КIодохIмал хабар

Доб букIана 1966 соналъул июнь моцI. Туркмениялъул Мари шагьа­ралда хIалтIулев вукIарав дун, лъади ячине вачIаян инсуцаги ахIун, от­пускги босун, «Ташкент-Кисловодск» поездалда сапаралъ вахъана.

 

 Босараб белтида рекъон, вагоналъуве лъугьунаго, гьений дандчIварай 18-19 сон барай гIолилай йихьидал, дун чIун хутIана. ЧIахIиял чIегIерал берал, мугъзадаса гъоркье биччараб бицатаб гъал, узданаб лага-черх, би-рахь жубараб гIадаб кьералъул гьумер. Къокъго абуни, унго-унгояй хIурулгIин йигоан.

 

Гьей ясгун цадахъ вукIана къокъаб черхалъул, хIалакъаб лагаялъ­ул, чIегIеркIкIуяб тIомалъул, лъаб­къойилъа араб гIадаб ригьалъул чи.

БачIинахъего, купеялъул ихти­яр кодосев жив вугеблъи лъазабизе бокьараб гIадин, гъоркьа-гъоркьан бералги речIчIизарун, кьварараб гьаркьидалъун буссинабуна гьес дир салам. Щиб гьабулев дун вуго­ниги, гьес дида тIаса бер босуларо­ан, къваригIелалъ къватIиве аниги, векерун гIадин, заман иналдего тIад вуссун вачIунаан.

 

«Ильичил» станциялда поезд сагIаталъ лъалхъине буго», — ян гер­мапулалъ лъазабидал, херав, «цIалеб жоялда хадувинги» абун, купеялъуса къватIиве ана.

— Гьасие къваригIунеб цIалеб жо щвезе саламатго заман къваригIина, — ян абуна ясалъ.

 

Хадуб гьелъ бицана жиндирго къисматалъул кьогIаб къисаги.

— Осетиялъул Беслан шагьа­ралда аскIоб бугеб гьитIинабго росулъа ккола дун. ЦIарги дида Фарида буго. Щуго сон байдал эменги хун, гьитIинго бесдаллъа­на. ТIадежоялъе, унтарай эбелалъул тIалаб-агъазалъул захIмалъиги тIубанго диде тIаде бегана, гьелъие дару-дарманги дицаго гьабизе кко­лаан. Гьелъги батила, дица ният гьа­буна тохтурлъун цIализе ине. Амма хадуб гьеб анищ дица дирго рекIел тIиналда букъизе ккана.

 

Гъоркьиса июнь моцIалъул ава­лалда Туркменисталъул Тахта-базар шагьаралда даран-базаралда йигей дир яцгIал Чабаханица дихъе битIун бачIараб кагътида хъван букIана: «… хIалчIахъад, Фарида, мединститу­талде мун лъугьинайизе хIадурлъи гьабун буго, кIванагIан хехго гьание щва…», — ян.

Гьеб кагъатги цIалун, эбелалъ абуна: «Фарида, дир месед, заман щвана дур букIинеселда тIад ургъи­зе. Мадугьалзабазги гIагарлъиялъги дие камураб жо толаро, мун дурго анищалда хадуй яхъине ккола», — ян.

 

Басриябго минаялъуб, «хIалакъабго» яшавалда ятана «бе­чедай Чабахан». Къарз кьеян, щи­баб къоялъ гьелъухъе рачIунел чагIаздасан нижеда бичIчIана, гьей, хIарщулъ хIама гIадин, къарзазулъ къан йикIин.

Хадуб Чабаханица бицана жий­го мискинлъиялде ккеялъул «балъ­голъи».

 

«Тахта-базар шагьаралда нарко­тикал ричиялъул дир даран цIакъ лъикI унеб букIана. ЧIухIараб ми­наги машинаги бугей дун, туркме­наз бечедай, ай къадруяй гIаданлъун рикIкIунаан.

Афгъанистаналдаса дие наркоти­кал щвезарулел гIолохъаби таможни­ялда тIатинарун, милициялъ жанир тIамуна. Гьел дида гурхIилищха, тус­нахъалдаса йорчIизелъун, «чIахIиял чагIазе» ришваталъе кьун, кинабго дир бечелъи тIагIана. ЦIидасан доб­го бизнесалда байбихьизеян къар­залъе босараб гIемераб гIарацгун наркотиказда хадур Афгъаниста­налде арав кIиго туркменавги, араб мухъ-рахъ лъачIого, тIагIана. Гьан­же дир иш, дуда бихьухъе, пакъ­ирлъиялде ккун буго, къарз нахъе тIалаб гьабун рачIунезги чара хве­забун буго. «Бечедай Чабахан» абун цIар щварай дун, мискин-пакъир гIадин, росулъе тIад юссинеги бо­кьун гьечIо. Хирияй Фарида, цохIо духъа бажарула дие кумек гьабун, къарзазул хьуцIилъа дун яхъун», — ан, жиндирго кIаркьеналдаса гирун унеб магIуги бацIцIунаго, гьелъ дида къвал бана.

 

— Дидасан щиб кумекгIаги дуе щвелеб?! -илан абуна дица.

— Тахта-базар шагьаралъул нар­котиказул иш кодосев туркменав Ниязил вуго Амин абун вас — цIакъ гьайбатав гIолохъанчи. Мун гье­сие ине разилъани, нилъер гIумру алжаналъул ахикь муъминчиясул гIадаб букIина, — ян абуна гьелъ, дир ботIрода кверги бахъун.

 

Гьоркьоб заман иналде Чабаха­ница, диргун лъай-хъвай гьабизе Амин рокъове ахIизеян, бечедаб тепси гIуцIана. Борхатаб черхалъул, гIодобе биччараб гIамалалъул, гьай­батаб гьумералъул гIолохъанчи вуго­ан Аминги. Гьесда дир ракI рекъана, яцгIалалъе кумекги букIинин абураб хьулалда, дун гьесие ине разилъа­на. ЦIараб сордоялъ ниж бахIарасул рокъоре магьари лъезе рачине маши­на битIун бачIана.

ЦIияб гIагарлъиялъулгун лъай- хъвай гьабулаго, тIаде вачIана ди­бирги, чараб халгIат ретIарав, цIцIел гIадаб мегежалъул чиги, гьебго куц- мухъалъул лъабго туркменавги. Гьел гьеб рукъалъул чагIазулгун хъваш- башалда рукIаго, гьекъеян абун цо гIаданалъ дихъе бегьун бачIана рахь­дал гIадаб кьералъул лъамалъиялъ цIураб гьитIинабго чинидул суркIа.

 

— ХIинкъуге, гьей ккола бахIарасул яц, гьазул гIадаталда рекъон, бахIаралъ гьеб суркIаялда жаниб бу­геб гIаладул рахь (кумыс) тIубанго гьекъезе ккола, — ян малъана Чабаха­ница дида.

Заман иналдего дир черх гIажаибго хинлъун, дунгоги ургъел гьечIого гIадин, йохун лъугьана. Цо рагIиги абун, дибирас киналго жин­дихъго гIенеккизаруна.

 

Мехтун гIадин лъугьарай дида, гьез бицунеб жоги, магьари лъейги макьилъ гIадин бихьулеб букIана. Хадуб ккараб лъаларо, рогьалилъ тIуркIун йорчIарай дун, херав, чIегIерав ва хIалакъав «бахIарасул» къвалакь ятана.

ЦIакъ бечедав чи ватана дир херав-бахIаравги. ЦIорол цIарагI босун унев чи гIадин вукIуна гьев дие щибгIаги къварилъи ккеялда хIинкъун. Бихьинкету дихъ бала­гьаниги, щакдарула. Пайда щиб, гьесда берчIваялдаса дие загьру­яб борохь бихьизе бокьулеб бу­гони. ТIадежоялъе, гьес наркоти­калги хIалтIизарула, росасул борч тIубазабунги гьесухъа бажаруларо, гьединлъидал, лъимерги дие щве­зехъин гьечIо», — ян угьун хIухьел биччана Фаридаца.

 

— ЯцгIал?!

— ЯцгIалалъе щиб, гьелъие гIарац щвана, гьанже гьелъул иш лъикI буго.

 

— Гьанже нуж киреха рахъарал?

— Гьаб «шайтIан» батIа гьабизе кIвелародаян ургъулаго, дун дирго ватIаналде — Осетиялде тIад юссу­ней йиго. АсатIинал руго берцинаб куц-мухъалъул ва чIухIараб гIамал- хасияталъул гIадамал. Гьаб «май­малакги» бачун дун росулъе ячIани, гьез дида щиб абизе бугебалиги лъа­ларо.

 

Жиризабун кIалгун, вохуца хо­лаго вачIана Фаридал рос. Цин велъун, хадув гIодун, маймалак гIадин кIанцIон, нижее кIудияб концерт кьуна наркотикалъ мехтарав гьес. Хадуб, цIакъ свакарав чияс гIадин, хIухьелги биччан, гIодов кIусаравго, кьижун ккана.

— Гьалеха дир «гьайбатав» рос, — ан бетIер кIибикIана асатIиналъ.

 

Хадуб, щибалиго ракIалде щвараб гIадинги лъугьун, кьижарав росасде килищги битIун, гьелъ абуна:

— Гьаб шайтIан бегараб бусада гъоркь бугеб ящикалъуб буго лъаб­го чемодан цIураб нижер хазина. Нилъер поезд къаси Красноводски­ялде щола ва, саламатаб заманалъ, гьениб лъалхъула. Гьав чи дидаса ватIа гьавуни, кIиябго чемодан дур буго, гьезда жаниб бугеб бечелъи дуе гIумруялъ гIола, — ян.

— Фарида, дида бичIчIула дуца хIехьезе ккараб гIакъубаги, дур рекIее бугеб захIмалъиги. Дун кко­ла бусурбанчи, Аллагьасул лагъ. Хирияб Къуръаналда хъван буго рос-лъади ратIа гьариялдаса кIудияб хIакъ щибго гьечIилан. ГIайиб гьа­буге, дида кIоларо дур гьари тIубазе, — янги абун, дица хабар къотIизабуна.

 

Бакуялде поезд гIагарлъулагоги байбихьана Фаридаца добго рахъу хъирщизе.

— Ясазул мурад тIубазаби Кавка­залъул гIолохъабаз тIадаб борчлъун рикIкIуна. Гьабе дие кумек, батIа гьабе дидаса гьаб маймалак, босе гьаб бечелъиги, — ян гьардана гьей.

— Пулан гIадав дур росасе ахи­раталде нух битIиялъе кIудияб бахIарчилъи къваригIинаро, амма Аллагьас какараб такъсир дица гьа­буларо, -ян, инкар ккун дунги чIана.

 

МахIачхъалаялъул вокзалалда, поездалдаса гъоркье лъугьунаго, «нух битIаги» абураб дир каламалъе жавабги кьечIого, къварилъун дихъ­ги ялагьун, Фаридаца абуна:

— Гьаб рухIчIаголъиялъухъ дица дуе цIакъ кIудияб хазина кьолеб букIана. Амма дур тавакаллъи гIечIо, мун хIинкъана. Щиб гьаби­леб? Йохъ, гьаб маймалакги бачун дун росулъе унаро. Бесланалда рала­гьила дица гIарцул къиматги лъалел, рекIелъ ракьаги бугел гIолохъаби, — янги абун, гьей кьурун юссун жин­дирго купеялъуе ана.

 

Лъаларо хадуб щиб гьезул ккара­бали.

Инсанасе бищунго къиматаб жо ккола гIумру. Халикъасул гурони ихтияр букIунаро гьев гIумруялдаса ватIа гьавизеги.

 

Исламияб диналъ чорхолъ иман щула гьабун букIинчIебани, бе­челъиялда бер бахиллъун, дихъ­аги гъалатI ккезе бегьулаан. Хирияб тIехьалда хъвараб «Ду­нялалъул боцIуде бер халалъун, жужахIалъул гIазаб босуге»,-абураб малъи гIадахъ босиялъ, Аллагьас гIумруялъго квер чIвана дида. Тур­кменистаналдаса рокъове щвараб­го, инсуца дие ячана лъади, нижер буго бечедаб магIишат, берккезе хIинкъараб анлъго лъимер ва гье­зулги анцIила цо лъимер.

Бигьаго бечелъизе бокьун, чияр биялъ кверал хъублъизарун рукIаралани, кин дун валагьизе вукIарав дирго лъималазул бади­ве?! Ахираталда БетIергьанасда цебе кин дица жаваб кьезе букIараб, — ян лъугIизабуна КIодохIмадица жиндирго хабар.