ЦохIо лахIзат гIадин паркъана гIумру

Араб соналда 80 сон тIубана ДАССРалъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан, ДРялъул мустахIикъав учитель, Стальское росдал гимназиялъул педагог, машгьурав композитор ГIали Абакаровас.

Гьев гьавуна ЦIунтIа районалъул Кидиро росулъ. Лъабго сон бараб мехалда хвана эмен. Дол захIматал соназул хIакъалъулъ гьадин ракIалдещвезабуна ГIалица: «Рагъул кьогIлъи бичIчIуларо, гьеб бихьичIев чиясда. 1942 соналда, унтизеги унтун, хвана эмен. БукIана захIматаб заман. Гьеб захIмалъи жеги цIикIкIана, 1944 соналда – нижер районги биххизабун, цIунтIал гочинаруна Чачаналде, Ведено районалде. Гьениб лъугIизабуна дица анкьгосонилаб школа. Гьеб заманалда, ай 1957 соналда ниж тIадруссинаруна гIагараб ракьалде. 1958 соналда ахIана армиялде.
Гьениса вуссиндал дун ахIана БежтIе — доб заманалда районалъул центр букIана гьениб. Дица кечI ахIулеблъиги музыкалиял алатазда бакънал рачунеблъиги лъан, дун тIамуна Культураялъул рукъалъул директорлъун хIалтIизе», — ян.
Культураялъул рукъалъул директорлъун хIалтIулеб заманалда ГIали Абакаровасги, Культураялъул рукъалъул художествияб рахъалъ нухмалъулей, ДАССРалъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан Зугьра Абакаровалъги байбихьана халкъияб кIалзул гьунарал данде гьаризе. Гьез ракIарана кучIдул, цIех-рех гьабуна кьурдабазул, сценаялдаса рихьизаруна гIумруялъул сурарал рахъал къватIир чIвазарулел сценкабигун интермедиял.
Гьесул жигарчилъиялъе муста-хIикъаб къимат кьуна республикаялъул Культураялъул министерствоялъ: 1967 соналда гьесие кьуна «ДАССРалъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан» абураб цIар.
1967 соналда ГIали ана Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институталъул музыкалиябгун педагогикияб факультеталде цIализе. Гьебги лъугIизабун, 1971 соналда байбихьана Буйнакскиялъул педучилищалда хIалтIизе.
1976-1979 соназда хIалтIана гIагараб росдал школалда цин завучлъун ва хадув – директорлъун. 1979-1983 соназда гочана Дубки поселокалде – гьенивги хIалтIана Лъималазул музыкалияб школалда музыкаялъул учительлъун. 1983 соналдаса нахъе хIалтIана Гъизилюрт районалъул Стальское росдал гимназиялда учительлъун.
ГI. Абакаровасул кIудияй яс Бика ГIалиева ккола ЦОДОУ ЗОЖал-да гьоркьобе унеб Качалай росдал гьоркьохъеб школалъул директор. Гьелъ данде гьарун руго эбелалъулги (Зугьра Жамалудинова) инсулги (ГIали Абакаров) художествияб хIаракаталъе нугIлъи гьабулел гIемерал баянал. Руго гьезда гьоркьор композиторасул гIолохъанлъиялъул гIужалъул бицунел ракIалдещвеялги.
ДГПУялъул музыкалиял алатазул кафедраялъул доцент, ДРялъул искусствоялъул мустахIикъав хIалтIухъан Абусупян ГIалихъараевас бицана:
— ГIали Абакаров цIализе лъикIав вукIана. Гьесулъ бук1ана тIабигIаталъго лъураб пагьму. МагIарул музыка цебетIезабизе кIудияб хIаракат бахъана ГIалица. Гьес мухIканго тIасабищулаан жиндир бакъаналъе рекъонкколел рагIаби.
МагIарул радиоялда гIемерал соназ хIалтIарав ХIажи Мамаевас бицунаан:
— Нижеца гIумру гьабулеб букIана цо общежитиялда. Радиоялда хIалтIулаго, дида ратана ГIалил музыкаялда машгьурал кочIохъабаз ахIулел гIемерал кучIдул. Масала, гьел ахIулаан Даку Асадулаевас, Муи ХIасановалъ, Ахкубек ХIажиевас, Манарша Дибировалъ, ХIайбула МухIамадовас ва цогидаз.
РакIалда буго, студентлъун вугеб заманалдаго, гьесда гьарана Мажид Шамхаловасул «Якьад» абураб спектаклялъе бакънал хъвайилан абун. КIудияб жавабчилъигун, гIемер тIадги хIалтIун, тIубазабуна Абакаровас гьеб тIадкъай. Бакъналги лъугьана цIакъал. Гьел бакъназда спектаклялда ахIулел «Мун ана» ва «Их» абурал кучIдул хехго машгьурлъана халкъалда гьоркьор.
Гъизилюрт шагьаралъул №8 гьоркьохъеб школалъул педагог Мадина Насрудиновалъ бицана:
— ТIоцебесеб дарсида ГIалица музыкалияб алаталда бакъан бачараб мехалда, ракIбахиллъун ялагьун хутIана дун. Дихъаги бажарулебанищин ккана ракIалде. Ахирги, яхI гьабизе кIвечIо, бицана учителасда дирго анищ. Гьелдаса нахъе байбихьана дарсал. Цо чанго соналъ тIадчIун малъана аккордеоналда бакънал рачине. Хадуб абуна Избербашалъул педучилищеялда цIализе. Ва дир учитель живго вилълъана гьениве щвезегIан дида цадахъ. Гьелде тIадеги, цIалул соназда чанцIулго вачIана дир ахIвал-хIал лъазабизе. Гьес дида абулаан: «Дарсида щвараб лъаялда гIей гьабун чIоге, Мадина. ЦIале тIахьал», — ан.
Гьанжеги дун гIемер щола дирго учителасухъе. ХIажатаб тIехь, нотаби ва цогидаб батула дида гьесул бечедаб библиотекаялда. Дица дарсал кьолел классазда чарагьечIого малъула ГIали Абакаровасул кучIдулги.
ГIумруялъул нухал халатал ругин ккола, амма цо-цоязул гьел паркъун уна, цо лахIзат гIадин, чIамучIлъичIого, чидае зарал гьабичIого. Гьедин ана ГIали Абакаровасул гIумрудул 80 сонги. Гьелъие сабаблъунги ккана жиндирго лъай камил гьабиялъе хIаракат бахъи, цо нухалда тIасабищараб Дмитрий Кабалевскиясул лъай кьеялъул къагIидаялъе ритIухълъи цIуни, гIадамазе кумек гьабулаго, жиндирго ракIалъе щолеб рахIатгун хIалхьиялдаса пайда боси.
ГIали Абакаровасул кучIдул ва бакънал рихьизарун руго миллияб лъай кьеялъул идараялда малъизе кколезул сияхIалдаги.