ТIаса бищараб махщалиде щулияб рокьи

ГIемерал сонал руго дида Кав­сарат ШугIайбова ва гьелъул рос Нажмудин МухIамадов лъалелда­са. Гьел кIиялго руго тохтурзаби. Кавсарат ккола Хасавюрт райо­налъул больницаялъул бетIерай тохтур, Нажмудин — Бамматюр­талъул участкаялъулаб больни­цаялъул бетIерав тохтур. Гьезул вас АхIмадги эбел-инсул нухдасан ана — Дагъистаналъул пачалихъ­ияб медицинаялъул академияги лъугIизабун, гьев вахъана стомато­логлъун. ХIалтIулев вуго Муцала­улалъул амбулаториялда. КIудияв вас Рустамицайин абуни, тIаса би­щана полициялъуласул захIматаб, амма хIурматияб махщел. Гьев ккола Чачан Республикаялъул, Ножаюрт РОВДялъул цIех-рехазул отделалъул начальниклъун.

 

Гьеле гьединаб буго гьеб хъи­зан. Щивас тIаса бищана жиндирго рекIее бокьулеб хIалтIи.

Амма, цогидазде дандеккун, Кавсаратил нухда квалквалал гIемер рукIана. ЗахIмалъабаздаса хIинкъичIого цеехун иналъ, сундухъго балагьичIого, тIад чIун гьабураб цIалул ва хIалтIул хIасилалда щвана гьей мурадалде.

 

 

Лъимерлъиялдаса нахъе анищ букIана Кавсаратил тохтурлъун яхъине.

— Дир эмен боцIул тохтурлъун хIалтIулев вукIана. Дун гIемер унаан гьевгун цадахъ фермаял­де, школалдайин абуни, кидаго йикIана санитаркалъун. Школал­де унаан гъажалда хъахIаб ча­луги бухьун, багIараб хъанч тIад бахъараб гьединабго сумкаги гъежде рехун. Щибаб къойил хал гьабизе кколаан цIалдохъабазул рацIцIа-ракъалъиялъул. Гьеб дие цIакъ бокьулаан. Школалда лъо­лел спектаклязда тохтуралъул яги медсестраялъул роль гIицIго дица хIалаан. Гьелъие дица рокъоса ин­сул хъахIаб халгIат босулаан ва, квараз бухьа-къан, рекъезабула­ан диего,- ян ракIалде щвезабулеб буго Кавсарат ШугIайбовалъ.

 

 

ГIагараб Кокрекальул гьоркьохъеб школалда микьго класс Кавсаратица лъугIизабуна лъикIал къиматазда ва, цIалдохъабазул кьерда цееги яхъи­наюн, гьелъие кьуна Реццалъул гра­мота.

Кьабуна ахирисеб цIумур. Нахъа хутIана школалъул сонал.

 

 

Тохтурлъун яхъине бугеб ани­щалъ яс киданиги рехун толей йикIинчIо. Дагъистаналъул медици­наялъул училищеялде цIализе роса­разул сияхIалда гъорлъ жиндирго цIар бихьараб рохалилаб къо — 1970 соналъул 25 август, Кавсаритида гIумруялъго рекIелъ хутIана. Жин­дирго беразда божуларого, чанго нухалъ тIад-тIадюссун хал гьабуна гIолилалъ медсестрабазул отделени­ялде цIализе росаразул сияхIалъул.

— КигIан халаталха рукIарал тIоцебесеб сентябралде щвезе хутIарал гьел къоял! Берцинго кьи­жизецин кIолеб букIинчIо. Кидаго гIадин, кIудияб гъира-шавкъалда тIаделъана цIалуде, — ян бицана Кав­саратица студентлъиялъул соназул хIакъалъулъ.

 

 

Гьединаб таваккалаб ва тIадчIараб цIалуца лъикIаб хIасилги кьуна. Лъабго соналдасан бергьенлъиял­да лъугIизабуна Дагъмедучилище ва Кавсарат ШугIайбовалъе щвана багIараб диплом. Гьелда цадахъ ро­хел гIахьал гьабуна эбел-инсуца, гьу­дул-гьалмагъабаз, лъале-хъвалез.

Кавсаратида ракIалда буго райо­налъул централияб больницаялъул рахунел унтабазул отделениялда медсестралъун хIалтIизе лъугьараб тIоцебесеб къоги. Амма институ­талде цIализе ине ругел пикрабаз гьей цо лахIзаталъги рехун толей йикIинчIо. ХIатта росасе ун хадуб­гицин тохтурлъиялъул тIадегIанаб лъай босизе бугеб анищалдаса гьелъ инкар гьабичIо. БукIаниги, гIицIго щуго соналдаса гурони росасда гьелъул бицен гьабизе кIвечIо.

 

 

— Духъаго бажаризе батани, дун рази вуго. Амма кIочонге нилъер кIиго лъимерги, гIи-боцIиги, яшав- магIишатги букIин. Гьеб киналъулго тIалаб-агъазалда вукIине дир заман гьечIо. Дипломалда лъабилал ругев тохтур, гьев тохтур гуро,- ян абуна Нажмудиница.

— Дица щулияб рагIи кьуна иш бажаризабизе, лъикI цIализе ва магIишаталъул хIалтIиги цадахъ ба­чине. Дипломалда гьоркьохъел къи­матал диеги хIажат рукIинчIо, — ян ракIалде щвезабула Кавсаратица. — Росасе кьураб рагIи дица ккуна.

 

 

Бигьаяб букIинчIо Кавсаратил анищалъул цIваялда хадуб унеб нух. ЦIалул соназ гьей радал сагIат ункъо­ялда яхъунаан, хъизаналъе тIубараб къоялъе гIураб квен гьабулаан, боцIуе жо балаан, гIачи речIчIулаан ва гIедегIулаан поездалде.. Кокре­калдаса МахIачхъалаялде гьеб уна­ан радал сагIат анлъгоялде анцIила щуго минут хIалтIараб мехалъ, тIад буссун, МахIачхъалаялдасан багъарулаан къаси ичIгоялде анцIила щуго минут хIалтIидал.

Гьединан ана анлъго сон. Гьеб заманалда жаний цониги нухалъ кватIичIо дарсазде. Цониги лекция гьоркьоб биччачIо ва цониги экзаме­налъе лъабилаб къиматги ккезе течIо. Гьеб гурищ сундаго барахщичIого мурадалде щвезе хIаракат бахъиялъ­ул гвангъараб мисал?!

 

 

ЗахIматаб ва халатаб букIана Кавсарат ШугIайбовалъул Дагъмедакадемиялъул аудиториязде нух. Студенткалъун яхъине тIоцебесеб къасд гьелъ гьабуна медучилище лъугIун щуго соналдасан, кIиабилеб — медсестралъун хIалтIизе лъугьун анцIго соналдасан. КIиябго нухалъ битI ккечIо. Жеги щуго соналдасан лъабабизеги хIал бихьана, ва гьаб нухалъ гьей рехун течIо талихIалъ. Гьедин таваккалго галабиги тIамун, цеехун ана Кавсарат ва жиндирго тIадчIеялъул, къуркьунгутIиялъул хIасилалда тIубана тIолабго гIумрудул мурад.

— ЗахIмалъабаздаса дун хIинкъулароан. ТIадегIанаб лъай щвеялъ­ул нухда сундаго лъалхъизайизе кIвечIо. Я хасалил цIороялъул, ялъу­ни риидалил багIариялъул квалквал букIунароан, гьеб кинабго гIадатияб жолъун кколаан дида, — ян бицана К.ШугIайбовалъ. — РакIалда буго, цо нухалъ гIемераб гIазу бана, лъаб­го къоялъ поездалцин хьвадулел рукIинчIо. Тракторалдаги рекIун, дун ана Ростов-Баку трассаялде щвезегIан, гьений чIун йикIаго, талихIалъ, бачIана цо басриябго, гьанже гуреб гьанже бихх-биххун инилан кколеб гIадаб, бензовоз. Гьелдаги рекIун, щвана Гъизилюр­талде, гьенисан автобусалда ана МахIачхъалаялде. Нуж божиларо, гьеб къоялъги лекциялде кватIичIо.

 

 

Цоги нухалъ дида кIочон тана лекцияздаса хадуб институталъул парткомалъул хIисаб кьеялъулгун рищиязул собрание букIине кко­лин ва, рекIине жо щвечIого, рокъ­ое ячIинчIого хутIизеги рес бугин росасда абизе. Гьедин ккезеги кка­на. Собрание къаси сагIат микьго тIубазегIан халат бахъана, дир поезд анцIила щуго минуталдасан уна­ан. Таксиги ккун, ана вокзалалде, амма поезд ун батана. Гьебго так­сиялда тIоцебесеб МахIачхъалаялде гIедегIана, гьениб поезд чанго мину­талъ лъалхъулеб букIиндал. Гьенире щведалги тIерхьун унеб поездалъул рачI бихьана. Щиб гьабилеб? ТIад юссана общежитиялде, гьудулзаба­зухъе. Дица гьезда бицана рокъоб лъазабун букIинчIин, рос хадув вачIинеги бегьулилан. Гьел дида бо­жулел рукIинчIо. Дица абухъе кке­зеги ккана. Гьев дида хадув вачIана сордо бащалъулеб гIужалъ. Рокъоре щвана кIиго тIубалеб мехалъ, дунин абуни, кIиго сагIатгун бащдалдасан нахъеги вокзалалде ине кколаан. Гьедин ана цIалул сонал. Амма дун йохарай йикIана гьединав лъикIав, тIалаб-агъаз бугев росги, лъимал- рукъги, жиндие гIоло дица кинабго рехун тараб, цIалиги букIиналдаса. Дида сверухъ кидаго рукIана лъикIал гIадамал ва дицаги хIаракат бахъулаан гьезие лъикIлъиялдалъун жаваб гьабизе.

Кавсарат ШугIайбова ккола Дагъи­стан Республикаялъул мустахIикъай тохтур, Россиялъул Федерациялъул сахлъи цIуниялъул отличник, тIадегIанаб категориялъул тохтур.

 

 

РакIбацIцIадго ва свак лъачIого гьабураб хIалтIуе гIоло гьей мустахIикълъана Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул ва райадмини­страциялъул гIемерал ХIурматалъул грамотабазе. Амма бищун кIудияб шапакъатлъун Кавсарат Исакъ­овналъ рикIкIуна, жидер сахлъи цIуниялъе гIоло гьалъ гIумру кьу­рал унтаразул бугеб божиги адаб- хIурматги. Исана кIикъоялда анлъго сон тIубана гьелъ, хъахIаб халгIатги ретIун, больницаялъул нуцIа рагьа­ралдаса ва киданиги гьелдаса ракIги бухIичIо.

Кинаб хIасилха кьолеб бугеб гье­дин тIадчIун гьабулеб хIалтIуца?

 

 

Дагъистан Республикаялъул Сах­лъи цIуниялъул министерствоялъул коллегиялъ ахирисеб чанго сона­лъул хIалтIул хIасил гьабулаго, Ха­савюрт районалъул медицинаялъул хIалтIухъабазул хIаракаталъе кьуна, щуго баллалъул къагIидаялда рекъ­он, ункъогун бащдаб баллалъул къи­мат. Узухъда, гьединаб тIадегIанаб къиматалъулъ кIудияб бутIа лъуна Кавсарат ШугIайбовалъги.

— ТIадегIанав Аллагьасул кумекал­далъун буго тIолабго рикъзиги, гьу­нарги, махщелги. Гьес нилъеда цебе лъун буго лъикIабги квешабги. Дица хIаракат бахъула лъикIаб гIамалалда гIумру гьабизе. АнцIго нухалъ бор­хана хIеж. Ва дирго гIумрудул щи­баб сагIат, щибаб къо, щибаб лъагIел сайгъат гьабулеб буго гIадамазул сахлъи цIуниялъе, — ян абуна Кавса­ратица рази-ракиго.

 

 

Гьаб соналъул байбихьуда, ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министра­сул буюрухъалда рекъон, Кавсарат ШугIайбова Хасавюрт районалъул больницаялъул бетIерай тохтурлъун тIамуна.

Кутакалда захIматаб ва хIинкъи бугеб заман бачIаниги, короновиру­силан абулеб, дунялго жинца сороза­булеб унтуде данде бахIарчияб рагъ балеб буго Кавсарат ШугIайбовалъ. Расги хIинкъичIого, тIамула гьелъ гали бищун хIинкъи бугел, «багIарал зонабиян» цIар лъурал, бакIазде.

 

 

Гьединал «багIарал зонаби» Ха­савюрт районалда лъабго бакIалда руго — Аксаялда, Кокрекалда ва Эн­диреялда.

— Гьеб лъабабго больницаялде 23 апрелалдаса нахъе дун лъаб-лъаб нухалъ щвана, унтаразулгун ха­бар бицана, камураб-тараб цIехана. Узухъда, захIмат буго, амма, захIмалъабиги къезарун, кинабго пикру буссинабун буго унтаразул мурадал тIураялде, — ян абуна гара- чIвариялъул ахиралда Кавсаратица.

 

 

— Кинабго дир гьунаралдалъун бугин аби гьереси букIина. КIудияб кIвар кьолеб ва сундулъго хIажатаб кумек гьабулеб буго райадмини­страциялъул бетIер Жамбулат Са­лавовас. Баркала загьир гьабизе мустахIикъав вуго республикаялъул Сахлъи цIуниялъул министр Жама­лудин ХIажиибрагьимов. Къойилго гIадин букIуна гьесулгун бухьен.

Райадминистрациялда гIуцIараб штабин абуни, данделъула щибаб къойил.

 

 

Хадуб Кавсаратицаги дицаги сапар бухьана рагъулал бакIал ра­лез райбольницаялъул минаялда аскIоб, лъабкъоялда кIиго унтарав жанив вегизе рес кьолеб, рахунел унтаби сах гьарулеб корпус балеб бакIалде.

— Чан чиха кинавниги вегизавизе ккарав больницабазда? — ян цIехана дица Кавсаратида, нухда унаго.

 

 

Кинавниги, коронавирусалъ вукIа, пневмониялъ вукIа, 430 унтарав ве­гизавун вукIана 23 апрелалдаса на­хъе. ТIоцебесеб июналде 52 унтарав хутIун вуго. Гьелги, Аллагьас хъван батани, сахлъила.

Рахунел унтаби сах гьарулеб кор­пус балеб бакIалда нижеда дандчIвай гьабуна Сергей Владимирович Вла­димировас. Гьаб июнь моцIалъул ахиралде хIалтIи лъугIизабизе буги­лан рагIи кьуна гьес.