Живго гIатIиракьалда,ракI – гIагарал мугIрузда

Шабанов МухIамад гьавуна 1963 соналда Шамил районалъул ТIелекь росулъ. 1970-1980 соназда цIалана Гъизилюрт шагьаралъул №4 гьоркьохъеб школалда. ЦIалана Гагарин шагьаралъул зооветеринарияб техникумалда, Бизнесалъулгун правоялъул халкъазда гьоркьосеб институталда, ДГУялъул юридикияб факультеталда, РФялъул президентасда цебе бугеб Россиялъул пачалихъияб хъулухъалъул академиялда.

ХIалтIизе байбихьана 1980 соналда. ХIалтIулев вукIана Гъизилюрт районалъул батIи-батIиял идарабазда ва хъулухъазда. 1994-1999 соназда вукIана Гъизилюрт шагьаралъул собраниялъул депутатлъун ва 1999-2003 соназда – ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъунги.
2013 соналъул июналда МухIамад вищана «Гъизилюрт район» муниципалияб района-лъул администрациялъул бетIерлъун ва 2016 соналъул сентябралдаса нахъе хIалтIулев вуго Гъизилюрт районалъул бетIерлъун.
М. Шабанов ккола «Партия Роста» абураб ТIолгороссиялъул партиялъул Дагъистаналда бугеб регионалияб отделениялъул председательги. Гьев вуго экономикиял гIелмабазул кандидат, ДРялъул мустахIикъав экономист, ДГТУялъул кафедраялъул заведующий.
МухIамад мустахIикълъана гIемерал шапакъатазе. Гьезда гьоркьор руго БахIарчилъиялъул ва «Дагъистаналъе гIоло гьабураб хIаракаталъухъ» абурал орденалги.

Дир цевегосев гьудул, пишацояв, пикруцояв, кидаялиго коррупциялде данде къеркьолезул цебесеб кьерда вукIарав «ХъахIаб рукъалъул» чиновник ГIалибег ГIалиев мех-мехалда вачIуна «ХIакъикъат» газеталде, загьир гьарула нижер хIалтIуда тIасан жиндирго пикраби, гьарула пайдаял малъа-хъваял, кантIизариял.
Бищунго аслияб жо — ГIалибег вуго ракI-ракIалъ магIарул халкъги гьелда хурханщинабги бокьулев чи, унго-унгояв патриот.
ЛъикIаб пикру баккани, газеталъул гьурмазда вукIине мустахIикъав чи ракIалде щвани, кIутIун дихъе яги цоги хIалтIухъабазухъе ахIун бачIуна гьес.
Гьале чанго къоялъ цебеги ахIана ГIалибегица жив Гъизилюрталде ине вугила «Шагьаралъулаб санагIатаб сверухълъи» абураб программаялда рекъон ЦIияб ЧIикIабги ЦIобокь-Миякьобги объектал рагьиялда бан тIоритIулел тадбиразда гIахьаллъизе.
— Унго-унгояв магIарул бихьинчи ва бажари бугев нухмалъулев вихьизе, лъазе бокьун батани, метер «маххул чуял» кьолозе руго Гъизилюрталде, — ян абуна разиго ГIалиевас. — Нужер подпискаялъеги кумек гьабизе буго МухIамад ХIажиевичас, дудаго бихьизе буго.
…Радалго сапаралде рахъана ниж.
ЛъикIаб, роцIараб къоги бачIана, хабар-кIал гьуинав ГIалибегица ракIги гъезабулеб букIана. Бицунги, рагIунги, цо нухалъ вихьунги лъикIаб пикру жиндехун бижарав районалъул бетIер МухIамад Шабановас подпискаялъе чIаголъи гьабунадай, кIиго анкьалъ цебе кьураб рагIи ккунадай абурал пикрабалъ дунги вукIана.
ЦIияб ЧIикIаре щолеб мехалда ГIалибегихъе кIалъан вачIана МухIамад. Гьезул хабар нижедаги рагIулеб букIана. Шабановас гьасие суал кьолеб бугоан жакъа рагьулеб парк щиб бакIалда бугебали лъалищан. Лъаларин гьес абидал, лъабго-ункъо соналъ цебе гIадамазул гIарзазда рекъон мунги вачIун, дуца сверухълъиялдаго ахIиги бахъинабун, коммерсантаздаса цIунизе кIвараб ракь щайила дуда лъаларебин лъугьана районалъул бетIер.
РакI-ракIалъ вохана гьеб хабаралдаса ГIалибег ва бицана ресги санагIатги бугел коммерсантаздаса цIиябчIикIасезе гьеб ракь цIунулаго, жиндаго бихьанщинаб къоги гьениб букIараб кутакаб къеркьейги.
Дицаго пикру гьабуна чан чиясул мурадха тIубазабун батилеб гьав, ракI лъикIав, хIалимав, велъун гурони нилъеда кIалъаларев, амма къо ккаралъув согIав, ритIухъав, халкъалъе гIоло бокьараб къуватгун къеркьезе хIадурав чиновникасилан. Бадибе – рецц, роциб – малин абулелъулха, гьасда дица щибго жо абичIо, амма гьудуласдаса чIухIиялъулги разилъи-ялъулги асар рещтIана рекIелъ. ГIабдулатIиповасул командаялда гьоркьов бищунго хIаракаталда хIалтIулев чи вукIана ГIалибег ГIалиев.
…РикIкIадасанго рихьана гIеме-
рал гIадамалги цо гIажаибаб чIаголъиги.
Гьале живго Шабановги – щивав чиясул квер босулев, киназего махсара-хочI гьабулев, гьимулев. Кутакалда кIудияб адаб-хIурмат гIадамазги гьабулеб бугоан гьесул.
ГIалибег вихьаравго, МухIамад нижеде данде вачIана ва дурго къеркьеялъул хIасил бихьизе дида хадув вилълъаян, живго кIигогIан халатав гьевги вехъерхъун, цо рахъалде ана.
Машааллагь, проекталъул кутак, паркалъул берцинлъи, квегIенлъи, скамейкабазул цIваки, гIадамазул гьурмазул гвангъи.
РагIи кьуна районалъул бетIер, «Партия роста» абураб федералияб партиялъул регионалияб отделениялъул председатель, экономикиял гIелмабазул кандидат, Бихьинчилъиялъул орденалъул кавалер МухIамад Шабановасе.
— Республикаялдаго бергьенлъиялда гIумруялде бахъинабулеб «Мой Дагестан. Комфортная городская среда» абураб программаялде гъорлъеги лъугьун, хIаракатго хIалтIулел руго нилъер районалъул росабиги,-ян абуна М. Шабановас. — Гьелъие гвангъараб нугIлъилъун ккола жакъа ЦIияб ЧIикIаб росулъ рагьулеб гьаб гьайбатаб паркги. Дие бокьун буго гьаб проекталда гIахьаллъи гьабурал тIолазего баркала загьир гьабизе. Хасго баркала кьезе бокьун буго росдал цIияв бетIер Ражаб Хамуевасе. Лъабго моцIалъ тIадчIун хIалтIана гьев рехсараб проект гIумруялде бахъинабизелъун. Гьале ахирги кIвана гьадинаб берцинлъи гIуцIизе. КIудияб баркала буго росдал гIадамазе, жамгIиял хIаракатчагIазе. Парк рагьараб гIоларо, гьаб цIунизе-ги ккола, бацIцIадго чIезабизеги ккола. Нилъеда лъала кинаб къоги бихьун нилъеца гьаб ракь коммерсантаздаса нахъе босарабали.
Рохалилаб тадбиралда кIалъазе рахъарал хIукуматалъул вакил ГIалибег ГIалиевас, росдал гьоркьохъеб школалъул директор Ума ХIажиевалъ, цеве вукIарав районалъул бетIер МухIамад Дадаевас ва цогидазги лъикIаб къимат кьуна рехсараб проекталъе.
Парк рагьиялда бан тIобитIулеб рохалилаб тадбир ана кутакалда берцинго, кIалъаял рукIинчIо ххвалиего гьарулел, рагIаби рукIана рекIелъе рортулел. Халкъалъ – гIисиназги чIахIиязги – МухIамадиеги гьесул гъункараб командаялъеги кьолеб букIана мустахIикъаб, хIакъикъияб къимат. Цо-цо рекIел асар, ай эмоциял кквезе кIвечIого, цIакъго МухIамад веццизе лъугьаразда районалъул бетIерас абулеб букIана: «Дир бицине гуро жакъа нилъ гьанир ракIарарал, паркалъул, сверухъ бугеб берцинлъиялъул бицине. Гьадинаб рес нилъее кьурал Россиялъул президентасе, Дагъистаналъул бетIер Владимир ГIабдугIалиевичасе кье баркала, нилъеде ягъунги, ахIдонги, бадирчIваял гьарунги гьаб иш гIужда рагIалде бахъинабизе бокьун букIарай Рукъият АхIмадовалъе кье баркала».
Хадуб школлъималазги чIахIиязги парк рагьун чIоло къотIана. Разиял гьаркьаз ханлъи гьабулеб букIана сверухълъиялда…
Хадусеб нижер сапар букIана гьединабго паркги росдае кIвар бугел цоги объекталги ралеб ЦIобокь-Миякьоб росулъе. Кутакалда хIадурлъун ругоан тадбиралде гьенирги. Хасго школалъул цIалдохъаби. Цо берцинаб сценарийцин ургъун бугоан гьез. ЦIалдохъабаз бицун лъана ЦIобокь-Миякьор гьарурал пайдаял ишазул тIубараб сияхI. Мисалалъе, Дагъистаналъул бетIер Владимир Васильевасул хIаракатчилъиялдалъун гIумруялде бахъинабун буго «БакIалъулаб хIаракатчилъи» абураб кIудияб проект, «150 школа» абураб проект, «Современная школа» абураб Генералияб проект, Школалъулаб къотIноб тIун буго хъил, тIадбан унеб буго волейболалъулгун баскетболалъул цIиял майданал гьариялъул хIалтIи.
Рохалилаб тадбиралда кIалъазе вахъарав районалъул бетIерас ракI-ракIалъулаб баркала кьуна гьел киналго проектазда тIад хIалтIарал росдал гIадамазе, жамгIиял хIаракатчагIазе, росдал бетIер ГIабдулгIазиз СултIановасе, гьесул заместитель ТIагьирие, депутат Зайнулае, МухIамадхIажи Къадиевасе, Дагъистан Республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутатал Мухтар Оздеаджиевасе, Мурад Пайзулаевасе, школалъул директор ПатIимат Къадиевалъе ва гIемерал цогидазеги.
— Хириял ЦIобокь-Миякьоб росдал гIадамал, тIаде рачIарал гьалбал, цIалдохъаби, жакъа нилъ ракIарун руго росулъ паркги цогидал объекталги рагьиялда бан тIобитIулеб рохалилаб данделъиялде, — ян байбихьана жиндирго кIалъай районалъул бетIер ва тIолалго ишазул цевехъан, хIаракатчи МухIамад Шабановас — Баркала нилъер республикаялъул бетIер Владимир Васильевасе гIадамазул гIумруги рукIа-рахъинги цебетIезабиялде кьолеб щибабкъойилаб кIваралъухъ. Кинабго нилъеца гьабулебщинаб жо буго гьесул тIадкъай тIубазабиялъе , «Мой Дагестан. Комфортная городская среда» абураб программа бергьенлъиялда гIумруялде бахъинабиялъе гIоло.
Дун жакъа лъикьаго нечечIого, бацIцIадаб намусгун районалъул бокьараб росулъе уна, щай абуни цониги росу гьечIелъулха дир берзукьа борчIараб, хIукуматалъул рахъалдаса кумек щвечIеб. Щибаб росулъ ралел руго цIиял объектал, гIуцIулел руго гIумру гьабиялъе хIажалъулел тIолалго шартIал. Руго сахаватал, яхI бугел гIадамалги жавабиял нухмалъулелги. Мисалалъе. гьаб парк гьабулаго унго-унгояб хIаракатчилъи бихьизабуна нужер росдал бетIерас. Лъабго моцIрол харж кьеялде тIадеги, гьес валагьана спонсорги. Спонсорас кьуна гьаб ишалъе 700 азарго гъурущ ва гьарана жиндир цIар рехсогейилан, ай Аллагьасдаги жиндаги гьоркьоб тейила гьеб. Аллагь разилъаги гьединал гIадамаздаса.
Росдал гIумруялъулъ гьабулеб хIаракатаб хIалтIуе гIоло района-лъул бетIерасе ХIурматалъулал грамотабиги баркалаги кьуна района-лъул имамасги росдал бегавуласги.
ЛъугIана официалияб тадбир.
Мажгиталда рузманги бан, росдал бегавуласул гьариялда рекъон, ниж ана къаде кваназе.
МухIамад Шабановас нижер лъай-хъвай гьабуна жиндирго командаялъулгун. Гьел ругоан Да-гъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутатал — лъарагIав Мухтар Оздеаджиев, магIарулав, Шамил районалъул Хучада росулъа Мурад Пайзулаев, ЦIобокь-Миякьоб росдал бетIер ГIабдулгIазиз СултIанов ва районалъул идарабазул хIалтIухъаби. Щивасе рагIиги кьолеб, щивасул рахъалъ хинаб рагIиги абулеб букIана районалъул бетIерас.
Гьаниб кIиго рагIи подпискаялъулги абичIого гIоларо.
Чан газета хъвазе бокьун бугебилан гьикъана гьес дида.
Дурго ракI билълъараб, администрациялъул ресалда рекъараб гьабеха, МухIамадин, дица кьураб жаваб гьесие бокьичIо.
— 50 газета цин хъвазе буго магIаруллъиги хирияв, магIарулалги рокьулев дирго гьудул ГIалибег ГIумаровичасе гIоло. Араб соналъ кигIан букIараб?
— Дагьаб къадар букIана – къоло щуго.
— Исана кигIан гьабилеб?
— Цо нусго жо гIела.
Гьедин дица абидал, нусго жидеца цебего хъваниланги абун, района-
лъул бетIерас администрациялде ахIана. Лъабнусго экземпляр хъван бугоан «ХIакъикъаталъул» Гъизилюрт районалда, шагьар малъичIого.
СагIаталдасаги цIикIкIун заман
бана нижеца ЦIобокь-Миякьоб росдал бегавуласул ашбазалда. ХIалтIулги, хIасилазулги, цере чIарал масъалабазулги хIакъалъулъ бицана, гIаданлъиялъул, гьудуллъиялъул рехсезеги кIоченчIо.
— Дица кадраби тIаса рищулеб куц лъалищ нужеда? — йилан гьикъана Шабановас, вукIаралъуса вахъун.
— Бицани лъалаха, — ян нижецаги жаваб кьуна.
— Дун бокьараб гIиллаги балагьун, багьанаги цIехон, росдал бутIрузухъе гьоболлъухъ уна. Гьездаги ккола дун жидехъе гIицIго хинкI-чед квинеги чай гьекъезеги вачIарав чийилан. Амма дир батIияб мурад букIуна — дун балагьула гьав чиясул рокъоб бугеб ахIвал-хIалалде, къватIиб бугеб рацIцIа-ракъалъиялде. ГьечIищ гьеб киналъулъго гIадатиябниги гIадлу-низам – гьединав росдал бетIер дие думалъго данде кколаро. Жиндирго рокъоб гIадлуги гIадатиябниги магIишат-яшавги гIуцIизе кIоларев чиясдаса росдаеги букIунаро пайда. Гьелда дир ракIчIараб буго.
Дир бугеб цо кIудияб анищги бицинищ нужеего?
Дирго гIагараб Шамил районалъе дихъа бажарараб, кIвараб кумек гьабизе. Дун цIалулевги, хIалтIулевги, гIумру гьабулевги аслияб къагIидаялда гIатIиракьалда вукIана ва вуго. Амма дида ракIчIун лъала дир ахир вуссунеб бакI лъоба магIарухъ букIин, дир анкьумумузул, бищун дие хириял чагIазул хабал гIагараб ТIелекь рукIин.
ГIемерав ургъана ва жакъаги ургъулев вуго дун гьав лебалав, жигарав, жиндир гIумруялда жаниб чанги жо бихьарав, хIехьарав, саламатал ишал гьаризеги гьайбатал лъалкIал тезеги кIварав магIарул Бихьинчиясул, Инсул, Нухмалъулесул, ккараб бакIалда, Рагъухъанасул рагIабазда тIад.
Гьасие дагь буго анцI-анцI соназ жинцаго гьабулеб лъикIлъи, гIаданлъи, гIадамазе жиндаса къойилго щолеб кумек, ккаралъуб битIулеб квер.
Гьасул ракI мугIрузда буго, гьеб хIалакун буго тIелкьадериеги тIолалго ракьцоязеги хъулухъ гьа-бизе.