Ибрагьим АХIМАТIОВ: «Дир изну букIинчIо батIиявлъун вукIине…»

Жакъа, гIумруялъул завалалде вахарав машгьурав миллатцоясул дуниял бихьи, гIумруялде бербалагьи, жакъаселъе гьес кьолеб къимат, метериселде пикраби — цIалдолезе гьеб рагьи буго гара-чIвариялъул мурад.

— Ибрагьим, кинаб пикруялъ жакъа цIикIкIун бакI кколеб ботIролъ?
«Концерн КЭМЗ» метерисеб къоялъ халкъалъе хIажатаблъун лъугьинабиялъе ресал ратиялда тIад ургъула. Заводалъул иш тIубан кодобе босиялъе васал куцазе, гьезие хIалбихьи кьезе, гIолохъаназда цIикIкIун малъизе хIалтIулеб буго ракI.
ЗахIмалъабазе къуркьун загIиплъи биччазе бегьуларо хIалтIулъ. Заводалъул жавабчилъи тIаде кколеб цIияб гIел дидасаго рухIияб рахъалъ бечедаб, гIамалалъул рахъалъ къвакIараб ва гIакълу-лъаялъул рахъалъ бегIераб букIине бокьун буго. Дунго аскIов гьечIого хутIани чIобоголъи, нахъе­ккей букIунаредухъ, малъа-хъвай гьаби­чIого ракI букIунаро рокъосезеги заводалъул махщелчагIазеги. Заман буго бигьаяб гуреб. Жакъа рес гьечIо, цебеккун букIаралда гIейгьабун, гIодоре риччан хIалтIизе. Дунялалъул цебетIеялда рекъон гIуцIизе ккола хIалтIи, гурони, къуватаб предприятиялъ загIипаб чIинтIизабула.
Дихъа щибниги бажарун батани, лъимал дидаса лъайги бажариги цIикIкIарал рукIине ккола. Мисалалъе — дида лъаларо магIарулги гIурусги гурони мацIал, лъималазда лъала ингилис, китай мацIал. ЦIикIкIун мацIал лъарабгIан хIалтIуеги квербакъи буго. КъватIисел улкабазул партнералгун дандчIваял, гьезулгун гара-чIвариял кIудияв вас МухIамадица дидасаги лъикI тIоритIула. Босе жавабчилъи тIаде, хIалтIеян абула гьезда. Абадиялъ гьезда цеве дун вукIунарелъул.
— Щиб захIмалъараб хIалтIул хIал­бихьиялда бищунго?
— Хъачагъазул кверщаликье улкаялъул бечелъи ккарал 90-абилел сонал. Аза-азар чи хIалтIулеб заводги цIунун, гьел гIадамазе чадил кесек балагьи — гьеб бигьаяб гуреб иш букIана.
— Квер хьвагIун тезе хиял бижанищ?
— БижичIо. Аслияб масъала букIана улкаялъго милат гьабичIого тараб заводалъул буголъи, коллектив щущахъ биххизе течIого данде бачин. Аллагьас къуват кьуна киналъего.
— Ибрагьим, бигьаял гурел соназ кIиго болжалалда Халкъияб Собраниялъул депутатлъун вукIана мун. Гьезул цоял рищиял Дагъистаналъул тIадчагIазул дандечIейгун рукIана. Кин бугониги, мун бергьана. Щиб гьелъ дуе кьураб?
— Доб заманалъул нухмалъулезул хаслъи бихьизабулеб халатаб хабар буго гьеб. Дун гьениве депутатасул значокалъе гIоло гурев, Дагъистаналъул промышленность цебетIезабиялъул мурадалда ун вукIана. Амма гьелъул кIвар бугев чи нагагьги ватичIо. Гъизляр районалдаса депутатлъун вугеб мехалъ халкъалъул бищунго хIажатал масъалаби тIуразаризе хIаракат бахъулаан.
— ЗахIматаб ахIвал-хIалалда битIараб жаваб батизе, хIукму къотIизе сунца кумек гьабулеб?
— Сабруялда чиясухъ гIенеккани, гъваридго ургъани, хIинкъичIого жаваб кьуни — мекъи кколаро.
Заводалда хурхараб суал бугони, дандбала коллективалъулгун, гьезул пикруялъухъ гIенеккула. ЛъикIаб кол­лектив буго нижер, божилъи гьаби­зе бегьулеб. Мирзабеговас абулаан «Бищун лъикIав ХъахIаб рукъалъул хъулухъчиясдаса, бищун загIипав заводалъул хIалтIухъан лъикIав вуго»,- ян.
— Сунца ракIалъе рахIат кьолеб?
— ЦIи-цIияб техникаги лъазабун, гьелда гьабун рагIалде бахъараб лъикIаб хIалтIуца кьола ракIалъе рахIат. Гьеб буго дир бищунго бокьулеб рекIелгъей, гIурусалъ абуни — хобби. ЦIияб къайи, алатал лъикI гьаризе ругьунлъи — гьеб бигьаго щолеб цебетIей гуро. Къокъаб заманалда жаниб нижеца гьабулеб тIадегIанаб даражаялъул хIалтIул гIажаиблъи гьабула централдаса рачIарал чIахIиял махщелчагIазцин.
— Эркенаб заман кин тIамулеб? БукIунищ гьеб?
— Лъедезе бокьула, волейбол, баскетбол хIала. Шахматал хIала цо-цо мехалъ рогьинегIанги.
Бокьула дунго гьавураб, гIураб ракьалде гIемер щвезе, сихIкъотIиялда тIабигIаталъул сасалъухъ гIенеккизе. Кидаго анищ букIуна росдал рохьов сверизе, гьелъ чорхой рахIат кьола, пикраби роцIуна, ракI цIилъула. Гьеб буго инсанасе чара гьечIеб хIухьбахъи. Гьеб буго бищун бокьулеб рекIелгъей. Сонал анагIан цIикIкIун цIалев вуго гIагараб ракьалъул тIабигIаталъ.

— КигIанасеб рескъотIараб хIалалде ккедал дуца закон хвезабизе рес бугеб?..
— ГIолохъанго хъизан гIуцIараб заманалда рукъалъул магIишат-яшав бечед гьабуларогоян цо-цо бадирчIваял камичIо дие. «Дир лъимер ресукълъиялда, ракъиялъ гьорон букIарабани, дица законги хвезабун, бикъунги рикъзи тIалаб гьабила. Амма гьабсагIат гьелде ккараб хIал гьечIо..», — ян кьун букIана жаваб.
Законалдаса кьуризе бегьила дуца хвасар гьавизе кколев чиясул гIумруялъе хIинкъи бугони. БатIияб бакIалда закон цIунизе ккола. Автомобиль бачунеб шагьранухалдаса байбихьун закон лъазабизеги цIунизеги кколин абула дица лъималаздаги. Капитализмалъул производствоялда буго кIиго закон: цояб — киназего гIаммаб — улкаялъул, цогидаб — дурго чодаса гъоркье рещтIине бегьулареб. Гьеб кIиябго принцип цIунизе ккола. Закон цIунизе лъай — гьеб лъикьаниги хIинкъи гуро, гIакъиллъи буго. Чияс жиндиего хайиралъе закон хвезабуни, кида-къадги гьеб хайиралдаса цIикIкIараб багьаялъул буголъи хвезабизеги ккола.
— Ибрагьим, мисаллъун гIумруя­лъе щив вукIарав?
— ГIумруялъе мисаллъун вукIа­на эмен. Ругьунлъана гьесул хIал­би­хьиялдаса, цIалана гьесул гIа­къил­лъиялда. КIоченчIо байби­хьул классазда лъаялъул кьучI лъурав мугIалим Кудалиса Исрапил. ХIалбихьи щвана анцIго соналъ цадахъ заводалда хIалтIарав ГIаб­дуразакъ Мирзабеговасдасан.
Нухмалъулесе хIажалъулеб кьучI, дарсал дида цере рукIана гьитIинго. Щибаб къойил радал къа­мартIго вакIа-вахарун, мегеж кIкIван, лъикI ретIа-къан хIалтIуде ине хIадурулев эмен вихьулаан. Жиде-жидер суалалгун, масъалабигун рачIарал гIадамазе гьес жаваб кьолеб къагIида бихьулаан. Къаси-къаси, ретIун тIимгъалгун ракIарулаан нижер рокъоре хараби, хабар-кIалалъе. Гьез ракIалде щвезабулаан цебесеб жидерго гIумру, рицунаан маргьаби. Телевизорги гьечIеб заманаялъ гьел цадахъруссеназул рекIелгъей букIунаан нижее-лъималазеги. Нижерго дарсазде руссун ругонигицин, чIахIиязул гIакъилаб хабар, инсуца гьезул гьабулеб хIурмат бихьулаан.
ТIоцеве заводалда хIалтIизе щвараб мехалдаса нахъего батIи-батIиял гIадамал дандчIвана. РукIана за­гIипал — мацIал гьарулел, рукIана си­хIирал — балъго квекIен гьабулел, рукIана къуватал-хIалбихьизе лъугьунел. БатIи-батIияб хIалалъ загьир гьабулаан къватIисан рачIараздехун жидерго бербалагьи. Нилъерго къагIидаялъ цо-цо хъачIлъи, пах­рулъи бихьизабун, гьел чагIи чIе­заризе кколебги букIунаан мех. «КIудияб предприятиялъул нухмалъулев вукIине ккола гIадатияб гIамалалъул, къвакIараб ракIалъул, бихьинаб хасияталъул чи. Гурони гьесул хIурматги гьабуларо, хIалтIиги лъугьунаро», — гьедин абулаан инсуца.
— Щиб дуе инсухълъи?
— Дир кидаго рокьи ва хIурмат букIана Дагъистаналдехун, дагъистанияздехун. Гьеб жеги гъваридаб буго магIарулаздехун. Жиндир инсухълъиялъе ва улкаялъе патриотлъун, пайдаявлъун, хIажатавлъун, ватIан цIунулевлъун вукIине ккола щивав чи. Гурони, гьев чIовогояв чи вуго.
Нилъер республикаялъул щибаб миллаталдехун цокIалаб гьоркьоблъи букIана дир кидаго. Гьеб лъала заводалъул коллективалда, гъизляралъулазда. ХIалтIухъан щиб миллаталъул вугониги, дие батIалъи гьечIо. Гьелъие гIоло гIуцIараб букIана доб гIемермиллатазулаб партияги. Дагъистаниязул буго пахруяб гIамал, гьел цоцацаги ккола кир ругониги. Амма хъачагълъи гьезда рекъон гьечIо, жидерго ракьалда питна, балагьалги рекьун.
Росдал гIумруялдаса батIатIун бокьуларо. Гьанжесел гIолохъабазда бичIчIуларого букIуна мугIрул росулъ магIишат гIуцIиялъул магIна. Дица лъималазда бицуна, кигIан рикIкIада ругониги, лъол мугIрулги росу-ракьги нилъер букIин, росулъ гIумруялъе ресал лъикIлъанагIан, гIа­дамазул яшав цебетIунагIан, гье­лъулъ бутIа лъурасул къимат борхунеблъи.
«Щиб дуца гIумруялда жаниб дурго ракьалъе гьабураб», — ин суал бачIине буго цощинаб къоялъ. Гьелъие жаваб кьезе кколелъул. «Ни­лъер щивасул кодоб буго умумузул ракь чIунтизабиялъул яги гьеб чIухIизабиялъул кверщел», — ин абула дица васазда, росулъ щиб-щибниги ишалъе кьучI лъолаго, гьеб гIуцIулаго. Нижер эмен вукIана хъизаналда жанибги, хъулухъ тIу­ба­забулаго жамагIаталда цебеги щиб­го тIекъаб, хIалихьатаб гIамал гьа­бичIев чи. Дир изну букIинчIо жакъа вугесдаса батIиявлъун, росдаде мугъ рехарав тохав чилъун вукIине.