Рагъулаб тун батIияб иш тIаса бищилароан

 

      Анварбег Асилдаровасулгун гара-чIвари гьабизе уней йигин абидал, гьесул ракьцояс бицана нахъаса вахъине цIайи бугев чи вукIаравани, Чабанмахьи бихьизабураб бахIарчилъиялъе гIоло гьесие Россиялъул БахIарчиясул цIар кьолаанин. Гьелъул хIакъалъулъ Анварбегида бицен гьабидал, гьедин ккея­лъулъги цо сабаб батилин жаваб кьуна гьес. Хадубго тIадеги жубана, нахъа къуват гьечIогоги жив гьечIила -Аллагь вугила жинда нахъа. 1999 соналда бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ А. Асилдаровасе кьуна «Бихьинчилъиялъул орден».

     Гьесул гIумрудул саламатабго заман, рагъулав хъулухъчи вукIиналъ Дагъистан бахун къватIиб ана. Дагъистаналде тIад вуссиндал, Анварбег хIалтIана МВДялда. ГьабсагIаталда гьес дарсал кьола ДГУялъул юридикияб факультеталъул студентазе.

     Анварбегица басмаялда бахъун буго гIелмияб 40 хIалтIиги. Аслияб куцалда, экстремизмалда хурхарал хIалтIаби руго гьел.

      ТIадегIанаб лъай щвана цин 1970 соналда, Ленинградалда рагьараб СССРалъул МВДялъул тIадегIанаб политикияб училищеялда. Хадуб — 1983 соналда, Москваялда ТIолгосоюзалъулаб юридикияб институт лъугIидал. 1986 соналда СССРалъул МВДялъул тIадегIанал курсаздаги цIалана.

      Асилдаровасул биография буго гIезегIан бечедаб. Масала, 1991 соналда улкаялъул нухмалъиялъ, гьес бетIерлъи гьабулеб къокъаялда тIадкъан букIана МугIрузул Гъарабагъалда азербайжаназдаги эрменияздаги гьоркьоб лъугьараб хIалуцин гIодоцинабизе. Хадур гьединалго тадбирал Анварбегида тIад къана нилъерго гьанирги. Масала, 1993 соналда МахIачхъалаялда халкъиял депутатазул съезд байбихьулеб заманалде дандеккун СИЗОялда бахъинабураб ахIи-хIур лъугIизабун буго гьес.

      1995 соналда А. Асилдаровасул отрядалъ ккуна ЛъаратIа районалъул Харада росулъан бугеб гIорхъодасан чачаназул боевиказе гIемераб ярагъги къайи-цIаги босун унеб букIараб хъачагъазул къокъа.

     Асилдаровас нухмалъи гьабуна 1999 соналда Чабанмахьиса террористал нахъе гъураб къокъаялъеги. Хадур хъачагъазул хутIелаздаса рацIцIад гьаруна цогидал росабиги.

     Гьединго гьесул къокъаялъ квербакъана чачаназул авлахъалъулав командир Руслан Гелаевасул къокъа кквезеги.

       Анварбегил хъизан-агьлуго буго гIадлу-низам чIезабиялъул нухдасан унеб. Масала, Хъара Хъараевасда цадахъ гьесул кIудияв эмен ГIабдулмажид вагъана Дагъистаналда советияб власть бергьиналъе гIоло. Эмен кколев вукIана КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи. Анварбегил кIудияв васги гIахьаллъана рагъулал лъугьа-бахъиназулъ. Милициялъул школа лъугIизабуна гьитIинав васасги.

       Анварбег ккола терроризмалда ва коррупциялда данде къеркьезелъун ДГУялда гIуцIараб централъул нухмалъулевги.

       Байбихьуда Анварбеггун дун гIемер мехалъ кIалъана терроризмалдагун диналда сверухъ республикаялдаги дунялалдаги бугеб ахIвал-хIалалъул бицун. Гьеб рахъ рагIа-ракьанде щун лъай гуребги, исламалъул тарихги, Аварагасул хIадисалги рукIана гьес цин гIараб, хадуб магIарул мацIазда рехсолел.

 

    — Анварбег, дуда гьаб хIалалда диналъул тарих кин лъараб?

 

     — 30 соналъ росдал дибирлъун вукIана нижер эмен. Гьев сабаблъун цIалана дица Къуръан. Рама- зан моцIалъ таравихIалъул какал разе нижехъе гIадамал рачIараб мехалда инсуца нахъасан хIосги бан, рахалаан каву. ГьитIинав чи дунги вукIунаан гьезда цадахъ. Гьединго мунагьал чураяв кIудияв вац ГIабдулагьица малъана Къуръана­лъул аятазул магIна гьабизеги. Хадуб дица аварагзабазул гIумру лъазабуна чанго батIияв гIалимчияс хъварал тIахьаздасан. Кутакалда лъикIаб тIехь буго СагIид афандияс хъварабги.

 

    — Дур хIалтIулъ кинаб кумек гьелъ гьабулеб?

 

     — Масала, жакъасел студентал каккIалалъул чагIи кколелъул, гьезие кIудияб асар гьабула дарс кьолеб мехалда диналъул тарихалдаса дица рехсолел хIужабаз.

КIикъогогIан сон бана дун росулъа аралдаса, амма Аллагь рекIелъа араб къо дир гьечIо. ГIараб мацI лъазабулеб факультеталде цIализе лъугьине бокьунги буго.

 

    — Гьанжейищ?

 

      — У. ХвезегIан цIали гьабулев вукIине бокьилаан дие. ГIелмуялда хадув лъугьун хварав чи шагьидасда ващалъизавулевлъидалха. МухIамад аварагасги абун бугелъул Аллагьасда божиялъул бащалъи кколин лъай тIалаб гьабейилан.

 

    — Нужер факультеталда цIалулел студентазул лъаялъул даражаялда ракI рекъолищ дур?

 

     — Гьезул лъай мукъсанаб бугилан дица абиларо, амма хадубккунисеб гIумрудулъ гьеб лъай къваригIараб бакI дагьаб буго. ХIалтIи щваниги, моцIрое щолеб мухьги мукъсанаб буго.

 

    — ЧIадаколоса чи хIисабалда, дзюдоистлъун вахъинчIого кин мун хутIарав? Гьенир дзюдоистал гIемер ругелъул.

 

     — Дун гугарулаан. 1966 соналда гугариялъул рахъалъ тIобитIараб Дагъистаналъул чемпионаталъул призёрги ккола дун. Хадув вахъана мастерлъиялде кандидатлъун.

Гьединго гимнастикаялъулги хIалбихьана дица. Гьеб рахъалъ лъикIал хIасилалги рукIана. Гимнастикаялде жуван вукIинчIевани, рагъулав хъулухъчилъунги вахъинароанин ккола дида.

 

    — ВахI, кинаб бухьен бугеб гьезда гьоркьоб?

 

     — Къаркъалаялда ругел киналго ччорбал гурелги, гIакълу-лъаялъул рахъ лъадаризеги квербакъула гьелъ. Рагъулаб хъулухъалде дун ккана гьадин. Каспийскиялда ГПТУ-6 лъугIун хадув, дун кIудиял вацазда аскIове, Душанбеялде арав чи, армиялде ахIана. Гьел вузазда цIалулел рукIана дора. Армиялда тIокIлъиялда лъугIизабуна дица сержантазул школа. Хадув лъугьана рагъулаб училищеялде. Гьедин 25 соналъ Киров областалда хъулухъ гьабуна солдатасдаса байбихьун полкалъул командирасул заместителасде щвезегIан. Дир рес букIарабани цоги нухалъ махщел тIаса бищизе, рагъулаб тун батIияб ишги дие бокьилароан.

     Хадубккунисеб хъулухъ дица ДРялъул МВДялда гьабуна. ГIезегIан захIматал сонал рукIана гьел, хасго халкъазда гьоркьосел террористаздаса республикаялъе зарал ккарал. Гьел гьаниса рачахъизе нилъер ракьцояз бахъараб хIаракаталъул хIакъалъулъ бицине ккола тIокIалъ чIечIого. Масала, гьединаб материалги данде гьабун, нижер факультеталда музей гьабизе бокьун буго дие. Гьелда тIасан конференциял гьаризе, пособиял риччазеги лъикIаб буго. Экстремизм нахъчIваялъе квербакъула гьединал тадбираз.

 

    — Амма гьел тадбираз кинабгIаги асар гьабулищ унго-унголъунги экстремизмалъул махI чIварал гIолилазе?

 

     — ТIубанго гьел хIажат гьечIиланги абизе бегьуларо. Конференциялде вачIарав яги тIехь цIаларав чия- се пайдаяб цо мугьгIаги щвечIого хутIуларо. Масала, гьезда гьоркьов вукIине бегьула цониги преподаватель. Гьениб рагIараб информация жинда цере цIалулел анцI-анцI, нуснус студентазе кьела гурищ гьес.

 

    — ХIалуцараб заман тIаса ун къого соналдасан, къуваталъул идарабаз гьабураб хIалтIуе кинаб къимат дуца кьолеб? БукIанищ кинабгIаги тIасанккей яги гьаричIониги бегьулел жал?

 

     — Дун кутакалда рази вуго дирго махщелцоязул хIалтIудаса. Щайин абуни, дида гьеб кинабго бихьулеб букIана жанисан. Гьез бергьун кIудияб хIаракат бахъана дора-гьанир рахчарал диниял сектаби ратаниги, хъачагъал ратаниги, республикаялъе зарал бугел чагIи тIатинаризе.

 

    — Анварбег, мун лъикI лъалел чагIаз бицана Гъадаралъул рахъалда рагъ ккедал дуца гьениб бихьизабураб къо хIехьеялъулги, ЦIунтIа районалда Руслан Гелаевасул къокъа кколеб бакIалда дуца нухмалъи гьабулеб къокъа аслияб букIараблъиялъулги, цогидалъулги хIакъалъулъ. Гьел киналго хасал операциязул киналъ дуе бищунго асар гьабураб?

 

     — Киназго. Щайгурелъул щибаб операциялъулъ чиясе къварилъи ккезе рес букIиндал. Щибаб нухалда ниж къватIире рахъунаан хвалде унел чагIи кинигин. Гьединлъидал дида цевеса унев гьечIо Чабанмахьиялда чIварав нижер анцIавго ОМОНалъулав. Гьелъие гIиллалъун ккана доб мехалда нижеда гьениб бугеб ахIвал-хIал рагIа-ракьанде щун лъалеб букIинчIолъи. Нижеда лъалаан гьенибе бетон, арматура ва цогидаб баччулеб букIин. Амма лъалароан ярагъгун техника цIунизе гIадамаз ракьулъ рухъун гьенир тIубарал рукъзал гьарун рукIин. «Г» хIарпалъул къагIидаялда гьарурал гьенир рукIана 25-30 чиясе рега-рахъинеги, гьединго снайпералгун гIарадачагIи чIезеги хасал бакIал. Гьезда тIад абуни картошкагун багIаргьологи бекьарал гIадатиял хурзал рукIана. Гьединлъидал къанагIатавги чи щаклъулареб куцалда гьарун рукIана гьел. Байбихьуда ниж сверун ккунги рукIун, рорчIана гьениса. Жунгутдерида аскIоб бугеб штабалде щведал, ГIадилгерейица (МВДялъул министрред.) гьикъана дандиязул чан чи гъова вугевилан. 400 чи вугин, амма жеги гьедигIанаселго чагIи ратизеги рес бугин абуна дица.

 

    — Мун хIалтIарал бакIазда гьоркьоса дуе бищунго кинаб бокьараб?

 

      — Армия. Гьениб гIадлуги цIикIкIараб буго, ришватчилъиги гьечIо. Черхалъегун гIакълу лъадариги дие армиялдаса щвана.

 

 Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIАЖИЕВАЛЪ.