70 сонил борхалъи

 
 
25 февралалда ДГМУя­лъул гIелмиябгун лъай кьеялъул инновациязулаб централда тIобитIана профессор ГIабдурахIман ГIусмановас 70 сон тIубаялде сайгъат гьабураб, «Медициная­лъу­лаб лъай кьеялъул ва сахлъи цIуниялъул кIвар бугел масъалаби» абураб республикаялъулаб гIелмиябгун практикияб конференция.
 
Гьениб ГIабдурахIман ГIусмановасул хIакъалъулъ бицана ДГМУялъул ректор, профессор Сулейман Мамаевас, ДГМУялъул гIаммаб хирургиялъул кафедрая­лъул нухмалъулев Расул Ма­жидовас. 
 
ГI. ГIусмановас Дагъистаналда медицинаялъул тIадегIанаб лъай кьеялъулъ ва сахлъи цIуниялъулъ лъураб кIудияб бутIаялъул хIакъалъулъ бицана ДРялъул физическияб культураялъул ва спорталъул министр МухIамад МухIамадовас, Дагъистаналъул пачалихъияб халкъияб магIишаталъул университеталъул президент ХIамид Бучаевас, ДРялъул сахлъи цIуниялъул министрасул заместитель Салман АхIмадовас, Халкъияб Собраниялъул сахлъи цIуниялъул комитеталъул председатель Висампаша Ханалиевас.
 
«ХIакъикъаталъул» хIалтIухъабазги баркула ГIабдурахIманида 70 сонил борхалъуде вахин. Гьарула щулияб сахлъи, хIалтIулъ лъикIал хIасилал. ГIага-божаразул, гьудул-гьалмагъзабазул, цадахъ хIалтIуле­зул хIурматалъ ва рокьиялъ хинлъизабеги дур ракI, рещтIинабеги гье­лъулъ лъикIлъи, парахалъи.