Спортсмен, тренер, гIалимчи

 
 
29 ноябралда машгьурав гугарухъан, тохтур, гIалимчи ГIали ГIалиевасул тIубалаан 85 сон. Гьев гьавуна 1937 соналда Гъуниб районалъул ЧIохъ росулъ. 
 
 
ГьитIинго эменги хун, бесдал хутIарав ГIали эбелалда ракIалда букIана тохтурлъун цIализавизе. Гьесин абуни гьитIинаб къоялдаса нахъего абулаан жив спортсменлъун вахъине вугин. Эбелалъе рекIее гIолароан васасул хабар. Гьей хIинкъун йикIана пагьму бугев вас спорталде машгъуллъун цIалиги гьабичIого чIелин. Амма ГIалица эбелалъе рагIи кьуна спорталда цадахъ цIалиги букIине бугин. Школалда цIалулеб заманалда гьесги чанго гIолиласги, авалмажгиталде рокъоса бусабиги раччун, жалго гугаризе ругьун гьаризе шартIал гIуцIана. Гьесда тIоцере гугариялъул приемал рихьизарун, малъун руго росуцоял ХIамзат ва Къурбан ХIамзатоваз.
 
 
Хехаб къагIидаялда кIудияб спорталда гъорлъе лъугьарав ва гьенир бачIинахъего лъикIал хIасилал рихьизаризе байбихьарав ГIалиевасул бергьенлъаби халкъалда ракIалда руго жакъаги. 1959 соналда тIоцебесеб разрядалъул гугарухъан ГIали СССРалъул чемпионаталда бищунго къуватал речIчIухъабазда тIад бергьенлъабиги росун вахана пьедесталалъул тIогьиве. Финалияб къеркьеялда гьесдаса къурав цIар рагIарав спортсмен Мариам Цалкаламанидзеда свакаялъ эхетизе кIолеб букIинчIо. Ургуялдаса гьев нахъе вачана кIигояс ккун. Гьеб речIчIиялдаса хадуб СССРалъул мустахIикъав тренер Сергей Преображенскияс абуна ГIали ГIалиевасул техникаялъги гьунаралъги жив асир гьавунилан. Къуватав, хIалбихьи бугев Цалкаламанидзе ГIалица тушеялда лъуравани, абизе букIанила дагъистанияв тохлъукьего бергьанилан, битIкканилан. Амма гьес Олимпиялъул чемпионасе ургуялда кьураб гIакъуба бихьараб заманалда киналго мукIурлъизе кколел ругила кутакалда къуватав ва гьунар бугев гугарухъан гIун вачIунев вукIиналъе.
 
 
Заман инелдего Тегераналда ГIали ГIалиев вахъана эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионлъун. Гьединаб гучаб къагIидаялда байбихьана машгьурав гугарухъанасул спортивияб карьера. Гьелдаса нахъе дагъистанияв гIахьаллъана батIи-батIияб даражаялъул турниразда, чемпионатазда, къецазда. ГIалиев вахъана Европаялъул, щуго нухалъ дунялалъул ва ичIцIул СССРалъул чемпионлъун. Гьоркьоса къотIичIого залалда ва ругьун гьариялъул тадбиразда лъадарарав чи вукIуна жавабчилъи цIикIкIарав, сабурав ва мухIканав. Гьединав вукIана ГIали ГIалиевги. Гугариялда цадахъ гьес бачана цIалиги. ГIалиевас гIицIго щуйил къиматазда лъугIизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институт ва хадуб Москваялъул медицинаялъул университеталда цебе бугеб оперативияб хирургиялъул кафедраялда аспирантура. 33 сон барабго вахъана гьев медицинаялъул гIелмабазул кандидатлъунги. Гьеб гIужалде щваниги, ГIалиевас спорталъулгун къо-мех лъикI гьабун букIинчIо. Ахирисеб, ичIабилеб нухалъ СССРалъул чемпионлъун вахъана гьев гьеб заманалда. Гьесул гIадинал хIасилал ругев гугарухъан тIадагьаб цIайиялда жакъа къоялъгицин къанагIат гурого ватиларо. ГIицIго ГIалиевасе битIккечIо Олимпиялъул хIаязда. Лъабго нухалъ гIахьаллъана, амма цогIаги нухалъ призалъулаб бакI щвечIо. Гьединго ГIали ГIалиевас нухмалъи гьабуна МахIачхъалаялъул больницаялъе ва Дагъистаналъул спорталъул комитеталъе.
 
 
Дагъистаналда гугариялъе кьучI лъурав чи ГIали ГIалиев вукIанилан абуни, мекъи ккеларо. Гьесухъ балагьун гIемерал гIолилазулъ бижана спорталдехун рокьи, умумуз лъимал кьезе байбихьана эркенаб гугариялъул секциязде. Доб заманалда республикаялда ГIали ГIалиевасул цIаралда рагьана гIемерал спортивиял школал, залал. Спорталъул комитеталъе нухмалъи ва гьединго тренерлъи гьабулагоги эркенаб гугари цебетIеялда сверухъ гIемераб хIалтIи гьабуна гьес.
 
 
ГIалил тIоцересел учениказул цоявлъун ккола эркенаб гугариялъул рахъалъ Олимпиялъул хIаязул гIарцул призер, дунялалъул чемпион, чанго нухалъ СССРалъул чемпион ва призер МухIамадхан ГIарациловги. ГIали Зуркъанаевич вукIанила захIмат, ритIухълъи бокьулев ва кутакалда ВатIан хирияв инсанилан бицана гьес нижее.
 
 
— Гьев жиндирго бажари-гьунаралдаса, пагьмуялдаса, машгьурлъиялдаса чIухIулароан, яхI-намусалъе хилиплъулароан. Абуларищха цо ишалъе гьунар бугев чиясухъа кинабго гьабун бажарулин. ГIали ГIалиев вукIана гьединав. Гугаризего гIадин, бакIаб атлетикаялъе, гимнастикаялъе, векеризе, кIанцIизеги цIакъав вукIана гьев. Гьебго заманалда рехун течIо цIали, вахъана медицинаялъул гIелмабазул кандидатлъун. Дир пикруялда, гьесул гIумруялъулъ рукIарал бергьенлъаби руго хIалтIулъги рокъобги, киса-кибего гIадлу-низам цIуниялъул хIасил. Гьесда цере ругьун гьарулел рукIарал нижееги щванин тола дица ГIалил гIамал-хасияталъул цо къатIра. ЗахIмат бихьичIого рахIат букIунарилан гурхIел-рахIму тун тIамулаан гьес ниж залалда ругьун гьаризе, лъадаризе. Щибаб къоялъ радал сагIат анлъгоялда хьвадулаан ралъдал рагIалдеги. Доб заманалда машгьурал спортсменал къанагIат гурого рукIинчIелъул, гьев гIемер батIи-батIиял тадбиразде ахIулаан, дандчIваял рукIунаан. Амма кигIан хIалуцараб графикалда хIалтIулев вукIаниги, тренировкабазде ГIали Зуркъанаевич цо секундалъ кватIулароан. Ралъдал рагIалдеги щолаан жиндир заманалда. Гьесие аслияблъун букIана жинда цере ругьун гьарулел гIолилаз, спорталдаго гIадин, цIалулъги тIокIлъи бихьизаби. МагIарул, гIурус ва дунялалъулго адабияталдаса захIмат бокьизе, намус-яхI цIунизе ахIулел цо-цо мисалалги рачунаан нижее гьес ругьун гьарулелъул. Залалда гIадлу-низам цIунуларев чиги гьесие данде кколароан. Цо-цо мехалъ ингилисазул тренерлъиялъул къагIидаги хIалтIизабулаан ГIали Зуркъанаевичас. ЦIакъго тIасан ккарасда щвезабизе тIилгицин букIунаан кодоб. 
 
 
ГIали ГIалиевасул цого цо вугев вас Зуркъанайида инсул бицунелъул магIу кквезе кIвечIо.
 
— Кьварараб гIамал-хасияталъул ва лъиего рокьи кьоларев чи хIисабалда лъалаан эмен гIемерисезда. Амма гьев вукIана кутакалда хIеренав, ракI тIеренав инсан. Гьеб бичIчIана дида дир лъималаздехун гьесул бугеб бербалагьиялъухъ, рокьиялъухъ балагьун. Жив вугеб бакIалда киса-кибего гIадлу-низам чIезабулаан гьес. Гьеб цIунизе ва захIмат бокьиялде куцана инсуца нижги.
 
 
— Инсул нухдасан ине хIалбихьичIищ дуца?
 
 
— КъанагIат гурого рагIичIо гьунар бугел эбел-инсул лъимал гьездаго релълъарал рахъанилан. Махщел инсудаса щвезе бегьула, амма гьунар Аллагьас кьола. Эркенаб гугариялде дун хьвадана, цеве вахъана батIи-батIиял турниразда. Амма черхалъе гIемер гIузраби кколел рукIиналъ халатккун спорталъулъ хутIичIо. Инсул гIадинаб гьунарги, битIараб бицани, букIинчIо.
 
 
— Инсул цIаралъ гIумруялда гIемер кумек гьабун батила…
 
 
— ТIоцебесеб иргаялда, гьесул вас вукIин букIана дие жавабчилъи цIикIкIараб ишлъун. Инсуда релълъаравлъун вукIине, гьесул масабалда рекъон хьвадизе хIаракат бахъана дица кидаго. Киназего мисаллъун вукIарав инсул васлъун ватиялъ гIемерал суалал, масъалаби тIураларищха. ГIумруялъул нухда кидаго хIалае ратана гьесда цере ругьун гьарурал спортсменал ва гьалмагъзаби. Мисалалъе, МухIамадхан ГIарациловас, Ихаку ХIайдарбековас гьабуна гIемераб кумек.
 
 
 
 
Сурат босана гьаниса: https://bujnaksk-gid.ru/news/sport/20-let-bez-ali-alieva.htm