АхIмадил тIерхьунареб цIва

 

   Гьаб соналъул 4 январалда 60 сон тIубалаан РФялъул БахIарчи полковник АхIмад ТIинамухIамадович МухIамадов гьавуралдаса. Амма гьев нилъедаса ватIалъаниги, гьесул цIарги ишалги гIасрабаз мисаллъун хутIила халкъалъул рекIелъ.

  Щивав чиясда гIумруялъул нухда дандчIвала батIи-батIиял гIадамал. Амма руго цо-цо гIадамал киданиги сунцаниги хъвагIан унарел лъалкIал гIумруялъулъ нахъе тарал ва гьелдалъун цогидаздаса тIубанго батIиял. ГIумруялъулъ нилъеда дандчIварав щивав чияс нилъер рекIелъги тола лъалкI, дунялалда нилъ ругебгIан мехалъ кIочон толареб. ГIедегIун унеб гIумруялъул батIи-батIиял лъугьа-бахъиназул, хиса-басиязул заманалда нилъеда гьел ракIалде щола ва кIутIбуз щурун абула баркалайилан.

   Нилъеда тIадаб буго гьединал гIадамазул кIванагIан цIикIкIун къимат гьабизе, кIудияб баркалагун гьезул хIакъалъулъ ракIалдещвеял рекIелъ цIунизе, цIидасан гьезул лъикIал ишал нилъер беразда цере паркъолел ругел кинигин. Руго гIадамал жидер гIумруялъул лъалкIаз нилъ битIахъе хIикмалъизарулел, гьединазул заманалда, гьезда цадахъ гьаб ракьалда гIумру гьабизе рес къисматалъ сайгъат гьабун букIиналдаса нилъ рохизеги чIухIизеги кколел.

  Дие гьединав чилъун вукIана ва дир гIумруялъул къоял ахиралде щвезегIанги хутIизе вуго Рилъаса АхIмад. ХIакъикъаталдаги дун хIикмалъизе гьавула гьесул букIараб инсанасулаб гIаданлъиялъги хъулухъ-ишалъулаб махщел-гьунаралъги. Мунагьал чураяв АхIмад дир рекIелъа киданиги ине гьечIо, гьев вукIиндал гIадамал бахилаб гIамал-хасияталъул, гIадамасул къварилъи-гIатIилъи бичIчIулев, ритIухъав ва ракIбацIцIадав чи. Дида ракIчIун абизе кIола, АхIмадил гIагарлъиялъулги, гьудул-гьалмагъзабазулги ва лъалел-хъвалезулги гьединабго пикру бугилан.

  Гьале 12 сон тIубана АхIмад ТIинамухIамадович МухIамадовасул гIолохъанаб гIумруялъул соназул рахсил гIекI гIасияб лъугьа-бахъиналдалъун тIуралдаса…

    АхIмад гьавуна 1962 соналъул 4 январалда ЧIарада районалъул Рилъаб росулъ, хIажизабазул наслабазул хъизамалда, ичIабилеб лъимерлъун, лъабабилев васлъун. Гьев гьавураб къоялъ инсул рохалие букIинчIо гIорхъи, гьасул лъугьинин чиян кодовеги восун абуна инсуца, цо гIумру бокьилаан гьав васасул щив чи лъугьунищали балагьизе. Гьесул эмен ТIинамухIамад вукIана КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи. Эбел Таибат йикIана гIадатияй, хIеренай магIарулай. АхIмадида цIар тун букIана гьесул инсул кIудияв инсул хIурматалда. Рилъаса цIар арав гIалимчи АхIмадхIажи XIX гIасруялда цIалун вуго ГIурада росулъ цIар рагIарал гIалимзабазда цеве. Гьесул гIумру ун буго мутагIилзабазда гIелму малъулаго. Гьев вукIун вуго ГIириб росулъ дибирлъун. Гьениве гьесухъе гIелму цIализе вачIун вуго жиндир баркат щваяв Багинуса ШугIайбапанди. ШугIайб-апандияс «ТIабакъатул Багини» абураб тIехьалда хъвалеб буго жинда бищунго кIвар бугел гIулумал малъанила ГIирив дибирлъун вукIарав Рилъаса АхIмадхIажи дибирасилан. Гьеб букIун буго 1884 сон. Лъабго соналда жанир АхIмадхIажиясда цере Багинуса ШугIайбапандица цIалун руго «ЖамгIул жавамигI», «Муназарат», «ГIилмул вазгI», фикъгьи, хIадисгIелму, тафсир. АхIмадхIажи хвана 1916 соналъ. Бицуна АхIмадхIажиясул цо-цо караматазулги. Жиндир тухумалъул гьев цIар рагIарав гIалимчиясул гIумру кидаго мисаллъун букIана АхIмадие.

   Советияб Армиялда рагъулаб хъулухъги тIубазабун, АхIмад МухIамадов лъугьана ихтиярал цIунулезул идараялде, Советский РОВДялда ППСМалъул милиционерлъун хIалтIизе. Гьелдаса хадуб гьев цIализе лъугьана Астраханалъул милициялъулаб гьоркьохъеб хасаб школалде. Гьебги лъугIизабун, АхIмад хIалтIана милициялъул участкаялъулав инспекторлъун. 1991 соналда гьев ана уголовнияб розыскалъул оперуполномоченныйлъун хIалтIизе. Гьебго соналъ цIализе лъугьана Россиялъул МВДялъул Ростовалъул тIадегIанаб школалде.

   Цо лъагIалидасан Советский РОВДялъул нухмалъулез гьев тIамуна уголовнияб розыскалъул кIудияв оперуполномоченныйлъун. Цинги, кIиго соналдасан гьев вахъана райотделалъул ОУРалъул начальниклъун.

    2001 соналъул июлалда АхIмад тIамуна Ленинский РОВДялъул криминалияб хъулухъалъул начальниклъун. Гьеб хъулухъ гьес тIубазабуна ункъо соналъ. Гьелдаса хадув, гьев тана цевеги жив хIалтIулев вукIараб Советский РОВДялъул тIолабго отделалъул начальниклъун. Гьеб хъулухъалда кIиго соналъ хIалтIун хадув, АхIмад тIамуна МВДялъул Дагъистан Республикаялда бугеб Уголовнияб розыскалъул управлениялул начальникасул хъулухъалде. Уголовнияб розыск букIана МВДялъул идарабазде хIалтIизе лъугьа ралдасаго гьесие рекIее гIураб иш. Щун букIана лъикIаб хIалбихьиги.

   КIиго соналдасан полковник АхIмад вачана МахIачхъала шагьаралъул УВДялъул нухмалъулевлъун хIалтIизе.

    Хасго гьеб хъулухъалда гIолохъанав полковникас бихьизабуна рекIее бокьун жиндица тIаде босараб захIматаб, амма хIурматияб ишалдехун тIадегIанаб жавабчилъи. РакIбацIцIадго хIалтIиялъги хIалбихьи соналдаса соналде камиллъулеб букIиналъги гьесул бажари-гьунар цIикIкIунеб букIана. Аслияб жо, гьев вукIана гIадамазул ихтиярал цIуниялъул идарабазда хIалтIизе вижарав гIадинав хIинкъикъай гьечIеб, къвакIараб гIамал-хасияталъул офицер. КигIанго захIматаб, хIатта кьвагьа-гIанхъиялде ккараб ахIвал-хIалалдаса живгоги цадахъ тIадкъай тIубазабулел идарабазул хIалтIухъабиги рорчIиялъе ресал ургъизе бер къапичIого къеркьезе нахъе къаларев вукIиналъги къадру борхун букIана АхIмадил. Хасал тадбирал байбихьилалде цебе гьес лъикIаб хIасил кколеб хIалалъ хIадурлъи гьабулаан. АхIмадица кидаго пайда босулаан гIемерал соназулаб хIалбихьиялдаса.

   2008-2009 соназда ДРялда бугеб Жанисел ишазул министерствоялъ ДРялда бугеб Россиялъул ФСБялъул Управлениялъгун цадахъ кIвар бугел ва пайдаял тадбирал тIоритIана балъго хIалтIун терроралъулал ишал гьаризе хIаракат бахъулел бандитазул къокъабазде данде ва гьел тамихIалде цIаялъе.

   Милициялъул полковник А. МухIамадов гIахьаллъана Дагъистаналъул ракьалда бетIер борхун, халкъалъул рахIат хвезаби гуребги, чIвайхъвеялъул нухде лъугьарал бандазул анцI-анцI кIудиял къокъаби къватIире загьир гьариялъе оперативиял планал хIадур гьариялъулъ ва тIокIаб бетIер борхуларедухъ тIубанго тIагIинариялъулъ.

   Гьединаб къагIидаялъ, къойидаса къойидейин абизе бегьуледухъ цIикIкIунеб букIана къватIисел пачалихъазул гIарцулаб кумекалдалъун яргъид гIуцIарал бандитазул къокъабазде данде АхIмадил къеркьей.

    2010 соналъул 5 февралалда къаси гьел нахъегIанал чIвадарухъабаз къабихIаб къасд гьабуна гьев гIумруялдаса ватIа гьавизе. Гьелъул хIасилалда гьесул черхалда лъуна чанго гуллил ругъун, хвалдаса хвасарлъизе рес гьечIеб хIалалда лъукъ-лъукъун вугев гьев бахIарчияв полковник МахIачхъалаялъул больницаялда хвана. Гьеб балагьаб сордоялъ АхIмадида цадахъ къадаралде щвана гьесда цадахъ хIалтIулел рукIарал магIарул гIолохъаби: милициялъул кIудияв сержант ХIамзатов ГIабдула (Гъуниб район), милициялъул кIудияв сержант СайгидмухIамадов ХIайбула (Гумбет район), мухъилав милиционер ХIажимухIамадов Шамил (Хунзахъ район). Аллагьас гьезул мунагьал чураги! БетIергьанас алжан кьун рази гьареги киналго!

   АхIмад чIвазе 2005 соналъги къасд гьабун букIана такъсирчагIаз, доб мехалъ гьев лъукъун ворчIана. АхIмадида жиндагоги лъалеб букIана жинда хадур лъугьарал гIадамал рукIин, жив чIвазе бокьарал чагIи рукIин, амма хIинкъи щиб жояли лъалев чи гьев вукIинчIо. ТакъсирчагIазде данде къеркьезе щибаб къойил хIалтIуде вахъунев чиясда гьеб кин лъалеб. ХIинкъи лъалев чи гьев вукIаравани, кинаб букIинаан гьесул хIалтIул хIасил? Гьев вукIана кидаго цогидазул тIалаб гьабулев чи, аскIор ругезул тIалабагъаз гьабулаан гьес кидаго. ГIадамал рокьулеб гIамал-хасияталъ гьев регIичIо жиндирго ургъел гьабизе.

   АхIмадие цIакъ хириял рукIана хъизан-агьлу, гIагарлъи, росу-жамагIат, гьудул-гьалмагъзаби. Гьезул киназулго ракIал лъукъана АхIмад ватIалъиялъ. Гьалгощинал сонал аниги, рагIабаздалъун загьир гьабизе бажаруларо АхIмад ватIалъиялдалъун ракIазулъе рещтIараб пашманлъи.

     Яц ГIайшатица гьадин ракIалде щвезавулев вуго вац: «АхIмадида лъалаан гIадамазулгун гIамал рекъезабизе, гьитIиназе кIудиявлъунги кIудиязе гьитIинавлъунги вукIине. Гьев гIуна хIеренавлъун, хIалхьи лъаларевлъун, росдаего даим хIалай ватулевлъун. Гьес кидаго эбел-инсул адаб цIунулаан, гьезул малъа-хъваял дурусго тIуразарулаан. Гьилиб росулъ школаги лъугIизабун, АхIмад армиялде ана. Армиялдаса командирзабаз рачIунаан гьединав вас гIезавуралъухъ эбел-инсуе баркала кьурал кагътал. АхIмад армиялдаса щваравго, МахIачхъалаялде милициялде хIалтIизе ана. ХIалхьи лъаларев, тирияв, къвакIараб ракIалъул инсан вукIана АхIмад. Кив хIалтIаниги, тIадкъараб иш ракIбац1цIадго тIубалев вукIиналъ кIвана АхIмадида жиндирго цIарги къимат-къадруги цIунизе, гIадамазе хириявлъун, къиматавлъун вукIине. Аллагьасеги ватаги гьев хирияв, Иншаллагь».

Яц ГIайшатица, АхIмад хвеялда бан, гьабураб кочIодаса гьитIинабго бутIаги рехсезин гьаниб:

Мун нижей вукIана рекIараб цIалъун,

ЦIорорал ракIазе хинлъаби кьолев.

 Мун нижей вукIана гъасда чирахълъун,

Чорхол яхI хваразе къуват кьолевлъун.

НакIкIукьан баккараб бакъул кунчIилъун

 КунчIана даимго дур цIар нижее.

 БецIаб сардилъ моцIлъун гвангъана даим

Дагъистаналъего хIурматияб цIар

              АхIмад нилъедаса ватIалъи тIолабго Дагъистаналъе лъугьана кIудияб камилъун. ГIолохъанго ана гьев абадияб рокъове, мухъилав милиционерасдаса байбихьун милициялъул полковникасул чиналъе мустахIикълъизегIан ихтиярал цIунулел идарабазда хIалтIун щвараб хIалбихьиялдаса пайдаги босун, гIагараб Дагъистаналъул халкъ хIалихьатал, къадарал къасабчагIазул-чIвадарухъабазул балагьал ишаздаса хIинкъичIого, хIухьел цIаялъе гIоло жеги гIемерал бахIарчиял ишал гьаризе къуватги, гьунарги, махщелги щвалде щвараб ригьалда. Суал бачIунеб буго сундулъго ракIбацIцIадав, кьураб рагIуе ритIухъав, гIадамаздехун рекIелъ рокьи бугев, цадахъ хIалтIулезе мугъчIвалеб сангарлъун лъугьарав, лъиениги къадараб иш гьабун, инсанасул ракI лъукъичIев гьев чIаго гьаб дунялалда вукIиналъ лъиейин квал-квал гьабулеб букIарабилан. Жаваб батизе жеги захIматаблъун лъугьун буго гьадинаб суал: «Лъил «заказалда» рекъон хвалилал ругънал АхIмадил черхалда лъезе чIвадарухъабаз квер борхараб?»

     Нилъеца кидаго ралагьула жидеца «заказ» тIубазабурал. Нилъеца ралагьизе ккола жалго рацIцIадаллъун хIан, хIал-зулмуялдалъун бугониги, ужрамухь кьун бугониги, цогидал гьусун тIамулел хIакъикъиял такъсирчагIи. Гьединазе такъсиралде нухал къазе, гьел къватIир чIвазаризе, къануналда рекъон гьезие кьварараб тамихI гьабизе бажарараб мехалъ букIине буго республикаялда гIадлу-низам.

    Жакъа гьеб лъугьине ккола ихтиярал цIунулел идарабазул хIалтIухъабазда цебечIараб аслияб масъалалъун. Гьединго гьелде кIвар кьезе тIадаб буго, гIицIго Дагъистаналъул гуребги, тIолабго улкаялъулги тIадегIанал нухмалъулездаги, хIатта кинабго жамгIияталдаги.

    Пачалихъалъе ва халкъалъе пайдаялъе гьабураб, гIумруялъе хIинкъи бугеб захIматаб ахIвал-хIалалда бер къапичIого, къуркьи гьечIого ракIбацIцIадго ва хIалхьи-рахIат гьечIого гьабураб хIалтIулъ рихьизарурал тIадегIанал хIасилазухъ, къанунал къвакIизариялъулъ, гIадлу-низам цIуниялъулъ, такъсирчилъиялде данде бахIарчияб къеркьей гьабиялъулъ ва жамгIияб хIинкъи гьечIолъи цIуниялъулъ лъураб кIудияб бутIаялъухъ милициялъул полковник МухIамадов АхIмад ТIинамухIамадовичасе кьуна Россиялъул Федерациялъул БахIарчи абураб тIадегIанаб цIар.

     Гьес нахъа тараб къокъабго гIумруялъул нухалъул хал гьабураб мехалъ, нилъеда абизе кIола АхIмад МухIамадов вукIанин къвакIарав, къуркьи гьечIев, бихьинчияв ва къадарлъиги къабихIлъиги рихарав, гIадамалги жиндие хирияв, живги гIадамазе вокьулев, жиндир лъикIаб гIамалхасият лъалелхъвалезе мисаллъун хутIарав чи.

    МахIачхъала шагьаралъул Советский РОВДялъул уголовнияб розыскалъул начальниклъун, Ленинский РОВДялъул криминалияб милициялъул начальниклъун, хIатта Дагъистаналъул МВДялъул Уголовнияб розыскалъул управлениялъул начальниклъун хIалтIулев вукIараб заманалдаги, гьев живго унаан такъсир гьабурал кквезе, гьезул дандечIей къуркьизабизе жинда кIвезе букIиналда ракIчIун гIахьаллъулаан киналго тадбиразда.

    А. МухIамадов вукIана кьварарав, амма ритIухъав офицер. Гьес бергьараб махщалида ва ракIбацIцIадго тIуразарулаан жинда тIадал хъулухъалъулал ишал. Жеги гIолохъанго АхIмад, ГIадилгерейгун цадахъ, хIалтIана Советский РОВДялъул уголовнияб розыскалда. Гьезул букIана божараб гьудуллъи. Щиб хъулухъалде жив тIамуниги, гьес ГIадилгерей МухIамадтIагьировасдаса мисал босулеб букIана. Нилъеда киназдаго лъала ГIадилгерей МухIамадтIагьиров кин хIалтIулев вукIаравали, хасго гьев ДРялъул жанисел ишазул министрлъун тIамураб заманалда. АхIмадги вукIана министрас хъулухъалде хIалтIизе росаразда гьоркьов бищунго лебалав, таваккалав, тIадкъараб ва тIаде босараб масъала тIубазабиялъулъ нахъе къай лъаларев чилъун.

   АхIмад МахIачхъалаялъул УВДялъул начальниклъун тIамуралдаса хадуб гIемерго лъикIлъана шагьаралда милициялъулал постазул хIалтIи. ТIоритIулел рукIана транспорталъулал такъсирал дагьлъизариялъе хасал тадбирал, милициялъул хIалтIухъабаз жидеда тIадал ишал тIуразариялда хадуб халкквеялде ва гьел тIуразариялъулъ гьезул жавабчилъи цIикIкIинабиялде кIвар кьуна. Гьединаб кьварараб гIадлунизам шагьаралда чIезабиялъ ва ихтиярал цIунулел идарабазул хIалтIухъабазул хIаракатчилъи борхиялъ такъсирчагIазул рахIат хвезабулеб букIин бихьулеб букIана шагьаралъул халкъалда.

А. МухIамадовасул гьединаб къвакIараб, жавабчилъи цIикIкIараб нухмалъиялда гъоркь хIалтIиялъ, халкъалъул ихтиярал цIунизе тIаде босаразул хIаракатчилъиялъул хIасилал цереялде дандеккун лъикIлъана.

    Цо гьитIинабниги лъалкI жиндир гIумруялъул нахъе хутIизе бокьарав чи вукIине ккола ишалъулаб махщел-гьунар бугев, таваккалав ва кьураб рагIуе ритIухъав. Гьединав вукIана АхIмад. Гьесул нухмалъиялда гъоркь тIоритIарал тадбиразул хIасилалда кIвана МахIачхъала шагьаралда такъсирчилъиялъул карачел гьулчизе гьукъараб ахIвал-хIал лъугьинабизе.

    Гьелде тIадеги АхIмад вукIана унго-унголъун гIагараб ВатIаналде ва халкъалде рекIелъ кIудияб рокьи бугев, жиндир тIолабго махщелги, бажариги, гьунарги кьун гIумру-яшав лъикIлъизабиялъе хIалтIулев, гIемерго гIадатияв, ритIухълъиялъул байрахъ тIолабго гIумруялъ борхатго ккурав чи.

   Гьесда кIолаан мекъаб нухдасан унесда битIахъе бадибе, гьедин хьвадани дур гIумру гIадада хвезе бугин, халкъалда гьоркьоб къиматги дур букIине гьечIин абизе. Гьединав вукIиндалин АхIмадил къиматги къадруги борхун букIараб.

   МВДялъул ДРялда бугеб музеялъул начальник, милициялъул подполковник Мурад Мурадхановас гьесул хIакъалъулъ хъван буго: «АхIмадил гIемерго халат бахъинчIеб тIолабго гIумруги хъулухъалъулаб хIаракатчилъиги аслияб къагIидаялъ бухьараб букIана криминалияб милициялъул хIалтIуда, уголовнияб розыскалда. Чанго соналъ хIалтIана МВДялъул ДРялда бугеб УУРалъул начальниклъун. Гьев къеркьана уголовнияб такъсиралде, бандитизмалде ва терроризмалде данде, къануналъул нух къабуллъуларезул квердасан гIумруялдасаги ватIалъана. Гьединлъидал гьесул цIар машгьураблъун ва хвел гьечIеблъун лъугьана»-,  ян.

   АхIмад вукIана намус-яхIалда хIур хъвазе течIого, гIаданлъи-чилъиялъул рачел чучизе биччачIого гIумру тIамурав, рекIелъ ракьа бугев, кьварарав чи. ГIумруялъ бихьизабулеб буго гьединал гIадамал гIемерисеб мехалъ жидер таваккаллъиялъул, хIинкъи-къай гьечIолъиялъул къурбаналлъун лъугьунеблъи. Гьесул гIагараб Рилъаб росдал гIадамал анкьумумузул заманалдаса нахъего рикIкIуна бахIарчилъиги бихьинчилъи чорхолъ бугеллъун, чияе рокьи кьолареллъун. Гьеб росдал харабаз гIолилал куцала магIарул гIамал-хасият рехун толареллъун, лъикIаб цIар-реццалъе мустахIикъаллъун лъугьине. Умумузул нухдасан галаби цере тIамуна АхIмадицаги.

   Гьединаб гIамал-хасият гьесие насиблъун букIана тIадегIанав Аллагьасдаса. АхIмадица кидаго къадру-къимат гьабулаан росдал гIадамазул, гьезул гIадат-гIамал мисалъун букIана гьесие. Гьев вукIана гьитIинго магIарухъ лъадарарав, захIмат-къварилъиялдаса нахъе къаларев бихьинчи.

Мунагьал чураяв АхIмадил цIар кьуна гIагарлъиялъул, гьудул-гьалмагъзабазул батIи-батIиял миллатазул, анцI-анцI гьарурал лъималазе Дагъистаналда ва цогидал республикабазда.

АхIмадил вацгIал машгьурав шагIир Шагьрудин МухIамадовас АхIмадил хIакъалъулъ хъвана гьадинал мухъал:

Зар бакIав вукIана мун

ХIалихьаталщиназе,

ХIалимавги вукIана

МагIарул яхI ккуразе.

 

     Дагъистан Республикаялъул жанисел ишазул министрлъун хIалтIарав ГIали ГIалиевич МухIамадовас ракIалде щвезабулеб буго: «Бихьинчияв, рагIуе ритIухъав, хIалтIизе бажари-махщел ва лъай бугев, хъулухъалъ эхеде вахине рес бугев АхIмад МухIамадов лъугьун вукIана цадахъ хIалтIулезе мисаллъун, ва гьебго заманалда такъсирчагIазе бищунго цIикIкIун хIинкъи кьолевлъун. Гьев гIумруялдаса ватIалъи лъугьана Дагъистан Республикаялъул Жанисел ишазул министерствоялъе бицун хIал кIоларебгIан кIудияб камилъун. Нижее камуна лъикIав гьудул ва гьайбатав инсан».

   Школалда АхIмадил вукIарав мугIалим, гьанже ЧIарада районалъул Цадахъ росдал администрациялъул бетIер Нажмудин МухIамадовас гьесул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго: «Дир гIумруялда жанив дун гIемер дандчIвана тIадегIанал хъулухъазда ругел гIадамалгун ва чIахIиял хIакимзабигун, амма дида кIоларо гьезда гьоркьоса цонигияв гIадамазе бажарараб кумек гьабизе кидаго хIадурав вукIиналъул, тIаде вачIарасул къваригIел ракI разилъун тIубазабиялъул, чиясул къварилъигIатIилъи бичIчIиялъул рахъалъ АхIмадида релълъарав вукIанилан абизе. Гьаб ракьалда вижарав къанагIатав чиясулъ гурони батуларо гьединаб гIамал-хасият.

 

   Дунги ва нижер гIемерал гьудулзаби ги гIажаиблъизе ва хIикмалъизе гьарулаан гIумруялъ жиндаса цIикIкIараздехун, гIагарал гIадамаздехун, мугIалимзабаздехун АхIмадил букIараб гьоркьоблъиялъги. Унго-унголъунги гьеб букIана ракI лъикIав чиясул рахъалдаса нижер ракIазулъе рохелги хинлъиги лъугьинабулеб гьоркьоблъи. ЧIахIиял, тIадегIанал хъулухъазде тIамуниги, АхIмадил гIамал-хасият хисичIо, гьев кидаго магIарул яхI-намусги къадру-къиматги цIунун хьвадана.

   АхIмадил киданиги рекъел букIинчIо къадарлъи-къабихIлъиялъулгун, хасго хиянатчилъиялъулгун. Гьесие цIакъ рокьулаан гьудул-гьалмагъзаби, гьезги кутакаб къимат гьабулаан гьесул. Гьесул гIамал-хасияталъулъ аслияллъун лъугьун рукIана бихьинчилъи, таваккаллъи, хIинкъи гьечIолъи ва ракIбацIцIалъи. Гьединлъидал, цадахъ хIалтIулезда ва тIадехун ругел хIакимзабазда гьоркьоб гьесул къадру борхун букIана».

   Цадахъ хIалтIулев вукIарав гьудул АхIмад МухIамадов гьадин ракIалде щвезавулев вуго Россиялъул БахIарчи, генерал-майор МухIамад БагIачиловас: «АхIмад кинав чи вукIаравали бицине бигьалъула, щайин абуни, гьев вукIана ракI рагьарав чи. Гьев вукIана унго-унгояв бихьинчи, бахIарчияв, гIелму-лъай камилав, гIакъилав, жиндир ишалъе махщел-гьунар бугев, нухмалъиялъе бажари бугев, ракI хIеренав, хIикматав инсан. Гьаниб тIаде жубачIого гIоларо гьудуласе гIоло гIумру кьезе хIадуравги вукIанилан. Гьелъие мисал рехселин. Къануналда данде кколаредухъ яргъид гIуцIаразул къокъаялъ дир гIумруялъе хIинкъаби кьолел рукIин лъараб мехалъ, АхIмадица живго цIунулезул къокъаялда гьоркьоса гIолохъаби ритIулел рукIана хIалтIудеги нахъеги унелъул дун цIунизе.

   АхIмад халкъалъул рекIелъ кидаго хутIила, гьес аслияб къагIидаялъ хъулухъ гьабулеб букIана жиндир гIагараб халкъалъе гIоло».

    Гьесда цадахъ хIалтIулев вукIарав божарав гьудул полковник Мустангер Муминовас гьадин ракIалде щвезавулев вуго АхIмад: «Гьесул лъикIаб хасиятлъун лъугьун букIана гьудулзабазда хурхараб ишалъе ритIухълъи. Гьесие хасиятаб букIана цогидазул пикруялъухъ гIенекки, гIодове виччан сабруялда чIей. Амма намус-яхIалда, тIадаб налъиялда, ритIухълъиялда хурхараб иш бугони, танк гIадин тIаде ун, гьев гIодовуссинавизе кIолеб сангар букIинчIилан кколаан, хIатта жиндир гIумруялъе хIинкъи бугонигицин. Жиндирго гьудулзабазда хурхарал масъалаби тIуразаризе заман кидаго батулаан АхIмадида». Нухмалъулев хIисабалда АхIмад ТIинамухIамадовичас жиндаго цадахъ хIалтIулезул адаб-хIурмат гьабулаан кинаб ахIвал-хIалалде ккананиги, гьединлъидал гьезда гьоркьоб гьесул къадруги борхун букIана. Гьезие гьев лъугьун вукIана жидеда лъайгIакълу малъулев мугIалимлъунги. АхIмадица гьезул щивасул кинаб махщел-гьунар бугебали, сундуе гьев ярагьуневали лъазе тIалаб гьабулаан ва гьелда рекъараб тIадкъайги кьолаан. Гьес жигар бахъулаан тIадкъараб иш бергьенлъиялда тIубазабизе. АхIмадил гьунар букIана цебе лъураб масъала лъикIаб хIасилгун тIубазабизе. Гьес хIаракат бахъулаан гIиси-бикъинаб гIилла сабаблъун хIалтIухъаби какичIого, гьез тIуразаризе ккарал масъалаби берцинго ричIчIизаризе.

    Гьадин хъвалеб буго АхIмадил хIакъалъулъ гьесда цадахъ хIалтIулей йикIарай, ДРялъул МВДялъул хъулухъалда тIоцее полковникасул чиналъе мустахIикълъарай чIужугIадан Акамова Кавсарат Алмакъсудовнаялъ: «АхIмад ТIинамухIамадович вукIана магIарулазул анкьумумулъанго рачIарал лъикIал гIадатазда куцарав ва тарбия щварав гIолохъанчи. Хасго цIикIкIараб гIелалъул гIадамаздехун адаб-хIурмат цIунарав вукIана, хъулухъалъги чиналъги тIадегIанав вугониги. Дир хIалтIул нухмалъулевлъун тIоцеве лъугьаралдаса нахъе жив чиналъ ва хъулухъалъ эхедегIанав вукIунин абун, гьес гIамал кIодолъи бихьизабичIо. ГIемерал цогидал хIакимзабазулъ дандчIвалеб гьеб «гIузру» АхIмадил чорхолъ букIинчIо. Гьесул кабинеталде жанибе дица гали бегьидал, гьев жиндирго бакIидаса тIаде вахъун диде данде вачIунаан. Цо къоялда жаниб анцIго нухалъ дун жиндир кабинеталъуе лъугьаниги, данде вачIун хIурмат гьабулаан гьес. Цо кинаб бугониги масъала дандбазе ячIун йигони, дун тIойитIизеги тIаде вахъунаан гьев. Дидехун къваригIел бугони, телефоналдасан дун жиндихъего ахIулароан, живго вачIунаан дир кабинеталъуве.

   Дир рукIана гIемерал начальникал. Амма АхIмад гIадинал рукIинчIо гьел. Гьесул гIамалхасияталъулъ бессун букIана тIоцебе жиндехунго, хадуб цогидаздехунги тIалабчилъи, адаб-хIурмат, хIажатасе кумек-квербакъи гьаби, хIалтIулъ ва гIумруялъулъ цогидалгун цадахъ рекъей, сахаватлъи ва ракIбацIцIалъи. Гьес дида гьарулаан нилъеда цадахъ хIалтIулезул рокъоб къварилъи букIин дуда лъани, жинда бицейин, жинца гьеб къварилъиялдаса гьел рорчIизаризе хIаракат бахъилин. Берталъе ине кколев вугониги, зигараялъ ине кколев вугониги, жинда ракIалде щвезабизе кIочон тогейиланги абулаан. Гьедин, цадахъ хIалтIулезул гIумруялъулъ гьес тIалаб-агъаз гьабичIого щибниги хутIун батиларилан ккола.

   Жидерго налъи тIубалаго гIумруялдаса ратIалъарал полициялъул хIалтIухъабазул эбел-эмен, къороллъуда хутIарал руччаби, кинаб къваригIелалъ АхIмадихъе рачIаниги, гьезул мурад тIубазаби лъугьун букIана гьесие аслияб масъалалъун. Гьединго гьес цIикIкIараб кIвар кьолаан КIудияб ВатIанияб рагъда гIахьаллъарал ветераназул, пенсионеразул ва жинда цадахъ хIалтIулел ругезул тIалабал тIуразариялдеги. Гьедин АхIмад ТIинамухIамадович вукIана нижее сундулъго мугъ чIвалеб сангарлъун».

   Гьанибго абизе ккола, АхIмад вукIанин тIадчIун ва кIвахI гьечIого живгоги хIалтIулев ва хIалтIухъабазе нухмалъиги гьабулев офицерилан. Жиндирго мисалалдалъун гьесда кIолаан цадахъ хIалтIулезул хIаракатчилъи борхизабизе. Чара къосараб хIалалдасагицин живгоги цадахъ хIалтIулелги рорчIизаризе гIакълуги къуватги гIезе бугин жидер начальникасулин божун рукIунаан гьел.

   АхIмад вукIана гIадамазда гъорлъ восарав, рагIиги камилавин, каламги гьуинавин абун къимат кьезе мустахIикъав чи. Гьесда кIолаан цадахъ хIалтIулезул жиндехун бугеб божилъи цIикIкIинабизе, жидерго хIалтIудехун гьезул гъира базабизе. АхIмадица хъулухъалъулаб амру-буюрухъ хIалтIухъанасул ракI лъукъулареб, жив гьездаса тIадегIанав вукIин загьирлъизе толареб хIалалъ хIеренго, гIодовиччан кьолаан.

   Къокъго бицани, АхIмад ТIинамухIамадович вукIана цадахъ хIалтIулездаги, тIадехунисел хIакимзабаздаги цебе жиндирго къадру-къиматалъул байрахъ борхатго ккурав инсан. Гьединлъидал гьев гIолохъанго гIумруялдаса ватIалъи кIудияб камилъун лъугьана гьесул гIагарлъиялъе, гьесда цадахъ хIалтIаразе, гьудул-гьалмагъзабазе ва гьев лъалев вукIанщиназеги. Россиялъул Федерациялъул БахIарчи АхIмад ТIинамухIамадович МухIамадов гIемерал соназ хутIила гьезул рекIелъ ва гьесул бахIарчияб гIумруги гIасрабаз мисаллъун хутIила халкъалъе!

 

МухIамад Ибрагьимович МУХIАМАДОВ, филологиял гIелмабазул доктор, профессор