Генерал

 

  

    Генерал-лейтенант МухIамад ГIабдуразакъов. Гьев щивалиги, кив хIалтIаравалиги, гьес Дагъистаналда цебе гьабураб намус бацIцIадаб хъулухъалъулги хIакъалъулъ лъаларев чи къанагIатги ватиларо. Гьединлъидал гьаниб тIадчIей гьабиларо гьев хIалтIарал бакIаздаги, гьес нахъа тараб, гIун бачIунеб гIелалъе унго-унгояб мисаллъун кколеб гIумруялдаги, бахIарчияб къеркьеялдаги. Бокьун буго Шамил районалъул ТIелекьа МухIамад ГьитIиновичасул хIакъалъулъ, комсомолазул цевехъан, ДАССРалъул Спорткомитеталъул председатель, ДРялъул МВДялъул министр хIисабалда гурев, гIадатияв инсан хIисабалда гьев вихьизавизе. Гьедин гьев вихьизавизе гьесулгун лъикIаб гьоркьоблъиялда, яги гьевгун цадахъ хIалтIарав, ялъуни, абухъего, цIамул гьир цадахъ чIикIарав чи дун гуро. Мунагьал чураяв дир инсулгун лъикIаб гьоркьоблъи букIиналъ лъалаан ниж цоцазда ва цо-цо мехалда, газеталъул хIалтIухъан хIисабалда, щолаан гьесул кабинеталде гара-чIвари гьабизе ялъуни газеталъе хIажатаб баян балагьизе, цIехезе.

 

 

    Газеталда мухбирлъун хIалтIулев гIолохъанчиясда, ай дида, гьес дандчIвай гьабулаан цIакъ адабалда, загьир гьабулаан газеталда бахъараб цо кинаб бугониги макъалаялда тIасан жиндирго пикру ва цо-цо мехалда кIалъалаан кочIол жугьабаздалъун. Кида щваниги гьесул столалда тIаса камичIого букIунаан магIарул газета ва бихьулеб букIана гьев творчествоялдехун цIайи бугев чи вукIинги. «Рокъобе кагъат» абураб жинцаго гьабураб кечI хIеренго цIалулеб мехалда, дун гIажаибго гьесухъ валагьун хутIиги халлъун, гьес абуна: «МухIамадхIабиб, дун министр вугониги, дудаго гIадаб ракIха дидаги бугеб», — илан.

Гьесул гIадат букIана, нахъе унелъул, цо кинаб бугониги сайгъат кьолебги. Гьесул гьединаб хасият букIинги лъан, иргадулаб нухалда дие цо щиб бугониги сайгъаталъе кьезе жо балагьулев гьев вукIаго, щвараб ресалдаса пайда босилин вукIун ватилаха, дица гьесда абуна, дун милициялъул хIалтIухъан вугин абураб удостоверение щайин дие кьоларебилан. Доб букIана дица машина босараб заман ва хIажат букIана, ГАИялъулаз чIезавидал, гьезда бихьизе «корочка». Дица гьедин абидал, МухIамад ГьитIиновичасе цIакъ кеп щвана ва, хIажалъи ккани жинхъе ахIейиланги абун, «сайгъатги» кьечIого, дунги нуха регIана. Хадуб дир инсуда абун буго гьес, халкъ законалъул нухдасан хьвадизе малъулев жив дур васас закон хвезабизе тIамулев гурищин вукIаравилан.

Гьелдаса нахъе лъикIаланго заман гьоркьоб индал, иргадулаб нухалдаги щвана гьесухъе ва, нахъе унелъул, дица абуна дурго гIумруялъулги хIалтIулги ракIалдещвеязул тIехь щай хъваларебилан. ЛъикIаб пикру бугин абун гурони, гьес мухIканаб жаваб кьечIо. Амма заманалдасан пуланав чи витIун вачIана редакциялде, кIиго-лъабго папка цIурал кагътал, материалал, батIи-батIиял газетазда рахъарал макъалабиги росун, МухIамад ГьитIиновичас абунин гьазухъ балагьейиланги абун. ПалхIасил, тIаделъана тIехь гьабиялъе диргоги бутIа лъезе ва гьеб мурадалда, хIажат бугониги гьечIониги, хьвадана министрасухъе. Дие, гIолохъанчиясе, кIудияб жо букIиндалха министрасухъе ин. Гьедин лъана дида МухIамад ГьитIиновичасул гIумруялъулги, захIматалъулаб нухалъулги, баччизе ккараб бакIлъиялъулги, бихьараб гIакъубаялъулги хIакъалъулъ цо-цо бутIаби.

 

 

Эбел

 

Нахъа чи гьечIого кIудияб борхалъиялде вахарав МухIамадица абулаан жив кидаго налъулав вугин эбелалъе. Эбел Хъандулалъул бицунеб мехалда, кьварарав генерал вугониги, гьесул бадиб магIуцин ххулулаан.

— Рагъда росги чIван къороллъуда хутIарай эбелалъ тIолабго гIумру кьуна лъималазе гIоло. Дун гIадамалъе вахъинавиялъе, дие лъай щвеялъе гьелъ тIунщинаб гIетI, рорчIанщинал сардал. Гьелъул хIакъалъулъ бицен гьабизеги кIоларо араб заманалда гIадин. Дун чIаго вугебгIан мехалда гьей кидаго дунгун йиго. Нилъее хириял гIадамал холаро, гьезул хIакъалъулъ бицен лъугIуларо, гьезул цIарал лъола цIи гьаруразда. Дир пикрабалъги кидаго йикIуна эбел. Гьелъие цIакъ бокьулароан гьереси, хиянатлъи, чIухIи. Гьелдаса мисал босун хьвадизе хIаракат бахъана дицаги ва гьедин малъула лъималаздаги. Амма кигIан хIаракат бахъаниги эмен ракIалде щвезавизе, ай гьесул сипатсурат цебе чIезабизе кIоларо. Лъимерлъун вугеб заманалда дица гьев чIаго вугиланги толаан. Инсул бронь букIаниги, ана гьев рагъде. 1942 соналда лъукъун хадуб, гьев отпускалъ рокъовеги вачIун вукIун вуго ва фронталде тIад вуссун унелъул лъадуда, ай дир эбелалда абун буго: «Хъандулай, дун чIаго вачIинин кколаро. Фронталда цIакъго захIматаб ахIвал-хIал буго. Дун тIад вуссинчIони, дур цIобалда хутIула васги кIиго ясги. Васасе лъай кье, гьев цIализаве», — ян.

Киданиги кIочонаро эбелалъул букIараб захIматаб гIумру. Къад къоялъ колхозалдаги хIалтIун рокъое ячIарай гьей, къаси ворчIанщинахъе дида юкъарулей ятулаан. Росулъ ункъо класс лъугIидал, вачун дунгун, лъелго, чанго къоги нухда бан, щвана Буйнакскиялде ва, инсул амруги тIубазабун, цIализе кьуна. ШигIраби, назмаби гьаризе махщел букIараб къагIидаха эбелалъул, рос хванин абун хабар бачIиндал гьелъ гьабураб магIуялъ жакъаги черх цIунцIрахинабула, — ян бицана мунагьал чураяв МухIамад ГьитIиновичас ва рикIкIана эбелалъ гьабураб гьаб назмуялдаса цо чанго мухъ:

 

 

 

 

 

Дир лачен рагIула гIурус ракьалда

 Тушманасул гуллид керенги борлъун,

Дир гьудул рагIула Удироялда

Керен-ракI унтарал кагъталги ритIун.

Дуца дий гьабураб къотIи букIинчIищ

 Лъималазухъе мун чIаго вуссинин,

Дуца дие кьураб рагIи букIинчIищ

 Рагъда чIел босараб богун вачIинин.

Лаченги чучула чи гIемерлъани –

 ЦIикIкIунищ дуй ккараб тушманасул хер?

 Чаранги гьацлъула цIа гьалаглъани –

 Командир вукIиндал бухIийищ щвараб.

Зоб гъугъан гъегъ байги Германиялде

Чан рокъов къанагIат къанщизавурав?

 ХIарул гIорал щваги дол фашистазде

 Чанги гъуждул гургин гуллид ворлъарал…

 

  

    Буйнакскиялъул интернаталде цIализе лъугьарав, къинтI гIурус мацI лъаларев МухIамадие цIакъ захIмат букIана. Гьес чанго нухалда къасдцин гьабуна рокъове тIад вуссине. Амма гьеб параялъго цере тIамулаан эбелалъул берал, ракIалде щолаан «васасе лъай кьеян» инсуца гьелъие тараб васият. Гьесда бичIчIулаан инсул цIаралъе мустахIикъав васлъун вукIине кколеблъи. Гьев хилиплъичIо инсул васияталъе: цIалана, хIалтIана, хъизан гьабуна ва, гIемераб гIетIги тIун, яхI-намусалда хIурги хъвазе течIого вахана борхалъиялде.

Эбелалъулги, яцазулги, хъизан-лъималазулги бицунеб мехалда кьварарав ва къамартIав офицер тамахлъун унев куц бихьидал, унго, генералгидай гьадинав вукIуневилан кколаан ракIалде. ХIакъикъаталдаги гьев вукIана, кьвараравго гIадинав, тамахавги инсан. Гьединав вукIинчIевани, кин гьес хъвазе букIараб жиндирго хъизан ПатIиматиде гьадинаб кагъат:

 

  

Босе кагъат, салам Дагъистаналде,

Дир ПатIиматихъе кодоб щвезабе.

 Бице гьелда дир хIал, хIеренго кIалъан,

ХIасратго урхъун дун абе вугилан.

Абе ияхIалда кIиго бал бугин,

Бице ияхIалда кIиго ракI бугин.

ИяхIги, намусги ва гIаданлъиги

 Бице, нилъедаго гьеб бараб бугин.

ПатIимат, гьаб гIумру гIемер захIматго

Зулмаби рахIатги цоцалъги жубан,

 Сардал-къоял сверун, лъагIелал лъугIун,

ГIисинаб бакъаналъ къокъунеб буго.

 ГIумруялда гIадан ващадав гьечIо

 Щуябго гьал килщал квералда гIадин.

Гьаб дунялалда тIад, лъан букIа дуда,

 Лъим тIад биччанилан махх кунчIуларо.

 ГIадамасулъ цебе яхI-намус бихье,

БитIараб магIарул тIабигIат борце.

 Берцинаб, гьуинаб гьоболлъи цIуне,

Гьабизе кколелъуб хIурмат рехуге.

 РахIатаб гIумруги гIолареб рахъги

 ГIадан урхъуледухъ хьвадизе гьабе.

Гьелъие ругьунай нилъер эбелалъ

 Малъараб куцалда гьабе дуниял.

 Бералги данде къан дун къанщаравго

 

    Гвардия чIолаха дадаян цебе. Къаси кьижун макьу дир гьезий буго, Радал вахъунелъул канлъи гьел руго. Кин вугев, кIудияв дир ХIажимурад? ХIелаб гIаламалъул гIадан вугищ гьев? Рокъоб-къватIиб хIурмат букIунищ гьесул? РекIелъги бадибги цIа бугищ гьесда? ЦIертIа вилълъунаго гIодов кколищ гьев? ГIолохъанчиясгIан чодул бицунищ? Шамилил хвалчадул ва херав инсул Щиб лъалеб, ПатIимат, нилъер васасда? КIудияв чи тIаде вачIараб мехалъ ХантIан вахъун чIезе лъалебищ гьесда? Семичкаги чIучIун, чIартал ракIарун ЧIобогояб рокъов живго чIолищ гьев? ЦIалулъ нахъе ккарав, гIадан тIурарав ГIоркьилав вахъине вугищ васасул?

 

 Советияб Армиялде хъулухъ гьабизе инчIого чIезеги рес букIана ГIабдуразакъовасул: жийго хутIарай эбел, рагъда чIварав эмен. Амма МухIамад вукIинчIо кьерун чIолезул мухъилъ. Гьев ана эбелалъухъе ва бицана мурад. Эбелин абуни хIинкъун йикIана гьев Германиялде ккелилан. Немцал, церего гIадин, гьелъ тушбабилъун рикIкIунел рукIиндалха. Кин батаниги, эбел мукIур гьаюна ва… МухIамадги хъулухъ гьабизе ккана Германиялде…

 

 

 

Вас – генерал, эбел – маршал

 

 …Гьелдаса хадуб, ай батIи-батIиял идарабазда цIалун, хъулухъазда хIалтIун, ГIабдуразакъов вачIана МВДялде.

 

Байбихьуда гьес хIаракат бахъулаан милицформаги ретIун эбелалда вихьичIого чIезе. Амма гьесда бичIчIулаан кида-къадги гьелда вихьичIого хутIизе гьечIеблъи. Гъежда-кIичIалги ран тIоцеве гьев росулъе вачIиндал, эбелалъ дандчIвай гьабуна цо рокьукъго. Шагьаралда кIудияв начальниклъун, тIубараб республикаялъул МВДялъул хIакимлъун вукIун ватани, гIагараб рокъоб, эбелалъе гьев вукIана гьадавго лъимер.

— Кин дуда кIвараб гьеб иш гьабизе? Дуда лъалаангури дие мун рагъулав хъулухъчилъун вахъине бокьун букIинчIеблъи! Яги дир рагIи гьанже кIиго кепкил багьа гьечIеб бакIалдейищ ккун бугеб? Щай дуца гьеб иш гьабураб? — ян цIехана эбелалъ.

— Дун армиялда хъулухъ гьабулев гьечIо, милициялда хIалтIулев вуго. Гьебин абуни думалъго батIияб иш ккола. Гьебги цо лъица букIаниги гьабизе кколелъулха, — ян вацIцIаризе лъугьана МухIамад.

Амма гьесул гьел рагIаби гьелъие хIажат рукIинчIо. РекIел тIиналда цо гьитIинаб тIанкI къварилъиялъул хутIана гьелъул вас жиндихъго гIенеккичIолъиялда бан. МухIамадил цIараз, чиназ, шапакъатаз тамах гьайизе кIвечIо гьей. Гьелъие гьел хIажатги рукIинчIо.

Цо кинав вугониги хIакимгун рокъове щведалги, эбелалъ тIоцебе гьикъулаан щай дир васас гьаб къисмат тIаса бищарабилан. РехсечIого гIоларо цо интересаб лъугьа-бахъинги. ГIабдуразакъовасе генерал-майорасул чин кьун бугин рагIидал, росуцоял, гIагарлъи, гьудул-гьалмагълъи бачIун буго эбелалъухъе:

— Ниж дур васасда генераллъи баркизе МахIачхъалаялде унел руго, Хъандулай, цадахъ йилълъинарищ? — ан абун буго гьез.

— Дир васасе генераллъи кьун батани, дун гьесие маршал ккола. Виччанте гьев дихъе вачIине, — ян жаваб кьун буго эбелалъги.

— Эбелалъ абураб бициндал, тIаде рачIаразда ккун букIун буго дун ракI бекун лъугьинин. Амма дие гьелъул рагIабаз кеп щвезабуна. ХIакъикъаталдаги гьединаб кьварараб гIамал-хасият букIана эбелалъул. Гьей кидаго йитIарайги йикIана. Дун цогидазе генерал ватаниги, эбелалдаса тIадегIан лъолеб жо дир щибго гьечIо. Ана росулъе, «чурана» цIваби. Эбелалъги хIал лъараб жо бихьизе биччачIо, — ян бицунаан мунагьал чурадица. — ГIезегIан захIматаб, гIакъуба-къварилъиялъулъ буцараб гIумруялъ гьаюна дир эбел кьварараб гIамалалъул гIаданлъун.

ВукIинчIо гьелъул цониги вац. Эмен хвана хеккого. Гьезул нахъе хутIун рукIана ункъо яц, ункъо бесдалал. Хъизаналъул тIолабго бакIлъи бегана гьелъул гъуждузде. Эменги гьечIого цин яцал, хадуб росги гьечIого ниж гIумруялде рахъинаризе ккани, бихьараб гIакъуба-къварилъиялъул, кигIан бицаниги, гьанжесеб гIелалда бичIчIи щакаб жо. Эмен хваралдаса цогидасухъ балагьияли киса гурин, росасухъ бараб чIегIер тIаса бахъичIо гьелъ. Дица гIемераб гьарулаан гьелда гвангъараб, гIатIидаб, рекъон кколеб горде ретIейилан. Киса? Гьей йикIана хиянатлъи, хилиплъи хIехьезе кIоларей гIадан. Цо нухалда дица эбелалда абуна, гIумруги хисун бугин, мунги хисизе ккелин. Гьей хичун ячIана ва гIумру гуреб гIадамал хисун ругин, божилъи лъугIун бугин кьуна жаваб.

— Гьеле нуж, коммунистал! Нуж бихьиналищ кколел? Сталин чIаго вугеб мехалда гьесие какал ралел рукIунаан, гьев хведалин абуни кьурун руссун чIана, — ян тIадеги жубана.

Гьале гьединай ритIухъай, кьварарай, гьитIинаб жоялъулъцин хилиплъи хIехьоларей эбел йикIана дир.

Эбелалъул, лъадул, лъималазул бицун гIорцIулароан МухIамад ГьитIинович. Цо-цо мехалда дида ракIалдецин кколаан хъизамалъул гурони батIияб мацIго лъаладай гьесдайилан. ГьедигIанги ритIухъав вукIана гьев хъизамалъеги, Дагъистаналъеги, улкаялъеги.

 

Рокъобе ругьел

 

 

ГIемерисеб заман хIалтIуда, командировкабазда тIамулев чи вукIиналъ къанагIат гурони щолароан рокъове. Амма дагьабниги эркенаб заман ккедал хъизан-лъималазде ракI чучулаан шигIрабаздалъун. Масала, вас гьавураб къо баркун рокъобе хъвараб гьесул кагътида руго гьадинал мухъал:

 

Боржа, боржа, кагъат, Дагъистаналде,

Дир ХIажимурадий саламги босун.

Инсуца гьавураб къо баркулилан,

Кверги ккун, къвалги бан баэ васасда.

Борхатаб магIарде гIадраги дий мун,

Гъваридаб кIкIалахъе гучаб иццги мун.

Лъадари рекъараб къолденги мун дий,

Къварилъи чучизе рохелги дий мун.

Мун гьавураб къоялъ бакъ дий гвангъана,

Мун гьавураб къоялъ къуват цIикIкIана.

ЦIорораб дуниял дие хинлъана,

Херай эбелалъул мурад тIубана.

ТIегьараб, гьайбатаб, гьуинаб тIокIаб,

Гьудуллъи хирияб, херал рокьулеб.

Кьалулъ, рагъулъ гьунар, ияхI цIикIкIараб

Берцинаб гIумру дуй гьарула дица. ХIажимурад!

ГIумру гIадада уна Ургъелги, хIурматги, яхIги гьечIони.

ЦIалуйги, хIалтIуйги хIал бихьичIони,

ХIеренлъи, гьоцIолъи гьорой биччани.

Гьуинаб дуниял дие кьогIлъула

Къо ккедал хIукумат дуца кквечIони. Кьварараб хасият чорхолъ гьечIони, ХIелхIеди, гьерсилгун гьудуллъи ккуни. ХIажимурад! ГIадан цIакъ инжитлъула Вижараб ракь, росу, мацI кIочон тани. ГIагарал, божарал, вац-яц лъачIони, Нилъер умумузул гIадат рехани. ХIажимурад! Дунял дуй чIегIерлъула Эбел-инсул хIурмат борхат кквечIони. ЧIалгIаде сверулев саяхъ вахъани, Бицараб рагIуе мун хилиплъани. ХIажимурад! РагIи магIнаялъ тола, ЦIаги, ракIги, биги бащад гьечIони. Босе, дир вас, кодоб кинабго лъикIаб, ТIекълъи, мекълъи, мацIал, цIогь добегIан те. Борхатго ккве дуца черхалъул намус, Чияде иман лъун тохго хьвадуге. КIудияв вацасда тIадал ишазул ГIоркь вацасда кквезе хIаракат бахъе. Барка, ХIажимурад, мун гьавураб къо, Босе инсул рахъалъ урхъараб салам. Гьабе, дир вас, дуца вацасул тIалаб, ЦIуне ясбер гIадин яцалъул намус!

 

ХадурагIи

ГIезегIан хIалуцараб заманалда республикаялъул Жанисел ишазул министерствоялъе нухмалъи гьабизе ккарав чи вукIиналъ, ГIабдуразакъовасде тIаде бегараб гьир букIана цIакъго бакIаб. Амма гьес киданиги хIаракат бахъичIо гьеб гьир жиндасаго хъущтIизабизе. Киданиги гьабичIо чияда цебе хIал лъараб жо. Гьединал лахIзатазул бицунеб мехалда, МухIамад ГьитIиновичас абуна:

— Дир гIумруялда жанир гIезегIан рукIана рохаралги пашманалги къоял. Амма дица дунго талихIав чилъун рикIкIуна. Щайин абуни, дица кIвараб хIаракат бахъана хIалихьатаб, къадараб иш гIумруялда жаниб ккезе биччангутIизе. Щибаб гали тIамуна магIаруласул чилъиги чаранлъиги чучлъизе течIого.

Хъулухъазе гIоло хIеличIо, хIакимлъи къваригIун хьвадичIо, дирго намус-яхIалда чIегIераб ланг лъезе течIо, чIухIи-пахрулъи рекIелъе лъугьине биччачIо. Дир гIумру ана бихьинчилъи борцунеб роценги умумузул ирсалъе мустахIикъав вукIиналъул даражаги цIунун.

ХIакъикъаталдаги МухIамад ГIабдуразакъов вукIинчIо рецц-бакъ къваригIарав чи. Дагъистаниязда лъала гьев щивали, ва лъала гьес республикаялда гIадамазул парахалъи цIуниялъулъ, гIодобе биччараб ахIвал-хIал букIинабиялъулъ лъураб бутIа.

 

 МухIамадхIабиб МАХIАТIОВ