ХIалтIуца малъун, ригьалъ бицун

 

    Хунзахъ районалъул ГIоротIа росулъа ГIиса Жамалудинов гIемерал соназ хIалтIана машинаби къачIалеб заводалда токарьлъун. ГьабсагIаталда гьев хIалтIулев вуго машинабазе хъулухъ гьабулеб станциялда. Гьениб ккана нижер гьесулгун гара- чIвариги.

    — ГIиса, мун вугоха гильзаби ва блокал къачIалев чи.

     — Машинаялъ нах бухIизе лъугьа­раб, моторалъул блок жагъаллъараб заманалда, дица цогидал роцабазул гильзабазда рекъезабун къачIала, цIи гьабула гьеб. Гьелдаса хадуб холенговальнияб станокалда тIад цIвакизабула.

    — ЦIидасан къачIачIого цIияб босун лъезе бигьа гьечIищ гьеб?

 

    — Цебе гьедин гьабулаан, бокьа­раб алатги, хисизе ресги букIана. Советиял (Россиялъул) машина­базе лъикIаб къайи жеги буго, за­каз гьабуни, иномаркабазул бокьа­раб тайпаялъеги гьеб щола. Амма цIакъго хира чIола. Гьединлъидал къачIайго лъикIаб буго.

 

    — Аслияб куцалда кинал маши­набигун гIадамал духъе рачIунел?

 

     — Машинаби гIемерлъулел рукIиналъги батила, тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб буго нижер хIалтIул тIалаб. Мисалалъе, гьабсагIаталда МахIачхъалаялда буго нижецаго гIадинаб хIалтIи гьабулеб анлъго-анкьго бакI, Ха­савюрталда — кIиго-лъабго. Маши­наби рачIуна бокьараб тайпаялъул, ай нилъералгоги иномаркабиги. Мисалалъе немцазул машинаби, гьел гучалги, хириялги, къуваталги руго. Амма гьезул моторал руго то­хал, блокалги гильзабиги руго алю­миниялъул.

    Нижехъе рачIунел гIадамазда гьоркьосаги бечедалгIан рукIуна барахщарал. ГIадатиял машина­базда ругезулгун хабарги данде ккола, гьез абураб багьаги кьола, баркалаги загьир гьабула.

 

    — Дур буго 67 сон. Бихьулеб буго гIолохъабазе гIемер бокьу­леб гьечIеблъи гьеб хIалтIи.

Дуда тезе ракIалда бугищ?

 

     — ГIолохъанаб гIелалъе бокьу­леб гьечIо дагьабниги захIмат би­хьулеб «чIегIераб хIалтIи». Нижер хIалтIулъ, хIакъаб жо, камуларо махIги, хIурги, цогидаб чороклъи­ги. БукIани щиб, хIалтIи лъугIун оре иналъул щибго къварилъи гьечIелъул. Гьанже дидаго би­хьулеб буго гIолохъанаб мехалъ гIадин хIалтIи гьабун бажарулеб гьечIолъи, ригьалъ бицунеб буго дагьаб бигьа гьабизе ккун букIин гьеб. Гьаб хIалтIуде ругьун гьави­зелъун дица гьаниве вачун вуго дирго дурцги, гьевги ругьун гьавун, дагь-дагьккун телин ккола хIалтIи.

 

    — Гьаниве вачIиналде гIемерал соназ хIалтIун вуго мун токарь­лъун. Токарасул хIалтIул хаслъи кинаб бугеб?

Къокъго абуни, гьев ккола махх буцIулев чи. БачIараб маххул бутIаялъул, тIаса босун тIерен гьа­бун, хъурун гьес къватIибе кьола чертежалда рекъон хIадурараб алат. Гьеб буго щибго хIинкъи, бакIлъи, захIмалъи гьечIеб хIалтIи. ГIемер батIи-батIияб хIалтIи гьабизе ккун, гьеб рахъалъ лъикIаб махщел щва­на дие заводалда хIалтIулеб мехал­да.

 

    — Дур пикруялда, кинаб къагIида лъикIаб бугеб, ай чIезабураб харжалда рекъон хIалтIи гьа­булеб букIараб доб заманалъул къагIидайищ яги гьабуралда рекъон гIарац щолеб гьаб заманалъул къагIидайищ?

     — ГIемер кIудияб гьечIониги, доб мехалда харж кьолаан заманалда. КIиабизе, сундулго багьаби рукIана гIодорегIанал. Лъабабизе, анкьида жаниб кIиго гIодобкъоги букIана. ГьабсагIатги дицаго дие гIодоркъоял гьаризе лъицаниги гьукъун гьечIо, амма лъицаха дие гьел къояз гIарац кьелеб? Ункъабизе, метерисеб къо­ялъул ургъел гьабизе кколароан. Щуабизе, кида кьунги чIобого кьо­лаан квартира. Гьединлъидал дие гIемерго цIикIкIун бокьилаан цебе­себ заман.

 

    — Дур хIалтIул гIаммаб стаж кколеб буго 45 сон. Гьеб заманал­да жаниб гIемераб бечелъи данде гьабизе кIванищ?

 

     — ХIисаб гьабидал, щолеб жо гIезегIан букIаниги, гъурущ нахъе лъезе ресго ккечIо. Дун бечелъичIо, амма киданиги вакъунги хутIичIо.

 

 

     — Амма дур бугоха цогидаб бе­челъи — анлъго яс…

 

     — Васаздаса ясал гIемерго лъикIал руго. Дида бичIчIана цо жо — эбел- инсуда хадуб ясазул гIадинаб бербалагьи васазул киданиги букIунареблъи. ГIарцухъ щолеб ва кинаб бугониги бечелъиялда ба­щалъулеб жо гьеб гуро.

 

ГIабаш ГIАБАШИЛОВ