Эбелин нусалъ абун, ясилан якьад кIалъан

Газетаздагун журналазда хIалтIулел чагIи гIемер щола рикIкIадал росабалъе, дандчIвала батIи-батIиял гIадамалгун. Гьединаб буго мухбирзабазул хIалтIи. Бокьаниги бокьичIониги, командировкайин абун тIад хъвараб кагъатгун сапаралъ рахъинчIого тIураларо. Гьедин, цо пуланаб росулъе щведал, умумузулго рукIарал гьалбадерихъе ана сордо базе. Рукъалъул хважаин хваралдаса лъикIаланго заман ун букIаниги, гьесул васас дун цIакъ лъикI къабул гьавуна, кваназавуна ва хабар-кIал бицун хадув вегизе хасаб рукъги бихьизабуна.
Амма гьеб киналдаго цадахъ би­чIчIулеб букIана гьезул ро­къо­б гIемер парахатаб гьечIеб ахI­вал-хIал букIин. Гьезул рокъов вугебгIанаб мехалъ гьоболасул ва­сасул лъадиги эбелги цоцада кIа­лъалелго рихьичIо. Жидерго гьор­кьоблъи гьез гьоболасдаса бахчу­леб букIинги бихьулеб букIана дида. Дагьаб букIунарелъулха нусал­даги якьадалдаги гьоркьоб дан­де­ккунгутIи. Гьеб ахIвал-хIалалде аби­зегIанасеб кIварги дица кьечIо. ГIадада гурелъулха умумузулго аби бугеб, якьадги нусги – расаги гIун­кIкIгиян. 
 
Нусалъул гьари
 
Нахъияб къоялъ, хъулухъалъу­л къваригIелалъ гьебго росдал шко­лалде щварав дида гьений мугIалимлъун хIалтIулей ятана гьалбадерил нус. Жиндир цо гьари бугин дудеянги абун, гьелъ дун цо чи дагьаб бакIалдехун вачана кIалъазе. «Я вац, бегьулеб батани, дир цIарги бихьизабичIого хъвай газеталдасан якьадзаби кантIизе гIадаб цо макъала. БитIахъе цIадул корониб гIадин гьелегьун буго рокъоб ахIвал-хIал. Толаро якьадалъ нижер хъизан хIалхьуда. Гьей угъраш сабаблъун росасдаса ятIалъизеги бокьун гье­чIо. Гьабулебщиналда тIад кIа­лъала, малъарула, цо щиб бугониги мекъи гьабуни, битIахъе бода суризаюла, халкъалда рагIизаюла. Васасги эбелалъул рахъ ккола. Дида гьев вичIчIула, эбелалъул хIурмат рехулев чи гьев гуро. ШаргIилан, динилан чIарай гIаданги йиго гьей. Гьелъухъе цо кантIи бачIунеб малъа-хъвай гьабизе бегьуларищ нилъерго магIарул газеталдаса?..» Къокъго абуни, диде божилъиги гьабун, гьединаб мурадалъул калам букIана гьалбадерил нусалъул. 
Якьад кантIизесегIанаб гIакъилаб калам газеталдасан гьабизе гIу­раб бажари дирги гьечIинха, кин­гIа­гидай гьалбадерил рокъобе рекъел рещтIинабилаян вукIана ургъулев. Цо талихIалъ, ракIалде бачIана цо кидаялиго цIалун букIараб лъикIаб мисалалъе рехсезе бегьулеб бицен. 
 
Загьру инабе рекIел тIиндаса
 
«Цебе заманалда Китаялда йикIун йиго пуланай яс. Ригьнаде индал гьелде тIаде ккун буго росасул эбелалъе хъулухъ гьабизе. Амма якьадалъ щибаб къойил тIадкъалеб гьир бакIлъарай, гье­лъул малъари рихарай гIолилалда ракIалде ккун буго, якьад доб цояб дунялалде йитIизе. Гьеб мурадгун щун йиго инсул гьудул — хурдуздасан загьру бахъулев местIерасухъе. Бицун буго гьесда рокъоб бугеб къварилъи. Дуца абураб гIарацги кьелин, инсул рухIалъе гIологIаги жиндие кумек гьабейилан гьарун буго ясалъ.
Валлагь, гьабилин, щайин гьабуларебинги абун, местIер цин лъикIго ургъун вуго ва гьадин малъун буго: «ГIенеккея, дир яс. Дица хIадур гьабураб загьруги кьун гьей хвани, гьеб дур хIалтIи букIиналда гIадамал щаклъизе бегьула. Гьединлъидал дица хIадур гьабила загьруяб чIахI-хер, дагь-дагьккун гьелъул чорхолъ унти ккезабулеб ва лъагIалидасан холеб. Гьеб мехалда дуде щивго щаклъизе гьечIо. Гьаб хер дуца дагь-дагьккун гьелъие кьолеб кванилъе бай. Амма гьеб загьру кьолеб заманалда жаниб дуца гьелъ малъа­рабги гьабе, гьейгун берцингоги кIалъай, дурго эбелалъул гIадин адаб-хIурматги цIуне». 
 
ГIолилай гьеб шартIалда рази­лъула ва местIерас кьураб загьруги босун рокъое щола. Гьес малъухъе хьвадула ва зама-заманалдасан гьелъул кванилъе «загьруял мугьалги» ккезарулаго, цIакъ адабалда йикIуна.
Нусалъул гIамал хисун букIин бихьидал, якьадалъги дир ясилан гурони гьелда абуларо ва щиб лъикIлъи гьелъие гьабилебали лъаларого гьейги йикIуна ккара-ккаралъуб нус еццулей. ПалхIасил, бащдаб лъагIелгIанасеб заманалда жаниб, битIахъе эбелалдаги ясалдаги гьоркьоб гIадаб рокьи щулалъула гьезулъ. 
Цо къоялъ гIолилай мес­тIе­ра­су­хъеги ячIун, якьад хвасар гьайизе дару гьабейин гьардола. Жинца кьураб загьруя­лъул хIасилалда гьей хвезе бокьун гьечIин, гьелдаса лъикIай якьадги дунялалдаго ятиларин кIалъала нус. 
Михъилъеги гьимулаго местIерас гIолилалда абула расги ургъел гьабугейин, дица духъе кьураб жо загьру букIинчIин, щибго зарал гьечIеб чIахI-хер букIанин. Загьруйин абуни букIанин дур рекIелъ ва дуцаго мунго хвасарги гьаюнин.
 
«Дунгоцин гурищ гIайибияй?»
 
Гьаб тIадехун рехсараб биценги хъван, ккараб ккун букIиниланги абун, дица кагъат битIана гьоболасул васасул лъадул цIаралда. ЛъикIаланго заманги ана гьелдаса нахъе, дида гьеб лъугьа-бахъинги кIочон тана. Гьанже вахъун гьаб макъала хъваялъе гIиллалъунги ккана гьал къоязда дир цIаралда хъван гьалбадерил нусалъ редакциялде бачIараб кагъат. Гьелда хъвалеб бугоан: «ХIурматияв МухIамадхIабиб, дуца дихъе битIун бачIараб доб бицен цIалидал, битIахъе ццим бахъун лъугьун йикIана, гьабищинха дие кьезе батараб жавабиланги абун. Амма тIадюссун чанго нухалда цIалана ва, щаяли лъаларо, дир ботIролъ пикраби ххенезе лъугьана. ХIакъикъаталдаги дунгоцин гIайибияй йигодаян ккана ракIалде. Пуланаб къоялъ, якьадалъ цо щибалиго малъидал, валлагь гьабилаха, дир хирияй эбелиланги абун, дица гьелда баана. Гьей цин гьалгъан хутIана, гьалъие ккараб щибилан йикIун ятиларищха, хадуб, рекIеде ячIараб гIадинги лъугьун, дир кверазда къочаризе лъугьана. Ниж цоцадаги хурхун лъикI мехалда гIодана ва, жинцаго малъараб гьабизе дунги течIого, дица гьабила, дир ясиланги абун, дида тIадкъараб гьабизе жийго лъугьана. Гьелдаса нахъе нижеца цоцазда эбелин, ясилан гурони абуларо. ХIакъикъаталдаги, диралдаса лъикIай якьадги дунялалдаго ятиларо. Унгоха, дир рекIее лъугьараб бигьалъи, унгоха, нижер рокъоб бугеб парахалъи. Мадулгьаллъи урхъун балагьула нижер гьоркьоблъиялъухъ ва нижедаса талихIаб хъизан цоги бати щакаб буго. КIочон тезе бахъана. Дун ригьнаде аралдаса лъабго лъагIел бан букIаниги, БетIергьанас лъимер кьун букIинчIо. КватIичIогойин абуни, дир ясалъ тIубала моцI. Нижеда ракIалда буго, Аллагьас хъван батани, мавлид гьабизе. Бокьилаан, цадахъ хъизан-лъималгун гьоболлъухъе вачIине. Нилъ гьалбаллъидалха. Цоги, дуца дихъе битIун бачIараб кагъат дица ясбер гIадин нахъе цIунун буго. ИншаАллагь, яс ригьнаде кьолеб къо бихьани, бищун къиматаб сайгъат хIисабалда гьелъухъе кьела».
 
ТалихI бокьарас щайтIан къезабе! 
 
Гьаб дунялалъул рокъоб халатаб гIумру тIамурав ва лъикIабги квешабги батIа бахъизе лъарав херав чияс жиндирго васасул васасе насихIат гьабун абула: 
— Щивав чиясул чорхолъ кидаго унеб букIуна къеркьей, битIахъе кIиго бацIида гьоркьоб гIадинаб. Цояб бацI – гьеб ккола квешлъи, жахIда, ракI хъублъи, гьереси, хIилла-рекIкI. Цогидаб бацI – рекъел, рокьи, хьул, хIакъикъат, лъикIлъи, ритIухълъи. 
КIудияв инсул хабаралъ хагазавун хутIарав васасул васас абула: 
— Ахир-къадги кинаб бацIха бергьунеб, кIудада, — ян. 
— Кидаго бергьуна дуцаго кваназабулеб бацI, — ан жаваб кьола кIудияв инсуца.