижа­раб анищалъухъе – гьелъие бокьун букIана художник-мультипликатор­лъун яхъине.

 

2009 соналда гьей лъугьана В. Д. Поленовасул цIаралда бугеб худо­жествияб школалде. Амма школа лъугIизабизе санагIалъи ккечIо, гьаб нухалдаги сахлъиялда бан. Дагьабго сахлъи щулалъидал, гьелъ цоги ну­халда хIалбихьана цIализе лъугьи­не. Гьанжесала – Репинил цIаралда бугеб Санкт-Петербургалъул акаде­миялде. Гьаб нухалдаги согIаб къис­маталъ хIалбихьана гIолилалъул анищалда цебе хIетIе кквезе – ака­демиялъул тIасиял тIалабазде яхине гьелъие захIмалъана. ЗахIмалъаби дандчIванагIан, бокьулеб букIана гьелъие жиндирго анищалъухъе щвезе.

Цоги нухалда хIалбихьана цIализе лъугьине. Гьаб нухалда – Москва­ялъул пачалихъияб кинематографи­ялъул институталда цере рагьарал лъагIалил курсазде. Гьездаго ца­дахъ дистанционнияб къагIидаялда цIалун лъугIизабуна 11-абилеб клас­сги.

 

Школа лъугIун хадуб Хадижат лъугьана А.С. Даргомыжскиясул цIаралда бугеб Тулаялъул искус­ствабазул колледжалде. Ва гьеб лъугIизабуна 2018 соналда.

ГIолилалъ анищалъул цIваялъухъе гьабулеб сапар гьоркьоса къотIизе толеб букIинчIо. ЦIваялъ гьей жин­дирго канлъухъе ахIулей йикIана.

 

ХIалтIизе лъугьана Санкт- Петербургалда бугеб анимационни­яб киноялъул «Мельница» киносту­диялде. Гьанибго цIидасанги сахлъи гьечIолъиялъ квалквал гьабизе бай­бихьана. Амма гьединал квекIеназ Хадижатил рекIелъ гIумруялде бугеб рокьул цIа дагьабги гьелегьинабулеб букIана. Гьелда ракIалдецин кколеб букIинчIо нахъе къазе. ГIолилалъул жиндирго хIалтIуде бугеб рокьиги адабги бихьун, гьелъие кумек гьа­бизе байбихьана киностудиялъги. ГьабсагIаталъги Хадижат гьений хIалтIулей йиго.

Ясалъул анищалда куркьбал ри­жиялъе, тIоцебесеб иргаялда, кумек гьабуна эбел-эмен Иманшапицаги Зульфияцаги. Ахир-къадги Хади­жатие къисмат гьимараб Санкт- Петербургалда гIумру гьабулеб буго гьезул хъизамалъ.

 

Бокьула Хадижатие гIагараб Дагъ­истан. Гьелъул тIабигIаталъухъги гIадамазухъги рокьи ккарал сура­тал гIемер руго гьелъул. Санайилго гIадин жиндирго эбел-эменгун, яцал Эмилиягун ва Меседгун гьей щола Дагъистаналде. Гьелъул хIалхьоларо гIагараб ватIаналъул берцинлъиял­даса, ва гьелъ гьеб берцинлъиялъул гIадамазе бицине тIамула жиндирго суратал.

Гьединго, Хадижат гIахьаллъула ТIолгороссиялъул творческиял про­ектаздаги.

 

— Дие цIакъ бокьула художник- мультипликаторасул бигьаяб гу­реб хIалтIи. Гьеб кIвар цIикIкIараб ва захIматаб букIиналъги батила дида дирго гIузрабиги кIочарал ва дирго цIваялъухъе йоржинеги ба­жарараб, — илан абуна Хадижатица.

Гвангъулеб, кунчIулеб буго гIолилалъул цIва, гьелъул анищазе цIаги кьолаго.

Гьарула гьеб цIадуе гьелегьин­ги, цIваялъе беричлъиги, анищазе тIадегIанлъиги.