Тарбия кьей — кIвар бугеб иш

Инсан куцай, гьесие тарбия кьей буго гIадан цеветIеялъе чара гьечIеб хIужа. Вижаралдаса хвезегIан инсан вукIуна сверухълъиялда ругезул мисалазда куцалевлъун. КигIан куцаниги, тарбия кьуниги, гьелъул ахир букIунаро, гьелъие гIорхъи гьечIо, амма абичIого гIоларо, щибаб пачалихъияб гIуцIиялда букIуна жиндиего хасиятаб тарбия кьей ва гIадан куцай. 
Тарбия кьеялъе ва гIадан куцаялъе аслиял алаталлъун ккола радио, телевидение, телефонал, газетал, журналал, тIахьал, цIикIкIаразул хьвада-чIвади ва гьел гурел цогидалги. Ахир-къадги, тарбия кьеялъул хIасил — эркенлъи щвей, чияда варавлъун вукIине бокьунгутIи ккола.
Тарихалдаса нилъеда лъала, цересел аварагзабазги гIадамал ахIана лъикIлъиялде, куцалел рукIана гIамал берцин гьабиялъе. Амма свалат-салам лъеяв МухIаммад аварагас босун бачIараб дин гIаламалъе букIана цIакъго тIадегIанаблъун, тарбия кьеялъул тIогьлъун. Гьес жиндирго мисалалдалъун бихьизабуна радал вахъаралдаса къаси кьижизегIан инсан кин вукIине кколевали.
Гьесул тIолабго гIумру ана берцинлъиялъул, хIеренлъиялъул, лъикI­­лъиялъул ва битIараб ну­ха­лъу­л берцинлъи бихьизабулаго ва инсаният гьелде ахIулаго. ГIамал берцин гьабиялъул суал жакъаги нилъеда цебе чIараблъун буго.
Хал гьабуни, жакъа гIадамазул хьвада-чIвадиялъулъ бихьулеб буго хъачIлъи, рахIму гьечIолъи, адаб-хъатир гьабунгутIи, ццим бахъин, хехдари, сабру гьечIолъи.
ГIолеб гIелалъе цебе мисаллъун чIахIияб гIел букIун батаниги, жакъа чIахIияз бихьизабулеб лъикIаб мисал дагьлъун буго, рекъечIеб хьвади-чIвади бихьизабулелги камулел гьечIо.
ГIажаиблъи, нилъеца гIайиб заманалде рехулеб буго, амма дида ракIалде ккола заман гурин хисун бугеб, нилъго хисун ругилан.
Абиларо гIадамазул рукIа-рахъин, рес буголъи, культура цебеялде дандеккун квешлъанилан. Кьун руго ресал, тун руго эркенго, амма ресалде рачIанагIан, адаб-хъатир, гьудул-гьалмагълъи, гIагарлъиялда гьоркьоб бухьен, гьуинлъи лъугIун унеб буго. Телевизораздаса, видеояздасан, телефоназдасан бихьизабулеб буго щиб бокьаниги: квешабги лъикIабги, бегьулебги бегьуларебги, гьерсалги битIарабги, инжитабги къабихIабги ва гь. ц. Гьелъ къо бахъанагIан цIикIкIунеб буго чIвай-хъвей, бикъа-хъами, хъахIбалъи, чороклъи, бугьтан-гъибат.
Ахир-къадги рачIунел руго Аллагьасе гIибадат гьабиялде гурел, гIарцуе лагълъи гьабиялде. Дунялалъулго мисалалда рекъон, гIарцуца гьабулеб буго кинабго. Бечелъиялъ гьабизе жо тIагIараз гьабулеб гIумру бихьараб мехалда, гIун бачIунеб гIелалда ракIалде кколеб буго, щибго гIакъубаги бихьичIого, жидецаги бечелъи тIалаб гьабилилан.
Нилъеца кинабго рехун тун буго ясли-ахаздеги школаздеги. Нилъецаго, эбел-инсуца, яц-вацаз, цогидал чIахIияз щиб гьабулеб бугеб бачIунеб гIел куцаялъе? Чан эбел-эмен унев ясли-ахазде, школазде, тIадегIанал цIалул идарабазде, жидерго лъималазул ахIвал-хIал лъазабизе?
Жакъа тарбия кьеялъул иш кинха бугеб? Цого-цо рузман къояз гьар­улел дагьал-макъалго вагIзабаз кин нилъер гIамал-хасиятал лъикI­лъилел?
Дир буго гьадинаб пикру: бегьиларищ телевидениялдасанги газетаздасанги данделъа­би ахIунги, церего хIадурарал, дандекколел суалалги дандран, жамагIатазда цере рахъине, школазде, ясли-ахазде хьвадун, гьезие вагIза-насихIат гьабизе, гьезухъ гIенеккизе. Дир хIисабалда, тарбия кьеялъул хIалтIулъе цIазе ккола гIолилал.
Гьеб хIалтIи букIине ккола гIе­мер­рахъазулаблъун. Цадахъ хIалтIизе ккола пачалихъалъулги, диниялги, гIалимзабазулги гIу­цIаби, цере лъезе ккола кинабго рахъ хIисабалде росарал  масъала­би. Кидагоялдаса гьанже хIажат бу­го цIалиялда тIад гуребги, тарбия­ги кьун, гIадан куцаялда тIадги хIал­тIизе. Чара гьечIого хIажат буго гIо­лилазда, чIахIиязда, руччабазда гьор­кьор батIа-батIаго тарбия кьея­лъул данделъаби тIоритIизе.