ХIикматаб гьунарги хIалхьи гьечIеб хъулухъги насиблъун батана дуе

 

20 декабралда Россиялда кIодо гьабула чекистазул къо. Улкаялъул ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хъулухъалда батIи-батIиял соназда гIемерав чи хIалтIана нилъер республикаялдасаги. Гьезул чангоял церего къаникье ана, гIемерисел мустахIикъаб хIалхьиялда руго, цо-цоял жакъаги хIалтIулел руго.

Жакъа чIаго гьечIел, амма гIемерал соназ КГБялъул гIуцIиялда хIалтIаразда гьоркьов бищун машгьуравлъун рикIкIине бегьула Хунзахъа разведчик-дипломат ГIабдулхаликъ ХIажиев. Исана гьев гьавуралдаса тIубала 85 сон.

ГIабдулхаликъ ХIажиевасул хIакъалъулъ тIоцебе дида бицунеб рагIана 2003 соналъ. Жиндирго гIумрудул хIакъалъулъ гьес хъвараб «Честь имею!» абураб тIехьалъул презентация букIана МахIачхъалаялда. Доб мехалъ гьеб презентациялде дун ккечIо, амма чанго соналдасан ГIабдулхаликъил цIикIкIарав вас ХIажимурадихъан щвана дие гьеб тIехь.

Гьесулгун дир лъай-хъвай ккана 2015 соналда. ТIоцебесеб нухалда вихьулев вугониги, лъимадулаб гIадатлъиялдалъун гьес дир квер босараб куцалъги ва гьесулгун букIараб ракIрагьараб гара-чIвариялъги хинаб асар гьабурав дир таваккаллъи гIуна дур инсул гьадинаб тIехь бугилан рагIанин, гьеб щвезе рес букIинародайилан гьесда абизе. Валлагь букIунебха, дуеги кьечIеб гьеб жиндие щайилан, магIаруласе хасиятаб куцалъ гьимулаго абуна гьес. Нахъисеб къоялъ Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда букIараб данделъиялда кIалъай букIана гьесул. Амма жиндие рагIи кьун президиумалде цеве унев чи, цин залалъув вугев дунги валагьун, дихъе тIехьги кьун иналъ дагьавги кIодолъана дие гьев.

 

 

Гьедин ккана дирги ГIабдулхаликъ ХIажиевасулги лъай-хъвай. Жиндирго квералъ хъвараб гьесул тIехьалъ рагьана дие гьев тIуван.

БитIараб бицани, разведчиказул гIумруялдехун дир кидаго рокьи букIунаан. Лъимерлъудаго ругьунлъана гIурусазул машгьурав разведчик Максим Максимович Исаевасул хIакъалъулъ бицунеб Штирлицил киноялъухъ балагьизе. Балугълъиде вахиндал, щвана дихъе Япониялда хIалтIулев вукIарав цIар рагIарав разведчик Рихард Зоргел хIакъалъулъ тIехь. Дагьаб хадуб инсуца сайигъат гьабуна 1960-абилел соназда Италиялда «Известия» газеталъул хасав мухбирасул цIаралда гъоркь хIалтIулев вугев цоги гьунар бугев разведчик Леонид Колосовасул тIехьги. Гьанже лъана Хунзахъа ГIабдулхаликъ ХIажиевги. Хундерил тIалъиялда гIурав, ракъарал рагъул соназ гIицIал хIатIалгун школалде векерулев вукIарав гьесул чанго соналдасан вахъана гьунар бугев дипломат ва разведчик.

 

Разведкаялде нух байбихьараб куц

 

    1963 соналъ ДГУги лъугIизабун, гьенивго аспирантураялда вукIарав гьесул цо къоялъ киналго планал хисизарула пуланав чияс. Гьале гьелъул хIакъалъулъ гьес жиндирго тIехьалда бицунеб куц: «Дол соназ ДГУялде мех-мехалъ ваккулаан КГБялъул хIалтIухъан Сагим Сулейманов. Цо къоялъ гарачIварулел рукIаго, гьес дида гьикъана КГБялъул линиялда рекъон Москваялде цIализе ине бокьиларищан. Гьеб лахIзаталдаса байбихьун, дир гIумру тIубанго хисанин абизе бегьула. Ургъизе заман бугищ дирилан гьикъидал, бугин абуна Сагим Сулеймановас, амма лъиданиги бицунгейила нилъер дандчIваялъул хIакъалъулъ. Гьел шартIал цIунун дихъа бажаричIо — рокъове щведал, чIужуялда ва Казбек районалъул Дилим росулъ хIалтIулев вукIарав вацасда дандбана. Вац дандечIана, инкар гьабейин тIаделъана гьев. Гьесул тIирунчIеялъ жеги хIалакинабуна дир пикру. 1964 соналъ, лъиданиги цIарги бахъичIого, дун Москваялде ана цIализе».

   Гьенисан байбихьана ХIажиевасул разведчикасул захIматаб, ва амма кутакалда интересаб гIумру. Москваялда КГБялъул тIадегIанаб школаги лъугIизабун, гьев цин лъабго соналъ Дагъистаналда хIалтIула. 1969 соналъ бищун бажари бугев ва цеветIурав хIалтIухъан хIисабалда Москваялде, Ю. В. Андроповасул цIаралда бугеб Разведовательный институталде цIализе витIула. ТIокIлъиялда гьебги лъугIизабун, цо лъагIалица КГБялъул тIоцебесеб бетIераб управлениялдаги хIалтIун, витIула разведчикасе бищун ва захIматаб, амма дол соназда бищунго къадруяб пачалихъалде – СШАялде.

 

Кавказалдаса вукIин рекIее гIечIеб къагIида

 

    Дие цIакъ асар гьабуна тIехьалда гьес Нью-Йоркалде ине хIадурлъулев вукIараб куцалъул хIакъалъулъ бицарал мухъаз.

    «Доб мехалъ улка тун къватIиве унев чияс рахине кколел чанго батIиял идарабазулгун хасал гара-чIвариял тIоритIулаан, КГБялъул кадровияб аппараталдаса бахъараб, КПССалъул ЦКялде щвезегIан. ГIемерисеб мехалъ гьенир рукIана хIухьдул гIадин, бакIал хинлъизарулелги рукIун, жидеда кутакалда гIемер жо лъалеб гIадин, гIакъилал куцалги гьарун, рукIине бокьулел гIадамал. ГIемерисеб мехалда гьезда жидедаго тIинкъги лъалеб батулароан улка тун къватIибехун бугеб гIумруги гьелъул гIадамалги, амма лъалеб ххвел гьабизе бокьулаан цIакъ.

   РакIалда буго КГБялъул кадровияб аппараталъул нухмалъулевлъун вукIарав генерал Сторожевасулгун ккараб кIалъай. Гьес дида гьикъана СШАялда разведчикасул хIалтIи кинан бачинейила дуда ракIалда бугеб. Дица абуна Вьетнамалъулгун букIараб рагъдаса хадур СШАялда дагьал гьечIин президент Р. Никсонил политикаялда рекъоларел гIадамал. Гьеб гуребги, Америкаялъул халкъ бугин гIарац хириял чагIи, гьебги хIисабалде босун рес бугин гьезулгун хIалтIи щула гьабизе. Дида бичIчIараб бакIалдаса гIебеде, генераласе рекIее гIунин ккола дир жаваб, чайцин тIуна гьес дие ва дун тIовитIизе нуцIил кIалтIеги вачIана. Амма отделалде дун щун вахъиналде тIад речIчIизе къачIан ватана дир нухмалъулев А. Т. Киреев. Гьес гьикъана щибиланин дуца генераласда бицараб. Сабурго, нижерго букIараб гарачIвари рагIи-рагIиккун дицаги бицана гьесие. Дир жавабалдаса хадув дагьав гIодове виччаниги, гьес абуна додинал гIадамалгун дагьал цере балагьун рукIине кколин, нилъедаго ракIчIун кIалъазе бегьуларилан. Хадуб бицана щиб ккарабалиги.

 

    Кабинеталъуса дун араб сагIаталъ, генерал Сторожевас ахIун буго дир нухмалъулев Анатолий Киреевасухъе гьев гIолохъанчи цIакъ живго жиндаго ракIчIарав, гIамал кIудияв чи вихьулин, гьев СШАялде гурев, Африкаялде витIизе кколин хIалтIизе. Дир нухмалъиялда кIудияб къо бихьун буго буго СШАялде витIизе дун нусго чиясда гьоркьоса тIаса вищарав, цIакъ тIадчIун куцарав чи кколилан гьев генераласда бичIчIизабулаго.

   Балагьараб мехалда, гьесие рекIее гIун гьечIо дун Кавказалдаса вукIин. Амма дида жакъа ракIчIун лъала гIумруялда жаниб дица гьабураб хIалтIул цо нусил бутIацин гьесухъа гьабун бажаричIеблъи. Гьединал кабинетал хинлъизарулел генералзаби сабаблъун чан чиясул карьераялъе зарал ккараб батIибатIиял соназда.

   Ахирги нахъа тана ахирисебги «болъодул хIокI». КПССалъул ЦКялъул чагIазулгун букIараб хасаб гара-чIвари ва дицаги хъизамалъги чемоданал «кьолозе» байбихьана халатаб сапаралъе. Цебехун букIана «город желтого дьявола» — Нью-Йорк (гьединаб цIар лъун букIана советиял газетазда дол соназ гьелда). Ункъо-щуго сон гьениб тIамизе хъван батана къисматалъ дие.

   Амма бажариладай улкаялдаса дунги дидаса улкаги разияб хIалалъ гьенив хIалтIизе. КIвеладай партиялъги разведкаялъги дида тIадкъараб борч ракIбацIцIадго тIубазабизе. Гьединал пикрабаз рахIат толеб букIинчIо дие самолеталде вахиндалги».

   ЦIакъ интересаб гIумру букIун буго ГIабдулхаликъил Нью-Йоркалда. Официалияб къагIидаялъ гьев гьенив лъалаан СССРалъул КъватIисел ишазул рахъалъ министерствоялъул ООНалда бугеб вакиллъиялда хIалтIулев лъабабилев секретарь хIисабалда.

   Гьенив хIалтIулел соназда гьесул рес ккана чанго соналдасан жал улкаялъул нухмалъулеллъун рукIине ругел чагIигун дандчIвазе:

  ООНалъул штаб-квартира дол соназ релълъун букIана НухIил гамида. Чан батIияв чи дида гьелъул жанахIалъув дол соназда дандчIварав. Чанго батIияб пачалихъалъул аралги, ругелги, рукIинеселги нухмалъулел. РакIалда вуго доб мехалъ ООНалда СШАялъул миссиялъул нухмалъулевлъун вукIарав, хадув президентлъун вахъарав Джордж Буш (кIудияв), лъалесеги лъаларесеги жидерго мацIалда «хай» абун салам кьезе цIакъ бокьулаан гьесие. Палестинаялъул нухмалъулев Ясир ГIарафатги, Ливиялъул бетIерлъун вукIарав ва хадув такъсирчагIазул квердаса хварав Муаммар Къадаффиги. Хадув — Китаялъул президентлъун вахъарав Дэн Сьяопинги».

 

Ясир ГIарафатгун ГIабдулхаликъ хадув дандчIвана Ливаналда хIалтIулел соназги.

 

ГIарабазул ракьалда магIарулазулги партиялъулги вакил

 

   Ливаналде гьев витIана 1980 соналъ, резидентасул заместительлъун. Улкаялда гьоркьоса къотIичIого граждан рагъ унеб мехалда ккун вуго гьев гьениве. Анлъго соналъ хIалтIун вуго гьеб хIалуцараб ахIвал-хIалалда:

   «Ливан — гьеб буго гIажаибго берцинаб улка. Амма гьеб берцинлъиги улкаялда бугеб парахалъиги теларин, рагъуе къали бухулел чагIи рукIиналъ, гIемерал соназ гьениб къотIичIо кьвагьулеб ярагъалъулги рихъулел бомбабазулги сас. Гьениве щварав тIоцебесеб къоялъ дун ворчIизавуна минометазгун артиллериялъ кьвагьулеб гIарадаялъул гъугъаялъ. Гьединаб захIматаб, хIалуцараб ахIвалхIалалда хIалтIизе ккана дун гьенив».

  Гьединаб бечедаб, интересаб, кутакалда асар гьабулеб биография буго ГIабдулхаликъил гIумруялъул. Гьесул тIехь дица жакъаги тIад-тIад вуссун цIалула. Щибаб нухалъ гьениб мисал босизе гIемераб жо батана. ГIабдулхаликъил хIакъалъулъ газеталъул цо-кIиго гьумералда бицун бахъунаро. Хасаб тIехь хъваниги бегьулеб гIумру нахъа тана гьес хIакъикъаталдаги. Мунагьал чурун ратаги, наслабаз мисал босулевлъун ватаги гьев гIажаибав инсан.

 

Ашахан ЮСУПОВ