ЧIван хвейги гIид буго гIолохъабазе, гIалам бахилаб цIар нахъе бугони…

 

   Исана 3 апрелалда 70 сон тIубалаан хIал алжаналда батаяв гьайбатав инсан, гьунар бугев тохтур, Дагъистаналъул Верховный Советалъул депутат, унго-унгояв магIарулав Шамил районалъул Бакълъухъа Сулейманов МухIамад гьавуралдаса. Гьев нилъедаса ватIалъаралдаса 31 сон баниги, гьев лъалев вукIараз, гьесда цадахъ хIалтIараз жакъаги гIемер бицуна МухIамадил гIаданлъиялъулги, гIадатлъиялъулги, гIакълу-лъаялъулги бажариялъулги хIакъалъулъ.

 

     Дагъистаналъул пачалихъалъул медицинаялъул институт лъугIун хадуса МухIамад 6 соналъ хIалтIана Калуга областалъул Медин шагьаралъул больницаялда. Дагъистаналде тIадвуссиндал, 1981 соналдаса байбихьун хIалтIана «Талги» ва «Каспий» санаториязда, МахIачхъалаялъул бакIал ралел чагIазул поликлиникаялда. 1986-1989 соназ Сулейманов хIалтIана ДАССРалъул сахлъи цIуниялъул министерствоялъул санитарияб лъай кьеялъул рукъалъул бетIерав тохтурлъун. Кив хIалтIулев вугониги, МухIамадида сверун ракIарулаан унтарал, гьесул рагIиялъцин жал сах гьарулилан. Жиндихъе вачIанщинав чиясда разияб гьимигун дандчIвазе вахъунаан МухIамад, гIажаибго унтарасул ракI батизабулеб рагIи абизе лъалаан гьесда. Дарабаз гIадин рагIабазги гIадан сах гьавизе кIоларев чи тохтур кколарилан абулаан гьес.

 

       1989 соналъ конкурсалъул хIасилалда Сулейманов тIамуна Шималияб Кавказалда тIоцебе МахIачхъалаялда рагьараб Диагностикияб централъул бетIерав тохтурлъун. МухIамадица цIакъ жигар бахъана централъе доб мехалъ бищун цебе тIураб унтаразул хал гьабулеб оборудование балагьизе ва гьелда хIалтIизе тохтурзаби ругьун гьаризе. Щивав унтарасда рекъараб рагIи бицине ва гьезул зигара-гIарзалъухъ кIвар кьун гIенеккизе ругьун гьарун рукIана гьес диагностикияб централъул киналго хIалтIухъаби. Къокъаб заманалда жаниб гьесул жигаралдалъун Диагностикияб центр лъугьун букIана Шималияб Кавказалдаго бищун церетIурал медицинаялъул учреждениязул цояблъун.

 

Кидаго гIадамазе кумекалъе хIадурав тохтур, кидаго ракI разияв инсан Сулейманов МухIамад, ракьцояз божилъиги гьабун, 1990 соналъ Верховный Советалде депутатлъун вищана. Доб букIана кIудияб пачалихъги (СССР) бихх-биххун унеб, щибаб республикаялъухъе жиндирго законал рахъизеги букIинисеб тIасабищизеги ихияр кьураб заман. ТIалабго улкаялда байбихьун букIана пачалихъалъулаб буголъи бикь-бикьизе, хъулухъ-пишаялда вугевщинас халкъ бетIергьанаб мал жидедего буссинабизе. Гьелдаса цIакъ рази гьечIого халкъги букIана.

 

     Дагъистаналъул парламенталда гIелму-лъай бугел, хIакъикъаталдаги республикаялъул букIинеселъул ургъел батарал депутатаз «Цолъи» абураб цIаралда гъоркь гIуцIун букIана къокъа. Гьеб къокъаялъул церехъабазул цояв вукIана гIолохъанав депутат Сулейманов МухIамад. Верховный Советалъул щибаб данделъиялда гьев цеве вахъунаан халкъалъул мурад цIунун, республикаялда ругел гIунгутIабазулги, Москваялдаса республикаялъе биччараб гIарац харж гьабиялда хадуб хъаравуллъи кквезе хIажат букIиналъулги бицун кIалъазе. Кидаго МухIамадица рорхулаан Дагъистан цебетIеялъе кIвар бугел, щивав дагъистаниясул рахIат хвезабулел суалал. ГIемераб мехалъ партиялъул хъулухъалда рукIарал, советияб къагIидаялъ хIалтIун ругьунал гIадамазухъа цIигьабун гIуцIиялъул заманалъ республика цебетIезабулеб сиясат бачине бажаруларин, Дагъистаналъул хIукумат миллаталъулги тухумчилъиялъулги лъа-хъваялъулги кьучIалда гуреб, щивасул гIакълу-лъаялда ва бажариялда рекъон цIидасан бищизе кколин баян гьабулаан гьес. Халкъалъ жинде божилъи гьабулареб хIукуматалъул хIалтIи рагIалде бахъине рес гьечIилан абулаан гьес. ХIакъикъаталда гьедин букIинеги букIана. Гьеб букIана дол соназ Дагъистаналъул къисматалъул пикру гьабулевщинав чияс рокъобги къватIибги бицунеб хабар.

 

     Доб мехалъ МухIамадица бачунеб букIана телевидениялда «Дагъистаналъул медицина» абураб передача. Гьев вукIана Дагъистаналъул медицинаялъул бицунеб сахлъи цIуниялъул министерствоялъул казияталъул бетIерав редакторлъун. Сулеймановасул кабинеталда чIахIахатIалъ хъван букIана «Щивас жиндилъго вугев лагъ вачахъе», — ян абураб ахIи. Гьелъул магIна букIана нилъ киналго нилъер умумулъ гIодосанго батараб узденлъиялде тIадруссине ккей.

 

     Республикаялъул Диагностикияб централъул бетIерав тохтурлъун хIалтIулев вукIаниги, МухIамадил хIукуматалъ кьураб квартира гурони, щибго бечелъи букIинчIо. Гьев бечедав вукIана гIаданлъиялъул рахъалъ, махщел-лъаялъул рахъалъ, гьудул-гьалмагъзабазул рахъалъ. МухIамадил щибаб хIалтIул къо байбихьулаан жиндихъе рачIарал гIадамазул мурадал тIураялдалъун. ТIоцеве вихьулев чиясдаги гIумруялъ лъалев чиясда гIадин ракI рагьун кIалъаан гьев. Жинда лъалел, лъаларелилан МухIамадица киданиги унтарал чагIи ратIа гьарулароан. Жиндирго машинаги бачун, унаан гьев унтаралгун цадахъ больницабазде, гьезул мурад тIубан гурони, тIадвуссунароан. Щивав унтарасул рекIел пашманлъиги ургъелги гIахьал гьабизеги, гьеб жиндаго тIаде босизеги бажарулев, сахаватаб ракIалъул инсан вукIана гьев. МухIамадил гIадат букIана мискинав вугогIан чиясде кумек гьабиялде цIикIун кIвар кьолеб. Гьес абулаан бечедав чиясул тIалаб гьабизе нусго чи вукIуна, мискинав чиясул щивго вукIунарилан.

 

   Верховный Советалъул депутатлъунги централъул бетIерав тохтурлъунги вукIаниги, жинца тохтурлъиялъул махщел хвезе толарилан абун, МухIамад ахираб къоялде щвезегIан хьвадулаан республикаялъул хехаб кумекалъул (Скорый помощалъул) больницаялде сардил дежурство гьабизе. Жакъа, пикру гьабеха, Дагъистаналда цониги вугодай сардил дежурствабазде хьвадулев бетIерав тохтур яги халкъияв депутат-тохтур? Дица бищун гIажаиблъи гьабулеб букIараб жо буго, дежурствоялдаса хадув радал микьгоялде хIалтIуде ине ретIел хисизе вачIунев МухIамадил рукъалъул подъездалда цебе кьер букIунан магIарухъа рачIарал унтарал чагIазул. Цин иргаялда гьезул къваригIел тIубан гурони, МухIамад жиндирго хIалтIуде унароаан. ГIагараб росулъе вачIанщинахъе гьев, росу сверун, херал, унтарал гIадамазухъе ваккизе унаан, гьезие жиндирго гIарцухъ росарал дараби рикьулаан.

 

         Верховный Советалъул сессияздаги, халкъиял депутатазул мажлисаздаги Сулейманов кидаго кIалъалан сонисел тIакъсирчагIи тIадегIанал хъулухъазда теялда, тухумчилъиялда, Дагъистаналда гIадат билълъараб хIалалъ щивав хIакимчияс ирсалъе лъималазухъе хъулухъал кьеялда данде. Гьес абулаан щивав хIукуматалъул халтIуда толев чи, гьесул бажариги лъайги хIисабалде босун гурев, миллаталъухъ, тухумалъухъ, рищваталъухъ балагьун толев вугони, Дагъистан киданиги цебе тIезе гьечIилан. РитIухълъи цIуниялъе гIоло тавакалги тIамун кIалъазе цеве вахъунаан МухIамад. КIудиял хъулухъалги гьениса хъамизе щолеб гIаммаб малги кодоса иналда хIинкъарал цо-цо цIогьолал хIакимзабаз хIаракат бахъулеб букIана гIолохъанал депутатал, цоязе хъулухъал кьун, цогидал хIинкъизарун руцIцIун чIезаризе. Верховный Советалъул председателасул заместителасул хъулухъ кьолеб букIаниги, МухIамадица гьелдаса инкар гьабуна, милициялъ тIаде гIадамал риччалареб хIалтIи жиндие хIажат гьечIилан. Цинги зама-заманалдасан телефоналъ лъаларел номераздасан МухIамадихъе ахIдезе байбихьана. «БитIарабщинаб бицун дуе щай? Мун бищун гIакъилавищ? Дуе вуцIцIун чIани лъикIаб букIине буго», — ян. ЧанцIул ахIаниги, мун бихьинчи ватани, дида аскIове вачIа кIалъазеян жаваб кьун гурони, ритIухълъи цIуниялъе гIоло таваккал тIамурав МухIамадида щибго хIинкъи-къай лъачIо. Жидерго чвантилги чохьолги гурони ургъел гьечIел, нахъегIанал гъачагъазда ва гIорцIи гьечIел цIогьазда магIарул бахIарчиясул гьеб узденаб гIамал хIехьезе кIвечIо.

 

     1992 соналъул 13 февралалда къаси хIалтIудаса рокъове унев вукIарав МухIамадил машинаялде, гъоркьчIелги гьабун, нахъасан гулбузул цIад базабуна рахчарал цIукIабаз. Гьедин шагьидлъана жеги гIумруялъул 39 сон тIубачIев гIолохъанав депутат, гIумруялъулги махщел-лъаялъулги завалалда вугев тохтур Сулейманов МухIамад. Гьеб букIана Дагъистаналда ккараб тIоцебесеб чIвай-хъвей. ХIакъаб жо буго хIинкъизавизе яги вичун восизе кIваравани, гьев чIвазе вукIинчIо. Дагъистаналъе, хасго магIарул халкъалъе камуна намус бацIцIадав, лъай-гIакълуги, бажариги, таваккалги бугев ритIухъав цевехъан.

 

       Сулейманов МухIамад шагьидлъун хадуса «ХIакъикъат» казияталда къойилго гIадин рахъулел рукIана гьесда хадуб ракI унтарал магIарул халкъалъул вакилзабаз хъварал нус-нус кагъталги шигIрабиги. Сулемановасде кучIдул хъвана машгьурал шагIирзаби мунагьал чураял МухIамад АхIмадовас, МухIамад ГIисаевас, Жабраил ХIасановас, ГIабдула Сулеймановас ва цогидазги. Жакъа къоялъги Сулеймановасул бицен гьабидал, додинав чи цоги вукIунарилан бадиб магIу ххулула гьесда цадахъ Диагностикияб централда хIалтIулел рукIарал тохтурзабазулги хIалтIухъабазулги. Тохтурги депутатги кинав вукIине кколевали мисалалъе вижарав гIадав чи вукIанилан абула ракьцояз гьесул хIакъалъулъ. Сулейманов МухIамадил цIар кьун буго Бакълъухъ росдал гьоркьохъеб школалъе. Къокъго абуни, Сулейманов МухIамадил бахIарчилъиги, гьунарги таваккалги хадусел гIелазе мисаллъун хутIана. Ахиралда рехсезе бокьун буго доб мехалъ МухIамадил хIакъалъулъ хъвараб кочIол рагIаби:

 

«Мун гIадав депутатги Дагъистаналъ вищичIо,

Дунялалъул боцIи кьун, цIогьаз кверде восичIев.

ВатIаналъул цIумазулъ цIар рагIарав бахIарчи,

ХIалихьалъи бергьана мун гьечIеб шагьаралда…», — ян.