Зодор кенчIолел цIвабзазухъги балагье

Мурадис Салимханов гьавуна Хунзахъ районалъул ГьоцIалъ росулъ. 1989 соналда лъугIизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул юридикияб факультет. ХIалтIулев вуго адвокатлъун. 1999 соналдаса нахъе гьеб ишалда вуго Москваялда. ХIалтIулаго дандчIварал батIи-батIиял гIадамазул къисматазул хIакъалъулъ хъварал «Биологиялъул учитель», «ТIоцебесеб гIазу» ва «ХIожо» абурал къисабиги данде гьарун, дагьалъ цебе Москваялъул «ВатIан» абураб басмаханаялда къватIибе бачIана хасаб тIехь. Гьесулгун буго нижер гара-чIвари. 

 

— Мурадис, сундул хIакъалъулъ бицунеб бугеб дур тIехьалда ва щай дуда ракIалде ккараб художествияб асар хъвазе? Гьезие кьучIлъун щиб кколеб?
— Дирго хIалтIул хIалбихьи, гIумруялда дандчIварал, ай дица ихтиярал цIунизе хIаракат гьабурал хIакъикъиял гIадамазул сипаталгун къисматал. Гьезул цо-цоял гьабсагIатги чIаго руго. Гьайгьай, руго авторасул тIадежураялги. Дие бокьун буго гIадамазда абизе: мех-мехалда нужедаго сверухъ балагьизе ккола, пикру гьабизе ккола гIумруялда лъугьа-бахъунеб жоя-лъулги. Цо гIакъилас абун буго: «Бищунго гIодобегIанасеб даражаялда гIумру гьабулев чиясулги буго, наялде дандеккун, цебеккунго хIисаб гьабизе, гьаризесел ишал къалмиде росизе бажари». Инсанасда тIадабги буго гьедин гьабизе, щайгурелъул гьес жинцаго пикру гьабизе ккола букIинеселъулги, жакъасеб хIакъикъаталъулги, нахъа тараб гIумруялъулги. Иммануил Кантица абухъего, гьесда батизе ккола заман, гьоркьо-гьоркьор зодор кунчIулел цIвабзазухъ
балагьизеги.
— Кинаб жанралда хъварал асарал ругел дур?
— Жакъасеб гIумруялда релълъарал – гьел руго драмаялъул асарал. Масала, гьал къоязда «Черновикалъул» сайталда дида бихьана къварилъиялъ къвал барав инсул сурат. Гьес кодоб ккун ругоан полициялъулаз чIварал васазул суратал. Дица хъварал къисабазул аслияб мурад буго гьединал хIужабазде гIадамазул пикру буссинаби. Жакъа дов вуго пашманго, метер дидеги рещтIине бегьула гьединабго къварилъиян абураб жо бичIчIизе ккола щивасда.
— Дур тIоцебесеб тIехьищ кколеб гьеб?
— ТIоцебесеб тIехь къватIибе бачIана 2016 соналда азарго экземпляр тиражгун. Гьеб хехго бичун ана. ТIехь цIаларал гIадамазул гьариялда рекъон, гьеб цIидасан бахъана 2017 соналда. Гьебмехалда дихъе рачIине байбихьана кагътал: цIалдолез гьарулеб букIана, аслияв багьадурасул къисмат кин ккарабали баян гьабулеб асар хъвайилан абун. Гьебго соналъул ахиралде хъван бахъинабуна дица кIиабилеб тIехь – «ТIоцебесеб гIазу». Гьебги бичун ба-хъана къокъабго заманалда. Дихъцин хутIичIо гьелъул цогIаги экземпляр. Гьанжеги гьарана дида, хадусеб тIехь хъвайилан. Дица хъвана ахирисеб бутIа ва гьелда лъуна «ХIожо» абураб цIар – гьеб босана халкъияб биценалдаса.
— Щай дуца тIехь хъвараб гIурус мацIалда?
— Бокьун букIана магIарул мацIалда хъвазе. Амма рокъоса къватIиве вахъарав чи ккола батIияб культураялъул къвалакье. Рахьдал мацIалда цIалдолел гIадамазул къадар цIакъго дагьлъун буго. Гьединлъидал дида мекъаблъун бихьана магIарул мацI лъаларел дагъистаниял гьениб бицунеб хIакъикъаталдаса махIрум гьари. Гьенир рехсарал лъугьа-бахъинал руго щивав дагъистаниясда хъинтIулел, жалго цIуниялъул мурадалда щивасда ричIчIизе кколел, щивасул рекIелъ бусен лъезе мустахIикъал.
Дица бажарухъе къокъ гьабуна сюжет. Жа-къасел гIолилазе рокьуларо халатал къисаби.
— Рахьдал мацIалъ кинаб бакI кколеб дур гIумруялъулъ?
— Бицинеги, хъвадаризеги, цIалдезеги лъала. Хъизамалдаги бицуна рахьдал мацI. Дида ракIалда буго, Хунзахъ районалъул судалъул данделъи тIобитIулаан магIарул мацIалда. Туснахъ гьавиялъул хIакъалъулъ хIукмуги бахъулаан магIарул мацIалда ва хадуб буссинабулаан гIурус мацIалде. Амма жакъасеб хIакъикъат тIубанго батIияб буго. Пачалихъиял идарабаздаги школаздаги – киса-кибего чучлъун буго рахьдал мацIалде кьолеб кIвар.
— Гьанжесеб судалъул системаялдаса рази гьечIел гIадамал гIемер руго. Судияс ришватал росулин, адвокатал гьезукьа бергьунарин абулел хIужабиги дагьал гьечIо. Дур пикруялда рекъон, щиб гьелъие гIилла?
— Ахираб 20 соналъул хIасил буго гьеб. Судалъул система гьел соназда гIуцIана административиябгун командаялъулаб къагIидаялда. Сахаб жамгIияталъе хIажатаб букIуна ритIухъаб суд. ЖамгIияталдаго ритIухълъи гьечIеб мехалда рес гьечIо судаздаги ритIухълъи батизе. Пуланав социологас абулеб буго, гIолохъанал, цебетIеялъе рес бугел гIадамаз жалго жидецаго чIваялъе гIилла бугила, социалияб рахъалъ ритIухълъи цIунунгутIи, букIинеселде божилъи гьечIолъи. Гьеб бичIчIарав чиясул я гьекъолдухъан вахъуна, яги гьев хола, живго жинцаго чIван. ЦIунулел гьечIо ихтиярал, чIезабун гьечIо ихтияразулъ ращалъи. Демократиялъе битIараб къимат кьун букIана Владимир Лениница: гьеб кколила бечедазе алжанлъун, мискиназе жужахIлъунин абун. Нилъер улкаялда демократия гьечIо, гьечIо сундулго цебетIей. Гьединаб хIалалда кинаб ритIухълъи букIинеб судалдаги?