Квешаб макьу гIадаб букIана гIумру

Дун ккола Гъизилюрт шагьаралъул № 5 гимназиялъул цIалдохъан. Дир эбелалъул йиго кIудияй эбел ГIусманова Калимат. Дица гьелда гьарана жиндирго гIумруялъул хIакъалъулъ бицеян абун.

 

 

— Дун гьаюна Гумбет районалъул ЛъаратIа росулъ 1937 соналъул 16 декабралда. Дир инсуда цIар букIана ГIалиасхIабов ГIусман, эбелалда ГIумарова Зубаржат.

Рагъде иналде цеве дир эмен витIун вукIана Октябралъул революциялъул цIаралда бугеб канал бухъизе. Германиялъ рагъ лъазабидал, рокъоб сордо базе течIого, ана рагъде. Гьеб мехалъ дир букIана 3-4 сон. Дида инсул гьумер лъаларо. Дир вукIана кIиго вацги – цояв дидаса кIудияв, цогидав – гьитIинав. ЦIадул унтуца кIиявго вац хвана. Эбелги дунги рукIана цIакъ захIматго унтун. Унти бахинебин хIинкъун, нижеда тIаде ваккулев чиги вукIинчIо. Цо ракI гурхIарай гIагарай гIаданалъ квенги лъимги нуцIихъа жанибе хъурщула- ан. Аллагьасул цIобалдалъун ниж сахлъана.

 

Рагъ кутаклъулеб букIана, гIагарлъулеб букIана бомбаби рихъулеб гъугъаб гьаракь. Росулъе цо-цоккун рачIине лъугьана «чIегIерал» кагътал. Инсуца хабар бачIана, жив Гудермесалда госпиталалда вугин абун. Эбел ана гьесухъе щвезе, амма Хасавюрталдаса добехун нух бахъизе кIвечIого, нахъюссун ячIана. Гьелъ цIакъ ракI унтун бицунаан госпиталалда бакI щвечIел лъукъарал солдатал нухлул ракьандаса гIебеде регун рукIанилан: цоял бох гьечIого, цоял гъеж гьечIого. Мадар лъугьингун, эмен цIидасан рагъде ана.

КватIичIого нижехъеги бачIана «чIегIераб» кагъат, эмен араб бакI лъачIого тIагIанилан. Дунги каранде къан, чанги гIодана дир эбел, щиб къодай нилъеда бихьилебиланги абун. Гьелдаса хадуб дида эбелалъул бадиб магIу бихьичIо.

 

Бихьиназулги руччабазулги хIалтIи гьабуна. Киналго ракъун рукIана. Ниж, гIисинал лъимал, унаан нухлул рагIалдаса бижараб бигьа (хIамизаз), некь, гIабукI кваназе, гьелъ чахьалги гьорон рукIунаан. МичIчIалъ мадар гьабулаан – кIвекIунги кунаан, гIисин гьабун буссун, карщги гьабулаан. Нижеда кколаан, киданиги гIорцIизегIан хинкIго щвеладаян.

Ниж рачунаан колхозалъул кар- тошка бахъизе, цIоросаролъ чехъезе, чIучIине. Амма гьениса цо мугь я кIалдибе рехизе, я рокъобе босизе толароан. Ракъарал лъималазе 7 картошка босарав чи жанив лъун, араб бакI лъачIого тIагIинавуна. Бесдалазе кьолеб букIараб военияб ххамил гьабураб гурде букIана. Гьебги дица, радалалде хинлъун батизейинги абун, печалда аскIоб лъураб, бухIун батана.

 

Рагъ лъугIана, амма рохел букIинчIо. ГIемерал гIолохъаби нахъруссинчIо, руссаралги сакъатал рукIана. Рагъда хадусел соналги цIакъго захIматал рукIана.

Ункъо класс лъугIизегIан росулъ цIалана, 10 класс лъугIизегIан хьва- дана районалде. 1958 соналда, 10 класс лъугIигун, МелъелтIаса яцал ГIамиргIалиевалгун цадахъ ана МахIачхъалаялде, ясазул институталда цIализе. «Лъабил» къимат щвечIого лъугIана институт. 1963 соналда хIалтIизе ячIана районалде. Школалда хIалтIана 30 соналъ, гьезда гьоркьоса 16 соналъ завучлъун.

 

80 сонил гIумруялде яхиндал, эбелалъул бадиса канлъи ана. Диего гьабурабщинаб бецIизе кIвечIониги, дица гьей разияб хIалалда хьихьана. 2008 соналъ 100 сонги бан, хвана. Чанги къварилъи бихьана, лъабго вас хвана дир. АлхIамдулиллагь, цо васги цо ясги руго. Гьезул лъималги лъималазул лъималги руго.

Дица исана бана 82 сон. Дун лъималаз лъикI хьихьун йиго. Дида гьикъани, кин араб дур гIумруян, дица абила, бицине хIинкъараб квешаб макьу гIадин анилан.

 

— Гьанжесеб гIелалде щиб абилеб? Щиб гьарилеб?

— Гьаб бергьенлъиги буго миллион гIолохъабаз биги тIун нилъее щвараб. Гьаб рагъул балагьалъул кваркьи щвечIеб рукъ гьечIо. Жеги сахлъун гьечIо нижер гIелалда рагъалъ лъурал ругънал. Гьел кидаго сахлъуларо.

Рагъул, ракъул балагьаздаса цIу­ наги! Щибаб хъизамалда тIадабги буго жидерго лъималазда нилъер халкъалъ хIехьараб къварилъиялъул бицине, бичIчIизабизе. Гьеб кидаго кIочене бегьуларо!