КъанагIатаб гьунаралъул разведчик

 
Хунзахъа ГIабдулхаликъ ХIажиев ракIалде щвезавуна Москваялда ва Каспийскиялда
 
21-22 февралалда Москваялда ва Каспийскиялда ракIалде щвезавуна машгьурав разведчик ва дипломат ГIабдулхаликъ ХIажиев. 23 февралалъул байрамалде дандеккезабун гьеб кIиябго тадбир тIобитIизе квербакъана гьесул вас ХIажимурад ХIажиевас ва гьесул гIагарлъиялъ.
ГIабдулхаликъ ХIажиевасул хIа­къалъулъ аслияб куцалда гIадамазда лъана гьес жиндирго хIакъалъулъ «Честь имею» абун хъвараб тIехь къватIибе бачIун хадуб. 
ДГУялъул историялъул факультетги лъугIизабун, гьенивго аспирантураялда цIалулев вукIарав гьев ракIалдаго гьечIого ккола КГБялде. 
1970-абилел соназда СШАялда ва 1980-абилел соназда Ливаналда дипломатлъун, разведчиклъун батIи-батIиял хъулухъазда хIалтIана. 1986 соналда вукIана КГБялда Америкаялъулаб мухъалъул нухмалъулевлъун. 25 сон разведкаялъеги кьун, пенсиялде ана полковникасул чиналда. 
ГIабдулхаликъ ракIалде щвезавураб данделъи Каспийски­ял­да тIобитIана Серго Орджони­кидзел цIа­ралда бугеб машиностроения­лъулгун сервисалъул училищеял­да. Гьелъие квербакъана гьенив­го мугIалимлъун хIалтIулев ГIаб­дул­халикъ ХIажиевасул гIагарав чи Шамил ГьитIиновас.
Жиндие бокьун букIанин гьеб данделъи 20 декабралда, чекистазул къо кIодо гьабулеб мехалъ, тIобитIизеян бицана гьес, амма доб мехалъ гье­лъие рес рекъечIила. 
 
«Хадуб лъугьине рес бугеб цебе­ккунго лъалаан»
 
Шамилица, гьесул хIакъалъулъ бицунаго, абуна жинда гьев ракIалда вугин кидаго берцинго ретIа-къарав, цо вихьаравго рекIелъ восулев чилъун. 
«ТIоцеве дида гьев вихьана 1986 соналда. Доб букIана нижер хъизан тIоцебе шагьаралде бахъараб сон. ГIабдулхаликъил чагIи гIумру гьабун рукIана МахIачхъалаялда, Николаевасул къотIнор. Дида тIоцебесеб ну­халда гьезул рокъоб бихьана видеомагнитофон. Доб заманалда дун гIадал лъималазе, хIатта чIахIиязецин гьеб цо макьу гIадаб жо букIана. Гьединго ракIалда руго гьес Ливаналдаса росун рачIарал, гIажаибаб тIагIамалъул сакъсалги. Гьеб киналъго дие доб мехалъ асар гьабичIого хутIичIо. 
Гьанже, сонал ун хадуб, дица хIисаб гьабуна букIинеселда лъугьине бегьулел цо-цо жал рекIеда хъвалел рукIун ругин гьесдаян. Дида ракIалда буго, Хунзахъе вачIиндал, цIикIкIараб ригьалъул гIадамазул­гун хабар-кIалалда вукIаго, гьес абулаан магIарухъ бугеб иццул лъим шушбузухъеги тIун бичулеб къагIида ургъани, лъикIаб букIинилан. Доб мехалъ гьеб лъицаниги къабул гьабун букIинчIо. Амма гьанже балагье, гьес абухъе ккараб куц. Бичулеб буго гури гьанже гьединаб лъим», — илан абуна Шамилица.
 
ХIакъикъаталда гьединаб пикру загьир гьабулеб буго гьес жиндирго тIехьалдаги: Ливаналда хIалтIулел соназ щибаб нухалъ гьезул «Наас» абураб лъел шиша кодобе босанщинахъе жинда кколаанила кигIан лъикIдай букIинаан мугIрул иццазул лъим шушбузухъеги тIун, шагьаралда бичизе байбихьани. Доб мехалъго Москваялдаги цогидал шагьараздаги лъим къо бахъанагIан чороклъулеб букIиналъ тIамун вуго гьев гьединаб пикру гьабизе.
 
Разведчикасул захIматаб сухъмахъ
 
22 февралалда Москваялда тIо­битIараб тадбиралдеги гIемерав чи вачIун вукIанилан бицана ГIаб­дулхаликъ ХIажиевасул ваc ХIажимурадица. Гьев ккола Россиялъул президентасда цебе бугеб ДРялъул вакиллъиялъул ЖамгIияб Советалъул нухмалъулев. Гьеб къоялъ ГIабдулхаликъ ракIалде щвезавун вуго гьесул божарал гьудул-гьалмагъзабаз, разведчиказ, Москваялда ругел нилъер ракьцояз, гIелмиябгун творческияб интеллигенциялъ. 
Инсул хIакъалъулъ гьез абурал рагIабаз рекIее гьабураб асар ки­дани­ги кIоченарилан бицана ХIажимурадица, хIатта магIу кIан­цIизабурал лахIзаталцин кканила. 
«Гьединаб тадбир тIобитIун лъи­кIилан абулеб букIана дида чанго соналъ цебего инсул гьудулзабаз, гьезул цо-цоял жакъа чIаго гьечIо. Амма дица разилъи кьолеб букIинчIо гьелъие: инсуе бокьулароан цIар-рецц. 
Кин бугониги, Москваялда бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялдаса жамгIиял хIаракатчагIаз цIакъ тIад чIун тIалаб гьабуна гьанже гьединаб тадбир тIобитIи. 
 
«Инсул хIакъалъулъ ракIалде­щвея­зулъ цIакъ гIемераб жо бицине бегьула. Лъимерлъудасаго байбихьун, бигьаяб гуреб къисмат букIана гье­сул. Эмен рагъдаса вуссинчIо, хIе­хьезе ккана квачIакълъи, чанги вакъана, чанги цIорона. Хадуб жин­цагоги тIаса бищана бигьаяб гуреб гIумруялъул нух. ГIолохъанго хIалтIизе ккана разведчикасе бищун захIматал пачалихъазул цояб – СШАялда. 
Амма халатккун гьенив вукIине рес рекъечIо гьесул, Америкаялда гьев лъазавуна персона нон-граталъун (къабулав гурев чилъун). Гьединаб цIар щвани, чи чияр пачалихъалдаса къватIиве витIула ва тIокIалъ киданиги гьениве ине нух къала. Узухъда, гьеб букIана инсул махщалил хIаракатчилъиялъул хIасил. Хадуб букIана Бейрут, гьенивги хIалтIизе ккана рагъул гъугъаялда гъоркь», — илан бицана ХIажимурадица. 
 
ГIабдулхаликъие щварал шапа­къатазда гьоркьоб буго Пачали­хъа­лъул ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъул хIурматияв хIалтIу­хъан абураб ме­седил гIаламат. Раз­ведчикасе гьеб цIакъго къиматаб шапакъат ккола, БахIарчиясул ЦIвая­лъул гIадаб гьечIониги, гьелдаса къураб даража букIунаро гьелъул. 
Хадубго ХIажимурадица ракIалде щвезабуна пенсиялде ун хадуб инсул букIараб гIумруги. ЦIакъ бокьулаанила гьесие гIагараб ватIаналде вачIине, бакI-бакIалда тира-сверизе. Дагъистаналда гьес хIетIе чIечIеб бакIцин хутIанадайилан кколила жинда мех-мехалъ. 
«Инсул гIамал букIана жиндирго бугеб жо ахириселде гIунтIунцин чияе кьолеб. Гьесда тIад букIунаан лъикIаб багьаялъул ретIел-хьит, амма лъида бугониги берцин бихьани, тIаса бахъун гьеб кьезеги хIадур вукIунаан. Гьеб сабаблъун эбелги чанги гаргадулаан гьесде. Амма гьесул кидаго цо жаваб букIунаан — инкар гьабизе кIоларин абураб. 
Гьединавлъун хутIана гьев гIум­руялъул ахириял къоязде щвезегIанги. 70 сонил ригьалъул гIумру кьун букIун буго инсуе. Нижедаго гьев дунялалдаса хехго анилан кканиги, жиндие гIемерал сонал кьун рукIун ругин Аллагьасилан абулаан гьес. Чанги жиндир божарал гьудул-гьалмагъзаби анила ракьалдаса, жив жеги анив вугила», — гьедин ракIалде щвезавуна ХIажимурадица эмен. 
 
Диналдехунги инсул лъикIаб бербалагьи букIанилан бицана ХIажимурадица хадубги. Гьев ракI ракIалъго божулаанин Аллагьасда. ТIадегIанасдехун бугеб божи жиндир рекIелъа киданиги инчIин хъван буго гьес тIехьалдаги, Аллгьас цIунанин жив чанги балагьалда цеве. Ливаналда хIалтIулел соназда гранатометалъ рехун бачIараб кIудияб гулла, гьас бачунеб машинаги борлъун, жанибеги баккун кьвагьичIого хутIун буго. Гьединал лъугьа-ба­хъинал гьесул гIумруялъулъ гIемерал рукIун ратиялда щаклъи гьечIо. РакIалдаса унареб асар гьабуна диеги гьесул гIумруялъги, цогидазда релълъинчIеб гьесул къисматалъги, ракьалда гьес тараб лъалкIалъги. Бокьа-бокьарав чияс тIаса бищуларо гьединаб гIумрудул нухги, бокьарав чиясухъа гуро бажарулеб гьедин гIумру тIамизеги. Гьелъие рижарал гIадамал батIиял рукIунел руго. Гьеб тасдикъ гьабуна нилъее бергьараб гьунаралъул разведчик ГIабдулхаликъ ХIажиевасги. Ахиралдаги гьес ракIалде щвезаруна инсуца гIемер абулел рукIарал рагIаби: «Чороклъараб ретIел ба­цIцIад гьабизе кIола, амма чороклъа­раб яхI-намус бацIцIад гьабизе кинавго чиясухъа гуро бажарулеб». 
ТIокIабги битIун кинха абилеб?