Къапараб хасияталъул гьидалъей

 

  Араб гIасруялъул лъабкъоабилел соназда Советский (Шамил) районалъул росабалъ ХIамидова Мариянил цIар цIакъ машгьураб букIана. Щиб росулъе щваниги, КПССалъул райкомалъул кIиабилей секретарьлъун хIалтIулей йикIарай Мариянида жамагIатаз дандчIвай гьабулаан разиго. ХIамидовалъул гIадат букIинчIо, хIакимзабазда аскIое ун, халкъалъул хIал-хIукму цIехолеб. Гьей унаан годекIание, ай жамагIаталъухъе ва цIехолаан гIолел-гIоларел рахъал. Халкъалъе кьураб рагIиги заманалда тIубазабулаан. Гьелъин абулебги букIараб, Мариянил рагIи къеда чIвараб магI бугин абун. Мариянил хIакъалъулъ бицунаго, ракIалде щола Н. Некрасовасул «Мороз, Красный нос» поэмаялъул бахIарчIужуялъул хIакъалъулъ хъварал шагIирасул гьал рагIаби: «ТIурун унеб барти чIезабулей, цIа гьелегьараб рокъое хIинкъичIого кIанцIулей», — ан. ХIакъикъаталдаги гьединай гIадан ккола ГIурадаса ХIамидова Мариян. КватIичIого гьелъул гIумруялъул 85 сон тIубаялъул юбилей кIодо гьабизе бугеблъиги хIисабалде босун, бокьун буго гьелъул хIакъалъулъ бицине.

 

Цеехъан йикIана, кие кканиги

 

  Лъабго сон барай гIадан йикIана гьей, эмен тушманасдаса ватIан цIунизе рагъде араб мехалда. Гьев рагъул майданалда абадиялъго хутIана ва бесдаллъана лъимал, къороллъана лъади. Амма, кин-щиб гьабунги, ХирапатIиматица лъабайго ясалда я чадикълъи, я ратIликълъи бихьизе биччачIо.

  Мариян цIализе лъикIай йикIана ва гьелъул сурат кидаго букIунаан ХIурматалъул хъорщода. Лъимал гIезаризе ХирапатIиматие бугеб захIмалъи бихьун, росдал школалъул директор Нурасул ХIажихIмад вачIана гьезул кIудада ХIажихIмадихъе ва ретIелги квенги кьолеб, ГIарани ясазул школа-интернаталде Мариян цIализе йитIизе кколин абуна. Мугъзада чемоданги бан, эбелгун цадахъ, анкьабилеб классалде яхъарай Мариян ана ГIарани школа-интернаталде. Гьенийги гьей йикIана тIокIлъиялда цIалулезул цебесеб кьерда. Гьениб тIатана гьелъулъ сундулъго цеехъанлъи гьабизе бокьулеб хасиятги. Гьебги бихьун, цIалдохъабаз гьей йищана интернаталъул хозкомалъул председательлъун.

  ТIокIлъиялда школа лъугIарай Мариян, пединституталъул физикаялъулгун математикияб факультеталде цIализе лъугьана. Наккдалъ бахчун варани тIубаларин абухъе, гьенибги тIатана гIолилалъул цеехъанлъи гьабизе бугеб гьунар. КIиабилеб курсалда цIалулей Мариян йищана институталъул комсомолазул организациялъул секретарьлъун. ГIолилазда гьоркьоб гьелъ гьабураб лъикIаб хIалтIуе республикаялъул комсомолалъул обкомалъ тIадегIанаб къимат кьуна. Амма бищунго цIакъ Мариян йохараб жолъун букIана партиялъул мухъилъе йоси. Пединститут лъугIидал, Мариян ячIана гIагараб росдал школалде математикаялъул ва физикаялъул учительлъун хIалтIизе. ГIолохъанай учительницаялъул гъваридаб лъайги, гIуцIарухъанлъиялъе бугеб гьунарги, лъималазде бугеб кьварараб тIалабги бихьун, гьей тIамуна школалъул парторганизациялъул секретарьлъун.

 

   Гьеб заман ракIалде щвезабулаго, ХIамидовалъ абуна: «Учителасул хIалтIи дие цIакъ бокьулаан. Радал райкомалде хIалтIуде унеб мехалъги дир ботIролъ букIунаан школалде хIалтIуде уней йигин абураб пикру», — ян.

 

«Революция гьабичIониги…»

  Марияница школалда парторганизациялъул хIалтIи гIуцIун бугеб куцалдаса разилъун, дол соназда райкомпартиялъул тIоцевесев секретарьлъун хIалтIулев вукIарав ТIидиса ХIайбуласул МухIамадица 1966 соналда гьей ячана Советск РК КПССалде хIалтIизе. ТIадги къана, дол соназда бищунго захIматаблъун рикIкIунеб букIараб, халкъалда гьоркьоб бичIчIикьеялъулаб хIалтIи гIуцIулеб отделалъул секретарасул хъулухъ. Гьелъул бажариги халкъалда гьоркьоб бугеб къадруги бихьун, 1971 соналда тIамуна РК КПССалъул кIиабилей секретарьлъун. Гьеб букIана унго-унголъунги захIматаб ва лъугIи гьечIеб хIалтIи. Марияница абуна:

   «Революция дица гьениб гьабичIо, амма рукь гурун хIалтIана», — ян.

   КIиабилей секретаралъ жаваб кьезе кколареб хIалтIи районалда къанагIатги букIунароан: гIаммал магIишатазул хIалтIи, чIвай- хъвей ккаразда гьоркьое лъугьин, риххарал хъизамал рекъезари… Мариянихъ гIадамал гIенеккулел рукIин бихьун, райкомалъ гьей йитIулаан, цоги хIалтIухъабазухъа бажаруларел, захIматал масъалаби тIуразе. Гьелъие нугIлъи гьабулеб цо мисалги бачинин. Нахъе ккараб кIиго росдал колхоз цолъизабулеб букIана. ЦIияб колхозалъул председатель жидер вукIине кколин абун, жамагIатазда гьоркьоб дагIба ккана. Председательлъун тезе цояб росулъа чиги вачун, бетIерлъуда Мариянгун рачIарал райкомалъул хIакимзабаз кIиабилеб росулъ жамагIаталъул данделъи тIобитIулеб букIана. Председатель жидер вукIине кколин абун, гьеб росдал жамагIат тIирун чIана. Колхозалъе нухмалъи гьабун бажарулев чи нужер гьечIин абун чIана райкомалъул хIакимзабиги.

   ДагIба-рагIиялда данделъи букIаго, цо гIаданалъ мугъалда ваччун вачIана гIемерал соназ районалъул росдал магIишаталъул управлениялда зоотехниклъул хIалтIарав чи ва дванкан клубалъул сценаялде рехизе гьевги виччан, абуна:

«Ма, нужее председатель», — ан. Мариянихъа бажарана кIиго росдада гьоркьоб рагъ- кьал ккезе хIинкъараб ахIвал-хIал роцIинабун ва кIиябго жамагIат разияв председатель валагьун.

   Мариянил букIана берцинаб, талихIаб хъизан. Гьелъул рос ХIамидил МухIамад вукIана «кинабго рахъалъ нусабго процент тIубаравин» гьидерица абулев чи. Урма росдада аскIоре щолеб бакIалда, машинаялъ авария гьабун, къадаралде щвана мунагьал чураяв. Доб мехалда Мариян йикIана гIолохъанай гIадан. ГIарзаги кьун, хъулухъалдаса нахъе иналъе ккараб гIиллаялъул бицунаго, гьелъ абуна:

 «ВачIуневги уневги бадивеги валагьун, рос хварай дихъа ХIебда хIалтIун бажаричIо», — ян.

РакIалъ ахIаралде тIад юссана

 

  1977 соналда Мариян тIад юссана учителасул хIалтIуде. Лъабкъого соналъ гьабуна учительлъи, гьелдаса 48 соналъ ГIурада росдал школалда. Жакъаги, жинцаго абухъе, «хIалкъан рокъой чIечIого, школалда хIалтIулей йиго». Гьей ккола тарбия кьеялъул рахъалъ директорасул заместитель.

  ХIамидовалъул хIалтIуе къимат кьолаго, Шамил районалъул лъай кьеялъул начальник Ибрагьим ХIажиевас абуна: «Мариян ккола лъикIаб лъаялъул, кIудияб хIалтIул хIалбихьиялъул, творче- скияб къагIидаялда хIалтIулей учитель. Гьелъул хIалбихьи лъикI лъала районалъул математикаялъул учительзабазда ва гьел гъираялда уна гьелъул дарсазде. Гьелъул цониги дарс букIунаро цогидалда релълъа- раб, гьел рукIуна унго-унголъунги цIалдохъабазе рокьулел. Гьелъги батила, Мариянил букIунаро цIалуда хадуб гъолареб лъимер, цIалдохъабазул лъаялъул даражаги 50-55 процен- талдаса гIодобе кколаро», — ян.

   Жакъа пачалихъалда лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъул, халкъияб лъай кьеялда ругел масъалабазул ва учителасул хIалтIул гьечIеб къадруялъул хIакъалъулъ бицунаго, Марияница абуна: «Лъай бугел чагIи хIукуматалъе къваригIун гьечIо. Гьеб мурадалда ургъараб буго ЕГЭги. Киназдаго лъана ЕГЭ халкъияб лъаялъе бухъараб хоб букIин, пайда щиб…

   ХIакимзабаздаги цIакъ лъикI лъала 15-20 азарго гъурщихъ учителас гIетI тIун лъималазе лъайги тарбияги кьолареблъи», — ян.

ХIамидовалъул хIалтIуе хIукуматалъ тIадегIанаб къиматги кьуна. Гьелъие кьуна «ХIурматалъул гIаламат» орден, СССРалъул Верховный Советалъул президиумалъул ХIурматалъул грамота, Россиялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул ХIурматалъул грамота, РФялъул Лъай кьеялъул министерствоя- лъул просвещениялъул хIурматияй хIалтIухъан абураб цIар, районалъул бетIерасул ХIурматалъул грамота.

   Ахирал соназда гьей диналде цIакъго машгъуллъунги йиго. Борхана хIеж, цIалула Къуръан ва мадугьалихъ ругел лъималазда гьеб цIализеги малъула.

 

 «ХIакъикъаталъул» киналго хIалтIухъабазул рахъалдасан баркула Мариянида тIаде щолеб байрам, ай учителасул къо, ва гьединго гIумруялъул 85 сон тIубалеб букIиналъул юбилей. Гьарула щулияб сахлъи, халатаб гIумру, талихI ва рохел.

 

Нури НУРИЕВ