Рохьоса МухIамад

 

«ХIалтIухъ мухь босуларо, Аллагьасул кири бугони, гIела дие», — ян абула гьес.

ГIадамазе кумек гьабулел ва росдае рахъун чIарал чагIи дида гIемер рихьана, гьезул хIакъалъулъ гIезегIан хъвана ва газеталдаса гьезие баркала кьуна. Амма Гъарланюрт станция росулъа анкьгьунар МухIамадов МухIамадица росуцоязе гьабулеб кумекги, жамагIаталъе сайгъаталъе гьес гьарурал гIемерал хIалтIабиги рихьидал, дун цIакъ гIажаиблъана. Гьев лъикIав чиясдаса цогидазги мисал босизе бегьулин абураб пикруялъ, газеталдасан гьесул хIакъалъул магIарулазда бицине ният гьабуна дица.

 

МухIамадил тухум ккола Казбек районалъул Буртунай росулъа, амма гьев гьавуна ва гIуна Хасавюрт районалъул Гъарланюрт станция росулъ.

 

Гьесие гьитIинго бокьулаан суратал рахъизе, бокьун букIана ралел бакIазул инженерлъун цIализе, амма, инсул гIарцул хIал гIечIоялъ, гьеб аниш хIорго хутIана. Гьес Новочеркасск шагьаралда бергьенлъиялда лъугIизабуна мелиоративияб институт (I982), хIалтIана Хасавюрт районалъул «Мелиорацияводалъул» инженерлъун.

 

Гъарланюрт росда аскIоб рохьоб бугеб гьелъул филиал «Делитель-водораздел «Юзбаш-Кушбар» каналалъул шлюзалда хIалтIулев вукIана МухIамадил эмен-ГIумахъан, гьединлъидал киназго гьеб филиалалде «ГIумахановка» абула. МухIамадица инсуе гьениб кумекчилъи гьабулаан. Къого соналъ цебе, ГIумахъание Аллагьасул къадар щвана ва васас инсул хIалтIи жиндего тIаде босана. Гьалдаго цадахъ, гьавугьинан хIалтIун, гьес бачуна, гьес абухъе: «дие цIакъ бокьулеб, къватIибе цIутIун, лъикI бихьулеб (рельефная) архитектураялъулаб творчествоялъулаб хIалтIиги».

 

Аллагьасе гIолоян абун, росдаеги гIадамазеги гурхIел-рахIмуялъул хIалтIаби гьаризе байбихьиялъе ккараб гIиллаялъул хIакъалъулъ МухIамадица бицана: «Гъарланюрт къотIун унеб маххул нух бугеб бакIалда, гIадамал цIад-бакъалдаса рахчизе ва гIодокIусизе автобус лъалхъулеб хасаб бакI букIинчIо. Доб бакIалда аскIов гIумру гьабун вукIана Буртиса АхIмазиявдин Дилеев абулев лъимал гIемерав херав чи, лъикIав къадахъан, гIадамаз гьесде «гамачI даци» абулаан. Гьесул гIадат букIана росулъ мина балев щивав чиясе гвавулъе ун, кIиго къоялъ чIового хIалтIулеб.

 

МухIамадица росдае гьарулел хIалтIи рихьун, цо пуланав бечедав чияс гьесие Мерседес машина сайгъат гьабуна. Доб мехалъ гьес балеб мажгиталъул хIалтIи, цементги арматураги гIоларого, чIун хутIулеб букIана. ГIемерго ургъичIого, сайгъаталъе кьураб «Мерседесги» бичун, гьес мажгит базе хIажатал сурсатал росана. Жакъа МухIамад хIалтIулев вугеб каналалъул шлюзалда аскIоб бугеб гIатIидаб майданалде тIоцеве щварав чи гIажаиблъун-хIикмалъун, виххун хутIула. Гьесие лъугьуна НекIсияб Грециялде яги Рималде щвараб гIадаб асар. Киса-кирго чIухIарал колоннаби, аркаби, болъаби…

 

Цо нухалъ гьес дида абуна, дуца къваригIунел сурсатал чIезабуни, жинца автобусазул остановка балин. Дица хIажатаб жо чIезабуна ва АхIмазиявдиница гIадамазе санагIатаб остановка бана. Аллагь разилъиялъе дос гьабулеб хIалтIи дида цIакъ берцин бихьана ва гьелдаса нахъе дицаги байбихьана киридахъ хIалтIизе»,-ян.

 

МухIамад ккола, живго жиндаго чIун цIалун, лъай, гьунар ва махшел щварав чи. Гьесул скульптор-архитекторлъиялъулаб хIалтIиги буго, гьес абухъе, ракIгъеялъе гъираялда гьабулеб, бокьулеб хIалтIи (хобби). Гьесул гьарурал хIалтIаби рихьарал скульптораз ва архитектораз гIажаиблъи гьабула ва МухIамадовасул махшелалъе кIудияб къимат кьола.

 

Росдае гьес гьарурал хIалтIабазул сияхI халатаб буго. Гьездасан цо-цоял рехсела: КIалда кIудияб аркаги эхетун, гьелда тIад берцинаб хъвай-хъвайги гьабун, свертIа-сверун балясиналги лъун, кибго гьечIеб къагIидаялда къачIан, росдал гIолилазе сайгъаталъе бараб стадион, школалде ва мажгиталде ине санагIатаб куцалда бараб ва чIухIун къачIараб маххул нухда тIасан унеб кIиго кьо, гьел рикIкIинчIого, гьайбатго къачIараб жеги щуго кьо, кIиябго рахъалъан жанире ине гIатIидал болъабиги, гьезда тIад берцинал кIамуралги ругеб гьабсагIат балеб бугеб цоги цIияб стадион, кибго гьечIебгIан берцинго къачIараб росдал административияб минаялъул цебесеб гьумер…

 

МухIамадица росдае гьарулел хIалтIи рихьун, цо пуланав бечедав чияс гьесие Мерседес машина сайгъат гьабуна. Доб мехалъ гьес балеб мажгиталъул хIалтIи, цементги арматураги гIоларого, чIун хутIулеб букIана. ГIемерго ургъичIого, сайгъаталъе кьураб «Мерседесги» бичун, гьес мажгит базе хIажатал сурсатал росана. Жакъа МухIамад хIалтIулев вугеб каналалъул шлюзалда аскIоб бугеб гIатIидаб майданалде тIоцеве щварав чи гIажаиблъун-хIикмалъун, виххун хутIула. Гьесие лъугьуна НекIсияб Грециялде яги Рималде щвараб гIадаб асар. Киса-кирго чIухIарал колоннаби, аркаби, болъаби…

 

МухIамадица гьениб гIуцIун бугеб берцинлъиялъухъ балагьизе, видео-суратал рахъизе ва гьеб алжаналъуб хIухьбахъизе гьанире рачIуна, аслияб къагIидаялда, гьоркьохъеб ресалъул гIадамал, лъималгун улбул, хIалтIул коллективал… ГIадатлъун лъугьун буго, бертадул къоялда, беспилотникги гьаваялде бахъинабун, видео ва суратал рахъине, кочIол-кьурдул накъит гьабизе бахIаралгун цадахъ гьенире гIолилал ва жидерго къайи-цIаялъул рекламаялъул роликал рахъизе тукабазул бетIергьаби рачIин. Гьел тадбиразе МухIамадица гьенир чIезарун руго кинал бокьаниги ресал.

 

Гьес абуна гьитIинго жив вукIанила экстремал, гъотIол бетIерадаса кIанцIулаанила каналалъуве, гьединлъидал гьаниб бараб транплинги жиндиего бараб букIанила, амма, гьеб бан бахъиналде, жиндир 60 сон тIубанила ва гьениса гъоркье кIанцIизе хIинкъана. РухIдаллъизе живги гьавун, гIолилал рукIанила гьениса гъоркье кIанцIизе ирга щоларого.

 

МухIамадил гIадат буго гьабураб щибаб скульптурияб хIалтIуе рокьулел чагIазул цIар кьолеб. Масала, гьениб бугеб гьулакалъе кьун буго жиндирго хъизаналъул цIар, рагъиялъе-инсул, кIамуралъе-гьудулалъул, как балеб бакIалъе-исламалда кверчIвалел гьудулзабазул, буго «Кергу» фирмаялъул цIар кьураб композицияги …

 

Гъарланюрт росдал жамагIатчи Расулов МухIамадрасулица абуна, цIакъав устар гуревги, МухIамад вугила хIалтIи гIуцIиялъе гьунар бугев чиги. МахIачхъалаялда маххул нухазул тIалъиялъухъа гьес балагьанила росулъ авал мажгит базе ракь, мажгит базе изну, хIадуранила гьелъие документация, хадуб гьенибе токги газги бачанила.

 

Мажгиталда гIадамаз рарал каказул киридал гьитIинабго бутIа щванани, жиндие гIунги тIокI букIинилан абула МухIамадица.

 

Гьес разиго абуна, жинца гьабулеб скульптуриябгун архитектурияб хIалтIи жиндие цIакъ бокьулила, гьелъ жинда цебеккунго якъинго бихьулила байбихьараб хIалтIул ахиралда букIине бугеб берцинлъи, гьелъги батилила, кигIан хIалтIаниги жив свакаларев. «ГIодоб батараб кIудияб хазина гIадин, Аллагьас дир хIалбихьизе кьураб махшел-гьунаралдалъун гьабураб хIалтIухъ дица мухь босизе бегьилищ? Бегьиларо, гьаб хIалтIухъ гIарац гитти»,-ян абуна МухIамадица.

 

Гьесул гIадат буго цIиял минаби ралел чагIазе садакъаде чIобого 20-30 балясина кьолеб.

 

Росдае гьединал хIалтIаби гьарулев чиясда нахъасанги цебесанги тохаб хабар бицун, устарасул ракI къварид гьабулел ракIчIегIерал чагIиги камуларо. Гьелъие нугIлъи гьабулев цо мисал бачана гьес: «Цо нухалъ стадионалда хер бецулев вукIана дун. АскIове вачIун Идрис абулев гьалмагъас абуна: «Дуца гьабулеб хIалтIи гIадамазда бичIчIуларо, мун гIадин, чIового хIалтIулев чи киназго гIабдаллъун рикIкIуна»,-ян. Дица сабуралда жаваб кьуна: «Гьаб хIалтIухъ дие щолеб бечелъи лъалебани, гьаб хъарицелги дихъа бахъун, дуца бецилаан гьаб стадион.

 

Аллагьас нилъее кьун буго гьаб гьайбатаб ракь, дидаги тIадаб буго гьелда тIад дагьабниги берцинлъи гьабизе»,-ян.

 

МухIамадица абуна, жинца кинабго хIалтIи байбихьилалда цебе росдал бетIер Мирзалгун дандбалила. Арматура, сали, цемент босизе кумек гьабулила росдал администрациялъги ресалда ругел чагIазги. Гьединго кумек гьабулила гьудул-гьалмагъзабаз, гIагарлъиялъ, Кергъу ва Трансснефть компаниязул нухмалъулез.

 

Балясинабазул формаби ва поясал тIолеб захIматаб хIалтIи бугеб мехалъ, кумекалъе ахIулел руго гьудул-гьалмагъзаби.

 

Лъади ГIасиятида (гьес гьелде «рукъалъул прокурор» абун цIар лъун буго) гьес абула: «Радал лъикI кваназавун дун витIана, дуеги щола дица гьабулеб хIалтIул гIарцудасаги къиматаб кири»,-ян.

 

ЖамагIаталъе гьабулеб кинабго хIалтIи МухIамадица киридахъ гьабулеб буго. Гьесул гIадат буго цIиял минаби ралел чагIазе садакъаде чIобого 20-30 балясина кьолеб.

 

ТIабигIаталде гьесул бугеб рокьиялъул бицунеб цо мисал бачина. «ГIумахановкаялдаса» I5-20 метраялъ рикIкIад бугеб Тотурбий росдал ракьалда буго кIудияб миккил гъветI. Мебель гьабизе гьеб къотIилин хIинкъун, МухIамадица гьелда сверун гьабун буго балясинабазул чIухIараб чали.

 

МухIамадил буго захIмат бокьулеб, цоцалъ рекъараб, унго-унголъунги талихIаб хъизам. Лъади ГIасиятида (гьес гьелде «рукъалъул прокурор» абун цIар лъун буго) гьес абула: «Радал лъикI кваназавун дун витIана, дуеги щола дица гьабулеб хIалтIул гIарцудасаги къиматаб кири»,-ян.

 

МухIамадил лъималги руго росдаеги, гIагарлъиялъеги пайдаял чагIи. КIудияв вас ТIагьир хIалтIулев вуго росдал администрациялда, гьитIинав Темур ккола шофер, яс-Зумруд-рикIкIуней кардиолог. Гьес мукIурлъун абуна: «Лъималазул анлъабго лъимер кколила жиндир бакъги, моцIги, цIвабиги, къвалги бан, гьезда баизе щвей бугила жиндир рекIел чIоло битIараб лахIзат.

 

Гара-чIвариялъул ахиралда МухIамадица абуна: «Унго-унголъунги талихIав чи вихьизе бокьани, гьале дун дуда цеве. Дир буго бокьулеб хIалтIи, рес буго гIадамазе кумек гьабизе, буго талихIаб хъизам, лъикIал лъимал, жеги лъикIал гьезул лъимал. Санаториязде гIадамал уна хIухьбахъизе, бацIцIадаб гьаваги, гьуинаб лъимги, кибго гIурчинлъи-берцинлъиги, хIанчIазул бакъналги ругеб дун хIалтIулеб  бакI — «ГIумахановка» дида алжан бугин ккола. Аллагьасда цоги жо гьаризе нечела дун.

 

Кокрек ва Гъарланюрт росабазул бетIер Мирза Муртазалиевас абуна, гьаб хъулухъалде жив тIамураб къоялдаса нахъе МухIамад МухIамадов (Рохьосев) вугила жиндир кваранаб квер. Аллагьас кьураб гIажаибаб махшел гьес жамагIаталъе пайдаял ишал гьариялъе хIалтIизабулеб бугила. Гьесул рагIабазулъ ва каламалъулъ гьечIила «бажаруларо», «заман гьечIо» абурал рагIаби. Жидер росулъ ругел киналго чIухIун къачIарал бакIал ва архитектуриял берцинлъаби МухIамадица гьарурал кколила. Жидер жамагIатазул ва жиндирго рахъалъан бокьун бугила гьесие газеталдасан кIудияб баркала кьезе. «ХIурматияв МухIамад, Кокрек росдал тарихалда дуца тана гъваридаб лъалкI. ТалихIги, рохелги, сахлъиги кьеги дуе Аллагьас. Хъизам-лъималаздасан вохун тайги мун таманал соназ.