Авиация-дир гIумрудул магIна

 

 

 Къасум Нажмудинов (мухIканго абуни ГIабдулкъасум ХIусенов) гьавуна 1933 соналъул 15 маялда Хунзахъ районалъул гьитIинабго Гъонохъ росулъ Нажмудинилги ЗулхIижатилги хъизамалда. ГIагараб росдал байбихьул школаги лъугIизабун, Къасум цIализе ана ГIараниб росдал школа-интернаталде.

 

         Гьес ракIалде щвезабулаан: «12 сон барав чи вукIана дун. Гьеб заманалда Хунзахъ тIалъиялда тIасан роржунаан «ПО-2» тайпаялъул гIисинал самолетал ва рещтIунаан ГIараниб гIагарлъухъ. Гьел рукIана агитрорженал. Самолет рещтIаралъуре рекерулаан гIадамалги.

       Нижги унаан гьелда аскIоре, хIинкъадго хъвалаан квер, летчикалин абуни нижеда кколаан аллагьзаби ругилан! Дие кидаго бокьулаан цIумазул рорженалда хадуб халкквезе: гьезул рорженги релълъунаан самолеталъул рорженалда. Зодове воржине анищ букIана дир. Гьелъул хIакъалъулъ хабар гьабуна эбел-инсулгун, амма гьез дихъ гIинцин тIамичIо. Гьезул мурадги тIубан, дун цIализе лъугьана Дагъистаналъул росдал магIишаталъул институталде. Амма рекIее хIалхьи букIинчIо ва военкоматалде чанцIулго хитIаб гьабуна роржарухъабазул училищеялда цIализе витIеянги гьарун. Рагъулав комиссарасин абуни, цIакъго хIалакъав вугин ва 162 сантиметралъул гурони халалъи гьечIинги абун, инкар гьабулаан. Дир тIирунчIей бихьидал, ахирги витIана летчиклъун ярагьунищали хал гьабизе медкомиссиялде. Гьениб гIунтIизабизе гIилла батичIо ва дун къабул гьавуна. Аслияб жо -эбел-инсуда щибго лъалароан!

Ниж ритIана Полтава областалде. Доре щведал щаклъизе бачIана. Училищеялде ниж рачIинчIеб мехалда, Дагъистаналдаса рачIунел курсантазде божилъи гIоларого букIун, аскарияз, милициялъул хIалтIухъабиги рачун, шагьаралда ралагьулел рукIун руго ниж. Поездалдаги рекIун Дагъистаналде тIад руссине хьулалда рукIарал ниж ккуна вокзалалда. Нижеца хIаракат бахъулеб букIана, ниж роржухъабазул училищеялде рачIарал курсантал гурин, вацлъиялъул матчалда рукIарал ва рокъоре тIад руссунел ругел футболистал ругин абун чIезабизе. Амма нижер сихIирлъи бичIчIана дозда. Рачана училищеялде ва байбихьана цIали. Цо чанго соналдасан дица тIаса бищана истребителазул авиация. Дида цадахъ вачIун вукIарав 30 дагъистаниясул щуго чи хутIана гьенив: цо-цоязул гьунар гIечIо рорженазул ишалъе, цо-цоял нахъе ана, теория лъазабун бажаричIого», — ян.

      Училищеялда цIалулаго, Къ. Нажмудинов вукIана офицерзабазул многоборьеялъул тренерлъунги волейболалъул командаялъул капитанлъунги.

Гьес училище тIокIлъиялда лъугIизабуна. Кодоб багIараб дипломгун, лейтенантасул цIаргун витIана Москва шагьаралъул рагъулаб округалъул ПВОялъул истребителазул авиациялде. Гьенибги гьес тIокIлъиялда лъугIизабуна ТIадегIанаб рагъулаб училище ва вахъана рагъулав летчик-истребительлъун.

Къасумил хIалтIул цебетIей данде ккана Никита Хрущевасул реформабигун – авиациялъул аскариял дагьлъизарулел рукIана гьес. Нажмудинов витIана Костромаялде, гьенисанги -Ярославлялде. Гьениб кIиго полковникас -медицинаялъул ва КГБялъул -гьесухъе гъулбасине кьуна пачалихъияб кIваралъул бицунеб накъиталъул хIакъалъулъ балъголъи цIунизе тIаде босулеб бугин абураб кагъат. Къасумида ракIалдецин ккечIо, космосалде воржиналъе хIадурлъи гьеб букIин, рагъулал летчиказдацин лъалеб букIинчIо, улкаялда гьединаб хIадурлъи унеб бугеблъи! Гьесда абуна, дуца космосалде воржиналъе хIадурлъи гьабизе бегьулин ва космосалде боржине бугеб гамил командирлъун вукIине ресги бугин абун. Гьеб букIана 1959 сон.

       Хадув Къасум ахIана Москваялде. Байбихьана СССРалъул Рагъулалгун гьаваялъулал къуватазул аслияб госпиталалда сахлъиялъул мухIканго хал гьабизе. Къасумица ракIалде щвезабулаан: «Киданиги зигардулароан дун гьаб-доб унтулеб бугин абун, бокьараб къо хIехьолаан. Гьанибин абуни, рекIелъ кинабалиго хъуй загьирлъулеб бугин абураб жоги гIочIода чIван, космонавтазул къокъадулъа нахъе витIана. Хадубги, Хру- щевасул реформабазул хIасилалда, дида абуна цин вертолет бачине айин, цинги Германиялда (ГДР) хъулухъ гьабизе витIилин. Дица инкар гьабуна, щайгурелъул байбихьана командирал-начальникал хIалтIудаса рахъизе, авиациялде кьаби щвезабу- на. 35 сон барал гIолохъаби, гьанжего гьанже лъикIал махщелчагIилъун рахъарал, ритIулел рукIана «граж- данкаялде». Ниж, гIолохъанал, толел рукIана, амма дунги дида цадахъ жеги кIиго летчикги инкар ккун чIана, гIантаб жо гьабулеб бугеблъи лъалаго», — ян.

      Къасум тIад вуссана МахIачхъалаялде ва хIалтIизе лъугьана МахIачхъалаялъул аэроклубалде летчик-инструкторлъун. Хадуб гьесда тIад къана звеноялъул коман- дирлъи ва гьарана авиаспорталъул къецазде команда куцайин абун. ВитIана Доналда бугеб Ростовалъул цIалул централде цIализеги. Гьелдаса нахъе байбихьана тренерасул захIматаб хIалтIи.

      1965 соналда гьес ригьин гьабуна – лъадилъун ячана мединституталъул студентка, Агъвали росулъа СалихIат. Гьезие гьаюна кIиго ясги. Къасумица куцараб летчиказул команда гIахьаллъана батIи- батIиял къецазда, ккуна призалъулал бакIал. Къасумги гьесул лъабго цIалдохъанги росана СССРалъул командаялде ва гьев вищана Совет Союзалъул тIаса бищараб командаялъул тренерлъун. «1963 соналда унаан сборазде, цадахъго вукIана МахIачхъалаялъул аэроклубалъул начальниклъунги, тренерлъунги, спортсменлъунги. МахIачхъалаялда вукIинчIо я квалквалалъе, я кумекалъе, я гIакълу кьезе чи – сундулго пикру гьабизе кколаан дицаго. Къокъаб заманалда жаниб Дагъистаналъул командаялъ босана Россиялда тIоцебесеб бакI», — ан бицуна Къасумица.

       Нажмудиновасул нухмалъиялда гъоркь летчиказул командаби гIахьаллъана Европаялъулгун дунялалъул 18 чемпионаталда. Бихьиназда гьоркьосел къецазда Къасумил ишцоял анлъго нухалда рахъана дунялалъул чемпионаллъун, кIицIул ккуна кIиабилеб бакI ва цо нухалда – лъабабилеб бакIги. 58 соналъ гьес куцарал летчиказда гьоркьор рехсезе бегьула: дунялалъул абсолютияв чемпион Владимир Мартемьянов, дунялалъул анкьцIул абсолютияй чемпионка Светлана Капанина, дунялалъул чемпионал Светлана Савицкая, Виктор Лецко, Сергей Крикалев, ХIамиде ХIусенова, Евгений Фролов, Игорь Егоров, Юрий Ващук, Литваялъул экс-президент Р. Паксас ва цогидалги. Къасумица куцана абсолютияв 12 ва Европаялъул 18 чемпион.

        Гьес хъвана щуго тIехьги. Гьезда гьоркьоса бищунго машгьурлъана «Рыцари пятого океана» абураб.

         Гьал къоязда Къасумица кIодо гьабизе буго гIумрудул 88 сон тIубай. РакI-ракIалъ баркула гьев бахIарчияв магIаруласда гьавураб къо! Аллагьас сахлъиялда таги!

 

   ГIабдулатIип ХIАЖИЕВ, тарихиял гIелмабазул кандидат