Цо гьунаралъухъ – орден, цогидалъухъ…?

 

   Цо рагъулъ бихьизабураб кIиго гьунаралъухъ цо гурони шапакъат кьоларилан, Бихьинчилъиялъул Орденги кьун тун вуго Шамил Таймасханов.

    Амма 1999 соналда гьес хвасар гьавурав 11 рагъухъанас рикIкIунеб буго Таймасхановасе Россиялъул БахIарчиясул цIар кьезе кколин.

 

ЦИН – ТIАНДО, ХАДУБ – ХАРАМИ

 

     Шамил Таймасхановасул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул рахъалъ Болъихъ районалъул бетIерасул заместитель, хIалхьиялда вугев МВДялъул подполковник ГIабдулдибир ГIабдулдибировас.

    «1999 соналъул 18 августалда Болъихъ РОВДялъул начальник Д. Набиевас буюрухъги кьун, чачаназул гIорхъода бугеб ГIанди росулъе разведкаялъ битIун букIана СОГалъул къокъа. Гьелда гьоркьов вукIана гьебго соналъул 12 августалда ТIандо росдада гIагарлъухъ бахIарчилъи бихьизабурав милициялъул сержант Шамил Таймасхановги. Лъукъараб бохгун вагъулев вукIана гьев.

    2000 соналда рагъулабгун тохтурзабазул комиссиялъ хIукму гьабуна Таймасханов хъулухъ гьабиялъе ярагьунарилан ва хIалхьиялде витIана. Лъабго моцI асирлъуда баялъги, сахлъи щулалъизабулаго гIезегIан заман госпиталалда иналъги, Шамил, милициялъул 11 хIалтIухъан хвасар гьавиялъе къимат кьечIого хутIун вуго. Гьелъухъ гьесие кьезе мустахIикъаб буго Россиялъул БахIарчи абураб цIар».

СОГалъ кутакаб дандечIей гьабиялъ квалквал ккана боевикал тIубанго Болъихъ районалда жанире рачIиналъе. КIиябго рахъалда гьоркьоб ккараб рагъулъ СОГалъул къокъа тIагIинабиялдаги хIинкъи букIана.

     Ш. Таймасхановасул таваккалги лебаллъиги сабаблъун цIунун хутIана СОГалъул цо течIого рагъухъан. Кумек тIаде щвезегIан, гьел цо рахъалдехун лъутун рорчIизегIан, боевиказде кьвагьдана Таймасханов. Гьеб бакIалда захIматго лъукъиялъ лъавудаса арав гьев боевиказ асир гьавула.

   Лъабго моцIидасан Таймасханов эркен гьавуна – гьев хисана федералаз ккурав цо боевикасухъ.

  Чачаназул гIорхъодаса халкъазда гьоркьосел террористал Болъихъе рачIиндал, ГIахьвахъ районалъул КIудиябросулъа Шамил Таймасханов милициялда хIалтIулев вукIана.

   12 августалда гьезул къокъа ана ТIандо росдал администрациялда чIарал боевиказда дандечIей гьабизе. Гьеб рагъулъ захIматго лъукъаниги, ахиралде щвезегIан, гьалмагъзабиги цIунун, кьвагьдолев чIана Таймасханов. Гьелъухъ гьесие кьуна Бихьинчилъиялъул Орден.

    Гьелдаса анкь ун хадуб, 18 августалда, Шамил гIахьаллъана гIандадерил Харами магIарда ккараб рагъулъги. ТIадежоялъе, ТIандо лъукъун бохги букIана гьесул.

    Разведкаялъ араб гьезул къокъа циндаго ккана боевиказда тIаде. Къокъаялда цеве вукIарав Шамилица гьел рекIеде рачIиналде, автоматалъул цIадги базабун, кIигояв гIодов лъуна.

   Гьеб заманалда жаниб рагъуе хIадурлъи гьабизе рес щвана милициялъулазеги. Амма гьездаса цIикIкIараб батана боевиказул къуват. ЩунусгогIан метралъ рикIкIадаса ваккун вачIана гьезул лъебергониги чи. Бугониги, Шамилица хIаракат бахъулеб букIана СОГалъулал нахъе инегIан гьезде кьвагьдезе.

 

«ГЬАНЖЕ ДУЕ ДОЗ БАХIАРЧИЯСУЛ ЦIАР КЬОЛА»

   

  «Дица гьалмагъзабазде ишан гьабуна, дун кьвагьдолевгIан мехалъ, хехлъи гьабун нужеца гьаниса нух босеян. Гьезда гъорлъ вукIана нижехъа васги. Гьев чIана, мунги гьанив тун, жив кивениги унарилан. Гьебмехалда ахIдон, семун, хIалица нахъе гъуна дица гьев гьениса», — ян ракIалде щвезабула гьанже Шамилица.

Боевиказ кверде вачIайин ахIулеб букIун буго гьесде. Амма жив кверде аравани, хадурги ун, гьез жидер тIубараб къокъаго чIвалаанин абула Шамилица.

Гьеб рагъулъ каранлъги хьалбаздаги гулбиги щун, гIодов ккана гьев. ТIадежоялъе, лъукъараб бохалдаса биги чвахизе лъугьана. Гьанже гуреб гьанже граната рехилин боевиказул рахъалдейин ракIалде ккараб мехалда Шамил лъавудаса ана…

    Лъавуде вачIиндал, гьесда живго цо рокъов, капельницаялда гъоркь ватана. ГIурус-Мартаналъул больницаялдеги хъамун, боевиказ хвасар гьавун вуго Шамил. Гьеб рокъов жанив вукIарав чачанав-тохтурас гьес- да бицуна жидеца гIезегIан би биччанин, амма бохалда щвараб гулла бахъизе бажаричIин гьелъие гIурал шартIал рукIинчIолъиялъ. Жеги гьенибго буго гьеб.

   Чанкъо къоялдасан Шамилие мадар лъугьана, гьебмехалда гьев хъаравулзабигун цадахъ Алханюрт росулъе витIана. Лъабго къоялъ гьенив гвандинивги тIамун, Цацанюрт росулъе вачуна. Жеги лъабго къоялдасан Шамил вачуна МухIамад абулев херав чачанасул рокъове Бачиюрт росулъе. Гьесухъеги гьарун щварав чи вукIун вуго Шамил. МухIамад боевиказда гьардон вуго жиндир вас Ризванихъ хисизе вукIине, Аллагьасе гIоло Шамил жиндихъе кьейилан. Гьесул вас, Чачан Республикаялъул таможняялъул капитан, гьебмехалда боевиказул рахъалдеги ун, федералаз ккун, МахIачхъалаялъул СИЗОялда туснахъ гьавун вукIана.

   МухIамадил рокъоб Шамилица бана моцIгун бащдаб. Гьебщинаб заманалда жаниб кIиябго республикаялъул рахъалдаса вакилзабаз гьаруна чачанасухъ магIарулав хисизе къотIи-къаял. Гьезда гъорлъ рукIана Дагъистаналъул муфтий АхIмадхIажи ГIабдулаевги, ДРялъул Пачалихъияб Советалъул контролиябгун ихтияразулаб управлениялъул нухмалъулев МухIамад Халитовги, Халкъияб Собраниялъул депутат ГIабдула Набиевги.

    Гьел кIалъа-басаязе квалквал ккезеги бахъана. Цо заманалдасан рачIун МухIамадил рокъорегун, боевиказ нахъе вачун уна Шамил. Гьезие къваригIун букIана гьев жидехъего цIазе. Амма гьев разилъуларевлъи лъайдал, тархъан гьавуралъухъ гIарац кьеян чIана гьел.

    «Асирлъуда вугеб мехалда дун цIунун тарав чачанав вукIунаан. Гьес абулаан гьанже дуе доз БахIарчиясул цIар кьолин, дуца 11 чи хвасар гьавуралъухъ», — илан бицана Шамилица.

  ЛъикIги-квешги боевиказ гьев дов херав чачанасухъе — МухIамадихъе тIад вуссинавуна. Цинги цо моцIидасан гьесул васасухъ хисана.

   Ш. Таймасхановасул гIадаб гьунаралъухъ Россиялъул БахIарчиясул цIар кьуна Новолак районалъул РОВДялъул начальниклъун вукIарав Муслим Даххаевасе. Гьев сабаблъун хвасарлъана боевиказ сверун ккун рукIарал Липецкиялъул ОМОНалъулал (25 чи).

Гьал къоязда ГIахьвахъ районалъул администрациялда тIобитIараб данделъиялда, къого чиясдаса гIуцIараб жамгIияб къокъаялъ хIукму гьабуна, гьесие Россиялъул БахIарчиясул цIар кьезе квербакъеян ДРялъул бетIер Сергей Меликовасде хитIаб гьабизе.

З. ХIАЖИЕВА