ГьитIинаб росулъа – кIудияб дунялалде

 

 

ЛъаратIа районалъул Гъебгъуда росулъа, росдал колхозалъул председателасул 9 лъималазда гьоркьов ункъабилев вас философлъун вахъиналда гIажаиблъи гьабизе бегьула. Амма Рамазан лъикI лъалел чагIаз гьелда щибниги гIажаиблъи гьабуларо. РикIкIадал мугIрузда гIурав, мугIрузул кьварараб хасият жиндие насиблъарав гIолиласул рекIел тIиналда гьитIинаб къоялдаса нахъе бахчун букIана гIакъиллъиялдеги, све- рухъ бугеб дуниялалъул — мугIрузулги зоб-ракьалъулги, гъутIбузулги, инсанасулги гъваридаб цIех-рех гьабизе бугеб шавкъ. Щибаб цIияб къоялъ сверухълъиялъ жиндие рагьулел ругел гIаламатазул балъголъаби лъазе кIудияб гъира букIана гьесул.

 

  Философия динлъун лъугьине рес буго: масала-конфуцианство. Дин ккола философиялъул тайпабазул цояб. Гьелъул авторги ккола живго БетIергьан. БетIергьан ккола инсанас живго кIодо гьавизе ургъараб нилъер «тIох», живго гIодовегIанги гьавун — тIокIав щивниги кIодо гьавичIого вукIине ва лъиениги живго гIодовегIан гьавизе рес кьечIого букIине. Дагъистан гIемерисез рикIкIуна «Суфистазул ватIанлъун». Гьеб буго исламалъул нух, классикияб исламалъул философиялъул аслияб мазгьаб. Гьелъ тIибитIизабула аскетизмги рухIияб рахъги. Гьеб щущан ун, мугIрузул гьаваялда гъорлъ босун буго, гьеб буго гIадамазул гьоркьоблъиялда гъорлъги, гьелъ рихьизарула чанго гIасрабазул тарих бугел рухIиял магIданалги гьезул кIвар бугел мурадалгун масъалабиги.

  Бечедаб рухIияб рахъалъ инсан ахIула гIакъиллъиялде, гьеб ракIалдаго гьечIого тIатуна, гьитIинаб къоялдаса нахъе хасал лъугьа-бахъиназдеги гIадамаздеги гьоркьове ккарав инсанасулъ. «ХIакъикъат цIехезе бугеб гучаб шавкъалъги хIасраталъги» тIамуна жеги рагьичIел балъголъабазул цIех-рех гьабизе. МугIрул… ГIицIго мугIруз куцана ккараб бакIалда хIукму гьабизе ва цебе лъураб масъалаялъухъе ине таваккалги хIинкъи гьечIолъиги.

  Дун цIализе лъугьана ДГУялъул историкияб факультеталде. Армиялда хъулухъ тIубалаго, медицинаялъул хъулухъалъул старшина университеталде цIализе лъугьунищ? Бокьарав чиясул ботIролъе бачIунаро гьединаб пикру. Дун цIализе лъугьана заочно, факультетги цебеккараб гуро тIаса бищун букIараб. Гьеб заманалдехун дица тIадчIун гIезегIан гIакъилал тIахьал цIалун рукIана. Гьез къватIибе гьурщараб гIакъиллъиялъ дир жанисеб дунял цIезабулеб ва дида битIараб нух малъулеб букIана. «Тарих — гIумруялъул насихIатчи ккола», — ян абулеб букIун буго Цицероница. «Цебе букIаралъул цIехрех гьабулаго цIиябги лъала», — ян рикIкIунеб букIун буго япониязги. Гегелица абун буго «тарих гьечIого я инсаният, я тIабигIат бичIчIизе рес гьечIин». Дир гучаб гъира букIана щив кколев инсан ва сундуе гьев вижун вугевали бичIчIизе. Амма, дир пикруялда, цIаларабщиналдасан гьеб бичIчIизе рес букIана гьеб кинабго мухIканго тартибалда лъураб мехалъ. Амма гьеб рес кьолаан тарихалъги философиялъги. Хадубккун бичIчIана маданияталъги кьолеблъи.

  Дир рекIелъ даим хутIана инсул гьадинаб насихIат: «Гьекъолдиялъ инсанасул бетIер гIадаллъизабула, цIалдеялъ — гIакъилаблъун гьабула. ГIелмуялъул бищун борхатаб тIогьиве вахинчIого мун чIоге. Дур цIалуде гъира бугелъул, кIудияв гIалимчилъун вахъинегIан, мун цIалде. Гьабизе байбихьараб иш рехун тоге. Дур лъайги гIумруги гIадатиял гIадамазе мугъчIвалеб хIубилъун букIине биччай. Дуда гIумруги гIадамалги лъикI ричIчIула, гьезул къварилъаби-ургъалабазулги дуе ургъел букIуна. Гьединлъидал дур лъикIав нухмалъулев лъугьине вуго», — ян.

Аспирантураялде лъугьинин абураб пикру тIоцебе ботIролъе бачIана, тарихчиясул дипломги щун, партиялъул райкомалда хIалтIулеб мехалъ. Дир ракьцоязда гьединаб тIадегIанаб лъаялъул кадраби хIадур гьарулеб къагIида букIинцин лъалароан. Гьеб мехалдаго дун тIуванго машгъуллъун вукIана хIалтIи-ишалде. Амма гьеб заманалда дида хIалтIулъ гIемерал захIмалъаби дандчIвана, дир пикрабиги мурадалги церетIеялъе квалквал гьабизе байбихьана. Амма дие бокьарабги гIемер букIана — киналго хIикмалъизаризеги, дунялго кодобе босизеги, дирго талихI батизеги. Амма гIадада гуреблъидалха гьитIинаб къоялдаса нахъе киб батарабги гIакъиллъи дирго чорхолъе биччалеб букIараб. «ГIакъиллъи талихIалъул кумекчи ккола», — ян абураб кици буго Кавказалъул халкъалъул. Бищунго дие бокьун букIана дирго инсуда цеве дунго кIудияв гIезе.

Дир хъвай-хъвагIаязул даптаралда бищунго хIурматияб, бихьулеб бакIалда рукIана гьал рагIаби: «Лъай тIалаб гьабизе бугеб хIасратги гъираги — бищунго лъикIал хасиятазул цояб буго», — ян.

   Амма цIализе инеги бажари букIине кколаан — заман букIана гье- динаб. Гьедин, гIемер ургъичIого дун къватIиве вахъана МахIачхъалаялде, мацIалъул, тарихалъул ва адабияталъул институталъул директор ХIажи ХIамзатовасухъе. Дида дандчIвай гьабуна цIодорав ва гIакъилав инсанас. Лъаларо, киса дилъе гьединаб бахIарчилъиги ракIчIейги бачIарабали, жаниве лъу гьунаго абуна: «ХIажи ХIамзатович, дие гIоло я кIал кIалъазе духъе витIизе чи, я ришваталъе кьезе ша- гьи-пара дир чвантиниб гьечIо, амма кIудияб гъира буго аспирантураял- да цIализе», — ян. Гьев цо лахIзаталъ вуцIцIухIунги чIун, валагьун чIана дихъ, хадуб, гьимизеги гьимун, абу- на: «Гьедин тавакалго, чIванкъотIун дида аскIове вачIарав чи ккечIо жеги. Мун вачIана унго-унгояв бихьинчи гIадин, дицаги, бихьинчияс гIадин, дуе аспирантураялда бакI балагьи- ла», — ян.

Гьелдаса нахъе бащдаб гIасругIан заман аниги, щиб гьелъие гIиллалъун ккарабилан дида абизе кIоларо, амма гьеб къоялдаса нахъе дица кидаго гьедин гьабулаан. КIиго-лъабго моцIидасан ХIажи ХIамзатович кIалъан вачIана ва абуна Ленингра- далъул университеталъул философияб факультеталда бакI бугилан.

Дида гьев инсан киданиги кIочон толаро — гьединал гIадамаз ккун бугин инсанияталъул гIумруялъул гIуцIиян абизе бегьула.

    Дида гIемер гьикъула, щайила мун, тарихчи, аслиябгIаги философиялъул лъайги гьечIого, фило- софиялъул аспирантураялде аравилан. Лъабго курс лъугIидал дица лъай кьеялъул министрасда гьарулеб букIана дун Москваялъул ялъуни Ленинградалъул университеталде философиялъул факультеталде лъугьинавейилан. Амма гьавичIо. Философияги историяги цIакъ цоцазда хурхарал жал руго. ГIамм гьабун абуни, дир тIолабго гIолохъанлъи букIана философиялъул борхалъабазде лъолеб кIудияб галилъун. Бищун цебе медицинаялъул хIалтIи – «философияги медицинаги цогоял жаллъун» гурищ Демокритица рикIкIунеб букIараб? Жеги лъимерлъудаго рукIарал шигIраби хъвазе гьарурал хIалбихьиялги, хадубккун кечI-бакъаналдаги живописалдаги гьарурал цIех-рехазги дир рекIелъ тIабигIаталъулги хIакъикъаталъулги расенал угьараб берцинаб сурат лъугьунеб букIана. ГIадада гуреблъидалха нилъер ракь гIакъилал гIадамазул цIураб бугеб, хIакъикъаталдаги, Дагъистан буго суфистазул ватIан.

   Дандекквеха гьанже гучал, кьва- рарал мугIрулги Неваялда тIад бугеб, ункъбокIонал фигурабаздасан гIуцIараб шагьарги. Гьединлъидал дир доб мехалъ, рикIкIадаб Гъебгъуда росулъа вачIарав, тIоцебе Петербургалъул ракьалда хIетIе чIолев вугев гIолиласул рекIелъ букIараб дагьабго хIинкъиги хаган хутIиги бичIчIизе бегьула. Дица гIемер абулаан Ленингралда «Петрил шагьарилан». МагIарухълъиги, хIатта МахIачхъалаги гьеб кIудияб шагьаргун дандеккураб мехалъ, бичIчIана дида берцинлъиги батIибатIияб букIунеблъи. КIиго батIияб тIабгIалъул чи кигIан цоцазе гIагарлъизе бегьулебали бичIчIана философияб факультеталда аспирантураялъул отделалъул нухмалъулев Игорь Борисович Вишневский дандчIвайдал. Цадахъго гьес дарсал кьолел рукIана кафедраялда ва вукIана штанга борхиялъул рахъалъ спорталъул мастерлъун. Нижер бачIинахъего ракIрагьараб, божараб гьоркьоблъи лъугьана.

Дунги Кавказалда гIурав чилъидал — тIоцебесеб сордоялъго дица гьев ахIана Невский къотIноб бугеб «Кавказ» рестораналде. Гьелда ниж чIечIо, хадубккунги 2-3 нухалъниги ана гьевгун батIи-батIиял рестора- назде ва лъикIал гьудулзабилъун лъугьана. Гьесдасан лъана дида гIурус ракьалда гIурал гIадамазул рекIел гIатIилъи. Гьел рестораназда гIарац кьезеги виччалароан гьес дун, гьелдаса хадуб жиндихъего рокъовеги ахIана. Хадусеб къоялъго дие общежитиялда бакIги щвана, амма бокьараб мехалъ аниги цIияв гьудуласул рукъалъул нуцIби дие кидаго рагьарал рукIана.

  Аспирантураялъул суалги тIубазабун, лъикIал къиматазда экзаменалги кьун, дун ана ракьцоязулгун къо-лъикI гьабизе. Ва гьале дун — Гъебгъуда. Киназулгун къо-лъикI гьабулеб лахIзат… Партиялъул райкомалъ дида щибго абичIо — дирго гьениб букIараб отделалъул нухмалъулесул заместительлъиги тун аспирантураялде лъугьине ин битIараб ишлъун рикIкIунеб букIинчIо гье- ниб. ПалхIасил, жахIда гьабулев чи ккечIо, гьеб лъикIги ккана. ГIагараб росулъги ракьцоясул хIукмуялда раз- илъулев чи гIемер ккечIо. Гьедин, дир рукъалъул кIалтIа гIодов чIун вукIаго, аскIовеги вачIун вехь Сахратулаца абуна: «Дуца лъугIизабуна институт, хIалтIулев вуго партиялъул райкомалда, живго колхозалъул председательгицин хIинкъулев вуго дукьа. Мунилан абуни, кинабалиго аспирантураялде лъугьинехъин вуго. Щай дуе гьеб цIали, дуе бокьун бугеб жого щиб? Мунго балагье, дирги дурги релълъарал носкаби руго», — ян. Гьединал лъугьа-бахъиназул хIисабги гьабун, дица дагьаб хадуб гьадинал алфазалги хъвана: «Жиндирго жа- гьиллъиялъулгун гIадаб рекъелги дандеккейги инсанасул гьаб ракьалда сундулго букIунаро», — ян.

   Ленинградалде вачIиндал, дун ана аспирантураялъул отделалде. Гьениве щведал, жаниве восиялъул буюрухъалда дирго фамилиялда тIад цоги батIияб чIван бихьана. Кьварарай аспирантураялъул нухмалъулелъ абуна, тIокIлъиялдалъун философиялъул факультет лъугIизабурав щуго студент, ректорасул бихьиза- биялда рекъон аспирантураялде восун вугин. «Дуе, партиялъул чиясе, жеги тIаде бакI кьезе ккола. Исана кьечIони, тIадеялъулгIаги кьезе ба- тила», — ян. Дун ццидахана. «Дуца бицунеб щиб? Гъебгъуда Ленинград гуро. Дун тIолабго районалъго нуха регIана гьаниве. Киназдаго лъала дун цIализе аравлъи. Дица гьезда кин бичIчIизабилеб, жидецаго ахIун арав дир цIаралда тIад цоги отличникасул цIар седон батаниланищ абилеб?» — ан гьикъана гьелда. «Дун гуро гьелъул тIалаб гьабизе кколей чIужу. Дие гьелъул щибго ургъелги гьечIо», — ян кьуна гьелъги жаваб. Ленинградалде вачIиндал, дун ана аспирантураялъул отделалде. Гьениве щведал, жаниве восиялъул буюрухъалда дирго фамилиялда тIад цоги батIияб чIван бихьана. Кьварарай аспирантураялъул нухмалъулелъ абуна, тIокIлъиялдалъун философиялъул факультет лъугIизабурав щуго студент, ректорасул бихьиза- биялда рекъон аспирантураялде восун вугин. «Дуе, партиялъул чиясе, жеги тIаде бакI кьезе ккола. Исана кьечIони, тIадеялъулгIаги кьезе ба- тила», — ян. Дун ццидахана. «Дуца бицунеб щиб? Гъебгъуда Ленинград гуро. Дун тIолабго районалъго нуха регIана гьаниве. Киназдаго лъала дун цIализе аравлъи. Дица гьезда кин бичIчIизабилеб, жидецаго ахIун арав дир цIаралда тIад цоги отличникасул цIар седон батаниланищ абилеб?» — ан гьикъана гьелда. «Дун гуро гьелъул тIалаб гьабизе кколей чIужу. Дие гьелъул щибго ургъелги гьечIо», — ян кьуна гьелъги жаваб.

Гьелъулгун ккараб гарачIвариялдаса хадуб, жанахIалъусан унаго, битIахъе магIил гарал гьулчун рачIунел рукIана къватIире. Киве инев, щиб гьабилеб? Амма ккана «тIадчIун хIалтIарасе гурого икъбал гьимуларо» абураб гIурусазул кициялда рекъон. Дир пикру ккана КПССалъул ЦКялда хIалтIулей лъалей гIаданалъухъе кумек гьарун кIалъазе. Хъизаналгун цадахъ санаториялде хIухьбахъи гьабизе индал ккун букIана нижер лъай-хъвай. ГIемер вихха-хочиялъ ккараб жогицин бицун бажаруларого вукIана дун. Ва рагIана: «Москваялде вачIа», — ян абулеб.

Александра Глебовна йикIана ЦКялъул гIелмуялъул ва лъай кьеялъул идарабазул завотделасул заместителасул секретарь. Гьелъ нухмалъулесе дир ккара-тараб бицана. Гьеб параялъго гьес гьеб суалги тIубазабуна. Ленинградалде дун щвелалде дида хадуб ахIи бахъун, дун валагьулел ратана. ХIатта Дагъистаналдегицин кIалъан руго. ВачIун вахъиналде, хъата-масан аспирантураялде ахIана. Гьений дида, гьурмал кьерги тIун, дандчIвана отделалъул нухмалъулей. Гьелда лъазабун буго хIалтIул къо лъугIилалде ГIабдулатIипов жаниве восанин абураб буюрухъ хIадур гьабичIони, хIалтIудаса нахъе рехизе йигин.

  Къо бихьун аспирантураялде нух бахъун хадуб, диде тIаде бегана аслияб захIмалъи. Тарихчи-заочник, щиб гьабунги, улкаялъул бищунго лъикIазул цояблъун рикIкIунеб университет тIокIлъиялда лъугIизабурал выпускниказда хадув гъезе кколаан. «ГIелмуялъул бетIер — гIакълу, гIакълуялъул бетIер – сабру», — ян абула дагъистанияз. Дица диего гьадинаб низам чIезабуна: радал ичIго тIубаралдаса къаси ичIго тIубазегIан Салтыков-Щедринил цIаралда бугеб библиотекаялдеги ун, дидаго тIад хIалтIизе, цIалдезе. Низам дагьаб чучлъизе биччалеб букIана шамат къоялъ: радал ичIгоялдаса къаси анлъго тIубазегIан. Кафедраялъул данделъабиги лекциялги хIисабалдеги росичIого. Дие кIудияб асар гьабулаан цояздаса цоял лъикIал гIалимзабазул гIакъилаб каламалъ. Цо рагIи гъоркь течIого, дир рекIелъ даим бикIун хутIана гьез бицараб- щинаб.

   Амма библиотекаялда тIоритIулел тIубаралго къояз дир психикаялда лъикIаб кьаби щвезабуна. 12 сагIат тIахьазда нахъа рехулев дица, рекIел тIиналде хъамуна эркенав магIаруласул рухIги хIалги. Цо-цо мехалъ тIахьазда нахъаго кьижун ккун ватулаан, цо-цойин абуни, хIалицаго жаниб хIебтIун чIезабулаан, рескъотIиялъ къватIибе борчIизехъин букIараб гьаракь. Гьеб мехалъ хIажатханаялдеги ун, дун биччан гьаракьгун хъегIулаан, «унти» нахъе хъамулеб киниги. Гьелъул дагьабго кумекги кколаан. Гьединлъидал, «къобихьичIого гIелму гьечIо» абураб кици дида цIалун гуреб, бихьун бичIчIана. ГIумруялъ дида гIурусазул хъвадарухъан Лев Толстоясул рагIабиги ричIчIизаруна: «Щиб букIаниги кIудияб жо гьабизе ккани, кинабго рухIги хIалги цо рахъалдехун буссинабизе ккола», — ян абураб.

  Цоги, дие рекIеде вачIине кумек гьабулеб жо букIана волейбол. Университеталъул тIаса бищараб командаялъе гIоло анкьида жаниб кIицIул тату хвезегIан хIалаан дун. Библио- текаялъулгун волейболалъул низамалда рекъон хIалтIана кIиго соналъ. Гьеб мехалдехун лъикIаб хIасилги бихьизабуна — хъван бахъунеб диссертацияги, кIиго монографиялъе хIадурараб материалги букIана. Ро- сулъа васасе гьеб гIезегIан лъикIаб бергьенлъи букIана. Амма дие гьеб бергьенлъи щвезе ресго букIинчIо гIажаибай чIужугIадан Татьяна Бур- мистрова дандчIвачIейани. Гьей йикIана кутакалда берцинай, ракI лъикIай чIужу. АскIор ругезецин къватIибе гьурщун бачIунаан гьелъулъ бугеб лъикIлъиги, къуватги, гIакъиллъиги. Гьелъие доб мехалъ букIана 60 сон. Гьелъул дидехун — Кавказалдаса вачIарав аспирантасдехун букIана васасдехун гIадаб хинаб бербалагьи. Гьелъ дида Рамазанчикилан гурого абулароан.

Гьелъухъе гьоболлъухъе щведал, кваназе столалда нахъа, жиндирго росгун гIодов чIезавулаан дун. Хадуб гурого байбихьулароан гIелмуялда тIасан гара-чIвари. Гьеб мехалъ бичIчIана дида Кавказалъул халкъазул гIадаб гьоболлъи цогидазеги хасиятаб букIин.

Бурмистрова йикIана халкъазул гьоркьоблъиялъул кIудияй махщелчIужу. Дагъистаналдаса вачIарав дие гьеб рахъ байбихьудасанго мухIканлъана. Дица байбихьудаго абуна дирго гIелмияв нухмалъулесда дир гьелда тIад хIалтIизе кIудияб гъираго гьечIилан. Дие бокьун букIана живго инсанасда хурхараб суалалъул цIех-рех гьабизе, «щив чи кколев инсан?» абураб суалалъе жаваб балагьулев вукIана. Щиб дуда бажарулеб? Татьяна Юрьевнагун цадахъ лъугьун нижеца цIияб тема ургъана – «Халкъазул гьоркьоблъиялъул гIуцIиялда гьоркьов инсан» абураб. Гьеб букIана доб заманалда цIакъ интересаб суал. Гьеб темаялда тIасан цохIо Бакуялдаса Афранла Дашдамировас хъвараб «Инсанги миллатги» абураб тIехь гурого биччан букIинчIо. Хадуб Дашдамиров хIалтIулев вукIана дица нухмалъи гьабулеб Москваялда бугеб президентасда цебе гIуцIараб пачалихъияб хъулухъалъул академиялъул кафедраялда.

Дица хъвараб диссертация бихьидал Татьяна Юрьевнаялъ абуна: «Гьез мун кванан лъугIизавичIониха, Рамазанчик. Ахирияб 20 соналъ заман щвелелдего лъицаниги цIунун букIинчIо нижер гьаниб диссертация», — ян. Амма ГIабдулатIипов пицIгIанги тIаса вичIулев вукIинчIо, ва гьеб мехалъ гьелъ текст кьуна кафедраялъул нухмалъулев Белых Аккат Калистратовичасухъе. Гьев кутакалда гIажаиблъун хутIана заочно вузги лъугIизабун вачIарав росулъа вас киназдасаго цеве ккараб мехалъ. Гьес абуна, гьев хIадурун ватани, диссертация цIунизе виччайилан. Диссертациялда тIасан бахIс гьабуна кафедраялдаги проблемнияб группаялдаги. КъватIибе кьабун кьуна авторефератги «гIадатияв гурев» аспирантги вахъана жинцаго хъвараб диссертация цIунизе. Дица диссертация цIунулеб мехалъ, курсцоязда гьоркьоса цохIо Борис Соболевский гурого вачIинчIо. Гьев ккола полковник, гIелмабазул кандидат Игорь Собо- левскиясул эмен. Гьесие дун цIакъ вокьулаан, сундулъго кверчIвайги гьабулаан. Бигьаго букIинчIо дис- сертация цIунизе. Амма диссерта- ция цIунулеб мехалъ квекIенал гьа- рулел чагIи камичIониги, ВАКалъ дир диссертация тасдикъ гьабуна, кафедраялъул ассистентлъун тана. Гьеб мехалда дица дарсал кьолаан университеталъул юридикияб факультеталда. Гьебго заманалда гьенив цIалулев вукIана В. В. Путинги. Амма дун хIалтIулаан Чехословакиялдаса студентазул къокъагун, гьединлъидал, улкаялъул вукIинесев бетIерасулгун доб заманалдаго лъайхъвай букIанилан рецц-бакъ гьабизе дида кIвеларо. ТIоцебе гьениб щвараб лъикIаб хIалбихьиялдаса хадуб, нилъер пачалихъалъулги къватIисел пачалихъазулги анцIанцI лъикIа-лъикIал университетазда лекциял цIализе рес щвана дие. БатIи-батIиял соназда нухмалъи гьабуна батIи-батIиял кафедрабазе ва Культураялъул университеталъе. Амма Ленинградалъул университеталде жаниве лъугьиндал, дир черхалда гъаргъар бала. Дие гьеб буго цIакъ рекIее гIагараб бакIги, кIудияб гIелмуялъул къебелъиги, чанги машгьурал, кIудиял гIадамазул нухалъе кьучI лъураб кIалгIаги.

   1979 соналда, дун – гIолохъанав философиял гIелмабазул кандидат МахIачхъалаялде тIад вуссана. ДандчIвана цебегоялдаса нахъе диргун лъай-хъвай букIарав педагогикияб университеталъул ректор АхIмад МухIамадович АхIмадовгун. Гьес дица гьенир гьарурал ишазе лъикIаб къимат кьуна ва абуна сентябралдехун кIудияв преподавателасул хъулухъ кьелилан. 25 августалдехун дица кинабго хIадур гьабуна: планги, лекциялги, семинаралги. АхIмад МухIамадовичас дун кIудияв преподавательлъун тIамураб мехалъ дида битIахъе куркьбал рижана. РакIалде кколеб букIана гIумру тIегьалеб за- вал бугин: гIагараб ВатIаналде тIад вуссинги, церехун ругел хIалтIулги творчествоялъулги борхалъабазде тIавап гьабизе хиялазда вугев дунги…Амма кинабго батIайиса ккана — институтазда киналго хъулхъал рикьун рахъун ратана. Квартира щвезеги рес букIинчIо, хIатта МахIачхъалаялда прописка гьаби- зецин кIвечIо. Цинги къасд ккана Мурманскиялъул тIадегIанаб ралъдал инженериялъул училищеялде философиялъулгун гIелмияб коммунизмалъул кафедраялъул доцентасул бакIалде гьабулеб конкурсалда гIахьаллъи гьабизе. Вячеслав Масловасул кверчIваялдалъун дун гьениве ворчIана ва таваккалго цIияб гIумруялде гали лъуна.

 

(Рамазан ГIабдулатIиповасул ракIалде щвеяздаса)