Рагъулав лётчик — ополченцазул цевехъан

Гъуниб районалъул СалтIаса Ибрагьим Ибрагьимов ккола рагъулав летчик-истребитель. ГIаммаб куцалда гьес гьаваялда бан буго 2500 сагIат. ГьабсагIаталда Россиялда летчикас лъагIалида жаниб гьаваялда 15 сагIат бани, кIиго лъагIалица хъулухъ гьабураблъун рикIкIуна. Гьелъул хIисаб гьабуни, Ибрагьимил хъулухъалъул стаж бащалъула 200 соналда.  
Амма Ибрагьимилгун нижер гара-чIвари ккеялъе гIилла гьеб гуро. Ополченцазул суал буго. Гьанже гIемер бицунеб «Интербригада» гIуцIана Ибрагьимица. Гьел ополченцазул сияхI дандбалеб комиссиялда гъорлъе гьев ахIизейин абуни лъиданиги ракIалде ккун гьечIо. ТIадежоялъе, 1995 соналдаса нахъе офицерзабазул жамгIияб союзалъеги нухмалъи гьабулеб буго Ибрагьим Ибрагьимовас.
Гьесулгун буго нижер гара-чIвари. 
 
— «Интербригада» гIуцIана дирги цеве вукIарав МахIачхъалаялъул мэрасулги квербакъиялдалъун. Дун ккола 1995 соналда республикаялда тасдикъ гьабураб офицерзабазул жамгIияб союзалъул нухмалъулевги. Гьеб соналда дица нухмалъи гьабулаан «Энергосбыталда» хIинкъи гьечIолъи чIезабулеб хъулухъалъеги. Бащдаб лъагIалидасан тIамуна цойги хъулухъалде – МахIачхъалаялъул «Энергосбыталъул» начальникасул заместительлъун. Дагьалъ чIун ана цойги хIалтIуде – «Дагъэнергоя­лъул» хIинкъи гьечIолъи чIезабулеб хъулухъалде. Ток бикъиялда дандечIезелъун гIуцIун букIана гьеб. ГЭСаз хIадур гьабураб тIолабго токалъул 18-22 проценталдаса гурони пайда босулароан доб мехалда нилъер гьаниб. Дагъистаналъул энергосистемаялда гьоркьобе унаан республикаялъул батIи-батIиял мухъазда гIуцIараб кIудияб щуго предприятие. ХIажат букIана кколеб куцалда гьел хIалтIизаризе. ГIемер заманго иналде кIвана гьедин гьабизеги – 18-22 гуреб, нусго проценталъ токалдаса пайда босулеб ва гьелде щвезегIан анцIгониги соналъ церего рукIарал налъаби рецIизегицин кIолеб хIал лъугьана. Гьелдалъун нилъер энергосистема Россиялдаго бищун лъикIазда гьоркьоб рехсезе лъугьана. 
 
— Сундулго иш лъугIарал 1990-абилел соназда кин гьеб б­е­цци­леб хIалалда букIун батулеб? 
— Гьеб мехалда нижеца хIалицаго ахIвал-хIал роцIинабун букIана. Гьеб «иш лъугIараб» заман абуни тIаде щвана 2000-абилел соназул байбихьуда. Чубайсил реформабаз рикьа-къотIун, тIатIала ккезаруна киналго субъектазул магIишатал. 
ТIадежоялъе, Чача­налда унеб рагъулги букIана хIинкъи – ГЭСазда бокьараб диверсия гьабизе бегьулаанха. Гьединал хIалбихьиял чанги рихьана нижеда. Гьединлъидал Москваялъ цIакъ хадуб халкквей чIезабун букIана гьаниб, ГЭСал цIунизе цогидал регионаздаса ОМОНги битIун.  
Гьединго 1999 соналда ЦIияб Лакалда рагъ байбихьидал, кIиго анкьалъ кодоб ярагъги ккун цIунана нижеца гьенир аскIоса гIебеде ругел энергообъектал. Гьеб мехалда нижеда цадахъ вукIана РФялъул Пачалихъияб Думаялдаса бачIараб экспертазул къокъаялъул бетIер – генерал-майор ва СССРалъул БахIарчи Александр Солуяновги. Доб мехалда гьес ЮФОялда рагъулел аскаразе нухмалъи гьабурав командующий Геннадий Казанцевасухъе телги битIун, ярагъги тIадеги хъаравуллъиги бачIинабун букIана энергообъектал цIунизе.  
 
— Гьедин гIуцIараб къокъайищ нужеца букIараб  «Интербригада»?
— Гьедин ккана гьелъул иш. Цо сордоялъ Агъвалисан кIалъана дихъе щалали лъаларел гIадамал ругин мугъзада раччарал жалгун, ярагъгун магIардаса гъоркье лъугьун  рачIунел. Нижер гIуцIиялъул цо подстанция буго доба. Гьеб мехалда дун вукIана экономикияб рахъалъ хIинкъи гьечIолъи чIезабулеб «Дагъэнергоялъул» хъулухъалъул нухмалъулев. Хъата-масан дица гьелъул хIакъалъулъ генералияв директорасдаги, МВДялдагун ФСБялдаги лъазабуна. Хадуб доба рагъ-муч байбихьидал, гочинарурал гIадамал ралъдал рагIалда бугеб «Дагъэнергоялъул» базаялдаги чIезарун рукIана нижеца. 
ПалхIасил, гьеб заманалда МахIачхъалаялъул мэрас ахIана дун (республикаялъул офицерзабазул жамгIияб союзалъул нухмалъулев хIисабалда). ТIаде къо ккун бугин гьанже, гьединлъидал киналго офицерзаби къватIире рахъинаризе кколел ругин абуна гьес. Афгъаналъулаздаги абизе ккелила. Гьел киназдасанго гIуцIараб къокъаялъе нухмалъиги Шамил Аслановасда тIад къазе бугин абуна гьес. Асланов вукIана доб мехалда шагьаралъул администрациялда ихтияразул бутIаялъул нухмалъулевлъун. 
 
Цинги гьеб суал офицерзабазда  дандбазе дун нижерго офисалде «Кавказ» гостиницаялде ана. Иш гьеб бакIалде ккезе биччанилан хIакимзабазде рехулел чIоралги камичIо цо-цо офицерзабазул. Гьанже гьел жалго ритIизе ккелин доре Болъихъеян абулеб букIана гьез. Амма нилъерго умумузул ракьги цIунун, хадурккунги гьанир чIезе нилъеда ракIалда батани, гьеб хабар бицун пайда гьечIилан абураб хIукмуялде рачIана ахирги. Офицерал гурелги, хIукуматалъулгун  тахшагьаралъул администрациялъул вакилзабиги, МВДялъулгун ФСБялъул хIалтIухъабиги рукIана гьенир данделъун. ЦIакъ ракIрагьарал кIа­лъаялги гьаруна гIемерисез. Гьеб кинабго камераялдеги бахъун букIана республикаялъул телевидениялдасан бихьизабизеян. Амма, щаяли, къватIибе кьечIо. 
 
— Дида бичIчIухъе, ополченцал хIисабалда нуж Болъихъеги щва­на, рагъги бихьана… Гьанже статус чIезабизелъун ДРялъу­л хIукуматалде парламенталъ би­тIа­­раб ополченцазул сияхIалда гъорлъ ругищха мунги дуда ре­лълъа­ралги? Щайгурелъул цоги­дазулги гIемер гIарзал руго гьел­­да тIасан.
— БитIараб бицани, дун гIарзал рахъулев чи гуро. Дида гьеб сияхIги бихьичIо. Гьединлъидал лъаларо, дун гьениве восун вугищ-гьечIищали. 
Амма гIажаиблъизавуна гьеб сияхI гIуцIулеб мехалда «Интербригадаялъе» кьучI лъурав офицерзабазул жамгIияб союзалъул нухмалъулев хIисабалданиги хасаб комиссиялда гъорлъе дун вачинчIолъиялъ. 
Дирги дида релълъаразулги бакIалда абуни, аскIобе гIагарунцин рагъ бихьичIел гIадамал ругоан комиссиялда. Гьезда щиб лъалеб доб мехалда гьел лъугьа-бахъиназда сверухъ букIараб ахIвал-хIалги гьенир гIахьаллъарал гIадамалги? 
 
Гьезул гIемерисел руго цIар-рецц бокьуларел гIадамал. Жидее шапа­къатал кьеян цере кIанцIуларелъул гьел. Масала, гьезул цояв ккола Болъихъ энергосбыталъул нухмалъулев ГIумаров, нижер системаялде вачIарав хIалтIухъан. Рагъ лъугIун хадуб кьолеб букIараб Бихьинчи­лъиялъул орден босизе инчIо гьев, гьедигIан кутакаб жо щиб жинца ополчениялда гьабурабиланги абун.
ЦIияб Лакалда рукIаго Солуяновасги абулеб букIана дида Бихьинчилъиялъул орден дуеги кьелилан. Амма цIакъго тIасан ккезехъин бугилан, дица инкар гьабуна. Гьенивго дида цадахъ вац ХIажиги вукIана. Кин букIаниги, нижее кIиязего кьуна «За службу на Кавказе» абураб каранда балеб гIаламат. Гьединго руго шапакъатал цогидал гIолохъабазе кьуралги.