ТалихI къун, къороллъарай, къо бухIун, бесдаллъарай

  Цо-цо чагIи рукIуна гIумруялъ талихI кьечIел, щиб гьабизе лъугьаниги данде билълъунарел, ай гIакъубаялда хадуб гIазаб камуларел. Гьедин ругониги, гьезул сабру гIола щиб бихьаниги хIехьезе, Аллагьасе щукру гьабун, лъиданиги хIал лъазе течIого гIумру гьабизе. Гьединаб яхIги бахIарчилъиги бугезул цояй йиго Шамил районалъул ГьентIа росулъа МухIамадова ПатIиматги. Гьелъул эбелалда цIар букIана Кусум ва гьелъги батила, ПатIиматида росуцояз Кусумиле абулебги.

 

Доб букIана, хIукуматалъ зулму гьабун, чачанал Гьоркьохъеб Азиялде гочинарураб 1944 сон. ЧIороголъарал чачаназул росабалъе, хIал гьабун, магIарул росабазул гIемерал жамагIаталги гочинаруна. Рагъул соназда магIарул росабалъ гIемерисел чIахI кванаялде ккун рукIана. Жанир чIезе рукъзалги, бокьараб жо бижулеб беэнаб ракьги бугеб Чачаналде гочине бокьарав чиясе рес бугин абун хабар тIибитIун букIана. Гьенир хIалтIизе кверал къваригIараб хIукуматалъги жидеего бокьун гьенире гочунел чагIазе гьабулеб кумек камулароан. БетIербахъизеян, ракъуца хвеялдаса рорчIиялде хьулгун, мискинлъиялъ тату хвезабураб, язихълъиялъилагьи бегизабураб ГьентIа росдал ункъо хъизан Чачаналде гочана. Гьезда гьоркьоб букIана ХIамзатилазул хъизамги.

КIудияб хъизамалъул эбел Кусум колхозалъул дояркалъун хIалтIизе лъугьана.

Чачаналда букIунеб багIариги, батIияб гьаваги, лъимги, магIарухъ дандчIваларел унтабиги хIехьезе кIвечIого, магIарухъа рачIарал гIемерал гIадамал гьенир хвана. Гьенире щун гIемер заман балелдего, сунс унтиги бахун, цо анкьил болжалалда къадаралде щвана Кусумги, гьелъул лъабайго ясги васги. Гьел къояз тIуянго бесдаллъарай, ай цохIо жийго хутIарай ПатIиматица 12 сон бан букIинчIо. Янгъизлъиялда гIакъуба-гIазабги хIехьон, гIумру тIамизе хъван батана пакъиралъ.

Заманалдасан ясалъ, эбелалъго гьабулеб букIараб дояркалъи тIаде босана.

Амма, гьелъул тIалаб-агъаз гьабулев чи Чачаналда хутIичIолъиялъ, Гьидалъе унел чагIазда цадахъ ПатIимат росулъе тIадюссана. Росулъги бесдал яс хьихьизе ресалда вугев, гьелде регIарав чи щивха вукIинев? Гьелъул цо вугев вацгIал ГIабдукъадирги МахIачхъалаялда хIалтIулев вукIана.

Цого-цо йигей яцгIал ГIалитIиматги мискинлъиялда йикIана. Амма, жийго мискинаб яшавалда йигониги, гьелъ Кусумилалъе бажарараб кумек гьабичIого толароан. Росулъе юссараб къоялдаса нахъе Кусумилалъ хьихьана колхозалъул бачал, гьелъул чIаголъи-бажари бихьун, тIамуна дояркалъун, гIемерал соназ хIалтIизе ккана Кочубеялъул ракьалда бугеб колхозалъул хъутаналда. Кинаб хIалтIи тIадкъаниги, щиб гьабизе тIамуниги, кидаго гьей хIалтIул церехъабазул кьерда йикIунаан. Щибаб байрамалда шапакъат кьун, колхозалъул правлениялъ кIодоги гьаюлаан.

«Аллагьас дие лъималги кьечIо. Дунялалъул рокъоб кьечIеб талихI, ахираталданиги щвелеб батилин абураб хIалакъабго хьул буго дир», — ан зигардула Кусумиле мех-мехалда.

ПатIимат йиго лъимерлъудаса нахъего Аллагьасе гьабулеб гIибадаталде машгъуллъарай гIадан. Садакъа-вакъпуялъе гьелде вахарав чи росулъ цониги ккечIо. ХIайваналги хъун, гьелъ инсудасан, эбелалдасан, лъабайго яцалдасан ва вацасдасан садакъабиги гьаруна. Хадуб садакъа кьезе рес ккечIого хварал эбел-инсул, вац-яцазул хвел-хоб тIубазе рес щвеялдаса разиго йикIуна Кусумиле.

Гьелъ кIиго нухалда тIубазабуна жийго хведал гьабизе кколеб хвалил садакъаги. ГIакаги хъун, росдал гIолохъаби балагьаздаса цIуниялъеян ниятги гьабун, Кусумилалъ кIудияб садакъаги бикьун, жамагIаталъ зикруги бачана. Гьединабго тадбир тIобитIана Путиние халатаб гIумру кьегиян Аллагьасдаги гьарун. Бахъухъгун чедги гордеялъе ххамги бикьун, лъабго соналъ тIатIалаго бачана зикру. ХIебда ва ГIасаб росабазул мадрасазда цIалулел лъималазе чамалиго нухалъ битIана гIарац. Росулъ балеб букIараб ва цIигьабун къачIалеб мажгиталъе гьелъ кьуна цо-цо моцIрол пенсия. Гьединго гIарац кьола гьелъ нухал къачIаялъул, кьоял раялъул, лъим бачиналъул хIалтIабазеги. Кусумиле кидаго йикIана ва жакъаги йиго мадугьалихъ гьуинай, къварилъиялде ккарасе кумекалъе хIадурай, лъикIлъиялъе гурони рагIи бицунарей, къвакIан мугъ бекуледахъ рачелги къан, гIумруялъ хьвадарай унго-унгояй муъминчIужу.

Мунагьал чураяв гьелъул вацгIал ГIабдукъадирица жиндирго лъималазде васият гьабун букIана: «ПатIиматидаса цеве дун хвани, вореха, нужеца гьей рехун тоге», — ян. Росдал жамагIаталъ баркала кьолеб хIалалда Кусумилалъул тIалаб-агъаз гьабулеб буго гьелъул гIагарай гIадан Хадижатицаги ва гьелъул вас ХIамзатицаги. Дун гIадин нужедаса Аллагьги разилъаги, дунялалъул рокъоб талихI кьун, ахираталда алжан кьун, Халикъас рохизареги. Чадикълъи бихьаниги, дида гIадин, нужеда чидакълъи бихьугеги», — ян гьезие дугIа гьабулей йикIуна Кусумиле.