Жакъасеб къоялъул къваридаб сарин…

Гьедин абун ругьунлъун руго нилъ. Мурадис Салимхановасул тIехьалъе гьел рагIабаздалъунцин бажаруларо къимат кьун. Абизе бегьила, гьениб баян гьабулеб бугин жакъасеб къоялъул биялъ белъараб, магIилъ къаламги ччун хъвараб, чанги хъизамазул къисмат бульдозералъ чIинтIараб хIакъикъатин абун.

ТIехь цIализе байбихьараб сордоялъ дида макьу щвечIо… МагIарул росулъ биология-лъул дарсал кьолев вукIарав учитель вачун уна пуланал гIадамаз. Гьесда бихьараб гIакъуба-гIазаб хIехьон бажарулеб жо гуро. Гьесул гIащтIичагIицин гIажаиблъун хутIула гьесул къохIехьеялда. Канлъукъав учитель беццлъизе дагьав хутIула. Гьесул ургьиб хутIуларо цониги сахаб лага. КигIан гIазаб кьуниги, гьев мутIигIлъуларо. Гьаб гIакъуба хIехьезегIан, хунго лъикIан вукIуна гьев. Амма гьесул ракI гIасилъуларо. Туснахъалда дандчIваразул ракIбатизабула гьес. Гьезул «гIумру» бигьа-лъизабизе хIаракат гьабула. КигIан согIавги чиясулъ лъикIал рахъал ратун бажарула гьесухъа: «кьижун, гъапуллъун» бугеб гIаданлъи борчIизабула, гурхIел гьабизе тIамула. Кин бугониги, хваликьа ворчIуларо гьев.
Салимхановасул асаралъул багьадурасул цIар билула. Щибаб къоялъе батIияб цIар ургъула гьес. ГIакълу-лъаялдаса ун гуро – низам цIунулез ургъараб системаялъе инсанасул цIаралъулги къадру-напсалъулги батIалъи гьечIеблъи бичIчIун. МухIамад вугониги, ГIусман ватаниги, школалъул учитель яги рохьазда вахчарулев хъачагъ – системаялъул къорикье ккарав чи гьелъул зулмуяб къуваталъукьа ворчIизе рес гьечIо. Гьединлъидал цIодорго рукIине ккола. «Дица законалъул тIалаб хвезабичIин, ракълилаб гIумруялъул вакил вугин дунан» абун кигIан мун ахIданиги, духъ гIинтIамуларо. Нилъ кантIизаризе хъвараб къиса буго гьеб.
КантIизе ккола, мадугьаласулъ жахIдаги букIун, гьесул хIакъалъулъ гьал-дол харбал рицунеб мехалда, гьел харбазул хIасил кинаб букIинебали лъаларелъулги. КантIизе ккола, мегеж халат гьабун, дове-гьаниве хьвади гIемерлъун, гIолохъанав вас рукъалдаса рикIкIалъулеб мехалдаги. КантIизе ккола, исламалъул нухккуравин, диналда тIадчIей бугевин абун, яс ригьнаде кьолеб мехалдаги. КантIизе ккола, уголовнияб дело рагьиялъул мурадалда (ай гьеб рагьанин абун, погоналда цIва жубаялъул хьулалда) туснахъалде ккарав чиясе гIакъуба-зулму гьабулеб мехалдаги. Метерисеб къоялда щиб бихьизе хъван бугебали лъиданиги лъаларелъулгIаги, кантIизе ккола.
АбичIого гIоларо, гьединаб тIехь хъвазе хIажалъула бахIарчилъигун бихьинчилъи. «Адвокатлъун хIалтIулеб заманалда, пуланаб судалде, чIванкъотIараб идараялде гIемерал кагътал, хитIабал, гIарзаби хъвана дица. Гьезул аслияб мурад букIана гIайибго гьечIел гIадамазул рахъалъ ритIухълъи цIунулеб гьечIолъи загьир гьаби. Хьул букIана дир гьаракь чарагьечIого рагIиялде – ишцоязда, гьудулзабазда, инсанасул къисматалъул пикру гьабулезда. Заманалдасан дида бичIчIана, дир ахIиялъул хIасил кколареблъи. Гьанже дир тIахьал руго киналго гIадамазде гьабураб хитIаб. Инсанасулги гьесул къисматалъулги багьаго гьечIо, гьоркьохъел гIасрабазул заманги нахъа тун, ХХI гIасруялда гIумру гьабулел нилъ ругониги. Жакъа нилъ ккараб бакIги буго, цебехун жеги цо гали бахъани, нилъ кIкIалал тIинде рортиялъе хIинкъи бугеб гIорхъи. Биччанте болъоялде (хабалалъе жаназа босулеб молоде – К.С.) нужер сапар бигьалъизе!» — ян хъван буго авторас.