«МагIарул большевикалъул» тIоцевесев редактор

Нусго соналдаса цIикIкIараб тарих бугеб нилъер миллияб газеталъе араб гIасруялъул къоабилел-лъеберабилел соназда редакторлъи гьабуна гьунар бугел хъвадарухъабаз, гIалимзабаз. Гьезда гьоркьоб хасаб бакI ккола жив гьавуралдаса исана 115 сон тIубалев Лаваша районалъул Урма росулъа Ражаб ДинмухIамаевас, 120 сон тIубалев Гумбет районалъул Аргъваниса ГIабдулатIип Шамхаловас, 145 сон тIубалев ЧIарада районалъул Гьочоса МухIамадкъади Дибировас.
Жакъасеб номералда нижеца бицунеб буго Р. ДинмухIамаевасул хIакъалъулъ. Хадусел номеразда ГI. Шамхаловасул ва М.-Къ. Дибировасул хIакъалъулъги хъвазе буго.

 

      Ражаб ДинмухIамаев гьавуна 1905 соналда гьанжесеб Лаваша районалъул Урма росулъ. ЗахIматаб букIана гьесул лъимерлъи. Эмен росулъ чиги чIван, апараглъун гIурус ракьалде гочине ккола. Ункъо сон барав Ражабги инсуца цадахъ вачуна. Гьез гIумру гьабуна Орелалда, Тулаялда, хадуб Петербургалда.
14 сон барав васгун унти ккарав ДинмухIама росулъе тIад вуссана анцIго соналдасан. КватIичIого гьев хола, гIемер мех иналде унтула эбел. Ражаб къисматалъ вачуна партизаназул отрядалде. Дол рукIана хIуриятги бергьараб, Дагъистаналда граждан рагъги унеб заман. ГьитIинав гIолохъанчияс гIахьаллъи гьабуна Совет власталъе гIоло гьабулеб рагъулъ. Хадуб 15 сон барав Р. ДинмухIамаев ккола Буйнакскиялъул лъималазул рокъове, цинги магIарул лъималазе рагьун букIараб школа-интернаталде.
      ЛъикIго гIурус мацIги лъалев Ражабица лъугIизабуна совпартшкола ва хIалтIулев вукIана Хунзахъ районалъул комсомолорганизациялъул секретарьлъун. 1926 соналде щвезегIан хIалтIана комсомолалда. Ражабил бажариги, гIуцIарухъанлъиялъе бугеб гьунарги, лъайги бихьун, республикаялъул тIадегIанал идарабаз гьев витIула Москваялде, Бакъбаккул захIматчагIазул коммунистияб университеталда цIализе.
      КIиго соналдаса гьебги лъугIун тIад вуссарав Ражаб хIалтIула партиялъулгун советиял идарабазда, Дагъиздаталъул начальниклъун, районалъул газеталъул редакторлъун. Журналистикаялъе гьунар бугев, хъвадарухъанлъиялъул махщел цIикIкIарав Р. ДинмухIамаев 1931 соналъул 11 сентябралда бахъизе байбихьараб областалъул «Социализмаялъул байрахъ» абураб магIарул газеталъул редакторлъун тасдикъ гьавула. Хадусеб заманалда обкомалъул хIукмуялда рекъон, газета магIаруллъиялде, захIматчагIазде гIагар гьабиялъул мурадалда, редакция ва типография Болъихъе ба-хъана. Гьенивги «Социализмаялъул  байрахъалъул» редакторлъун Ражаб ДинмухIамаев вукIана.
      1934 соналда обкомпартиялъул хIукмуялда рекъон, МахIачхъалаялда авар мацIалда «МагIарул большевик» абураб цIаралда республикаялъулаб газета биччазе хIукму гьабидал, Р. Дин-мухIамаев тIамуна гьелъул редакторлъун. «Социализмаялъул байрахъ» газетаги лъугьана ВКП (б)ялъул Болъихъ райкомалъул органлъун.
      «МагIарул большевикалъул» редакторлъун ДинмухIамаев хIалтIана 1934 соналъул 26 сентябралдаса (тIоцебесеб номер биччараб къо) 1938 соналде щвезегIан. Гьенийго хIалтIулей йикIана Ражабил чIужу ХIабибатги. КIудияб хIалтIи гьабуна гьес редакция щула гьабиялъе, гьенире махщел бугел журналистал ракIариялъе. Жибго «МагIарул большевик» газетаги лъугьана халкъалъе бокьулеблъун, цIикIкIана гьеб хъвалезул къадар, редакциялде рачIунел кагътал. ЦIикIкIараб хIалтIи гьабуна магIарулал культура-лъаялде ахIиялъе, болмацI роцIинабиялъе, гьеб камил гьабиялъе.
       Редакторлъиялдаса гьев иналъе гIилла ккана «Правда» газеталда гьесул асарал какун макъала бачIин.
Авар мацIалда гIадин, гIурус мацIалдаги хъвадаризе лъалаан гьесда. Ражаб ДинмухIамаев вукIана Дагъистаналъул литератураялда
прозаялъе кьучI лъуразул цояв, аваразул адабияталдайин абуни тIоцевесевлъун. 1929 соналда Дагъгизалъ къватIибе биччана гьесул «Бидухъ би» абураб къиса, 1932 соналда авар адабияталда тIоцебесб тарихиябгун революциялъулаб «Хъабчилъ бахIарзал» абураб роман, «Галинал гьалбал» къиса ва гь. ц. Р. ДинмухIамаев ккола кинабниги анкьго тIехьалъул автор. Хъвадарухъан, журналист ва жамгIияв хIаракатчи хIисабалда Ражабил букIана кIудияб букIинесеб. Гьесда гIадин бацIцIадго гIурус мацIги лъалев, гьеб мацIалда хъвадаризеги кIолев, гIагараб магIарул мацIги рагIа-ракьанде щун лъалев чи аваразул интеллигенциялда гьоркьов дол соназда къанагIатги вукIинчIо.
      1938 соналъул авалалда Ражаб ДинмухIамаев хIалтIудаса нахъе гьавуна. Гьелъие гIиллалъунги бихьизабуна «МагIарул большевик» газеталда «контрреволюциялъул отпечаткаби ва ошибкаби» риччай, «Хъабчилъ бахIарзал» абураб тIехьалъул «зарал» букIин, халкъалъул тушман Самурский веццун цереккунго хъварал макъалаби, «Дагъистаналда буржуазиял националистазул тушманаб хIалтIи загьир гьабулеб «Известия» газеталъул статьяялъул факталги нахъе чIвалаго кIалъай гьабураб «писателазул» группаялъул собраниялъе бетIерлъи гьаби ва гьел гурелги цогидалги кьучI гьечIел гIайибал. ТIасан рачIарал мацIазул, гIарзазул кьучIалда гIадамал жанир лъолел лъебералда анкьабилел, лъебералда микьабилел соназда гьесда тIасан гьединал гIарзал рачIинги ургъизе тIамулеб хIужа буго. Гьеб батизе бегьула ДинмухIамаевасдехун хIалхъубазул «хIаракат». Лъаларо, хIакъикъат кинаб букIарабали. Жакъа мухIканго лъалеб буго гьесде гIунтIизарурал гIайибазул цонигияб битIараб букIинчIолъи.
      Р. ДинмухIамаев вукIана тIо-цебесеб тIолгодагъистаналъулаб Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул членлъунги. Делегат хIисабалда гьес гIахьаллъи гьабула 1934 соналъул 17 августалда Москваялда тIобитIараб ТIолгосоюзалъул хъвадарухъабазул тIоцебесеб съездалдаги. Ражабги ЦIадаса ХIамзатги рукIана гьенир аваразул адабията-лъул хъвадарухъаби-делегатал. Гьебго соналдаса нахъе ДинмухIамаев вукIана СССРалъул Хъвадарухъабазул союзалъул членлъунги.
      КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьун хадуб Тифлисалда офицерзабазул школаги лъугIизабун, гьев 1943 соналъ рагъде уна. Украинаялъул фронталда гьев вукIана батальоналъул комиссарлъун ва полкалъул агитаторлъун, букIана капитанасул чинги.
      1944 соналъул апрелалда Украинаялъул Тернополь областалъул Заболотниково росдада гIагарлъухъ кьалул майданалда гIумруялдаса ватIалъана Ражаб ДинмухIамаев. ГIагараб ВатIаналъе гIоло, гьеб цIунулаго кьуна гьес гIумру.
      Абизе ккола, щаялиго Р. Дин-мухIамаевги гьесул творчествоялъулаб ирсги кIвар кьечIого тун
бугилан. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъ Р. ДинмухIамаев гьавуралдаса 115 сон тIубаялдегIаги гьесул асарал данде гьарун тIехь биччазе бегьилаан.
     Нилъер гIагараб миллияб газеталъул редакторлъун вукIарав Р. ДинмухIамаев кIодо гьавулев тадбиразда бажарараб гIахьаллъи гьабизе буго «ХIакъикъат» газеталъул редакциялъги. Гьеб ишалдаса батIатIун чIеларин ккола гьесул росуцоялги районалъул нухмалъулелги.